2012 соналъул 23 марталда мажгиталде рогьалил как базе
унаго, г1умруялъул 49 соналда шагьидлъана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъа
бергьун к1удияв г1алим Г1абдулгъафурил Мух1амад. Гьесдаго цадахъ ч1вана гьесул
охранник, гьебго Бакълъухъа 34 сон барав Мух1амадрасул Мух1амадовги. Г1абдулгъафурил
Мух1амадица нахъе тана лъик1ал лъимал, мутаг1илзаби, т1ахьал, жиндирго лъик1ал
ишал. Исламалда гьес тараб лъалк1, гьесул сабураб г1амал-хасият, исламалъул нур
бугеб гьумер, рак1алдаса инаро гьев лъалев вук1аралщиназда. Жиндир т1олабго г1умру
г1ибадаталда арав гьев муъминчиясул адаб гьабулаан т1арикъаталда ругезги,
гьеч1езги, г1адатлъун билълъарабилан рик1к1унеб ислам ккуразги, «рохьилазги».
Гьесул г1елму-лъаялъул къимат гьабулаан ва бет1ер къулулаан т1олалго
дагъистанияз. Республикаялда рекъел бук1инаби, исламалда ругел рикьалабазда
гьоркьоб маслих1ат гьаби, тушманлъи лъуг1изаби бук1ана гьев мунагьал чурадил
мурад. Чанго соналъ Хунзахъ росдаеги имамлъи гьабуна Мух1амад-х1ажица. К1удияб
рокьи бук1ана т1олабго районалъул г1адамазул гьесдехун, Г1абдулгъафурил
Мух1амадица гьабураб ваг1за-хабар, суалазе жавабал цоцахъе кьун рицунеллъунги,
рек1елъе рортулеллъунги рук1унаан хундерие.
Гьев Аллагьасул лъик1ав лагъ, г1адамазе хирияв даг1ватчи
къадаралде щвеялда бан, Хунзахъ районалъул ва росдал жамаг1атаз гъваридаб
пашманлъиялъул зигара балеб буго вацлъиялъулаб Шамил районалъул г1адамазда,
мунагьал чурадил хъизан-лъималазда, гьев лъалев вук1аралщиназда. Баракатги
нилъее тун ун ватаги гьев лъик1ав инсан ракьалде, Алжаналъул ахакь данде гьареги
гьевги нилъги Аллагьас. Амин.
Хундерил жамаг1ат
|