Гьаб соналда жаниб Г1абасил Мах1амад к1одо гьавун
гьесухъе гьоболлъухъ инч1ев чи хут1ун
ватиларин кколаан, амма Г1арани школа дагьаб
кват1ана. Инч1ого ч1еялдаса кват1ун кканиги к1удияв шаг1ирасухъе щвезе
бугеб анищ т1убана 5-6 классазул
ц1алдохъабазул. Гьезда цадахъ Лъаг1илухъе ун рук1ана школалъул завуч Дибирова
Н. Г1., историялъул учительница Сулейманова У. Къ., 5 ва –6 абилеб
классазул руководительзаби Насух1ова М.
М., Т1агьирова Ж. М., ва Г1алиева У. Г.
К1удияб адаб-х1урматалда дандч1вай гьабуна нижеда Лъаг1илухъ школалъул директор
Къурамух1амадов Мух1амадбегица, завуч Мух1амадов Мух1амадица ва росдал администрациялъул бет1ер Мирзоев
Сахратулагьица.
Г1абасил Мах1амадил бугоан к1удияб, к1ит1алаяб мина, цебе
к1удияб ах. Бихьулеб бук1ана гьелъие лъик1аб
хъулухъ гьабулеб бук1ин. Минаялъул гъоркьияб этажалда буго к1удияб,
бечедаб музей. Щай бечедабин абуни, щайгурелъул гьениб камураб жого бук1инч1ин
ккола. Жанире лъугьараб мехалъ лъимал ва ч1ах1иял кире ралагьилелали лъаларого хут1улеб х1ал бук1ана гьениб. Я нек1сияб тайпаялъул ярагъ, бат1и-бат1ияб ц1араг1,
къайи, бусен-квара, лъурдул, церегосел т1ахьал, хъва-хъваг1аял, т1абиг1аталдаго
рихьич1елг1адал ганч1ал ва гьеб гуребги цогидабги, г1емераб г1ажаибабщинаб жо. Лъимал
хъата-масан суратал рахъизе, цоцада доб-гьаб бихьизабизе лъугьана. Гьеб
къват1ире рахъин гьезда кидаго к1очон
теларин ккола.
Г1абасил Мах1амадил хъизан Савдатица маг1арул г1адаталда рекъон гьобол к1алдиб жо лъеч1ого къват1иве виччаларин абун, кванач1ого кирего риччач1о,
панкъазул сиги гьабун кваназаруна
киналго. Ц1акъ адаб-х1урмат гьабуна, баркала буго гьезие к1удияб.
Цойги, ц1акъ бокьун буго рак1-рак1алъ баркала кьезе росдал
администрациялъул бет1ерасе. Лъаг1илухъе щун нижеда дандч1варалдаса, аск1ов
ч1ана гьев, кирего рачана, щибго бихьизабуна, киналъулго х1акъалъулъ лъималазул рек1елъе бортулеб х1алалъ бицана.
Аллагьас лъик1 таги нуж, г1умру халалъаги, чорхое сахлъи
кьеги, лъимал-рукъалдаса роххун таги,
гьобол хириял маг1арулал!
П.Х1ажиева, Г1арани
школалъул учительница
|