Дун гьаб макъала хъвазе т1амуна исана 7 июналъ «Росдал
зах1матчи» газеталда бахъараб «Ч1ег1ераб» газеталда ц1акъго ч1ег1ер хъван бугин ккана», абураб
Моч1охъ школалъул учитель М-Х1. Халилбеговасул макъала ц1алидал. Дица кутакалда
рахъ ккуна ва дие ц1акъ рек1ее г1уна гьев авторасул макъала. Цин ручка кагъат
кодобе босилалде нилъеца пикру гьабизе ккола сундул х1акъалъулъ хъвазехъин
живго вугевали. Ва гьеб хъван хадуб г1адамаца жиндие кинаб къимат кьелебилан. Г1адамасда жаниб
дида бищун нахъег1анисеб ишлъун бихьула
мац1ал гьари ва нахъасан к1алъай. Чияс мекъаб ва данде кколареб жо
гьабулеб бугони, абизе ккела чиясда бадибе дур гьеб иш мекъаб бугин яги бит1ун
бугин абун. Республикаялъул «Черновик» газеталде хъвач1ониги кибе ун
бук1араб нилъерго районалъул газета. Х1. Дарбишевасдеги М. Мусаевасдеги
г1айибал г1унт1изари гуро гьениб бихьулеб бугеб. Гьениб буго нилъерго район
къват1иб ч1вай ва г1адамазул напс г1одобе гьаби. Цин пикру гьабизе ккола нилъер
г1адаб район киб бугебали. Нилъ жанир
г1ураб район буго кидаго киназдаго гьоркьоб цебесеб бак1алда бугеб,
культураялъул рахъалъги, адабалъул, маданияталъул рахъалъги. Чанги к1удиял,
лъик1ал г1алимзаби, г1акъилзаби, учительзаби, врачал, шаг1ирзаби, зах1маталъул церехъаби жанир г1ураб г1агараб Хунзахъ район
буго гьаб. Нилъ роххизеги ч1ух1изеги ккола
гьадинаб районалда г1ун ратиялдаса. Нилъер больницаги бук1ана кидаго
лъик1аблъун. Гьенир гурищ рук1арал ва ругел махщел камилал тохтурзаби: Мунагьал
чураял Саху Дибирчуев, Сидрат Мух1амадова, Х1ажимурад Хъайтмазов. Дица киналго
хваразул ц1арал рехсолел гьеч1о, Аллагьас бит1араб нухде ккун ратаги гьел. Дица
г1ажаиблъи гьабуна Гъуниб районалда беццаб бакьалъе операция гьабизе врач
гьеч1ин, Хьергебдерил врачазе баркала кьун хъван батараб мехалда. Нилъ кутакалда Аллагьас
лъик1 хьихьун руго, нилъер г1адал кверал
меседилал ва махщел камилал врачал кинаб районалда ругел. Ах1мад Мух1амадов,
Камил Мух1амадов, Мух1амадрасул Хочоев, Мух1амадх1ажияв Х1ажиев, Гъайирбег Г1алиев ва
гьел гурелги цогидалги. Нилъерго бугелъул къимат гьабе. Рокъоб бугеб – къват1ул
лъим, къват1ул бугеб – гьац1ул лъим, бук1унареб. Дие бокьула районги районалъул
росабиги лъик1 рук1ине. Нилъее киназего
бокьизе ккола нилъерго рукъги нилъгоги
лъик1 рук1унел г1адин киналго ва кинабго
лъик1 бук1ине. Бокьула руководительги махщел, бажари бугев, цох1о жиндирго
гуреб, г1адамазул мурадал т1уралевлъун вук1ине. Больницаялъул ц1ияв глав врач вач1ун вугин абураб мехалда дица
ц1ехана кинав, киса чи абун. Абуна Лъаг1илухъа Мух1амад Мусаев абун военный врачлъун Россиялда х1алт1улев вук1арав, х1алт1иги лъалев бажариги, г1адлуги бугев, г1адамасул адабги ккурав руководитель вугилан.
Гьелдаса к1удияб роххел нилъееги щибха
бук1ине ккелеб? Нилъ ч1ух1арал рук1ине
ккола гьелдаса. Нилъее къвариг1ине
кколаро кинабго бичча-бихъан толеб къаг1ида, къвариг1ун буго г1адлу, бак1а-баххари, унтараздехун хинаб
бербалагьи ва т1алабчилъи. Гьеб кинабго
Мусаевасул чорхолъ бугелъул, гьел т1алабал т1уразари данде кколарев цо-цо чи ватизеги бегьула гьеб коллективалда
гьоркьов.
Унго-унгояв инсанлъун вук1ине ккеялдаса к1удияб налъи гьеч1о
чиясе. Инсан вук1ине ккола напсалъул ханлъунги намусалъул лагълъунги.
Инсан ракьалдасан вижана ва
ракьалде вуссуна. Хвел киназдаго
нахъа буго, к1очон тоге! Анив толев чи
цониги гьеч1о. Къо лъуг1арав чиги лъицаниги кколаро ва кквезеги к1оларо,
секунталъ нахъги бахъуларо хвел. Мусаевасул
г1айибалдалъун къо лъуг1ич1ев чиги хун ватиларо. Аварагзаби, асх1абзаби хварал, г1алимзаби,
г1акъилзаби хварал, чанги лъик1а-лъик1ал чаг1и хварал, хвел нахъ ч1вазе лъиданиги
к1оларо. Халилбеговас абухъе, щокъроб махх кквезеги бажаруларо. Районалъул
бет1ерлъудеги Х1. Дарбишев нилъерго
районцояз вищана, вищулеб мехалъ лъик1ав
вук1анагури халкъалъе эв, гьанже щай ганч1ал реч1ч1улел нахъасан? Жакъа дидаса
лъик1 вугев чи дунялалда цоги ватиларин рак1алде кколеб бугони, лъидаго лъаларо
метер нилъеда нахъа щиб бугебали, гьединаб заман бач1ун буго гьанже, щивав
чиясул рек1елъе иман т1инк1аги, я Аллагь! Щиб лъалеб гьеб хъварав авторасулги
рак1 бух1ун батизеги бегьула. Лъик1аб гьабизе, квешаб тезе Аллагьас
щивав чиясе тавпикъ кьеги. Дица гьарила
районалъул нухмалъулезе ва больницаялъул бет1ерав врачасе, т1олабго гьезул коллективалъе чорхое
сахлъи, халатаб г1умру, х1алт1улъ ч1ах1иял
бергьенлъаби! Г1адамал разияб,
г1умру берцинаб, берцинаб т1огьоде т1аде
х1ур ккеч1еб парахатаб г1умру ва г1одобе биччай гьарула т1олалго районцоязеги.
Саг1адат Муслимова
Бакьагьеч1и культурияб
рукъалъул директор
|