Воскресенье, 05.05.2024, 19:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Апрель » 19 » ГЬАСДА Г1АДАМАЛГИ РАТАНА, Г1АДАМАЗДА ГЬАВГИ ВАТАНА.
13:25
ГЬАСДА Г1АДАМАЛГИ РАТАНА, Г1АДАМАЗДА ГЬАВГИ ВАТАНА.

Араб г1асруялъул лъабкъоялда анц1абилелги ункъоабилелги соназда Дагъучпедгизалъ къват1ире риччарал т1ахьазда ре­дактор абурабги, Дагъгизалъ рахъарал т1ахьазда корректор абурабги раг1абазда хадуб батула М.-К. Гимбатов абун хъван. Жибго т1ехьалъулги, гьеб ц1алидал гьабулеб асаралъулги, гьеб хъварав авторасулги гурони, нилъеца г1емерисеб мехалъ х1исабцин гьабуларо гьадаб к1иябго раг1иялъулги гьезда хадуб бук1унеб ц1аралъулги. Х1исаб гьабуларо, хъвадарухъанасул куч1дул, харбал ва цогидалги асарал маг1на-г1иналде рачиналъе редакторасги корректорасги гьабулеб х1алт1ул, гьезул х1аракатчилъиялъул. Гьелъиеги х1ажалъула дов хъвадарулев чиясулго г1адаб, гьевгицин цо пикру щвеч1еб бак1алде кант1изавулеб махщел. Гьединаб махщелги бокьа-бокьарав чиясул бук1унаро. Мух1амадкамилие Аллагьас гьеб кьун буго. Гьеб нилъеда бихьула, бич1ч1ула, лъала гьанже бат1и-бат1иял типографиязда къват1ире риччалел цо-цо гьес редакторлъи гьабурал т1ахьал, цоги-цоги редактор гьеч1елги, гьезда релълъаралги т1ахьазде дандеккведал.

 

Мух1амадкамил Гьиматов гьавуна нилъер районалъул Уздалросулъ. Гьоркьохъеб школалдаса хадув ц1алана Дагъистаналъул пачалихъалъул университеталъул филологиялъул факультеталда. Х1алт1ана учительлъун. Университеталда ц1алулагоги, хадуб учительлъун х1алт1улагоги адабияталъул г1умруялда гьоркьове лъугьине, гьеб нухдасан ине Мух1амадкамилида рак1алда бук1анищали лъаларо. Рак1алдаго гьеч1ого нилъер районалъул "Росдал зах1матчи" газеталде х1алт1изе ккедал бижун батизеги бегьула гьесулъ гьадаб пикру. Газеталъ жинде г1агарлъарав чи адабияталдеги маданияталдеги гьоркьове ц1ач1ого толаро. Жинцаго макъалаби хъвалагоги, цогидаз хъварал т1ад квер бахъун къач1а-к1ат1алагоги загьирлъун батила Гьиматовасулъ цебеккун к1вар гьабич1ого тун бук1араб гьеб махщелги, цадахъго гьелде рокьиги.

Хадубккун Мух1амадкамил х1алт1ана П. Тахо-Годил ц1аралда бугеб педагогикаялъул институталдаги, цебеккун рехсарал хъулухъазда к1иябго издательствоялдаги, Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб мац1азул, адабията­лъул ва искусствоялъул институталда г1елмияв х1алт1ухъанлъунги. Кивниги гьев вук1инч1о жинца гьеб бак1 ккурав, гьеб ишалда бокьарас хисулев чилъун. Щиб бак1алда х1алт1аниги, кинаб иш т1аде кканиги, Гьиматов вук1ана гьелъие мустах1икъавлъун, гьенив гьеч1ого г1оларевлъун, гьеб х1алт1уда х1ажатавлъун. Жинде т1аде ккарал х1алт1абазул хаслъаби, балъголъаби раг1а-ракьанде щун лъазариялда цадахъго, гьев гъварилъуде, кьалбазулъе ваккана нилъер адабияталъулги маданияталъулги тарихалъул. Гьелдалъун г1езег1ан к1удияб пайда ккана маг1арулазда цебеккун лъаларел рук1аралги, раг1ун рук1инч1елги адабияталъул т1амчал ц1идасан рагьиялъе, рахчун хут1арал ц1арал т1ат1инариялъе. Дагъучпедгизалда П. Тахо-Годил ц1аралда бугеб педагогикаялъул институталда редакторлъун х1алт1улагоги данде гьарурал ц1алулал хрестоматиязул бицинч1ониги, Мух1амадкамилица нилъехъе щвезаруна цереккун нилъеда лъа­ларел рук1арал г1емерал асарал. Хасаб т1ехь гьабун, "Коч1ол гьаржаялъуб гьулияб маргъал" абун ц1арги лъун, Гьиматовас къват1ибе биччана халкъиял ункъмухъил куч1дузул т1ехь. Филоло­гиялъул г1алимчи, жиндир мунагьал чураяв Сиражудин Х1айбуллаевасгун цадахъ гьес данде гьарун басмаялде рахъана киналниги маг1арул халкъиял куч1дузул т1ехь. Сиражудиницагун цадахъ Мух1амадкамилица хъвана "Кавказалъул гьалдолел къоязул къиса" абураб т1ехьги. Гьиматов ккола чанго соналъ цебе къват1ибе биччараб "Г1урус-авар словарь" х1адур гьабуразул цоявги.

Хъвадарухъан, шаг1ир, таржамачийилан вихьа-раг1изавизе, киг1ан жиндир гьелъие ресги санаг1алъиги бугониги, т1ахьалги къват1ире риччан гьездалъун ц1ар гьабизе лъугьинч1ониги, М. Гьиматовас цебегоялдаса хъвала куч1дулги харбалги, руссинарула маг1арул мац1алде г1урусазулги Дагъистаналъулги хъвадарухъабазул асаралги. Араб гlacруялъул ункъоабилел соназдаго бахъун бук1ана гьесул харбазул т1ехь «Ганч1алги ч1инхалги», кват1ич1ого къват1ибе бач1ине буго куч1дузул мажмуг1 «Х1асраталъул х1охьел».

Мац1алъул бицен ккун бугелъул абилин, Мух1амадкамилил жинцаго хъваралги руссинаруралги асаразулги макъалабазулги буго г1ажаибго берцинаб, бечедаб, ц1ализе рак1балеб маг1арул мац1. Гьеб рахъалъги унго-унгояб устарлъи гьесие г1одосанго щвараб буго.

Цебегоялдаса маг1арул газеталъулгун лъик1аб гьоркьоблъи бук1ана М. Гьиматовасул. Ахираб анкьго-микьго соналъ гьев х1алт1улев вуго "Х1акъикъаталъул" редакциялда. Бит1ун бук1ина гьев гьанивги гьеч1ого г1оларев чилъун вугин абуни. Тарихалъул, адабияталъул, г1елмуялъул суалал рорхулел гьесул материалаз газета жакъа унго-унголъунги бечелъизабулеб, ц1алдолезде т1адеги г1агараблъун, гьезие бокьулеблъун лъугьинабулеб бук1ин, мисалал рачун, х1ужжаби рехсон бицинч1ониги бихьулеб буго. Гьелдаго ца­дахъ Мух1амадкамилица квербакъула г1ун рач1унел журналистазул махщел камиллъизабиялъе, хъвалеб-толелъул маг1наяб рахъалде гьел кант1изариялъе. Жиндирго мисалалда куцала гьезулъ М. Гьиматовас х1алт1уде рокьиги жавабчилъиги.

Бицана гьеб киналъулго жеги г1ат1идго, мух1канго гьал къоязда Мух1амадкамилил xlypматалда "Х1акъикъаталъул" ре­дакциялда бук1араб дандеруссиналда. Бицана дагьал ригьалъ к1удияз гьесул г1умруялъулги творчествоялъулги цо-цо х1ужжабиги баяналги рак1алде щвезарунги, г1олохъаназ гьесул х1алт1улъги х1албихьиялъулъги жидедаго рихьулел мисалиял рахъал рехсонги.

Бук1ана гьеб дандеруссиналъе г1ураб г1иллаги. Мух1амад­камилица т1убана лъабкъоялда анц1го сон. Гьеб г1ураб заман буго чияс нахъа тараб нух борцине, гьелъие къимат кьезе. Къимат, гьебги киг1анги лъик1абха, М. Гьиматовасе инсан х1исабалдаги адабияталъул х1аракатчи х1исабалдаги, киб бак1алда бу­гониги, цадахъ х1алт1аразги, гьев лъалезги, гьесул х1алт1ул х1асилал лъалезги кьуна. Мух1амадкамилицаги доб къоялъ абуна жив жиндирго къисматалда рази вугилан. Разилъиларевги кинха, г1умруялдаги х1алт1улъги гьесда г1адамалги г1адамазда гьевги ратидал. Гьеб буго чиясул унго-унгояб талих1ги. Гьелъие нуг1лъи гьабула юбилей баркулаго Мух1амадкамилида доб къоялъ цадахъ х1алт1улез абурал гьал раг1абазги:

Рарал соназ гуро, ракьалда тарал

Сахаватал ишаз ворцуна инсан.

Адаб мустах1икъал, къадру борхулел,

Берцинал ишаца уна гьесул ц1ар.

Мух1амадкамил, мун Дагьистаналда,

Дурго бажариялъ раг1изавуна.

Маг1арул халкъалъул маданияб ирс

Наслабахъе кьеялъ мун к1одолъана.

Дуца рарал сонал чан ратаниги,

Чилъиялъул бакъалъ къалъарал руго,

Рек1ел ч1оло бит1ун, дуйго бокьухъе,

Дунял ч1алг1инег1ан ч1аго таги мун.

М. ПАТАХ1ОВ

 


Просмотров: 812 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz