Четверг, 02.05.2024, 06:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июль » 6 » ШАНГЕРЕЙИЛ Ц1АР ЛЪЕЗЕ ККОЛА ЛЪАГ1ИЛУХЪ ШКОЛАЛДА.
20:25
ШАНГЕРЕЙИЛ Ц1АР ЛЪЕЗЕ ККОЛА ЛЪАГ1ИЛУХЪ ШКОЛАЛДА.

Школазе ва библиотекабазе ц1ар кьолеб г1адат батана яги героязул, яги ц1акъго ц1ар арав г1алимчиясул. Гьединав чи вук1ана революционер, жинца «Баг1араб байрахъ» орден босарав Мирза Мух1амаев. Граждан рагъул героян абулаан гьесде. Гьесулги ц1арлъей релълъинаро гьанже. Ц1ияб заманги бач1ун,  гьел какулелги руго. Рагъулъ бергьенлъигицин бахъулеб буго Ист1алинихъа. Дицагоги  абула,  г1адамазе кинабго рахъалъан эркенлъи кьолебилан абун, бегьилищ умумулъанго батараб дин гьукъизе, мажгитал къазе? Гьебищ г1адамазе гьабулеб лъик1лъи?!

Араб заманги хварав чиги нахъруссинарилан абула.

Геройлъи босиялдасаги к1удияб гьабун бук1ана гьес лъик1лъи. «Х1оцоса Нажмудинихъе Шамилил васасул вас вач1унев вугин, дандч1ваялъе вахъайилан, г1алимзабазул къукъагун, ун вук1ана Шангерей» - ян  бит1ун бук1ун буго ЧКялде г1арза. Мирзаца гьев хвасар гьавун вук1ун вуго, кин щиб гьабурабали…

Мирза хун хадубги, гьабураб лъик1лъи к1очонарев Шангерейица гьесул васасе жиндир гьит1инай яс кьун йиго, гьелъги гьесие цояздаса цоял ц1акъал щуго вас гьавун вуго. Гьелги жакъаги жиде-жидер х1алт1уда руго. Амма замана хисун буго…

Гьебго суалалда сверухъ дир ц1арги бук1ана бодинабун. Цо дир гьудулас дидацин лъач1ого,  президентасда аск1ов вугев цойги дир гьудуласда гьарун буго, гьеб иш бегьулищали бихьеян. Гьес, ч1аго вук1аго, бегьуларилан , абун буго.

Бегьулев чи дида лъалилан, Лъаг1илухъа Шангерейил дицаги бицинехъин буго. Хъвадарухъан ватаниги дунги, росулъго орденалги медалалги г1емерав чи вук1аниги Х1айдарбег Гьит1инавасовги гьеб ишалъе данде кколаро. Нилъер гьит1инаб росдаца мисал босизе к1удияб росу Хунзахъ буго.

Сон-церекъад г1адин, бач1ун бук1ана районалъул газета. Гьениб хъвалеб бук1ана полковник Г1абдулхаликъица хъван тараб «Честь имею» абураб т1ехьалъулги, гьесул наградабазулги, гьесул разведх1алт1улги х1акъалъулъ. Гьелда хурхун гьарурал  х1алт1абазул бицунелъулги гьев полковник-дипломатасул ц1ар лъезе кколилан лъицаниги абич1о.

Гьединлъидалин дица Шангерейил ц1ар щай лъезе кколебали бицинехъин бугеб.

Т1оцебесеб иргаялда, Шангерей вук1ана нусго соналъ нилъ рижарав Аллагьасе г1ибадат гьабурав чи.

К1иабизе бугони, гьев вук1ана к1удияв астроном. Лъабабизе, гьев вук1ана география лъим г1адин лъалев г1алимчи.Ункъабизе, гьес нахъа тана жинцаго г1араб мац1алъ хъварал асаразул 18 том.

Гьанже г1енеккеха дица иргадал рагьулеб хабаралъухъ:

Шангерей гьавун вуго 1871 соналъ. Гьес жинцаго абулаан Ункъракьалда  гъабгъа багъарараб соналъ гьавун раг1улин живан. Ц1ализеги жив щвеч1еб росу хут1ун батиларила, къоло щуго соналъ ц1аланила. Лъебералда к1иго сон бан хадув анила г1урус мац1ги лъазе бокьун, Россиялде х1алт1изе. Микьго-ич1го сонги г1урус  ракьалда бан т1ад вуссиндал, к1икъоялда хадуб сон барав чияс ячанила ч1ужу. Х1уригаталъул соназ жив вук1анила к1икъоялда анц1го соналде вахарав чи.

Астрономиялъе эсде вахарав чи гьеч1илан абулаан. 1949 абилеб соналъ Болъихъ ц1алулелъул дун ана Хъаладухъе Х1айдарбегов Мансудида гьикъизе -  поэзиялъул т1ехьалда хъван бугин «Дунялалъул т1ину т1адехун ц1алеб ц1вайил гьунар бугин гьет1а-къулиги» абун эдинищ эб бугеб, яги щай Полярияб ц1ваялде Северияб полюс буссараб бугеб?  Дарсиде г1едег1ун унаго щвана дихъе Мансур. Гьес ц1акъ къокъго бицана дие гьеб, «Мунги Лъаг1илухъа кколелъул, Шангерейида гьикъе, гьес дагьабги г1ат1идго бицинебин  дуе гьелъул, гьев вугин бокьараб суал астрономиялъул лъалев г1алимчийилан».  Дун щвана росулъе. Гьикъана гьеб Шангерейида. Гьес бицана дие доб Полярияб ц1ва бат1и-бат1иял заманаязда добе- гьанибег1ан кколеб г1адат бугила, гьелъие г1иллалъунги Бакъул системаго  цадахъго  сверулеб  бук1ин  кколилан…

Шангерейица, жинцаго х1исабги гьабун, бицунаан  санайил к1ал кколебги биччалебги къо. Хадуб календарь дихъе щведал, дихъе босун вач1аян вит1улаан. Цо-к1иго минуталъул гурони , гъалат1  ккун гьеч1иланги  воххулаан гьев.

География бук1ана гьесие бищун хирияб г1елму. Цо нухалъ Болъихъа дир имг1ал Мух1ама-Рашид  вач1ун вук1ана. Гьев вук1ана геогрфиялъул учитель. Шангерейихъе щведал, гьес суал лъуна, рач1а, дуда гьаб глобусалдасан улкабазул г1орхъаби рихьизаризе лъалищалиян абун. Рашидида жиндаго гьеб лъалаан. Глобус  физическияб картаялъул бугониги, Шангерейида гьебги бихьизабизе к1вана. Дир имг1алас гьелда  г1ажаиблъи гьабидал, гьес глобус хенезабуна ва килщикье ккараб бак1алъул бицана. Гьеб килищ  цураб бак1алде кколел г1адамазулги, бижулеб жоялъулги, рух1ч1аголъиялъулги гьес бициндал, бат1ияб х1икмалъи гьабуна дир имг1алас…

Цо къоялъ Лъаг1илухъ учительлъун вук1аго, дун вук1ана кружок бачунев. Жаниве лъугьун вач1ана херав Шангерей. Херавин абизе, к1к1ван к1иабилеб къоялъ г1адин, бук1унаан гьесул мегеж. Гьесда кодоб бугоан, бихъун  х1арщулъе  реххараб картаялъул кесекги…

«Гьаб буго нужер лъималазул х1алт1и. Учительзабаз гьаб гьабизе рес гьеч1о. Нужер ц1алдохъабазда лъалебани карта бахъулаго бихьанщинаб къоги, хванщинаб харжги, ч1ванщинав чиги, лъималазги гьабизе бук1инч1о гьаб х1алт1и, - абун, т1убараб лекция ц1алана гьес гьеб къоялъ. Метерго лъималги данде  гьарун, бице гьезда дун школалде вач1ун вук1арав куц!»

Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амад лъаларев чи нилъер ватиларо. Гьев вук1ана Шангерейил божарав  гьудулги. Шангерей хванилан раг1идал, гьес гьабураб маг1уялда гъорлъ бак1ана цо мухъ «Г1арабият хъвазе Замахшарияв» абураб. Замахшарияв кколаан цевесев чи, жиндир г1арабият лъаялъе ц1ар щварав чи. Гьесие г1адаб к1удияб къимат щвана нахъа вахъарав имам Гъазалие. Шангерейица хъвалаан  классикияб г1араб мац1алда. Гьес гьеб гьукъараб заманалда хъвай гуребги, хъвалаан жакъа къоялъе х1ажатал темабазда. Шангерейил  васигаталда рекъон, гьесул нус Сукайнатица гьеб дихъе кьун бит1ана Гьарак1униса Мух1амадихъе кьезе. Анц1ила микьго том хъван бугин Шангерейица абун, хадуб дида абурав чиги Гьарак1униса Нурмух1амадил Мух1амад  вуго.

Гьеб басмаялда бахъиялъул яги г1емер гьабиялъул суал хадуб баккана. Ирсилаца гьабилеб батила гьелъул иш. Шангерейил рук1ана г1олохъанго хъварал рокьул к1уч1дулги, ц1иял поэмабиги. Гьел рук1ана авар мац1алда. Дица гьеб т1ехь гьесул васасул вас Х1айдарихъе кьуна, гьес бахъизе г1амал гьабизеян. Къокъ гьабун абуни, гьев Шангерей вук1ана к1удияв хъвадарухъанги.

Гьесулалдаса мустах1икъаб ц1ар дида бихьуларо Лъаг1илухъ  школалда лъезе.

Цо бугони, гьев исламияв ва рух1ияв х1аракатчиясул рахъ кквезе буго лъабабго росдал агьлуялъ.

К1иабизе бугони, х1исабалде босизе ккела, жакъасеб динияб рахъ, жеги гьединал чаг1азул  ц1арал кирниги лъун гьеч1олъи.

Лъабабилеб бугони, гьев вук1ана бац1ц1адаб г1елмуялъул вакил

Ункъабизе бугони, лъабкъоабилел соназда Инхоса Расулица, г1алимзабиги ах1ун, гьабулеб мавлидалда раг1и кьедал к1алъазе вахъун вуго Шангерей. Гьес абун буго, дида нужеца лъеч1еб ц1арги теч1ин, жакъа бихьейин жиндир х1ал, бокьараб суалги хъван дихъе кьейин бац1ц1адаб т1амач. Дица кьураб жавабалъе, мекъи бук1ин бихьизабизе к1варасул «х1ат1ал чуризе» ине раг1и кьолин  жинцаян. (Бицун бук1ана Г1орут1аса Мух1амад-Расулица ва дихъе кагъат бач1ун бук1ана Москваялда ц1алулелъул. Гьеб дица, Хирамух1амадихъ бит1ун бук1ана Т1алх1атихъе.)

Щуабизе бугони, Шангерей ккола районалъул газеталда г1емерал макъалаби рахъарав чи, коч1одалъун хъварал дица нахъе ц1унунги  руго. Гьесул мурад бук1ана  бесдалал ц1уни.

Дир хьулги буго районалъул г1адамазги, районалъулго бет1ерасги, районалъул депутатазул собраниялъги гьаб гьариялъул рахъ кквелилан.

Г1абасил Мах1амад

 

Просмотров: 810 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz