Гьал къоязда районалъул культураялъул рокъоб т1обит1ана руччабазул
гьайбатаб байрам-8 Марталъул х1урматалда рохалилаб данделъи.
Данделъи рагьана ва руччабазул х1акъалъулъ цояздаса цоял
берцинал раг1абиги абун баркиялъулаб к1алъай гьабуна ДРялъул культураялъул
мустах1икъай х1алт1ухъан Г1айшат Тажудиновалъ ва хадуб гьелъ к1алъазе раг1и
кьуна райадминистрациялъул ва т1олалго районалъул бихьиназул рахъалдасан
райадминистрациялъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовасе. Асадг1алица
ихдалил бакъул хинал ч1оралгун ч1аголъулеб, ц1илъулеб т1абиг1атгун цадахъ
бач1унеб нилъ гьарурал, кодоре рачун реэдулел, нилъер кинидахъ куч1дул ах1арал
нилъер къиматал, къадруял улбузда баркана халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо-8
Март. Гьарана гьезие даимаб рекъелги, рокъоб парахалъиги, сахлъи, рохелги.
Руччабазул рек1елъе рортулел хинал раг1аби абун баркиялъулаб к1алъай гьабизе
рахъун рук1ана Хунзахъ росдал бегавуласул заместитель Абух1ов Къурамух1амад,
районалъул руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат Набиева, районалъул
централияб библиотекаялъул директоралъул заместитель Пат1имат Хочоева,
райсобраниялъул председателасул заместитель Х1ажиев Х1асан, счетнияб
палатаялъул председатель Г1абдулманапов Г1абдулманап, Т1ануси гьоркьохъеб
школалъул учительница Хъазанбиева Шамай, районалъул культураялъул
управлениялъул начальник Х1асанов Мах1ач, методист Мух1амадов Зайнудин,
райбольницаялъул врач Мансурова Пат1имат ва гьел гурел г1емерал цогидалги.
Щибаб баркиялъул к1алъаялдаса хадуб куч1дул ах1ун, кьурдаби
гьарун кеп-ихтилат гьабуна «Сарир» ансамблялъул солистал: Чаран Султ1анбеговас,
Мурад Дайтбеговас, Парихан Мусаевалъ, Г1айшат Тажудиновалъ, Пат1имат
Султ1ановалъ, Хадижат Г1абдулкъадировалъ. Данделъи ана рохалилаб
ах1вал-х1алалда. Улбуз рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна жидее гьединаб мажлис
г1уц1арал Хунзахъ культураялъул х1алт1ухъабазе.
|