Главная » Архив материалов
Хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централда
зама-заманалдасан т1орит1ула бат1и-бат1ияб махщалил ва ригьалъул г1адамазулгун
дандч1ваял.
Гьаб нухалда гьениб т1обит1ана Социалистияб Зах1маталъул
Бах1арчи, 2 Ленинил орденалъул лауреат,
СССРалъул Верховный Советалъул депутат, Хунзахъ, Хьаргаби, Казбек, Гъуниб
районазда КПССалъул райкомалъул 1-сев секретарьлъун х1алт1арав Махулов
Мух1амадилгун ва зах1маталъул ветеран,
г1умру Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалда звеноводлъун арай Къебедова Залмулгун дандч1вай.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Сонисеб къоСонисеб къоялда хут1ана ДОСААФалъул къадруги къиматги, жакъа къоялда гьелъул ирсилаб г1уц1илъун ккола РОСТО (Российская оборонная спортивно – техническая организация). Цо-цо бак1азда ругилан абизелъун руго гьелъул спортивиялгун техникиял клубал (СТК), автошколал.
|
Автор.Г1.Г1исаев.Ноябрь 2012г.
Хамиз къоялъ, 25
октябралда, х1алт1улаб сапаралда Москваялда вук1арав Дагъистан Республикаялъул Президент
Мух1амадсалам Мух1амадов дандч1вана «Газпром» ОАОялъул правлениялъул
председатель Алексей Миллергун.
Гьеб дандч1ваялда гьоркьоб лъун данд бана Дагъистан газалдалъун хьезабиялъул
к1вар бугеб чанго суал.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Ноябрь 2012г.
Дун кутакалда йохула районалъул г1олилаз творчествалъулаб х1алт1улъ
жалго рихьизаридал. Щай? Щайгурелъул
гьеб буго кутакалда къоги бихьулеб, т1адч1ун х1алт1изеги кколеб заман т1ами.
Г1ажаибаб ч1ух1игун ва х1урматгун кодобе босулеб буго дица «Дагъистаналъул
машгьурал росаби» проекталда гъоркь къват1ибе бач1араб Гьоц1алъ росдал бицараб
беричаб журнал.
|
Автор.Н.Г1алиева.Ноябрь 2012г.
Гьал къоязда
районалъул г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул централъул нухмалъулев
Дибирчуев Х1ажил ва гьесул коллективалъул жигарчилъиялдалъун районалъул
К1ультураялъул к1алг1аялда т1обит1ана цогидал байрамазде дандеккунги
меседилаб-50 соналъ цадахъаб берцинаб г1умруги гьабурал, лъик1ал г1адамалъе
рахъарал лъималги г1езарурал, жидер г1умру, хьвада-ч1вади цогидал росуцоязе
мисаллъунги кколел цо-цо хъизаназул
меседилаб бертин.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2012г.
ДАССРалъул Хунзахъ районалда бугеб х1алт1ухъабазул,
рекьарухъабазул ва баг1араскариял-депутатазул
исполнительныяб комитеталъул финансазул отдел г1уц1ун бук1ана 1929 соналда.
Хадусел соназ гьеб организациялъ чанго
нухалда хисана жиндирго ц1ар. 2006 соналдасан гьелда абула Дагъистан
Республикаялъул финансазул министерствалъул Хунзахъ районалда бугеб финансазул
управлениеян. Гьеб пачалихъияб структураялъул аслияб масъалалъун ккола
районалъул хаслъабиги х1исабалде росун
районалъул цогояб финансазулаб, бюджеталъулаб ва налоговияб политикаялда гъорлъ
г1ахьаллъи гьаби. Финансазул управление г1ахьаллъула Дагъистан Республикаялъул ва бак1алъулаб самоуправлениялъул бюджеталда гьоркьосел гьоркьорлъабазда. Гьелъ кумек гьабула районалъул
нухмалъулезе бак1алъулаб бюджеталда
хадуб хал кквезе ва гьеб т1убазабизе.
|
Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2012г.
Учителасул х1алт1и буго бищунго т1адег1анаб ва бищунго
къиматаб, щай гурелъул школалда ц1алич1ев, учителас дарс кьеч1ев, гьес куцач1ев
махщалил устар цониги гьеч1елъул. Учителасда
кодоб буго бищунго жавабияб ва зах1матаб х1алт1и – лъималазе тарбия
кьей. Т1олабго дунялалдаго г1адин, к1удияб рохалилаб ах1вал-х1алалда к1одо
гьабуна учителасул байрам Т1ануси г1аммаб гьоркьохъеб лъай кьеялъул школалдаги.
|
Гьал г1агарал къоязда г1умрудул гьайбатаб юбилей – 50 сон
т1убай к1одо гьабулеб буго «Хунзахъ
район» мниципалияб г1уц1иялъул
бет1ерасул заместитель Г1абдуразакъов Асадг1алица.
|
Г1ахьаллъарал разияб, киназго г1уц1аразе баркала кьураб
тадбир т1обит1ана культураялъул х1алт1ухъабаз ригь аразул къоялъул х1урматалда
районалъул маданияталъул рокъоб
гьал къояз. Нахъа тарал соназ бихьараб зах1мат-г1акъубаялъ дагьалго тархъун
рук1аниги, жеги г1олохъанлъиялъул гугьар
бекич1ел, жидер г1умрудул х1албихьи г1исиназе сайгъат гьабизе х1адурал райцентралдасаги сверухъ росабалъаги
херал г1адамал данделъун рук1ана гьеб къоялъ клубалде. Социалияб зах1маталъул
Бах1арчи Махулов Мух1амад, КПССалъул Хунзахъ райкомалъул к1иабилев секретарлъун
вук1арав Гьиматов Гъазимух1амад,
райисполком Мух1амадинов Г1алиасх1аб, 60
соналъ цебе Хунзахъе учительлъун яч1арай, гьениб жиндир къисмат
батарай Г1аликулова Муслимат
(Валентина), кеч1-бакъаналъул устар Г1арабова Загьидат…, т1ок1ал рехсеч1ониги, жидер заманалда раг1и билъарал,
гьанжеги г1исиназ г1акълу дандбан ургъел бикьулел херазул сиях1 к1удияб
бук1ана.
|
15 октябралда официалияб сапаргун районалде вач1ун
вук1ана Дагъистан республикаялъул Х1укуматалъул
бет1ер Г1абдулаев Мух1амад
Г1имранович (Имранович).
|
Автор.
Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.Октябрь 2012г.
Районалъул нухмалъулесулгун гара-чIвари тIобитIизе планалде босун букIана Дагъистаналъул Президент Хунзахъе вачIараб сентябрь моцIалдаго, амма ХI. Дарбишевасул ишалъулаб регIунгутIиялъ гьеб нахъбахъун тезе ккана. Гьединлъидал, жакъасеб номералда кьолеб буго районалъул бетIерасулгун гIатIидаб гара-чIвари.
|
Автор.Написат Г1алиева.Октябрь 2012г.
Учителасул махщел ккола дунялалдаго бищунго х1урматияблъун
ва бищунго адаб гьабулеблъун. Г1иц1го учителасе налъулаллъун ккола лъимал
жидерго церет1еяздалъунги, г1умруялда
бергьенлъабаздалъунги. Учителасул профессионалияб махщалида бараб бук1уна
лъималазе лъай кьеялда цадахъго, гьезие тарбия щвей, гьел улкаялъул унго-унгоял гражданаллъун рахъин.5 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана
Т1олгодунялалъул учителасул къоялъул х1урматалда районалъулго церет1урал учительзабиги г1ахьаллъун
рохалилаб данделъи.Гьеб х1урматияб данделъиялде вач1ун вук1ана
райадминистрациялъул нухмалъулесул
заместитель С. Батиров, районалъул лъай
кьеялъул управлениялъул методикияб
централъул х1алт1ухъаби.Жидерго рокьулел учительзабазда байрам баркизе рач1ун рук1ана районалъулго
школаздаса ц1алдохъабиги.
|
Дагьал церег1ан къояз республикаялъул тахшагьаралдаги нилъер районалъул Макьасда бак1алдаги рагьана имам Шамилил бах1арчияв наиб Х1ажимурадиеги
г1урусазул к1удияв хъвадарухъан Л. Н.
Толстоясеги памятникал. Гьал къоязда
Хунзахъ централияб библиотекаялъул х1алт1ухъабаз рак1алде щвезаруна росуцоял –
имам Шамилил наибзаби.
|
Автор.Г1.Ибрагьимова.Гьоц1алъ школалъул учительница. Октябрь 2012г.
2002 соналъул 20 августалда Къебед
Х1асанбеговасул 70 сон т1убаялде
Дагъистаналъул художниказул союзалъул выставкабазул залалда Къебедил юбилейный выставка
г1уц1ун бук1ана.Гьеб вернисажалда рак1арун рук1арал
Къебед Х1асанбеговичасул гьудулзабаз бицунеб бук1ана жакъа жиндир бергьун
к1удияб пагьму-гьунар бугев ва метериса жив дунялалда ц1ар раг1аравлъун
рик1к1ине вугев Дагьистаналда т1оцевесев чекан кьабун портретал гьарулев Къебед
Х1асанбеговасул х1акъалъулъ. Г1емерал лъик1ал раг1аби абуна гьесул
гьалмагъзабаз, ц1алдохъабаз ц1ияб гьумер Дагъистаналъул изобразительный
искусствоялъул тарихалда рагьарав Къебедил х1акъалъулъ.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Октябрь 2012г.
Швейцариялда К1удияб Адроннияб коллайдер (дунялалда бищун
къуватаб частицабазул ускоритель, г1елмияб
ц1ирагьи - авт) г1уц1улеб ун буго щуго сон, дунялалда бищун халатаблъун
рик1к1унеб, Францияги Англияги цолъизабулеб, лъеда гъоркьан бахъараб Ла-Манш
тоннель бахъун лъуг1ун буго къокъабго 7 соналда жаниб. Амма щаяли, маг1арулазул
микьго районалъе жиндасан пайдагун квег1енлъиги ц1ик1к1араб, нухги къокъ
гьабулеб Гендерил тоннель базе байбихьун
бук1ун буго божизе зах1матаб х1ужжа -
1979 соналъго ва халат бахъун буго жакъа къоялде щвезег1ан. Амма, рецц Аллагьасе, бихьана нилъеда тоннелалъул
ахада канлъи – ахир-къадги 2 октябралъ Буйнакск ва Унсоколо районазул г1орхъуда гендерил къварилъухъ рагьана Россиялда
(х1атта, СНГялдацин) бищун халатаб
гендерил тоннель. Россиялъул Х1укуматалъул
председатель Дмитрий Медведевас бицанихъе, г1азу-ц1ер баниги, гьава-бакъалъул
кинаб хиса-баси кканиги, 4км.304 м. халалъи бугеб тоннелалдасан транспорт
хьвади гьоркьоса къот1изе гьеч1о ва
дагъистанияз нухда унаго балеб заман
къокълъизе буго чанго саг1аталъ ва нусгоялде г1агарун километралъ.
|
« 1 2 ... 72 73 74 75 76 ... 87 88 » |