Воскресенье, 19.05.2024, 02:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 29 » «ЛЪАГ1АЛИЛ УЧИТЕЛЬ-2012» ВА «ЛЪАГ1АЛИЛ ВОСПИТАТЕЛЬ-2012»
11:25
«ЛЪАГ1АЛИЛ УЧИТЕЛЬ-2012» ВА «ЛЪАГ1АЛИЛ ВОСПИТАТЕЛЬ-2012»

Гьал къоязда районалъул лъайкьеялъул управлениялъул методикияб централда х1асилал гьаруна «Лъаг1алил учитель-2012» ва «Лъаг1алил воспитатель-2012» конкурсазул. 

Кидаго г1адин конкурсазул аслияб мурадлъун бук1ана педагогасул профессиялъул къадру борхизаби, махщел камилал педагогал т1атинари, цебет1ураб педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей.

Конкурсалъул г1ахьалчаг1азда баркизе вач1ун вук1ана районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник З. Г1умаров. Гьес баян гьабуна учителасул профессия чара гьеч1ого х1ажатаб, бищунго зах1маталдасан цояблъун ва бищунго х1урматияблъун кколеблъи. Гьанжесеб обществоялъ учителасда цебе лъолел рук1ин г1ун бач1унеб г1ел т1адег1анал технологиял х1алт1изаризе лъалеллъун, кинабго рахъалъ церет1ураллъун куцаялъе г1езег1ан зах1матал масъалаби. Гьел т1уразариялъе дагьаб гьеч1еб к1вар бук1ин педагогазда гьоркьор конкурсал, бат1и-бат1иял тадбирал т1орит1иялъулги. Конкурсантазе гьес гьарана ч1ах1иял бергьенлъаби щвей мурад бук1ин ва жюриялъе бит1араб къимат кьезе къуватги бажариги.

Педагогазда баркиялъулал к1алъаял гьаруна ва хадубккун кинаб тартибалда гьел ине ругелали баян гьабуна ИМЦялъул методистал. «Лъаг1алил учитель-2012» конкурсалъул жавабияв И. Исмаг1иловас ва «Лъаг1алил воспитатель-2012» конкурсалъул жавабияй Х. Г1амирхановалъ.

«Лъаг1алил учитель-2012»

Соналдаса соналде камиллъулел ва ц1илъулел руго гьел конкурсазда г1ахьаллъулезул церерахъинал. Гьаб соналда районалъул финалалде рорч1аразда гьоркьор рук1ана Мух1амадова Эльмира Мух1амадовна, Харахьи г1аммаб гьоркьохъеб школалъул историялъул учительница, Г1исаева Жанатхан Х1асановна, Лъаг1илухъ школалъул историялъул учительница, Х1асанова Асият Сайгидовна, Гьоц1алъа историялъул учительница, Хат1ипова Пат1имат Г1абдусаламовна, Т1анусиса байбихьул классазул учительница.

Конкурсал рикьун рук1ана чанго бат1иял номинациязде. «Мастер-класс», «Самопрезентация», «Занятие-импровизация», «Круглый стол», «Пресс-конференция». Щибаб номинациялъул педагогаз бихьизабуна жидерго лъай ва махщел, ай дарс кьезе лъималгун х1алт1изе бугеб бажари. Дарсал ц1акъго интересаллъун лъугьун рук1ана гьел кидаго дарсал кьолел рук1арал г1адатияб къаг1идаялда-лъималазда цебе араб дарс гьикъун, ц1ияб тема бицун ва  бицараб щула гьабун гуреб, г1адатияб гуреб къаг1идаялда расанди-х1ай х1исабалда рачунел рук1иналъги. Педагогаз х1алт1изаруна лъималазда дарс бич1ч1изабиялъе ва жигаралда дарсида гьел х1алт1изариялъе бат1ия-бат1иял къаг1идаби. Гьез дарсазда х1алт1изабуна г1емераб берзулаб материал, пайда босана интерактивияб доскаялдаса. Мисалалъе босани, Т1ануси г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул байбихьул классазул учительница Пат1имат Хат1иповалъ «Дарсазда ва дарстун къват1ибехун информациялъулал технологиял х1алт1изари» абураб темаялда кьураб «мастер-класс» номинациялда бихьизабуна дарс лъималазда лъик1го бич1ч1улеб х1алалда, лъик1аб бажариялда ургъун бук1ин. Цо дарсида гьелъухъа бажарана лъималазул творческияб цебет1ей лъугьиналъе мозаикабигун х1алт1изеги «Поле чудес» расанди х1азеги, маргьабазда т1ад ургъизеги, компьютергун х1алт1изеги ва г1емераб цогидабги.

 Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница Мух1амадова Эльмира «Историялъул дарсазда тарихалъул кьуч1лъун кколел т1ахьаздасан пайда боси-ц1алдохъабазул ц1алуде гъира базаби» абураб темаялда кьолеб дарсида бихьизабуна бицунеб темаялде ц1алдохъабазул гъира базабизе бугеб махщел, жалго-жидедаго ч1ун ц1алдохъаби ургъизе, х1алт1изе т1амизе бугеб бажари. Эльмираца дарсида х1алт1изаруна информациялъулал технологиял, карточкаби. Дискуссиял, диалогал гьарун гьелъ цониги ц1алдохъан цо минуталъги г1адада теч1о дарсил темаялда гъорлъ г1ахьал гьавич1ого, гьезул дарсиде интерес бач1инабич1ого. Ц1алдохъабазе лъай щвеялда цадахъго, дарсилъ рессун рук1ана гьел рух1ияб рахъалъ церет1ураллъун, г1аданлъи, ях1-намус чорхолъ бессараллъун лъугьиналъе рес кьолел бут1абиги. Балагьаразе ц1акъго рокьана т1абиг1иял шарт1ал хисиялъул х1асилалда, г1адамазул г1амал-хасиятги хисулеблъи бихьизабулел, ламадур, гъвет1, хоно ва кофеялда данде ккун дарс бич1ч1изабиялъул мурадалда х1албихьиял гьарун рачунел мисалал.

«Лъаг1алил воспитатель-2012» конкурсалда г1ахьаллъана Юсупова Мадина Г1алибеговна-Гьит1инагьоц1алъ «Капелька» ясли-ахалъул воспитательница, Г1алиева Г1азра Мух1амадовна-Ц1ада «Журавленок» ясли-ахалъул воспитательница, Мусаева Рашидат Мух1уевна-Г    ьац1алухъ «Павлин» ясли-ахалъул воспитательница, Сурхаева Султану Мух1амадовна-Хунзахъ № 3 «Ласточка» ясли-ахалъул воспитательница, Цахаева Аминат-Х1ажимурадовна-Хунзахъ № 1 «Малыш» ясли-ахалъул воспитательница.

«Лъаг1алил воспитатель-2012» конкурсалда церехун рехсарал номинациязде т1адеги «Хобби клуб» абурабги т1аде жубан бук1ана. Т1оцебесеб къоялъ т1обит1араб гьеб бут1аялда конкурсантаз бихьизабуна суратал рахъизе, кагътил, х1ат1ул т1аг1алаби гьаризе, хьухьине, угьине, кьурдизе, рик1к1ине жидерго бугеб махщел.

Бищунго жавабиял рук1ана хадусел къоял. Гьенибги ясаз бихьизабуна жидеца занятиял лъималазе пайда ц1ик1к1араб х1алалда рачунел рук1ин. Масала «Малыш» ясли-ахалъул воспитательница Цахаева Аминатица, лъималгун цадахъ «Рохьобе сапар» абураб расанди-х1ай х1исабалда бачараб занятиялде гъорлъе рачун рук1ана гьит1ичазул т1абиг1аталде рокьи бижизабиялде, рохьил бечелъаби ц1унизе ккеялде руссарал г1емерал бут1аби. Гьелъ лъай-хъвай гьабуна рохьил гъвет1-хералъулгун, х1анч1азулгун, бицана гьезул бугеб пайда-хайиралъул. Занятиялъул бухьен бук1ана г1урус мац1алъулгун, математикаялъулгун. Рук1ана гьенир лъималазул калам цебет1езабиялде, сахлъи ц1униялде руссарал бут1абиги. Гьединалго пайда ц1ик1к1араллъун рук1ана цойгидал г1ахьалчаг1азул занятиялги.

Ахиралдаги конкурсалъул г1ахьалчаг1азе къимат кьезе бищун бук1араб лъай ц1ик1к1арал педагогаздасан г1уц1араб жюриялъ х1асилал гьаруна. Гьелъ учительзабазда гьоркьосан т1оцебесеб бак1алъе мустах1икъайлъун йихьизаюна Харахьи гьоркьохъеб школалъул учительница Мух1амадова Эльмира, к1иабилеб бак1алде яч1ана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул учительница Х1асанова Асият, лъабабилеб бак1 гьоркьоб бикьана Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул учительница Г1исаева Жанатханидаги, Т1ануси гьоркьохъеб школалъул учительница Хат1ипова Пат1иматидаги гьоркьоб.

«Лъаг1алил воспитатель-2012» конкурсалда т1оцебесеб бак1алъе мустах1икълъана Хунзахъ «Малыш» ясли-ахалъул воспитательница Цахаева Аминат, к1иабилеб бак1 кьуна Ц1ада «Журавленок» ясли-ахалъул воспитательница Г1алиева Г1азраие, лъабабилеб бак1 кьуна Хунзахъ «Ласточка» ясли-ахалъул воспитательница Сурхаева Султану Мух1амадовнаялъе.

Кват1ич1ого конкурсалда бергьарал педагогал ине руго республикаялъул конкурсалде. Мурад буго гьенисаги нилъер педагогал бергьенлъабиги росун т1ад руссин. Нух бит1аги гьезие!  

Просмотров: 776 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz