Суббота, 21.12.2024, 19:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 3
Гостей: 3
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Апрель » 19 » Г1УНГУТ1АБИ ЛЪУГ1ИЗАРИЗЕ КЪАСДАЛГУН.
13:09
Г1УНГУТ1АБИ ЛЪУГ1ИЗАРИЗЕ КЪАСДАЛГУН.

12 апрелалда «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессиялда 2011 соналъул  х1алт1ул х1асилалгун к1алъазе вахъана  райадминистрациялъул бет1ер Х1.М.Дарбишев.  Доклад къокъ гьабун кьолеб буго гъоркьехун.

  Цо-цо х1ужжаби:

   2010 соналде дандеккун,  2011 соналъ г1езабураб валовияб продукталъул къадар 10,7 проценталъ ц1ик1к1ана.  Г1езабураб продукталъул аслияб бут1а росдал маг1ишаталде, ралел бак1азде, транспорталде, бухьеналде  ва бича-хисиялде т1аде кколеб буго. Районалъул  аслиял промышленниял предприятияллъун кколел   ООО «Харахинский  консервный завод», «Гьоц1алъ» совхозалъул  консервазул цех, ГУП Гьоц1алъ  «Художественниял  т1аг1алабазул комбинат»  базаралъул  экономикиялда зах1матаб финансазулаб ах1вал-х1алалда руго. Гьоц1алъ комбинаталда лъолеб буго буго гьанже  заманалъул техника ва унеб буго комбинаталъул цехалда  реконструкция. Инвестициял щун,  гьел х1алт1аби раг1алде рахъиндал, комбинаталъ къват1ибе биччалеб продукциялъул къадар 6-7 миллионалде  бахине буго, г1уралго г1адамазе х1алт1изе бак1 бук1ине буго. Ц1унилаан нилъер умумузул  культура ва искусство.

  Инвестициял ва ралел бак1ал . 2011 соналъ аслияб капиталалде рач1ана 126,4 млн. инвестициял. Цо чиясе х1исаб гьабун гьеб ккола 3970 гъурущ. Х1алт1изе кьуна Гъоркьколо 3 млн. т1ад харж гьабураб байбихьул школа, Гъоркьколо ва Уздалросулъ ФАПал. Гьезда т1адги харж гьабуна 4,6 млн. гъурущ. Гиничукь детсадалда харж гьабуна 2,5 млн. гъурущ. Г1арани-Бакьагьич1и  трассаялда  къаси канлъи  кьезе лъуна чирахъал. Хунзахъ №1 школалда, Гьоц1алъ № 2 детсадалда гьабуна капиталияб ремонт, лъайкьеялъул  управлениялъул  учреждениязда лъуна пожар  ккеялдаса ц1унизе сигнализация, школазда ва детсадазда  хисана басриял гордал нуц1би. Лъай кьеялъул ва сахлъи ц1униялъул  идарабазул котелазе гьабуна ремонт.  Балеб бугеб ЦРБеялъул 3 корпус баялъе  харж гьабун буго 35,1 млн. гъурущ. Росабалъ жанир газалъул  сетал гьаруна . Гьамущи-Мущули росабалъе лъим бачиналъе харж гьабун буго 20 млн. гъурущ, Хунзахъ, Лъаг1илухъ, Г1архъида, Г1орут1а школазе, Ахтины спортзалалъе  гьабуна ремонтал.

Республикаялъул ва росабалъе нухал къач1ана. Ремонталъулалгун ралел бак1азулал х1алт1абазе районалъул бюджеталдасан харж гьабун буго 27 млн. гъурущ.

Республикаялъулаб ва федералияб  бюджеталдасан харж гьабураб г1арцул къадар  999,4 азарго гъурущ.  Гьаб соналъ федералияб бюджеталъул х1исабалдасан Р.Х1амзатовасул ват1аналда  «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб  комплексалда х1алт1и гьабизе  х1исабалде босун буго.

  Хурухъанлъиялда    г1унгут1аби ч1ах1иял  руго.

 Рекьич1огон тарал ракьазул къадар соналдаса соналде ц1ик1к1унеб буго 2009 соналъ 9685 га бекьулеб ракьул  пайда босич1ого тун бук1ун буго 1095 га (12%), 2010  соналъ 1213 га (13%), 2011 соналъ гьединал  ракьазул къадар  1452  (15%) бахун буго. Пайда босич1огон тараб  ракьалъул  ц1ик1к1араб къадар буго «Байикь», «Гиничукь», «Г1ебут1а», «Гьац1алухъ», «Ц1ияб г1умру», «Моч1охъ», «Г1орут1а»  СПКаязда, «Гьоц1алъ» ГУПалда, «Харахьи» МУПалда. Лъалъадулеб лъим бачунел  каналал ахирияб  15-20 соналъ рац1ц1ад гьарич1ого тун, рекьабазе  бищун х1ажатаб  заманаялъ лъим щолеб гьеч1о.  Минералиял ракь беэн гьабулел  жал хиралъиялъ маг1ишатаз х1алт1изарулел гьеч1о. Хурзабахъе баччулеб гьеч1о органикаги. Гьелъ рекьулел  ракьазул  беэнлъи лъуг1улеб буго. Х1алт1изарулел гьеч1о  ч1ар хвезабулел  дарабиги. Гьелъ  г1одобег1анаб буго бач1инги. Масала, 80-90 соназ цох1о хаслихъе культурабазул бак1арулеб бук1ана  8-9 азарго тонна. Ахириял соназ районалъул  киналго маг1ишатаз бак1арараб т1олабго могьолазул къадар г1иц1го 2,5-3  азарго тоннаялде  бахунеб  буго.

Араб соналъ районалда бак1арун буго 3085 тонна могьолал, 2010 соналде данде ккун гьеб ккола 2070 тоннаялъ ц1ик1к1ун. Цо гаялдаса бак1арараб могьолазул къадар 14,5 центнералде бахунеб  буго. Цебесеб соналде данде ккуни  гьеб 10,2  центнералъ ц1ик1к1ун буго.

Араб хасало ккараб рук1унарел г1адал квачаз хаслихъе  рекьабазул г1урабго къадар хвезабуна: хаслихъе ролъ-5,99 га, хаслихъе пурч1ина-1246  га. Хварал  хаслихъе  культурабазул бак1алда  ихдалил  культураби рекьизе ккола 3000 гаялда.

  Ахихъанлъи цебет1еялъе ресал щолел руго.

Пачалихъалъ гьабулеб бугеб кумекалъ ч1унтун бугеб ахихъанлъиялда ц1идасан рух1лъеялда хьул лъезабулеб буго.  Ахирияб 3 соналъ СПКаязе ва ФКХаязе  ц1иял ахал лъеялъе  ва басриял  къач1азе биччан буго  344 азарго гъурущ. Щибаб соналъ районалде пачалихъалъ 5-10 азарго ч1езе пихъил  ч1оралги рач1унел руго. Хурухъанлъиялда ва ахихъанлъиялда х1исаб кьолеб бугеб 2011 соналъ г1езабурал 40 млн. гъурщил багьаял ниг1матазул ричаразул къадар бахун буго 11 млналде.

  Г1и-боц1и ц1ик1к1унеб буго.

Ахириял соназ ч1ег1ербоц1и ва гьез кьолел ниг1матал   ц1ик1к1унел руго 2012 соналъул 1 январалде районалда бук1ана  27500 бет1ер ч1ег1ер боц1ул, гьезда гъорлъ г1ачиязул къадар 3000 бет1ералде бахана. Араб, 2010 соналде данде ккун, т1олабго  ч1ег1ербоц1ул къадар2 % ц1ик1к1араб батани, г1ачиязул къадар 3 % ц1ик1к1ана. 1,5 % ц1ик1к1ун, г1и-ц1аназул къадарги  190000 бет1ералде бахана. Ахирияб 3 соналъ пачалихъалъ маг1ишатазе кумекалъе биччалеб г1арац (дотация) г1емерго ц1ик1к1ана. Масала, 2009 соналъ 12 млн. щун бук1араб батани, 2010 соналъ 37 млн., 2011 соналъ 78 млн. гъурущ бач1ун буго районалъе, ялъуни 2009 соналде данде  ккун  6,5 нухалъ (650 %)  ц1ик1к1ун.

  Лъай кьеялъул системаялда  хиса-басиял.

Хунзахъ районалда 5 азаргог1анасеб  лъимералъе лъайгун тарбия кьолеб  буго 36 ясли-ахалъ (ДОУ), 41 г1аммаб ва 4  т1адеги  лъай кьолеб учрежденияз. Рехсарал  учреждениязда  х1алт1улев вуго 1000 чиясде г1агарарав  педагог.

Районалъул ДОУяз  лъай кьолеб буго 1290 лъимералъе, ялъуни школалда  цебесеб г1елалъул 61,1 %  лъималазе. Гьеб ккола  республикаялда гуреб РФеялдаго  лъик1аб показатель. Масала, Дагъистаналда ДОУязде хьвадулезул къадар 24,5 %, РФеялда гьединазул къадар  59,4 % бахуна.

К1вар бугеб хиса-басилъун ккола байбихьул классазул  ц1алдохъаби лъай кьеялъул  ц1иял  стандартазде рачин. Лъай кьеялъул управлениялъ  х1аракат бахъулеб буго ц1алул г1умруялда ругел киналго лъималазул  лъай щвезе бугеб ихтияр г1умруялде бахъинабизе. 2011-2012 ц1алул соналъ 41 унтараб  лъимер рокъорго ц1ализарулел руго, 9 лъимералъе абуни, дистанционнияб лъай кьей г1уц1ун буго.  Лъай кьей  жакъасеб къойил т1алабазде бачине (модернизация) чара гьеч1ого х1ажатаб шартлъун ккола компьютеразул ва информациялъул  технологиял х1алт1изари. Районалъул лъай кьеялъул системаялда буго 390 компьютер, ялъуни  9 ц1алдохъанасе 1 компьютер.  Информациялъулабгун методикияб централъул базаялда хасаб централъ г1уц1ун буго ц1алуе бат1аго гьунар бугел ц1алдохъабазулгун х1алт1и.

2011 соналъ районалъул 16 ц1алдохъанасе щварал медалазул 11  меседил медаль ккола.

  Сахлъи ц1уни заманалъул т1алабазде.

Районалъе г1адамазе сахлъи ц1униялъулаб хъулухъ гьабулеб буго ЦРБ, 2 участкаялъулаб больницаялъ, 14 ФАПалъ, 35 ФПалъ. Гьездасан 11 ФП буго хъутабазул маг1ишатазда .Хъутаналда, Самилахъ росулъ, буго врачебнияб амбулаторияги . Районалда лъик1лъулеб буго демографияб ах1вал-х1ал. 2011 соналъ районалда гьабун буго 477 лъимер. Гьебго заманалда дагьлъун руго х1алт1ул г1умруялда ругезул хвелги. Соналдаса соналде лъик1лъулел руго медицинаялъул х1алт1ухъабазул г1умру гьабиялъул шарт1ал. Врачасул гьоркьохъеб харжил къадар 18510 гъурщиде,  гьоркьохъеб медперсоналалъул 1046 гъурщиде бахана.

Лъик1лъулеб буго ЦРБялъул материалиябгун техническияб база: 6 отделение, чанго кабинет, администрация ц1ияб больницаялда х1алт1улеб буго. Планалде босун буго 2012 соналъ 3 корпусги х1алт1изе  кьезе.

  Культурияб х1охьбахъи  ва спорт.

Районалъул г1адамазе х1ухьбахъи г1уц1изе районалда буго Халкъияб творчествоялъул рукъ. Районалъул  централияб библиотека ва гьелъул  27 филиал, районалъул лъималазул библиотека, лъималазул  искусствоялъул  школа. Культуриял идарабазул минаби руго критическияб ах1вал-х1алалда. Гьезул г1емерисезе х1ажат буго ремонт, сценаялъулаб рет1ел, оборудование. Жакъа къоялде районалда буго 3 ДЮСШ, 22 спортивияб зал, 12 стадион, 25 спортивияб площадка, физкультуриябгун сах гьариялъул комплекс.

  Х1,М.Дарбишевасул доклад  къокъ гьабуна райадминистрациялъул пресс-секретарь Г1иса Г1исаевас.

Просмотров: 770 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz