Главная » Архив материалов
Автор.Пат1имат Гунашева.Июнь 2012г.
Ц1алул сон лъуг1улелъул ц1акъго г1емерлъула районалъул
школлъималазда гьоркьор т1орит1урел къецал. Гьез бихьизабула лъималазда ц1алул
соналъго малъараб, лъараб материалалъул кинаб х1асил ккун бугебали, кин гьеб
гьезда лъан бугебали. Дагьал церег1ан
къояз районалъул халкъияб творчествоялъул рокъоб т1обит1ана пагьму-гьунар,
махщел бугел (одаренные) лъималазул Ассамблея. Гьелда г1ахьаллъана бат1и-бат1ил
къецазда, олимпиадабазда бергьарал,
ц1алулъ кидаго лъик1ал х1асилал рихьизарулел
ц1алдохъаби.
|
2 июналда Кочубеялда т1обит1ана г1адатлъун лъугьараб
республикаялъул росдал маг1ишаталъул
х1алт1ухъабазул байрам – «Г1и-боц1ухъанасул къо». Байрамалда
г1ахьаллъана муг1рузул улкаялъул т1олалго районалдаса г1и-боц1ухъабиги
Дагъистаналъул президентасдаса бахъараб
республикаялъул нухмалъулелги
мадугьалихъ ругел республикабаздаса т1аде ах1арал х1урматиял гьалбалги.
|
Автор.Пат1имат Гунашева. Май 2012г.
Араб моц1алда нилъер район бечелъана цойги ц1ияв спортсменасдалъун. Гьеб
заманаялъ Санкт-Петербургалда т1обит1ун
буго рагъулал искусствабазул Европаялъул
чемпионат. Гьениб ММА «free-combat» абураб спорталъул тайпаялда (гьеб раг1ула бои
без правил г1адинаб спорталъул тайпа)
т1оцебесеб бак1ги ккун чемпионлъун вахъун вуго Лъаг1илухъ росулъа Гъайирбеков Г1алибег (1991 соналъ
гьавурав).
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Май 2012г.
Г1ажаибго г1адатав, инсан хирияв, киназдаго гъорлъ восарав, рекъон ккарав чи вуго Дагъистаналъул халкъияв поэт
нилъер районцояв Г1абасил Мах1амад.
Гьесул ц1ар бахъидал гьеб параялъго киназдаго рак1алде щола гьесул г1умруялъул
гьудул Савдат – эбелги. Гьелъул рух1иял рахъазул борхалъиги т1адег1анлъиги борцун дихъа бажариларо. Цо нухалъг1аги гьел х1еренал, х1алимал г1адамазухъе щваразда кинго
к1оларо хадубккунги, гьенире
щвеч1ого рук1ине, макърат1исалъ г1адин ц1алеб бук1уна гьенибе
рак1, Лъаг1илухъе бугеб нухалъул халалъиги лъиданиги рак1алде щоларо, Хунзахъа Г1аранире ине бокьуларого рук1унелъулцини.
|
Автор.Г1абасил Мах1амад.Май 2012г.
Хабар бач1ун буго,
Х1ажимурадил бет1ер т1ад буссинабулеб бугилан, гьеб букъизе ресги
щванилан. Гьелъул х1акъалъулъ
макъалаги буго «Россиялъул газеталъул» 68 абилеб номералда.
|
К1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда, гьебго заманалда
дагьабго пашманлъиялъул асаргун к1одо
гьабула районалъул школазда ахирисеб ц1умур кьабиялъул байрам. Рохел бук1уна
ц1алдохъаби школаги лъуг1ун ц1ияб жалго
жидедаго ч1араб г1умруялде
лъугьунел рук1иналдаса, пашманлъи
бач1уна 11 соналъ цадахъ ц1аларал гьудул-гьалмагъзабаздаса, жидее
тарбия кьурал учительзабаздаса, г1агараб
школалдаса рат1алъулел рук1иналдаса. Исана ахирисеб ц1умурги кьабг1ун школагун къо-мех лъик1 гьабулеб буго
улкаялдаго 1млн. 583 азарго чияс,
Дагъистаналда 29270 ва районалдаса 360
ц1алдохъанас.
|
1920 соналъул 2 маялда Дагъревкомалъ х1укму гьабуна 15-50
соналде щвезег1ан г1адамазда
гьоркьоб лъай гьеч1олъи т1аг1инабизе. Хунзахъ РИКалъул х1укмуялдалъун
1927 абилеб соналда, гьеб мурадалда
Т1ануси Чупанов Г1алил рокъоб
рагьун буго хъвадаризе, ц1ализе малъулеб
пункт. Ц1алдохъаби рук1ун руго
бат1и-бат1ияб г1елалъул, 15-ялдаса 50-ялде щвезег1ан ригьалда ругел. Гьениб дарсал кьолел рук1ун руго
Х1усенова Гьумайчуца.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Май 2012г.
Хунзахъ росулъа, гьабсаг1ат нилъгун гьеч1ев, 25 соналъ
къват1исел улкабазда дипломатлъун х1алт1арав, разведчик ва полковник
Г1абдулхаликъ Х1ажиевас жиндирго «Честь
имею!» абураб т1охьол цебераг1иялда
хъвалеб буго гьеб ц1ар жинца г1адада
т1аса бищич1илан, гьеб раг1уде гъорлъе
унел ях1-намусги, инсанасул къадруги г1умру гьабизе кколеб къаг1идалъун, жиндилъ эталонлъун
бук1анила ва бугилан. Гьеле гьеб ях1-намусалда рекъон, гьеб ц1унун
г1умру гьабурав чи вук1ана Г1алдулхаликъ. Гьесул гьудулзабилъун рук1ана ц1акъго
жавабиял хъулухъазул, г1уц1абазул нухмалъулелги г1адатиял г1адамалги.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова.Май 2012г.
Араб анкьалда Дагъистаналде, гьелдаго гьоркьоб нилъер
районалда балеб бугеб туристазул кластер
«Макьаст1еги» бач1ун бук1ана
халкъазда гьоркьосеб ва федералияб роцадул
журналистазул к1удияб къокъа.
Гьезда гъорлъ рихьизе бегьулаан Испаниялъул,
Чехиялъул машгьурал газетазул экономикаялъул обозревателал, «Московский Комсомолец» ва
«Коммерсантъ» газеталъул мухбирзаби.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Май 2012г.
К1удияб Ват1анияб рагъда нилъер халкъалъ гурх1ел-ц1об
гьеч1еб гитлерилаб фашизмаялда т1ад Бергьенлъи босиялъул х1урматалда 10 маялъ
Г1арани гьоркьохъеб школалда т1обит1ана рагъулабгун спортивияб х1ай «Бергьенлъи»
(«Победа»). Х1ай т1обит1иялъе аслияб тадбирал гьаруна районалъул
методцентралъул специалист Иманшапи Г1алимчуевас.
|
Автор.Шамхалов Гъазичула Сивухъ росу Май 2012г. БАХЪА КЪАЛАМ КЪВАТ1ИБ КЪО ККАНИН ДУДЕ.
|
Автор.Хунзахъ районалъул музеялъул Директор Шамил Г1алиев Май 2012г.
Нилъер районалда г1емерго руго рижараб росу-ракьалъе
жидедасан бач1араб кумек гьабулел
сахаватал г1адамал. Районалъул музеялъул
директорлъун х1алт1улаго, дида г1емерго
дандч1вана Дагъистан тун къват1ирехун
рук1аниги, рак1алъ районгун ругел,
гьелъул тарихги лъик1алщинал г1адаталги
рокьулел ва лъалел ракьцоял.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Май 2012г.
17 маялда Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалда
т1обит1ана т1адагьаб
атлетикаялъул рахъалъ районалъул чемпионат. Школалъул азбар ц1ун бук1ана жидерго
спортивияб махщел, гьунар бихьизабизе гьенире
рач1арал ц1алдохъабазги гьезул физруказги.
|
Автор.Расул Х1амзатов.Май 2012г.
Г1одоркъоял рук1иналъ батила
цересел соназг1адин исана 8 маялъ райцентралда К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1азулгун т1обит1улеб бук1араб дандч1вай хадусел къоялде бахъараб. Гьеб
къоялъ райадминистрациялъул бет1ер Х1.
Дарбишевги ветераназул советалъул председатель Г1. Г1алих1ажиевги районалда
бугеб погранотрядалъул ва ОАО «Русгидро»
г1уц1иялъул вакилзабиги щвана цо-цо росабалъ ругел къват1ире рахъун бажаруларел
рагъул г1ахьалчаг1азухъе. Гьезда байрамги баркизе, щивасул рак1-мак1
гьабун г1одоре риччараб ах1вал-х1алалда
хабар-к1алги байрамалъулал сайгъатал кьейги бук1ана районалъул бет1ерасулги
гьесда цадахъ ругезулги мурад. Хунзахъа
Атаев Х1усен-х1ажи, Гьит1инавасов Малламух1амад, Г1умаров Х1амзат, Бакьагьеч1иса Х1айдарбегов Хъазами рази хут1ана х1урматиял гьалбадеридаса.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Май 2012г.
Ахирал соназ щибаб апрель моц1алда гьит1инабго Бакьагьеч1и росдал школалда
рак1алде щвезавула к1удияв инсан,
киг1анги к1удияб реццалъеги адабалъеги
мустах1икъав академик, педагог, АПНалъул член корреспондент, ДГПУялъул
т1оцевесев ректор Мух1амадов Ах1мад
Мух1амадович. Гьеб къоялъ гьенире рак1арула районалъул интеллигенция, т1адег1анал хъулухъазул
нухмалъулел, къват1ир г1умру гьабун ругел росуцоял, г1ага-божарал ва цогидалги.
|
« 1 2 ... 74 75 76 77 78 ... 85 86 » |