Главная » Архив материалов
Автор.Мух1амад Г1алиев.Август 2012г.
Аби буго, унтарасда г1адин сахлъиялъул
къимат лъаларилан. Г1умруялъул х1албихьиялда т1ад рижарал ч1орг1анги рит1арал
раг1аби руго гьел. Анц1ила анкьго соналъ цебе хъулухъалъулаб ишалъ унаго
автоавариядде ккун сакъатлъана дун. Гьелщинал соназ вуго инвалидазул
коляскаялда. Гьеб унтул х1асилалдаги, г1аммаб куцалда черх заг1иплъиялъги ккана
г1емерал больницабазде, рихьана чанги тохтурзаби. Рук1ана унтаразе шарт1ал
ругелги, гьеч1елги больницабиги, дандч1вана жидер налъи бич1ч1улелги, гьеб
т1аса-масаго т1убалелги тохтурзабиги. Гьезул бицинарин.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Август 2012г.
Районалъул культурияб
г1умруялъулъ бихьулеб бут1а лъола искусствалъул школалъул ва
филиалазул преподователазгун г1исинал
гьунарчаг1аз. Гьез кидаго бугониги жигараб
г1ахьаллъи гьабула район тун
къват1ибехун т1орит1улел бат1и-бат1иял къецазда. Исана искусствалъул школалъ,
т1обит1ана 50 сонилаб юбилейги. Араб ц1алул соналда жидецаго гьабураб х1алт1ул х1акъкалъулъ нижее бицана искусствалъул школалъул директор Мух1амадов
Мух1амад Жабраг1иловичас.
|
Автор.Написат Г1алиева. Август 2012г.
Баянаб бук1ахъе, дагьал
церег1ан къоязда Мах1ачхъалаялда бугеб «Экспресс» банкалъул
филиал х1исабалда Г1арани росулъ рагьана т1адеги ц1ияб офис. Гьелъул х1алт1ул
х1акъалъулъ баянал кьеян
нижеца гьарана офисалъул нухмалъулев Х1усенов Шамил Х1усеновичасда.
Гъоркьехун бахъулеб буго нижедаги гьесдаги
гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Август 2012г.
Районалда гуребги республикаялдаго музыкалияб культура
цебет1езабиялда бихьулеб бак1 ккуна
Загьидат Г1арабовалъ. Хунзахъги, Мах1ачхъалаялдаги, Буйнакскиялдаги,
республикаялъул цогидал росабалъги залал кьабг1ун ц1урал г1адамаз рахъун ч1ун
хъат кьабг1ана Загьидатие.
Гьелъие хъатч1варазда гьоркьор рук1ана дунялалдаго
машгьуралги. Г1емерисел машгьурал коч1охъабазго г1адин Загьидатицаги коч1ол дунялалде т1оцебесеб гали школалдаго т1амуна.
Хадуб, районазда гьоркьосеб ясазул школалда Г1араний
ц1алулагоги Загьидат йик1ана художественнияб х1аракатчилъиялъул хиси гьеч1ей
г1ахьалч1ужулъун ва бергьенлъиялда цее
яхъунаан. Загьидатил х1еренаб, роц1ц1араб, рек1елъе бортулеб гьаркьицаги,
маг1арул ч1ужуг1аданалда рекъарал коч1ол раг1абазги, раг1абазде данде кколел
бакъназги кьабг1ун залал ц1урал г1адамал
рак1арулаан.
|
Автор. Г1иса Г1исаев.Август 2012г.
Бет1ербахъиялъе ресал мукъсаналг1ан росабазул г1адамал
рук1уна х1аракатал, жигарал, зах1маталъукьа
х1инкъуларел, гьел къезарун ругьунал. Гьединал руго Г1ебут1а росдал
г1адамалги. Маг1арулазул аслияб маг1ишат – хур-рукъги, г1и-боц1и хьихьиги рехун
тун, «купи-продаялде» г1алам бараб мехалъ, Г1ебут1а гьеч1о бекьич1ого тараб
квер ч1вазег1анасеб ракьул кесек.
|
Автор.«Новое дело» газеталдасан буссинабуна ПАТIИМАТ ГУНАШЕВАЛЪ.
Дагьаб цебег1ан Хунзахъ районалдасан раг1изе лъугьана
лъик1ал гьеч1ел харбал: цо анкьалда жаниб 4 чи ва 13 июлалда лъимер гьабурай
г1адан хвеялъул. Г1айиб гьабулеб бук1ана тохтурзабазде гуребги, «мекъаб»
кадровияб политика гьабурав бет1ер Х1.
Дарбишевасдеги. Районалда ккарал лъугьа-бахъиназдасан Х1. Дарбишевас жиндирго
пикраби загьир гьарулел руго «Новое дело» газеталъул мухбир А. Ах1маднабиевасе.
|
Автор.М-Р Х1айбулаев.Август 2012г.
Гьав Хьиниса Нурмух1амадов Камалудинил ясалъул вас
Хъайтмазов Сайгидгун дандч1вана дун Г1арани гьоркьохъеб школалъул спортзалалда,
цоясда гьаб рагъари малъун, цогиясда цогияб малъун, гьенив тириго жиндирго
спортсменазда малъа-хъваял гьарулев вугоан гьев.
|
50 сон т1убана Россиялъул хъвадарухъабазул ва журналистазул
союзазул член, ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Патах1ов Мух1амад
гьавуралдасаги.
|
Автор.Ф.Г1алиева.Июль 2012г.
Нилъ
умумуздасан суратги бахъун,
Си
борхизабизе рижарал гуро,
Гьез
ирсалъе тараб сахабщиналде,
Сахлъи
т1аде жубай т1ад лъурал руго.
|
Автор.М.Ах1мадов.Июль 2012г.
Заманалъул г1адатлъун лъугьун буго т1обит1улеб
кинаб бук1аниги тадбиралъе рес бугел г1адамаз квербакъи. Дир турниралъеги
ратана сахаватчаг1и.
|
Автор. Г1абасил Мах1амад.Июль 2012г.
Йохъ, дун поэт гуро, поэт вук1ине
Рак1алде гьесарав гьалмагъцин гуро…
Шаг1ирзаби рук1ана, руго ва рук1ине
руго Хунзахъ шагьаралда.
|
Автор.П.Гунашева.Июль 2012г.
Хунзахъ район Дагъистаналда машгьураб буго ханзабазул ват1ан
х1исабалда гуребги, зодиб ц1вабилъун кенч1олел, т1адег1анаб пагьму-
гьунаралъул, г1ажаибго беоцинаб ва бечедаб маг1арул мац1алъул раг1ул
устарзабазул ват1ан х1исабалдаги. Цох1о Дагъистаналъул гуребги, г1емерал
улкабазул халкъаз жидер махщалие бут1рул къуларал щуго Халкъияв шаг1ир вахъанин гьанисайин абурал раг1абазги
гъваридаб асар гьабула рек1ее. Заид Х1ажиев,
Ц1адаса Х1амзат, Расул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Г1абасил Мах1амад - гьел ц1аразулъ раг1улеб буго г1умрудул
философия, ралъдал гьелчей, макьидаса борч1улеб дунялалъул ч1аголъи…
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июль 2012г.
Синоптиказул цереккунисел баяназда рекъон, Россиялъул
Югалъе июль моц1 лъазабун бук1ана г1емер ц1адал ралеб ва кьерхараблъун,
бак1-бак1азда горо-ц1ер бан, т1абиг1ияб гучалъ зарал-зиян гьабизеги бегьулилан
бицун бук1ана гьава-бакъалда хадуб хал кколез рии байбихьараб мехалъго.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Июль 2012г.
ХХ г1асруялъул байбихьуда Россиялда пачаги т1аса рехун,
революцияги бергьун, улкаялъул бет1ерлъуде рач1ана большевикал. Гьелго
хиса-басиял лъугьана Дагъистаналдаги. Гьеб заманаялъ загьирлъана
большевизмалъул идеяби жидер г1умрудул аслулъун гьабурал, кинаб бугониги
х1инкъи-къай лъаларел, бер къач1ого бокьараб иш т1убазе х1адурал граждан рагъул
церехъаби. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъ росулъа Муслим Атаевги,
Мух1амадмирза Хизроевги. Жакъа нижее бицине бокьун буго М. Хизроевасул г1умруялъулъ
ккарал, районалъеги республикаялъеги к1вар бугел, тарихалда лъак1 тарал цо-цо
лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.
|
Автор.
Т1алх1ат Ахъбердиев.Июль 2012г.
2012 соналъул 1 июлалда
гьаюралдаса 90 сон т1убала, Гъизилюрт шагьаралда г1умру гьабун йигей
рагъул ва зах1маталъул ветеран Х1усейнова Написат Х1усейновнаялъ. Гьей гьаюн
йиго Ц1унт1а районалъул Кидеро росулъ милиционер Мах1адаев
Х1усенил хъизамалда, 1922 соналъул 1 июлалда.
|
« 1 2 ... 75 76 77 78 79 ... 89 90 » |