Пятница, 03.05.2024, 17:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 28 » Х1АЖИМУРАД "Т1АДЕ ВАХЪА, ХУНЗАХЪЕВ, ЦО ДАГЪИСТАН БИХЬИЗЕ".
17:41
Х1АЖИМУРАД "Т1АДЕ ВАХЪА, ХУНЗАХЪЕВ, ЦО ДАГЪИСТАН БИХЬИЗЕ".

"Воронцовги Аргутинскийги г1адинал бодул церехъаби Х1ажимурадица бух1араб къант1а г1адин ч1езе гьарулаан, гьес гьабулеб жоялда хадур гъоларого ".

"Гьев аваразул бахьикъосасасул х1акъалъулъ бицунеб жо бащдабниги бит1араб батани, х1икмат буго гьесул г1адалаб бет1ер Аллагьас кин ц1унарабали ".

(Полтарацкий).

Х1ажимурадица Тишлах1аралдаса (гьанже Сергохъала) хъамун буго Нижний Новгородалъулаб драгуназулаб полкалъул илхъи. Талгималда Х1ажимурад сверун ккун вуго 1000 чи г1ахьаллъараб шамхаласул аскаралъ, драгуназул 120 рек1арасдасан г1уц1араб эскадроналъ ва лъелал кьвагьдохъабазул эскадроналъги. Х1ажимурадил бодулъ вук1ун вуго 200 чи. Гох1 ккун вугев Х1ажимурадиде т1аде к1анц1ун буго к1иябго эскадрон. Драгуназул ч1ван вуго 80 чи, Х1ажимурадица ч1ван вуго Зо­лотухин - эскадроналъул командир. Рагъ байбихьарабго наибас ах1ун буго: "Командир командирас ч1вазе ккола", - ян. Гьеб рагъулъ Х1ажимурадил ч1ван вуго цо чи.

Г. Опариница хъвалеб буго Х1ажимурадил гвангвара нахъе кьеян т1алаб гьабунин Г1умар (Х1ажимурад) Г1умаровас.

Гьелдаса цебеги г1емераб х1алт1и гьабун бук1ана гьеб ишалда сверухъ. Гьелъул х1асилалда Россиялъул xlyкуматалъ х1укму гьабун бук1ана гвангвара Г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъулаб филиалалъухъе кьезе. Амма филиалалъул нухмалъулезе бокьич1о гвангвара наибасул варисазухъе кьезе. Гьеб босизе кагъатги кьеч1о. Гьелдаса хадуб 1996 соналда Черномырдинил указалдалъун кьолеб бук1ана гьеб нахъе. Нижеца (хундерица) документал гьарун лъуг1илелде гьеб ишалда гьоркьоб реч1ч1ана цо серх1азул фонд: жидехъе кьейила, жидеца букъилила гьеб эсул хабалъ.

Кунсткамераялъ гьезие жаваб кьуна: "Гвангвара буго х1укуматалъул мал!!! Россия тун къват1ибе гьеб босизе бегьуларо", - ян. Гьелдалъун нижги бакъалда хут1ана.

Жакъаги буго хабар гьеб нахъе кьезехъин бугин. Нагагь ахир-къадги гьеб нахъе кьуни, бач1унеб буго: "Щиб гьелда гьабилеб?" - абураб суал.

Гьелъие жаваб кьолел чаг1и руго Х1ажимурадил ирсилал, хундерил жамаг1ат. Гьелда щиб гьабилебали лъазе нилъеца кьоч1ое росизе ккола Россиялъул законалги, шарг1ги, халкъазда гьоркьосеб къанунги. Исламалъ гьукъуларо хабалъа бахъун жаназа цогидаб бак1алда букъизе. Ингилисазул къануналда буго "пре­цедентное право" абураб калима. Цебе гьабуралда рекъон хадубги гьабейилан абураб маг1на буго гьелъул. Имам Шамилица Таргъуялда аск1оса Гъазимух1амадил жаназа Генубе босана. Шарг1алъ гьеб гьукъараб букарабани, имамас гьединаб х1алт1и гьабилароан.

Алжиралъ Ливаналдаса нахъе босана Г1абдулкъадирил жаназа. Нилъее нух гьеч1о Х1ажимурадил гвангвара гьесул къаркъалаялда аск1об букъизе. Тушманзабаз гьабухъейищха гьеб х1алт1и телеб?!. Гьанжениги Х1ажимурад т1адвуссине ккела жиндирго ват1аналде - Хунзахъе.

Хабалалъ вукъун вук1аравани, гьенив тезе бегьилаан, г1алахалда вукъун тей маг1на гьеч1еб г1адаб жо буго. Жиндаго гьикъизе бук1ара­бани, киназего г1адин, г1агарлъиялда аск1об бук1ине бокьиларищ эсиеги хоб, радал-бакъанида, хириял къояз дуг1а-алх1ам рух1алъеги щун.

Цо-цо гьанжегицин бач1уна суал: "Х1ажимурад киса вук1арав?" - ан.

Х1ажимурадил вас Гуллаца хъвалеб буго: "Хунзахъа Х1ажимурад гьавуна пуланаб соналъ", - ан. Васасда божизе ккеларищ? Султ1ан-Ах1мадицаги Бахуцаги Абусулт1ан-нуцалие рахьдал вац валагьулеб мехалъ, кин гьезда лъараб Ц1елмесалдаса чиясе вас гьавун вук1ин? Хундерил к1удияб жамаг1аталда т1аса вищизе вас гьавурав чигойищ вук1инч1ев. Гьит1инамух1амад вук1ун вуго Тавулал тухумалъул, росулъ г1езег1ан г1агарлъиги бугев чи, Залмуги йик1ун йиго Хунзахъа ч1ужу. Г1агарлъиги г1емер бук1ун, лъик1аб тухумги бук1ун, Султ1ан-Ах1мадица васасе рахьдал эменлъун т1аса вищун вуго Гьит1инамух1амадги, эбеллъун Залмуги. Лъарахъчатал авалалъул мажгиталдеги хьвадулел, гьелъул садакъаги щолел чаг1и рук1ун руго гьел. Рукъунги Тавулал тухумалъул г1адамал гьеб ава­лалъул хабалалъ руго. Ц1елмесалъув гьезул цониги чи вукъун гьеч1о. Шамилил дурц Г1абдурах1манил "Китаб ал-тазкира" т1ехьалда хъван буго: "Хунзахъа Х1ажимурадил Ц1елмесалда бук1ана рукъги ахги", - ян.

Рукъги ахги Къородаги Ц1алк1ит1аги бук1ине бегьула чиясул, амма чи вук1уна инсул росулъа.

Х1ажимурадил наибасулаб ц1ва Дюмал музеялда Франциялда paгlyла. Грузиялъул тарихияб музеялда батана Х1ажимурадил туманк1ги. Гьеб гуржиязул коллекционерас бичун босун бук1ун буго наибасул варисзабазухъа. 1925 соналда музеялъ гьесухъаги босун буго.

Музеялъул директорасул замес­титель Миха Церетелил ва Г. Гамбашидзел кумекалдалъун гьеб бихьизеги сурат бахъизеги рес щвана 2011 соналда.

 

Х1ажимурадил хоб Хунзахъ бук1ине ккеялъул суалалде т1адруссани, гьев гурелги руго хундерил росулъ хоб щвеч1ел бах1арзал.

1. К1удияв Г1умахан Ч1арахъ мажгиталъул азбаралда вукъун вуго.

2. Гьесул эмен Мух1амаднуцалил - Надиршагьасул аскаралда т1ад михир бачарав багьадурасул хоб балагьизе Шамахалъул хабалалъ к1иго къоялъ сверана дун мунагьал чураяв Гиничукьа Х1айдарбегил Мансурида цадахъ. Амма зани батич1о.

З.Хириясул Г1алибег вукъун вуго Ах1улгох1да.

4.Ахъбердил Мух1амад вукъун вуго Гуршкурталда - Шоботив. 1972 соналда нижеца г1емерал чачаназда ц1ехана гьесул хоб киб бугебилан. Ригь арав к1иго чачанас абуна гьаниб бугин цо шайихасул хобилан. Цеве щваравго, Мансурица абуна: "Г1алибег, гьале Ахъбердил Myxlaмадил хоб", - ан.

Гьезул цох1онигиязул жаназа росулъе босиялъул суал лъицаниги, киданиги борхич1о, гьелъул аслуги бихьулеб гьеч1о. Амма Х1ажимурадил аслуги буго, росулъ хобги бук1ине бокьила.

Г1алибег ХЪАЗАНБИЕВ,

 тарихчи.

 

Просмотров: 1340 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz