Четверг, 02.05.2024, 15:38 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июль » 12 » ТАРИХАЛДА ЛЪАЛК1 ТАРАЛ.
21:53
ТАРИХАЛДА ЛЪАЛК1 ТАРАЛ.

ХХ г1асруялъул байбихьуда Россиялда пачаги т1аса рехун, революцияги бергьун, улкаялъул бет1ерлъуде рач1ана большевикал. Гьелго хиса-басиял лъугьана Дагъистаналдаги. Гьеб заманаялъ загьирлъана большевизмалъул идеяби жидер г1умрудул аслулъун гьабурал, кинаб бугониги х1инкъи-къай лъаларел, бер къач1ого бокьараб иш т1убазе х1адурал граждан рагъул церехъаби. Гьезда гьоркьор рук1ана Хунзахъ росулъа Муслим Атаевги, Мух1амадмирза Хизроевги. Жакъа нижее бицине бокьун буго М. Хизроевасул г1умруялъулъ ккарал, районалъеги республикаялъеги к1вар бугел, тарихалда лъак1 тарал цо-цо лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ.

Мух1амадмирза Хизроев гьавуна 1882 соналъ Авар округалъул Хунзахъ росулъ векьарухъанасул хъизамалда. Гьев ц1алана Хунзахъ бук1араб школалда машгьурав революционер Мах1ач Дах1адаевгун цадахъ. Хадуб ц1ализе лъугьана ставрополалъул  гимназиялде. 1901 соналъ Хизроев лъугьана Петербургалъул гражданиял инженерал х1адур гьарулеб институталде. 1903 соналъ гьев лъугьана компартиялъул членлъун. Гьелдаса нахъе Мух1амадмирзаца жигараб х1алт1и гьабула революционнияб х1алт1и г1уц1изе цин Петербургалда, Бакуялда хадуб Дагъистаналда.

Ц1ар раг1арав художник, живописалъул академик Евгений Евгеньевич Лансерил анищ бук1ана Л. Н. Толстоясул «Хаджи-мурат» асаралъе суратал рахъизе. 1912 соналъ гьесие х1укуматалъул рахъалъан щола гьеб къисаялъе суратал рахъизе заказ. Гьес Кавказалде вач1иналде Петербургалда ралагьулел рук1ана  дагъистаниял. Гьедин Лансерел лъай-хъвай ккола Хизроевасулгун ва гьев ц1акъ вохула Мух1амадмирза Х1ажимурадил росуцояв ватиялдаса. Художник ва революционер лъугьуна ц1акъ лъик1ал гьудулзабилъун. Хунзахъе вач1индал Лансереца гьоболлъи бала Хизроевасул эмен Исиласул рокъоб. Лансереца Хунзахъ рахъула Х1ажимурадил минаялъул, ханзабазул к1алг1аялъул, Х1амзат-имам жанив ч1вараб мажгиталъул ва  маг1арулазул суратал. Гьес рахъула баг1арав партизан Байсунгъур Качаловасул, Мух1амадмирзал эмен Исиласул, ч1ужу Разиятил, яц Зулх1ижатил (гьей йик1ана Х1ажимурадил ч1ужу) сураталги.

1916 соналъ бахъараб Л. Н. Толстоясул т1охьода руго Лансереца Хунзахъ рахъарал суратал. К1иабилеб нухалъ художник Дагъистаналде вач1ана 1917 соналъ хъизан-лъималгун цадахъ. Гьев рещт1уна Темир-Хан-Шура М. Хизроевасухъ. Гьенибги шагьаралъул бат1и-бат1иял бак1азул, Хизроевасухъе рач1арал гьалбадерил суратал рахъула Лансереца. Лансерел лъай-хъай ккола М. Дахадаевасулгунги,  рахъула гьесулги  гьесул г1ага-божаразулги суратал.1918 соналъ Мах1ач ч1ван чанго  моц1идасан Лансере уна Тифлисалде. Хадубги  чанго нухалъ щола художник к1иабилеб Ват1анлъун лъугьараб Дагъистаналде. 1921 соналъ февраль моц1алда  Дагъистаналдаса Москваялде В. И. Ленинихъе Кремлялде дандч1вазе рит1ун рук1уна делегатал: Къоркъмасов, Тахо-Годи, Ахундов ва Мух1амадмирза Хизроев. Гьезул сайгъат – ансадерица гьабураб  чернильнияб прибор жакъаги ц1унун буго Ленинил бук1араб кабинеталда.

Дагъистаналъул халкъияб маг1ишаталъул Советалъул председательлъунги ва цогидалги жавабиял хъулухъаздаги рак1бац1ц1адго х1алт1ула Мух1амадмирза.

М. Хизроев унтун Гьолокь вегун вук1уна. Гьесде ваккизе арав колхозалъул председательлъун  вук1арав Сулейманов Къасумида  Мух1амадмирзаца абула гьаб бусадаса жив т1аде вахъани Заг1иб к1к1ал т1егьараб ахалде буссинабилин. Гьесул анищ т1убазе Къасумица Россиялдаса валагьун вач1ана ц1ар раг1арав агроном Бланк. Гьес ч1арал руго  гьенир ругел  г1ечул, мокьрол  ва Хунзахъ  цо-цо г1адамазулги рукъалда цере гьанжеги ругел гъут1би. К1ахъги ругин гьес ч1арал гъут1биян раг1ана.

Гьедин, г1умруялъго жиндасан бажарараб лъик1лъи, хайир хадусел г1елазги пайда босизе бегьулеб мукаг1алъи гьабурав, цогидазеги мисалияб г1умруялъул лъалк1 нахъа тана  Хизроевас. Гьев вук1ана росу – районцояз гуребги Дагъистаналъго адаб гьабулев чи.

Гьаниб рехсеч1ого г1оларо гьаб макъала хъваялъе ккараб г1иллаги. Г1арани гьоркьохъеб  школалъул тарихалъул учительница Сулейманова Умужат Къасумовнаялъ нижехъе бач1ана Лансерелги Хизроевасулги ккараб дандч1ваялъул х1акъалъулъ хъвараб «Буйнакск в истории и легендах» абураб т1ехь ва жиндирго инсуда хурхарал рак1алдещвеялги. Бокьун буго Умужат Къасумовнаялъе гьел материалазухъ  баркала кьезе.

Т1адехун абухъе, гьаниб бицен  гьабун буго Хизроевасул г1умруялъулъ ккарал тарихалъе к1вар бук1арал цо-цо  лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ. Бокьилилан ккарас  бегьула  гьесул ва  цогидалги ц1ар раг1арал, ракьалда лъалк1 тарал умумузул х1акъалъулъ газеталде хъвазе.

П. Гунашева


Просмотров: 757 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz