Пятница, 03.05.2024, 13:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июль » 6 » БАЙРАМАЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА.... Г1ОЛИЛАЗУЛ КЪОЯЛДА МЕДАЛИСТАЛГИ К1ОДО ГЬАРУНА.
14:50
БАЙРАМАЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА.... Г1ОЛИЛАЗУЛ КЪОЯЛДА МЕДАЛИСТАЛГИ К1ОДО ГЬАРУНА.

27 июнь  лъазабун буго Россиялъул  г1олилазул къолъун.Гьелда хурхун 28 июналда  райцентралда бугеб спорткомплексалда цебе районалъул г1олилазул комитеталъул  х1аракатчилъиялдалъун г1уц1ун бук1ана байрамалъулаб тадбир. Байрамалде  рач1ун рук1ана районалъул нухмалъулел школазул директорзаби, «Макьаст1а»  бугеб г1олилазул лагералда х1ухьбихъи  гьабун ругел студентал,  нилъерго районалдаса т1адег1анал ва гьоркьохъел ц1алул заведениязда ц1алулел ругел, исана школа  лъуг1ун унел ва Хунзахъ росулъа г1адамал.

Г1олилазда гьезул байрамги баркун, гьезие талих1-рохелалъул ц1ураб г1умруги гьарун байрамалъулаб тадбир рагьана  райадминистрациялъул  бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица. Парахатаб, берцинаб г1умруги, сахлъи, ц1алулъгун бук1инесеб х1алт1улъ бергьенлъабиги, кинабго лъик1абщинабги гьарун, бит1араб нухдасан аян насих1аталги гьарун г1олилазда байрам  баркарал к1алъаял гьаруна  районалъул нухмалъулев Дарбишев Х1ажияс, районалъул лъай  кьеялъул управлениялъул начальник  Г1умаров Залумханица, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул директор Мух1амадов Т1инч1ас ва ДГИНХалъул (нархозалъул) вакил Мух1амадов Х1амидица. К1алъаяздаса хадуб Х1ажияв Мух1амадовичас  цереги ах1ун  баркалаялъулал раг1абиги абун медалалги аттестаталги кьун к1одо  гьаруна исана т1ок1лъигун школа  лъуг1арал г1олилал.

Меседил медалал щвана: Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалдаса Мух1амадова Кариматие, Чункъова Бахуе, Пахрудинова  Лаюзае, Хунзахъ № 2  гьоркьохъеб  школалдаса  Г1амирова Сидратие, Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалдаса  Г1абдулаева Рисалатие, Буц1ра гьоркьохъеб школалдаса Мух1амадова Чакарие, Т1агьада гьоркьохъеб  школалдаса Саг1адуева Урузмагие, Уздалросдал гьоркьохъеб школалдаса Раджабова Сидратие, Г1арани гьоркьохъеб школалдаса Х1усейнова Зайнабие, Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалдаса  Г1абдурах1манова Пат1иматие ва Насух1ова Умалх1айбатие.

Г1арцулал  медалазе мустах1икълъана: Г1арани гьоркьохъеб школалдаса Х1айбулаева Мадинае, Т1ануси гьоркьохъеб школалдаса Мух1умаев Мух1умае, Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалдаса  Локалова Хъандулалъе ва № 2  гьоркьохъеб школалдаса Х1айбулаева Зулх1ижатие.

Официалияб бут1аялдаса хадуб  байбихьана концерталде. Г1олилазда гьезул байрам баркун куч1дул ах1изе рач1ун рук1ана Мах1ачхъалаялдаса артистал: Руслан Мух1амадов, Насрула ва Хатима. Гьездаса къеч1ого куч1дул ах1ана  нилъерго районалъул  культураялъул х1аракатчаг1азги – Г1айшат Тажудиновалъ, Пат1имат Султ1ановалъ, Парихан Мусаевалъ ва цогидазги. Дунял рук1к1ун хадубги къот1ич1о ах1улеб коч1ол гьаракь, нахъалъаг1анги рук1ана кьурдулел, кеп-ихтилат гьабулел  г1олилалги. Байрамалъул ахиралда данделъаразда къеда бараб проекторалдасан бихьизабуна араб соналъ Мах1ачхъалаялда т1обит1араб  районалъул форумалъул цо  бут1а.  Гьедин лъик1аб аваданлъиги х1ухьбахъиги гьабун, жидеего г1уц1араб байрамалдаса  разиго ана г1адамал рокъо-рокъоре.

П. Гунашева


 

Просмотров: 607 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz