Пятница, 03.05.2024, 07:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 28 » СПОРТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИ... РЕЦАЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ.
17:30
СПОРТАЛЪУЛ ЦЕРЕХЪАБИ... РЕЦАЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ.

Нилъер районалда гуревги,  киналго спорт бокьулезда лъик1 лъала лъик1ав учитель-тренер ва  г1адан х1исабалда Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул физкультураялъул учитель, районалъул ясазул т1аса бищараб волейболалъул командаялъул к1удияв тренер Мух1амадов  Т1айгиб Мух1амадович.

1974 соналъ Г1ахьалч1и  гьоркьохъеб школа лъуг1ун хадуб Т1айгиб  армиялде хъулухъ гьабизе ккола Германиялде. Т1ад вуссун вач1араб 1977 соналъ гьев ц1ализе лъугьуна  Хасавюрталъул педучилищеязул физкультурияб факультеталде.

Гьениве лъугьиналдего, гьит1инаб мехалъго бокьулаан Т1айгибие спорт, хасго волейбол ва т1адагьаб атлетика. Гьев чанго соналъ вук1ана районалъул т1аса бищараб командаялъул чанго турниразул членлъун, вахъана чемпионлъун 1983 соналъ Дагъистаналъул халкъазул спартакиадаялда ва 1500 метраялда векерун  чемпионлъунги вахъана.

Педучилищеялда ц1алулаго Т1айгиб жиндаго т1ад ч1ун  х1алт1ана, волейболалъул т1аса бищараб  командаялда х1алаго гьев лъабго нухалъ педучилищабазда гьоркьоб – Россиялъул югалъул  чемпионлъун вахъана, 1500  метраялъ векерун гьебго Россиялъул къецазда 2-абилеб бак1 ккуна.

Училище лъуг1ун хадуб  гьев х1алт1ана лъабго соналъ Хунзахъ гьоркьохъеб  школалда физкультураялъул учительлъун. Гьелдаса хадуб, 1983 соналдаса нахъе  х1алт1улев вуго Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул физкультураялъул  учительлъун.

Лъималазул спорталъул х1асилазул бицани, Г1ахьалч1и школалъул лъималаз волейболалъул ва  т1адагьаб атлетикаялъул къецазда щибаб соналъ т1оцересел ва  призалъулал бак1ал ккола. Руго гьединго республикаялъул физкультураялъул олимпиадабазда бергьенлъи босарал ва  призалъулал бак1ал ккурал ц1алдохъабиги.

Т1айгиб ккола районалъул волейболалъул ясазул т1аса бищараб командаялъул к1удияв тренерги. Гьес  г1емераб х1алт1и гьабуна районалда ва республикаялда ясазул волейбол цебет1еялъе.

Нилъер районалъул волейболалъул команда 2000 соналдаса нахъе щибаб соналъ т1оцересел яги призалъулал бак1ал  щвеч1ого республикаялъул  къецаздаса т1ад руссинч1о.

Гьаб 2011-2012 ц1алул  соналда т1орит1арал республикаялъул къецазда 1995-97г., 1996-97, 1997-98 соналъул ясазда гьоркьор лъабабго нухалъ чемпионаллъун рахъана гьесул ясал. Гьединго Г1ахьалч1и школалъул ясазул команда районалъул чанц1улго нухалъ чемпионги ккола. Т1айгибилгун хабар ккана районалда ясазул волейбол цебет1еялъе ругел квалквалазул, г1унгут1абазул ва зах1малъабазул. Гьес абуна бищун к1удияб зах1малъи бугила  улбуз ясал тренировкабазде риччангут1и. Амма гьедин бугониги жинца умумузулгун бухьен батун, мац1 бицун т1убазабизе жигар бахъулила. Хадубги, г1исинал школазда – 6-7-8 классазда ясал ц1акъго дагьал, 3-4 яс гурони гьеч1илан абуна гьес. Аск1обго бугеб  Т1ануси школалъулги 3-4 яс кидаго  командаялдаса  камуларила.

Лъималазул къадар ц1ик1к1арал Харахьи ва Гьоц1алъ участкабаздаса командаялде гъорлъе ячине яс щоларила. Гьоц1алъ школалдаса цо яс  йигила исана школа лъуг1ун  уней.

Волейбол цебет1еялъе кумек бук1инаанила цодагьал ц1ик1к1ун турнирал ва дандч1ваял гьаризе рес щолебаниян. Гьединал къецазда г1ахьаллъизе щваразул х1айги бат1ияб бук1унила.

Т1айгиб вуго жиндидехунги, жинца т1аса бищараб  х1алт1удехунги жавабчилъи ва т1алаб  бугев учитель-тренер. Дица лъик1ал х1асилал  ругин дурилан абидал гьесие гьеб рек1ее г1олеб бук1инч1о. Гьесие бокьуларо т1аса-масагояб, бихьизелъун гьабулеб х1алт1и, бокьуларо гьесие жиндиего рецц-бакъ гьабизеги. Жиндие рецц-бакъ бугила жиндир ц1алдохъабазул спорталъулъ лъик1ал х1асилал, гьезул баркала ва гьезул бук1инесебан абуна Т1айгибица.

Гьев вуго гьудул-гьалмагълъи г1емерав, г1адамазул адаб-х1урмат  гьабулев, ккаралъув ватулев гьалмагъги. Т1айгибил х1акъалъулъ ва х1алт1уе лъик1аб къимат кьолеб бугоан школалъул дирекциялъ ва районалъул  лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулезги.

Т1айгиб лъик1ав учитель, тренер гуревги мисалияв эменги ккола. Гьес ва хъизан Айзацаги лъик1аб тарбия-лъай кьун г1езаруна лъабго яс. К1иго ясалъул лъуг1ана  ДГУ ва х1алел рук1ана ДГУялъул т1аса бищараб командаялда. Лъабабилей ясги ц1алулей йиго гьебго ДГУялда ва х1алей йиго  универститеталъул командаялда. Айза ккола искусствоялъул школалъул Г1арани бугеб филиалалъул х1алт1ухъан.

Т1айгиб, гьарула дуеги дур ц1алдохъабазеги районалъул спорталъул байрахъ борхатго кквезе, гьеб цебет1езабизе чорхое сахлъиги, халатаб г1умруги ва  кидаго ниж гьудул-гьалмагъзабазда лъалев г1адав сахав г1аданлъун мун кидаго хут1изеги. Рак1алде ккола  ва дирго г1адаб пикру цойгидазулги батилин  тола, гьадинав  рак1бац1адго х1алт1улев ва гьелда релъарал х1асилал х1алт1улъги ругев Т1айгиб реццалъеги мустах1икъав вугин абун.

Мух1амад Х1анапиев

Эркенаб гугариялъул рахъалъ

СССралъул спорталъул мастер,

«Дагъистаналъул мустах1икъав учитель».

Просмотров: 719 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz