Суббота, 27.04.2024, 12:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 31 » РАЙОНАЛЪУЛ ШКОЛАЗДА АХИРИСЕБ Ц1УМУР.
15:39
РАЙОНАЛЪУЛ ШКОЛАЗДА АХИРИСЕБ Ц1УМУР.

Хунзахъ школалда.

К1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда, гьебго заманалда дагьабго  пашманлъиялъул асаргун к1одо гьабула районалъул школазда ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Рохел бук1уна ц1алдохъаби школаги лъуг1ун  ц1ияб жалго жидедаго ч1араб г1умруялде  лъугьунел  рук1иналдаса,  пашманлъи  бач1уна 11 соналъ цадахъ ц1аларал гьудул-гьалмагъзабаздаса, жидее тарбия  кьурал учительзабаздаса, г1агараб школалдаса рат1алъулел рук1иналдаса. Исана ахирисеб ц1умурги  кьабг1ун школагун къо-мех лъик1 гьабулеб буго улкаялдаго 1млн. 583 азарго  чияс, Дагъистаналда 29270  ва районалдаса 360 ц1алдохъанас.

Киса-кибго улкаялдаго г1адин, к1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда ана ахирисеб ц1умур кьабиялъул  байрам Хунзахъ № 1  гьоркьохъеб школалдаги.

Ц1алдохъабазда, умумузда,  т1аде рач1арал гьалбадерида рохалилаб байрамги баркун школалъул класстун къват1ибехунисеб х1алт1ул г1уц1арухъан Пат1имат Малламух1амадовалъ  баркиялъулаб к1алъай гьабизе раг1и кьуна  школалъул директор Атаев Расулие. Расулица школа лъуг1ун унезда  муг1алимзабазул ва школалъул дирекциялъул рахъалдасан  баркана ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Гьес школа лъуг1ун унезе  гьарана г1умруялъул нухда бит1 ккей, гьабулеб ишалъулъ икъбал,  даимаб гьарзалъиги, талих1, рохелги.

К1алъазе вахъарав районалъул  лъайкьеялъул управлениялъул начальник Залимхан Г1умаровас  баркалаялъулаб к1алъаялдаса хадуб балагьаразе загьир  гьаруна районалда школлъималазда гьоркьор  т1орит1улел  тадбиразулъ школалъ цояздаса цоял лъик1ал  х1асилал росун рук1ин. Ц1алдохъабаз  школалда т1орит1улел олимпиадабазда, конкурсазда, къецазда росун руго  цересел бак1ал. Школа лъуг1ун унезда ц1акъго рек1елъе рортулел  раг1абаздалъун,  коч1ол мухъаздалъун баркиялъулаб к1алъай  гьабуна лъималазул  т1оцеесей учительница Ибризаб Рамазановнаялъ,  бук1ана гьелъул  классалъулги  гьединабго к1арчамаб церерахъинги.

Умумузул рахъалдасан  к1алъарал М. Къадиевас,  У. Г1амирг1алиевалъ рак1-рак1алъулаб баркала кьуна 11 соналъ жидер лъималазе тарбия-лъай кьурал учительзабазе.  Гьединалго баркиялъулал церерахъинал,  инсценировкаби рук1ана школа лъуг1ун унел  ц1алдохъабазулги. Балагьаразе лъик1аб асар  гьабуна школалъул  кьурдухъабазул ансамблялъги.

Школа лъуг1ун унезе насих1аталъулал  к1алъаял гьаруна росдал администрациялъул бет1ер  Х. Т1алх1атоваc, школалъул ц1алулгун тарбия кьеялъул рахъалъ  завуч М. Г1алибеговас.

Г1адатлъун лъугьун бук1ахъе  ц1али лъуг1ун унез  школалъул байрахъ кьуна 10 классалъул ц1алдохъабазухъе. Гьез  раг1и кьуна школалъул байрахъ борхатго лъик1аб ц1алиялдалъунги,  мисалияб г1адлу-низамалдалъунги,  лъик1аб  общественнияб х1алт1удалъунги  ц1унизе.

Кьабана ахирисеб ц1умур. Гьелъ ц1алдохъаби ах1ана ц1ияб г1умруялде,  ц1иял ишазде, ц1иял бергьенлъабазде.

Саг1ат лъик1аб батаги !

Г1арани гьоркьохъеб школалда

Школалъул формаги рет1ун къач1арал выпускниказги, учительзабазги,  кодор т1угьдузул квац1абигун  ругел умумулги, т1аде рач1аразги байрамалъулаб ах1вал-х1ал лъугьинабун бук1ана т1олабго  школалдаго.  Исана  Г1арани гьоркьохъеб школа лъуг1ун к1удияб г1умруялъул нухде  гали т1амулеб буго 26 ялдаса ц1ик1к1ун ц1алдохъанас

Исанасеб ц1алул сон лъуг1иялъул ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрамги  киназдаго баркун, тадбир рагьана ва  берцинго нухда бачана 8 классалъул  ц1алдохъан М. Мух1амадиновалъ.  Учительзабазулги ц1алдохъабазулги х1алт1уеги ц1алуеги лъик1аб къиматги, баркалаги кьун,  школа лъуг1ун унезе лъик1аб т1аса бищизе, квешалдаса рик1к1ад ч1езе тавпикъ кьегийилан гьарараб к1алъай гьабуна  школалъул  директор С.Мусаевас.  Школалъул коллективалда байрамги баркун,  гьеб лъуг1ун унезе насих1аталги гьарун к1алъазе цере рахъана: райадминистрациялъул рахъалдасан районалъул нухмалъулесул заместитель А. Г1абдуразакъов,  Хунзахъ росдал администрациялъул бет1ер  Х. Т1алх1атов,  РОВДялъул начальник Гъ. Султ1анов. 11 соналъ жидерго лъималазе кьураб  тарбиялъухъ рак1-рак1алъго баркала кьурал, школа лъуг1ун унел лъималазе хадубккунисеб г1умруялъулъ бит1ккей гьарарал к1алъаял гьаруна выпускниказул умумул С. Мух1амадбековалъги, П. Нурмух1амадовасги.

Цадахъ х1алт1улел пишацоязе свак-к1вах1 лъалареб, жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1ухъ баркалаги кьун, выпускниказе ЕГЭязда лъик1ал х1асилалги гьарун, хадубккунисеб г1умруялда нужго нужецаго ц1унейилан малъа-хъваял гьаруна  жакъасел выпускниказул т1оцеесей учительница  П. Х1амзатовалъ. Данделъаразда байрамги  баркун, жидецаго чанго соналъ нухмалъи гьабурал лъималазе лъик1абщинаб  гьарана  выпускниказул классрукал Н. Дибировалъ ва Б. Мух1амадовалъ.  Школалъул учительзабазул х1акъалъулъ куч1дул  рик1к1ун, ах1ун байрам  берцин  гьабуна 4 ва 9 классазул ц1алдохъабаз,  Л. Шариповалъ (3 класс) ва 11 класс лъуг1ун  уней Р. Тажудиновалъ. Школалъул ц1ар борхатго  кквейилан, мисалияб къаг1идаялъ  ц1алдеян гьаригун школа лъуг1ун уней З. Х1усейновалъ лъаялъул к1ул кьуна 10  классалъул ц1алдохъан А. Х1айдаровалъухъе.

Байбихьана ц1алдохъабазегун  учительзабазе шапакъатал кьезе .  Мисалияб ц1алухъ грамотаздалъун лъимал к1одо  гьаруна А. Г1абдуразакъовас, олимпиадабазда бак1ал щваразе грамотаби кьуна С. Мух1амадбековалъ, цойгидал  къецазда  росарал бергьенлъабазухъ – Г1. Нурмух1амадовас  ва Х. Т1алх1атовас . Хизрица  росдал администрациялъул рахъалдасан школалъе кьуна сайгъатги. Махщел,  пагьму-гьунар бугел ц1алдохъабазда «Одаренный ребёнок» медалал рана учительница З. Мух1амадг1алиевалъ. Школалъул директор С. Мусаевас жийго Зарипат, ц1алдохъабазул  пагьму-гьунар т1атинабизе, гьеб цебет1езабизе гьабулеб х1алт1ухъ   баркалаги кьун, к1одо гьаюна «Отличник образования РД» значокалдалъун. Г1емерсоназулаб х1алт1ухъ  грамотабаздалъун к1одо гьаруна  У.Къ.Сулейманова, Р.М.Дибирчуева ва П.Х1.Х1асанх1усейнова.

Ахирисеб ц1умур кьабизе изну  кьуна школа лъик1ал  къиматаздалъун лъуг1улел ругел З. Х1усейновалъе, М. Х1айбулаевалъе, А. Гьит1иновалъе. З. Нурмух1амадовалъе, Ш.Г1абдулкаримовасе ва т1оцебесеб класс лъуг1улев З. Г1алиевасе. Киназго цоцазда  баркулеб, гьара-рахьиял гьарулеб выпускниказе т1угьдузул квац1аби, сайгъатал кьолел рук1ана гьеб къоялъ.

Нух бит1аги нужее, выпускникал !

Моч1охъ гьоркьохъеб школалда. 

Т1олабго Россиялдаго г1адин,  25 абилеб маялъ  Моч1охъ гьоркьохъеб школалдаги  т1обит1ана  ахирисеб ц1умур  кьабиялъул роххалилаб  байрам. Радал саг1ат  анц1гоялда берцинго, т1угьдул г1адин къач1арал  ц1алдохъаби  рак1арана линейкаялде. Г1исинго бачунеб музыкаялъул гьаракьалда гъоркь  лъазабуна ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам байбихьулеб бук1ин. Т1оцебе  школа лъуг1ун унездехун баркиялъул к1алъай гьабуна директор Мух1амад  Нурмах1амадовас. Щибаб к1алъаялда гьоркьоб бат1и- бат1иял классазул ц1алдохъабаз ах1ана ва рик1к1ана куч1дул. Школалъул завуч М-Х1. Халилбеговас баркиялъул к1алъайги гьабун  школа лъуг1ун унел ц1алдохъаби экзаменазде риччаялъул приказ ц1алана. Рахъана к1алъазе ц1алдохъабазул умумулги. Гьезги абуна экзаменазда лъик1ал х1асилал ккеялъул х1акъалъулъ ва г1умруялъул нухде каваби рагьулездехун насих1аталъул раг1аби.

Гьединго т1оцебесеб класс лъуг1улел ц1алдохъабаз х1адурун бук1ана букваралъулгун къомех лъик1 гьабиялъул церерахъин. Гьезие т1оцебесеб класс лъуг1анилан дипломал кьуна школалъул дирекциялъ. Жидерго церерахъиналъул ахиралда гьеб классалъул ц1алдохъабаз букваралъул т1ехь кьуна т1асияб соналъ т1оцебесеб классалде рачине ругел  гьит1ичазухъе.

Ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам Моч1охъ гьоркьохъеб школалда ана т1адег1анаб даражаялда ва роххалилаб ах1вал-х1алалда .

  Гьамущи гьоркьохъеб   школалда. 

 Районалъул т1олалго школазда г1адин Гьамущи гьоркьохъеб   школалдаги т1обит1ана  ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Байрамалде х1адурлъи цудунго г1уц1араб планалда рекъон  гьабун бук1ана. Гьеб байбихьана  рохалилаб ах1вал-х1алалда. Байрамалъулаб къаг1идаялъ  рет1а-къарал лъимал ч1ана  кьерал гьарун жиде-жидер классал ккун.  Гьезда кодор рук1ана х1икматал т1угьдузул  квац1аби. Зал берцин гьабун бук1ана т1угьдуз, плакатаз,  кьер-кьерал шариказ.

Байрам бачана класстун къват1ибехун х1алт1иялъул рахъалъ директорасул  заместитель Пат1имат Гъазимух1амадовалъ. Т1оцеве к1алъазе вахъарав  школалъул директор Мух1амадсайгидов  Шагьрудиница жиндирго к1алъай бусинабуна школа лъуг1улезде. Директорас гьезда баркана школалъул  г1умруялда гьезие кьабизе бугеб ахирияб ц1умур, гьарана  хадусеб г1умруялъулъ бит1ккей, зах1малъабигун къеркьезе  къуват ва сабру. Школалда ц1алулъ ва  класстун кхват1ибехунисеб х1алт1улъ бергьенлъаби росарал  лъималазе кьуна грамотаби, г1арцулал  сайгъатал. Байрам т1обит1иялъе  г1арцудалъун кумек гьабуна Гьамущи росдал  администрациялъул бет1ер Мух1амадкамилов  Камилбегица. Гьев ккола  школалъул  гьединал тадбиразул кидагосев сахаватчи.

Камилбегицаги баркана  росдалго рахъалдасан школа лъуг1улезда  гьезул рохалилаб байрам.

Гьединго байрамалда г1ахьаллъана хъизамалъе ва лъималазе кумек гьабиялъул централъул директорасул заместитель Г1абдулаев Мух1амадги.

Умумузул рахъалъан баркиялъул  к1алъай гьабуна родительский комитеталъул член Гъазиева Шарайца. Гьелъ рик1к1ана ц1акъ рекъезабун, учительзабазе рецц гьабун жиндицаго хъвараб кеч1ги. Хадуб т1аде  щвана ц1акъго к1вар бугеб лах1зат. Школа лъуг1улез  10 абилеб классалъул  ц1алдохъабазухъе кьуна школалъул атрибутал ва гьезда т1адкъана школалъул г1умруялъулъ жигараб г1ахьаллъи гьабизе, гьит1иназе мисаллъун рук1ине ва к1удиязул адаб кквезе. Т1оцебесеб классалъул ц1алдохъабаз выпускниказда  байрамги баркун  рик1к1ана ва ах1ана куч1дул. Лъик1аб программагун ва школа лъуг1улезда баркигун цере рахъана школалъул художественниял х1аракатчаг1и.

Т1аде щвана  ахирисеб ц1умур кьабулеб лах1зат. Ц1умур кьабизе ихтияр щвана 11 абилеб классалъул ц1алдохъан Гьит1инов Х1адисие. Гьес  ц1урмалгун цадахъ рачана гьелъие  мустах1икълъарал 1 классалъул ц1алдохъаби Нурмух1амадова  Пат1имат ва Муслимова Пат1имат. Гьеб лах1заталъ г1емеразул  бадиб маг1у хулана.

Дирго рахъалъги гьаризе бокьун буго выпускниказе кидагосеб бит1ккей, сундулъго икъбал, чорхое сахлъи, г1умруялъулъ рохел.

Ц1ияб г1умруялде т1амулеб гали

Батаги талих1аб ва рохалилаб

Исана лъуг1улел кьерилазул г1ел

Г1умру берциназулъ  ц1ар хъваги нужер.


Просмотров: 1636 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz