2012 соналъул 1 июлалда
гьаюралдаса 90 сон т1убала, Гъизилюрт шагьаралда г1умру гьабун йигей
рагъул ва зах1маталъул ветеран Х1усейнова Написат Х1усейновнаялъ. Гьей гьаюн
йиго Ц1унт1а районалъул Кидеро росулъ милиционер Мах1адаев
Х1усенил хъизамалда, 1922 соналъул 1 июлалда.
Написатица рак1алде щвезабуна: гьелъул эмен Х1усен вук1ун
вуго Хунзахъ районалъул, Байикь росулъа
ваграждан рагъ лъуг1ун хадув гьев х1алт1изе вит1ун вук1ун вуго Ц1унт1а
районалъул милициялъул отделалде х1алт1изе. Ячун йиго Кидеро росулъа яс – Салимат. Яс Написат гьаюн хадуб, гьелъул эмен Х1усен х1алт1изе вачун вуго
Хунзахъ районалъул милициялъул отделалде. Ч1ужу Салимат гьесда цадахъ бат1ияб
районалде йилъун гьеч1о, яс Написатги хьихьун
жиндирго г1агараб росулъ ч1ч1ун
йиго. Гьеб мехалъ Написатил эмен т1оцеесей
йик1арай ч1ужугун рекъон вуго.
Гьелъулги рук1ун руго гьесие гьарурал 3
лъимал…
1929 соналъ 7 сон т1убараб г1ужалъ Написат ц1ализе лъугьун
йиго Кидеро росдал 7 сонил школалде ва
лъуг1изабун буго 4 класс. Доб заманалда росдал г1адаталда рекъон ясал ц1ализе
риччалел рук1ун гьеч1о, ва Написатица
гьит1инго байбихьун буго колхозалда х1алт1изе. Написатица 9 сон т1убараб
мехалъ г1олохъанго хун йиго эбел,
ва гьей жиндирго хъизаналде хьихьизе
ячун йиго имг1ал Мух1амадица (эбелалъул
вацас). Ц1акъ лъик1ав имг1ал вук1анилан, рак1алде щвезабуна Написатица.
1939 соналъ 17 сон барай яс Написат россасе кьун йиго Кидеро
росулъа г1олохъан чи Мух1амадие. Гьев
вук1ун вуго квералда махщел бугев къадахъанги,
ц1улал устарги, цогидал х1алт1абиги гьарулел рук1ун руго гьес.
К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалъ Написат х1алт1улей
йик1ун йиго колхозалда: бецулеб бук1ун буго хер, ч1олеб ва бак1арулеб бук1ун
буго картошка. Добб заманаялъ бук1инч1ила транспортги, цойгидаб техникаги,
жиндир х1алт1ул алатлъун бук1анила хер бецулеб хъандиро-ян бицуна гьелъ.
Хуриеги Написат, цойгидал г1олохъанал
руччаби г1адин хьвадулей йик1ун йиго гъежда баччун лъимер жаниб бугеб кинигун. Мугъзадаги лъун бак1ал харил магьалги раччун руго хуриса. Рагъул заманаялда х1ехьон
буго ракъиги, къечги, квачги бук1инч1ила т1ад рет1ине сахаб рет1елг-хьит.
Рагъ лъуг1ун хадуб россасул бесдал эбелалъ толеб
бук1инч1еб х1алхьиги х1ехьезе к1веч1ого
Написат 3 лъимадул эбел ят1алъизе ккун йиго россасдаса. Гьей 3 лъималгун цадахъ
нухда г1емераб къоги бихьун щун йиго инсул росулъе Байикье, Хунзахъ районалде.
Гьеб заманаялда инсул т1оцеесей ч1ужуги хун йик1ун йиго. Гьелъ инсуда аск1обги
г1емераб мех бан гьеч1о ва инсул яцг1ал Суайбатица малъарабги гьабун гочун йиго
Гъизилюрт районалъул зонаялда бугеб,
Хунзахъ районалъул Сталинил ц1аралда
бугеб колхозалъул (хадуб Хизроевасул
ц1ар лъураб) – Языковка
гъутаналде, ва х1алт1изе лъугьун
йиго дояркалъун. Гьений х1алт1ун йиго 25 соналъ. Написатица рак1алде щвезабуна:
гьелда хадуб бухьинабун бук1анила 15-20 г1ака, цо-цо нухалъ дояркаби гьеч1еб
мехалъ 25 г1акаги, дояркаялъул х1алт1и бугила ц1акъ зах1матаб, радал хехго т1аде рахъине кколаанила г1ачи
реч1ч1изе. Гьезие хъулухъ, тимарги гьабизе кколаанила, сардилъ нахъа гурони
рукъореги руссунароанила. Написатица гьеб хъулухъ рак1 бац1адго гьабун
буго, ва цойгидазе мисалияйлъунги йик1ун йиго. Цере т1урал дояркабазда гьоркьоб
гьелъул ц1арги хъван бук1анила доб заманаялъ Хунзахъ районалъул газеталда. 1977
соналъ гьей ун йиго пенсиялде, ва гьелдаса нахъе йиго мустах1икъаб х1алхьиялда. Яхъун йиго Гъизилюрт шагьаралде
г1умру гьабизе.
Дида рак1алде ккола,
гьаб дунялалда бищунго зах1матаб жо батилин эбел-эменги ч1аго
рук1аго гьездаса цере лъимал хвей.
Гьедин ккун буго Написатиеги. Зах1матаб унтиялдаса хадур бат1и-бат1иял
соназ г1умруялдаса рат1алъун руго 52 сон
барав васги, 57 сон барай ясги. Аллагьасул х1укмуялдаса кьуризе бак1 гьеч1ила
г1одое йиччан ва сабруялда, хъатикь ч1умалги
рик1к1унаго – абуна Написатица. Гьабсаг1ат гьей йиго к1удияй ясалда аск1ой. Гьелъул руго 3
лъималазул лъималги, ва гьезул лъималги.
90 соналде яхарай г1адан йик1аниги Написат рукъой г1одой ч1ун йик1унаро,
лъале-хъвалезухъе т1аде-гъоркье уна, жеги гьелъухъа рукъоса г1ебеде ва паст1ан къоноялда гьабулеб х1алт1и
бажарулеб буго, хьвадула г1ансаги гьеч1ого.
Дун гьелъулгун гара-ч1вариялда вугев мехалда, гьелда
аск1оса вахъун т1урун ана ясалъул васасулги гьит1инаб лъимер ва тириго
гьев г1одове вуссинавизе, гьесда хадуй
хехго галабиги т1амун ана Написат.
Дида рак1алде ккана -
гьей лъадарарай г1адан йиго, ва гьеб ккола г1олохъанаб мехалъ гьарурал
зах1матал х1алт1абазул х1асил.
Написатица бицана – Хунзахъ росулъ ругел –
Чухъилазулги, Х1амзаловазулги тухумалъул
чаг1и жиндир г1агарал кколилан. Гьелда лъалел рук1ун руго жидер мунагьал чураял
- Чухъиласул Самадги ва гьединго, Г1ишарият, Мух1амад, Написат,
Г1абдулат1ип – Х1амзаловалги…
Рак1 бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло Написатие кьун рук1ун руго
«Х1урматалъул грамотаби», «В. И. Ленин гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул юбилеялъул медаль», «Зах1маталъул ветаран» -
медаль, ва «Бергьенлъиялъул» - юбилеялъул медалалги. Щибаб
«Бергьенлъиялъул праздникалде» - Россиялъул
президентасул баркиялъул кагъталги
рач1унила.
Гьаюралдаса 90 сон т1убаялъул юбилейги баркун – Х1усенова
Написат Х1усейновнаялъе гьарула щулияб сахлъиги, роххелги, талих1ги, халатаб
г1умруги.
Т1алх1ат Ахъбердиев
Жалго г1адатиял,
Г1амал берцинал,
Г1умруялъул дарсаз
Сабру бечедал.
«Дун, дие, дица»-ян
Ч1ух1ун к1алъач1ел
Ч1ах1ияб г1елалъе
Къулизин бут1рул!!!...
|