Главная » Архив материалов
Автор.Н.Г1алиева.Сентябрь 2012г.
Гьал къоязда районалъул централияб библиотекаялда т1обит1ана
нилъер районалъул Сивухъ росулъа зах1маталъул ветеран Патах1ов Къурбанг1алилгун дандч1вай. Гьелъул
мурад бук1ана г1ун бач1унеб г1елалда нилъер цересел умумуз г1ет1 т1ун, зах1мат бихьун гьабураб маг1ишаталъул маг1на
бич1ч1изаби, гьелъул церехъаби лъазари. Зах1маталъул цевехъан вук1ин гуребги,
Къурбанг1алица хъвала жиндирго г1умруялъул, Сивухъ росдал тарихалъул, гьелъул г1адамазул инсан иман-иях1алде, исламалъул
нухалде ах1улел куч1дулги.
|
Автор.Ш.Мух1удинов.Сентябрь 2012г.
1886 соналъ гlypyc пачаясул
чиновник1аз гьабураб «Бакьаг1еч1иб жамаг1аталъул хъизамазул сиях1алда» хъвалеб
буго «Магома Чунки Магома оглы - 75 лет, сыновья его - Чунки - 20 лет, Hyp Магома - 8
лет». Гьелдасан босун абизе бегьула, х1акъикъаталдаги Ч1анк1а (Тажудин) 1886 соналъ
гьавунилан.
|
19 сентябралъ Хунзахъ Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана «Дагъистаналъул
муг1рузул районал» ассоциациялъул
членал-муниципалиял г1уц1абазул г1аммаб собрание. Хадубккунги социалиябгун экономикияб рахъалъ
республикаялъе к1вар ц1ик1к1арал
суалалгун т1обит1араб гьеб данделъиялде
бет1ералда Дагъистаналъул президент Мух1амадсалам Мух1амадовгун районалде
бач1ун бук1ана к1удияб делегация.
|
15 сентябралъ Калмыкиялъул тахшагьаралда т1обит1ана Элистаялъ 147 сон
т1убаялъул байрам. Россиялъул Югалдаса гьенире ах1арал гьалбадерида гъорлъ Дагъистаналъул вакиллъун
бук1ана нилъер районалдаса «Г1акаро» ансамбль.
|
Автор.Мух1амад Г1алиев.Август 2012г.
Аби буго, унтарасда г1адин сахлъиялъул
къимат лъаларилан. Г1умруялъул х1албихьиялда т1ад рижарал ч1орг1анги рит1арал
раг1аби руго гьел. Анц1ила анкьго соналъ цебе хъулухъалъулаб ишалъ унаго
автоавариядде ккун сакъатлъана дун. Гьелщинал соназ вуго инвалидазул
коляскаялда. Гьеб унтул х1асилалдаги, г1аммаб куцалда черх заг1иплъиялъги ккана
г1емерал больницабазде, рихьана чанги тохтурзаби. Рук1ана унтаразе шарт1ал
ругелги, гьеч1елги больницабиги, дандч1вана жидер налъи бич1ч1улелги, гьеб
т1аса-масаго т1убалелги тохтурзабиги. Гьезул бицинарин.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Август 2012г.
Районалъул культурияб
г1умруялъулъ бихьулеб бут1а лъола искусствалъул школалъул ва
филиалазул преподователазгун г1исинал
гьунарчаг1аз. Гьез кидаго бугониги жигараб
г1ахьаллъи гьабула район тун
къват1ибехун т1орит1улел бат1и-бат1иял къецазда. Исана искусствалъул школалъ,
т1обит1ана 50 сонилаб юбилейги. Араб ц1алул соналда жидецаго гьабураб х1алт1ул х1акъкалъулъ нижее бицана искусствалъул школалъул директор Мух1амадов
Мух1амад Жабраг1иловичас.
|
Автор.Написат Г1алиева. Август 2012г.
Баянаб бук1ахъе, дагьал
церег1ан къоязда Мах1ачхъалаялда бугеб «Экспресс» банкалъул
филиал х1исабалда Г1арани росулъ рагьана т1адеги ц1ияб офис. Гьелъул х1алт1ул
х1акъалъулъ баянал кьеян
нижеца гьарана офисалъул нухмалъулев Х1усенов Шамил Х1усеновичасда.
Гъоркьехун бахъулеб буго нижедаги гьесдаги
гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Август 2012г.
Районалда гуребги республикаялдаго музыкалияб культура
цебет1езабиялда бихьулеб бак1 ккуна
Загьидат Г1арабовалъ. Хунзахъги, Мах1ачхъалаялдаги, Буйнакскиялдаги,
республикаялъул цогидал росабалъги залал кьабг1ун ц1урал г1адамаз рахъун ч1ун
хъат кьабг1ана Загьидатие.
Гьелъие хъатч1варазда гьоркьор рук1ана дунялалдаго
машгьуралги. Г1емерисел машгьурал коч1охъабазго г1адин Загьидатицаги коч1ол дунялалде т1оцебесеб гали школалдаго т1амуна.
Хадуб, районазда гьоркьосеб ясазул школалда Г1араний
ц1алулагоги Загьидат йик1ана художественнияб х1аракатчилъиялъул хиси гьеч1ей
г1ахьалч1ужулъун ва бергьенлъиялда цее
яхъунаан. Загьидатил х1еренаб, роц1ц1араб, рек1елъе бортулеб гьаркьицаги,
маг1арул ч1ужуг1аданалда рекъарал коч1ол раг1абазги, раг1абазде данде кколел
бакъназги кьабг1ун залал ц1урал г1адамал
рак1арулаан.
|
Автор. Г1иса Г1исаев.Август 2012г.
Бет1ербахъиялъе ресал мукъсаналг1ан росабазул г1адамал
рук1уна х1аракатал, жигарал, зах1маталъукьа
х1инкъуларел, гьел къезарун ругьунал. Гьединал руго Г1ебут1а росдал
г1адамалги. Маг1арулазул аслияб маг1ишат – хур-рукъги, г1и-боц1и хьихьиги рехун
тун, «купи-продаялде» г1алам бараб мехалъ, Г1ебут1а гьеч1о бекьич1ого тараб
квер ч1вазег1анасеб ракьул кесек.
|
Автор.«Новое дело» газеталдасан буссинабуна ПАТIИМАТ ГУНАШЕВАЛЪ.
Дагьаб цебег1ан Хунзахъ районалдасан раг1изе лъугьана
лъик1ал гьеч1ел харбал: цо анкьалда жаниб 4 чи ва 13 июлалда лъимер гьабурай
г1адан хвеялъул. Г1айиб гьабулеб бук1ана тохтурзабазде гуребги, «мекъаб»
кадровияб политика гьабурав бет1ер Х1.
Дарбишевасдеги. Районалда ккарал лъугьа-бахъиназдасан Х1. Дарбишевас жиндирго
пикраби загьир гьарулел руго «Новое дело» газеталъул мухбир А. Ах1маднабиевасе.
|
Автор.М-Р Х1айбулаев.Август 2012г.
Гьав Хьиниса Нурмух1амадов Камалудинил ясалъул вас
Хъайтмазов Сайгидгун дандч1вана дун Г1арани гьоркьохъеб школалъул спортзалалда,
цоясда гьаб рагъари малъун, цогиясда цогияб малъун, гьенив тириго жиндирго
спортсменазда малъа-хъваял гьарулев вугоан гьев.
|
50 сон т1убана Россиялъул хъвадарухъабазул ва журналистазул
союзазул член, ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан Патах1ов Мух1амад
гьавуралдасаги.
|
Автор.Ф.Г1алиева.Июль 2012г.
Нилъ
умумуздасан суратги бахъун,
Си
борхизабизе рижарал гуро,
Гьез
ирсалъе тараб сахабщиналде,
Сахлъи
т1аде жубай т1ад лъурал руго.
|
Автор.М.Ах1мадов.Июль 2012г.
Заманалъул г1адатлъун лъугьун буго т1обит1улеб
кинаб бук1аниги тадбиралъе рес бугел г1адамаз квербакъи. Дир турниралъеги
ратана сахаватчаг1и.
|
Автор. Г1абасил Мах1амад.Июль 2012г.
Йохъ, дун поэт гуро, поэт вук1ине
Рак1алде гьесарав гьалмагъцин гуро…
Шаг1ирзаби рук1ана, руго ва рук1ине
руго Хунзахъ шагьаралда.
|
« 1 2 ... 73 74 75 76 77 ... 87 88 » |