Пятница, 03.05.2024, 12:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 28 » ЭРКЕНАБ ГУГАРИЯЛЪУЛ ТУРНИР... ШАГЬРУДИН ШАМХАЛОВ РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУН.
17:12
ЭРКЕНАБ ГУГАРИЯЛЪУЛ ТУРНИР... ШАГЬРУДИН ШАМХАЛОВ РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУН.

Щибаб къойилаб адаб-х1урматалъеги рецц-бакъалъеги мустах1икъав вуго нилъер ракьцояв,  жиндир заманалда ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун вук1арав, республикаялъул политикиябгун жамг1ияб г1умруялда бихьулеб лъалк1 тарав г1уц1арухъан  Т1анусиса Шагьрудин Шамхалов.

Г1адат буго завод-фабриказе, школазегун лъайкьеялъул г1уц1абазе ц1арал кьун,  спортивиял тадбирал т1орит1ун рагъул  бах1арзалги политикиябгун жамг1иял х1аракатчаг1иги к1одо гьарулеб. Гьединаб спортивияб байрам т1обит1ана гьал г1агарал къоязда Т1ануси Шагьрудин Мух1амадовичги рак1алде щвезавун. Исана лъабабилеб сон буго гьениб Шамхаловасул призалъе г1оло эркенаб гугариялъул республикаялъул  к1варалъул турнир т1обит1улеб. Дагъистаналъул шагьараздасагун  районаздаса нусгоялдаса ц1ик1к1арав  спортсмен г1ахьаллъараб гьеб сверана унго-унгояб спорталъул байрамалде. Г1ахьаллъаразда гъорлъ рук1ана Хунзахъ, Болъихъ, Унсоколо, Хьаргаби, Шамил, Лаваша, Сергохъала районазул, Мах1ачхъала ва Хасавюрт шагьаразул командаби. Киналгоязде г1агарун ц1айиялъул категориялъул гугарухъабаздасан г1уц1ун бук1ана Т1ануси росдал командаги. Къецал ана  т1адагьаб – 42  килограммалдаса, абсолютнияб – 100 килограммалдасаги ц1ик1к1араб ц1айиялъул  гугарухъабазда гьоркьоб.

Командабазул заявкаби къабул гьари, гугарухъаби ц1ай, щибаб ц1айиялъул  категориялда т1оцересел дандч1ваял, гьедин ана къалъизег1ан къо. Къалъудаса хадуб т1обит1ана официалияб куцалда турнир рагьи.

Газпромалъ т1анусдерие сайгъат гьабураб, шагьараздацин г1емер гьеч1ел,  гьанже заманалъул т1алабазда рекъон кколел спортивиял алатаздалъун хьезабураб залалъул цояб бок1нида рекъезабураб трибуналде нахъе рак1арана районалъул ва росдал администрациялъул нухмалъулел, республикаялъул спорталъулгун физическияб культураялъул министерствалъул вакилзаби, т1аде ах1арал. Дандулъараздехун баркиялъул к1алъайги гьабун Шагьрудин Шамхалов  рак1алдещвезавиялъул республикаялъулаб турнир рагьараблъун лъазабуна Т1анусисан районалъул собраниялде депутат Г1абдулаев Х1ажимурадица. Баркиялъулал к1алъаялгун церерахъарал райадминистрациялъул бет1ер  Дарбишев Х1ажияс, Олимпиялъул х1аязул г1арцулав призер Мух1амадхан Г1арациловас, республикаялъул  спорталъул министрествалъул вакил М. Г1усмановас, Кизилюрт районалъул нухмалъулев Мух1амад Х1ажиевас ва цогидазги къуватазе бергьенлъи щвей мураб бук1ин загьир гьабуна. Шагьрудин Мух1амадович  рак1алде щвезавун, лъик1ал ишазул бицун, турнир г1уц1аразе баркала кьун к1алъана Ленинил орденалъул кавалер, лъайкьеялъул ветеран  Г1абдулхаликъов  Мух1амад. Къецал ана ц1акъго х1алуцун, щивасул бергьенлъиялде бугеб таваккалгун. Районалдаса жиде-жидер ц1айиялда чемпионаллъун рахъана Къурамух1амадов Арсен – 60 кг., Мавлиев Мух1амад – 74 кг. Г1олилазда гьоркьов – 58 килограммалда т1оцебесеб бак1 щвана Х1амзатов Х1амзатие, ва 42 килограммалда Х1ажимух1амадов Х1ажимух1амадие. Турниралъул к1иабилеб призераллъун рахъана  Сурхаев Ах1мад – 48 кг., Г1алиев Г1али – 58 кг. ва  Нурмух1амадов Нурмух1амад – 84 кг.

Г1адат х1исабалда районалда кинал рук1аниги к1вар бугел тадбирал, спортивиял къецал т1орит1улел ругониги,  гьенир цере рахъуна Г1амирханов Расулил г1исинал акробатал. Гьанжесаги  балагьарал рази гьаруна гьезул гьунаралъ.

Турнир  т1обит1иялъе квербакъун  сахаватчилъи гьабуна  райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс, Т1анусиса Кизилюрт районалъул бет1ер  Х1ажиев Мух1амадица,  «Машгьурал г1адамал» колхозалъ, живго Шагьрудинил  г1агарлъиялъ, росулъа рес бугел  ва лъик1ал хъулухъ ишазда ругел г1адамаз, республикаялъул спорталъул министерствалъ.

Г1емерал лъик1ал раг1аби абуна Шагьрудинил рахъалъ туринир къалаго к1алъазе рахъараз, рук1ана рак1алдещвеял. Олимпиялъул х1аязул г1арцулав призер Халкъияб Собраниялъул депутат Мух1амадхан Г1арациловас абуна: -  Республикаялъул  халкъияб маг1ишат  цебе бачиналда цадахъго Шагьрудин Мух1амадовичас к1удияб  к1вар кьолаанила спорталдеги культураялдеги. Дол соназ нилъер лъик1ал спортменал рук1аниги  гьезул бергьенлъаби г1иц1го улкаялъул к1варалда къокълъулаан, Шагьрудинил х1аракат ккола Г1али Г1алиевги, Загъалав  Г1абдулбековги цогидал гугарухъабиги дунялалда  ц1ар арал спортменал рахъин ва Мах1ачхъалаялда гугарухъабазул т1адег1анаб спортивияб махщалил школа рагьиги. Г1али Г1алиев жив космонавтазул школалде вачунев вугин, щиб гьабилебан, г1акълу дандбазе вач1индал, Шагьрудиница абурабила «Мун, дир вас, ракьалдаго ч1а»,- йилан. Шагьрудин Мух1амадович  рак1алде щвеялъул турнир республикаялъул к1варалъулин теч1ого, х1ажат буго т1адал  идарабаз кколеб к1варги кьун, гьеб тадбир щибаб соналъ г1емеразул г1ахьаллъигун т1адег1анаб даражаялда т1обит1улеблъун гьабизе, гьелъие дицагоги  х1аракат бахъила,- ян.

Лъуг1ана турнир нахъеги лъаг1алидасан данделъизе мурадгун рихана гьелъул  г1ахьалчаг1и Т1анусиса.

Р. Х1амзатов

Просмотров: 665 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz