Понедельник, 06.05.2024, 18:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 9 » Г1АДАМАЗУЛ БОЖИЛЪИ - Г1АРЦУДАСАГИ КЪИМАТАБ.
15:33
Г1АДАМАЗУЛ БОЖИЛЪИ - Г1АРЦУДАСАГИ КЪИМАТАБ.

Баянаб бук1ахъе,  дагьал церег1ан  къоязда  Мах1ачхъалаялда бугеб «Экспресс» банкалъул филиал х1исабалда Г1арани росулъ рагьана т1адеги ц1ияб офис. Гьелъул х1алт1ул х1акъалъулъ  баянал  кьеян  нижеца гьарана офисалъул нухмалъулев Х1усенов Шамил Х1усеновичасда. Гъоркьехун бахъулеб буго нижедаги гьесдаги  гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

- Банкалдасан  г1адамазухъе  кьолел руго  бат1и-бат1иял карточкаби. Бицинарищ гьезул х1акъалъулъ?

- Банкалда руго 200-10 азарго гъурущалде щвезег1ан лъаг1алие хъулухъ гьабуралъухъ  босулел карточкаби. Гьел руго  т1аде процент бач1унел ва бач1унарел. Масала, бокьарав чиясул рес буго карточкаялде мухь-харж рехизе. Гьес  т1аса бищизе бегьула процент бач1унеб  яги бач1унареб карточка. Пенсионеразул рес буго 7 яги 8 процент т1аде бач1унеб карточкаялде пенсия рехизе, 7 процент бач1унелъул багьа ккола 200 гъурущ, 8 бач1унелъул 600 гъурущ. Анлънусго гъурущ багьа бугелде т1аде кьола лотереяги. Процентал рехула щибаб моц1рол ахиралда лъаг1алие х1исаб гьабун. Г1арац х1ажалъараб мехалда къаси-къад бат1алъи гьеч1ого бокьараб мехалда бахъизе бегьула банкоматалдаса. Харжал рехизе договор бугел учреждениязул  х1алт1ухъабазе карточкаби рагьула дагьал  г1одобег1анал  багьабазде. Масала, 600 гъурщил багьаяб ункънусгоялде, 2500 гъурщил багьаяб - 1500 ялде.

Харжал ва пенсиял банкалде рехун  рач1аразе рагьулел руго кредиталъулал карточкаби. Гьеб карточкаялда бук1уна харжил  яги  пенсиялъул к1иго къадар бугеб г1арац. Масала, харж батани 10000 гъурущ, кредиталъулаб карта рагьула 20000 гъурущалде. Гьеб кредиталъулаб картаялда бугеб г1арац х1алт1изабизе бегьула г1арац къвариг1араб мехалда, яги банкоматалдасан босизе бегьула, бокьани гьеб карточкаялдасан к1удиял тукабаздаса босизе бегьула къайи. 50 къоялда жаниб г1арац т1ад буссинабуни, банкалъе процент кьезе кколаро, ай пенсия яги харж гьенибе бач1унезе рес  буго, жидерго г1арац лъуг1араб мехалда  чияда гьарич1ого, щвезег1ан гьеб къвариг1араб г1арац кредиталъул карточкаялдаса  бахъизе ва харж щварабго 50 къо иналде гьеб жаниб лъезе.

- 50-го къоялде г1арац жаниб лъеч1они щиб бук1унеб?

- 50 къоялде г1арац жаниб лъеч1они, гьеб г1арац банкоматалдаса бахъаралдаса яги къайи босаралдаса т1оцебесеб къоялдаса байбихьун, т1аде бач1уна лъаг1алие х1исаб гьабуралъул 19 процент. Нахъаса къот1ич1ого г1арац  квалквадизе  гьабулезе лъик1аб буго г1арац карточкаялда ц1унизе. Квер хъвач1ого г1арац нахъе тезе бокьаразе  лъик1аб буго г1арац вкладазда лъезе. Руго бат1и-бат1иял вкладал 11 процент ва 11,5 процент т1аде бач1унел. Пенсия яги харж банкалде  бач1унезе бук1ине буго льготаялъулаб кредитование, ай 16 процент лъаг1алие. Руго цогиги.

Золотая карточка. Гьелда рекъон г1арац лъурав чиясухъа лъаг1алие хъулухъ гьабуралъухъ босула 2500 гъурущ. Гьелда т1аде бач1уна лъаг1алие х1исаб гьабун 8 процент. Банкалда лъураб г1арацалде т1аде  бач1араб яги бахъараб  лъазе  SMS инфоги бач1уна. Карточка лъун буго къохьол чехолалда жаниб.

Леди карта.  Гьелда рекъон г1арац  ц1унизе лъурав чиясухъа лъаг1алие хъулухъ гьабуралъухъ босула 700 гъурущ. Гьеб лъик1аблъун бихьизабун буго руччабазе. Гьезул ихтияр буго жидеего х1алт1удаса  щолеб харж банкалде  ц1унизе рехизе. Гьедин лъураб г1арацалде т1аде бач1уна 4 процент. Гьезул т1ок1лъи буго гьеб карточка бихьани хасал тукабазда, салоназда учузго кьолеб продукция бук1ин. Ине бегьула хасал салоназдеги.

Золотая корона.  Гьелда рекъон г1адамазул рес буго 11 бат1ияб къаг1идаялда нилъер улка тун къват1ибехунги, бокьараб бак1алде 5 минуталда жаниб  г1арац перевод гьабизе.

«Х1алал». Гьелда рекъон г1арац лъезе бегьула ц1унизе лъураб г1арацалде т1аде  бач1унеб процент диналда рекъон х1алалаблъун рик1к1унарев бокьарав чияс. Г1арац ц1уни гурого гьелда т1аде процент бач1унаро.

- Кинал вкладал (г1арац ц1унелеб къаг1ида) бугеб банкалда?

- Банкалда г1арац лъезе бегьула чанго бат1иял шарт1азда. Гьелъул руго «Рантье», «Капитал»,  «Пенсионный  Рантье», «Пенсионнй капитал»,  абурал  г1арац лъолел къаг1идаби. «Рантье» ва «Капитал»  вкладазда т1оцебе г1арац лъолелъул бищун дагьалдасан лъезе ккола 1000 гъурущ яги СШАялъул 100 доллар /Евро  «Пенсионный Рантье» ва «Пенсионный капитал» вкладазда бищун дагьалдасан лъезе ккола 100 гъурущалдаса дагьаб гьеч1еб г1арац.

Буго цоги 3 моц1алдаса  бахъараб 3 соналде щвезег1ан индивидуалияб г1арац лъолеб къаг1идаги. «Рантье» вкладалда лъураб г1арацалде т1аде кьолел процентал кьола щибаб моц1алъ, «Капиталалда» рекъон процентал кьола г1арац лъеялъул болжал лъуг1ун хадуб, проценталде т1аде процентги бач1уна.

-Бицен буго банкалдасан кьолел ругин Мах1ачхъалаялда квартира бергьине рес  щолел лотереял. Бокьилаан гьезул  х1акъалъулъги  бицани.

- Бит1араб буго руго гьединал лотереял. Мисалалъе босани, «Экспресс удача» г1ахьаллъизе ккани рагьизе ккола хасаб карта яги банкалда лъезе ккола 50 азаргоялдаса дагьаб  гьеч1еб г1арац (1500 доллар США, 1000 евро) цо лъаг1алица яги ц1ик1к1ун заманаялъ. Нужехъе кьолел билетазул къадар  бараб бук1уна  картабазул категориялда ва лъураб  г1арцул къадаралда. Лотереялда г1ахьаллъизе бокьаразул  картаби рагьун рук1ине ккола 2012 соналъул 18 декабралде щвезег1ан. Гьединго ц1унизе ккола  хадур рехсарал шарт1ал:

- Банкалда цебе картаялъул налъи бук1ине бегьуларо.

- Бук1ине ккола х1алт1улеб СМС-инфохъулухъ.

- Лотерея гьабулеб заманалда кинаб бук1аниги налъи бук1ине бегьуларо карта рагьарасда т1ад.

- Кредиталъул картаялъул лимит  х1алт1изабун бук1ине ккола лотерея т1обит1улеб заманалде цо нухалдаса дагь гьеч1ого 5 проценталъул роцада.

Бергьине бегьулеб бищунго ц1ик1к1араб сайгъатлъун гьеб лотереялда ккола Мах1ачхъалаялда квартира.

Буго цойги «Коронный перевод» абураб лотереяги. Гьеб лотерея босизе ккани 2012 соналъул 15 декабрялде щвезег1ан «Золотая Корона – Денежные переводы» абураб системаялдасан гьабизе ккола «коронный перевод».

Щибаб перевод гьабураб 100000 гъурущалде щвезег1ан г1арцухъ, яги СШАялъул 3000 долларалъухъ, 2000 евроялъухъ гьеб гьабурасе кьола 1 лотереялъул билет.

100 азарго гъурущалда  бащадаб яги гьелдаса ц1ик1к1араб г1арац, 3000 СШАялъул доллар, 2000 евро, 250000 гъурущалдаса дагь гьеч1еб гьабурасе кьола 2 лотереялъул билет.

250- азарго гъурущалдаса, США 5 азарго долларалдаса, 3500 евроялдаса дагь гьеч1еб перевод гьабурасе кьола 3 лотереялъул билет.

Гьезда рекъон бергьине бегьула Мах1ачхъалаялда квартира.

- Рес бугищ банкалдасан  г1адамазухъе переводал гьаризе?

- Цо лах1заталда. Нижеда к1ола нужер г1ага-божаразухъе, бихьизабураб бак1алде цо параялда г1арац  рехизе.

- Бат1иял пачалихъазде?

- Нижеда к1ола дунялалъул бокьараб бок1оналде г1арац рехизе, «Экспресс» банкалъул Дагъистаналда ва гьеб тун къват1ибехун буго 40 ялдасаги ц1ик1к1ун офис, 410 азарго пункт  к1инусгоялдасаги ц1ик1к1ун улкаялда. Переводал гьарула СШАялъул доллараздалъун ва Евроялдалъун.

- Банкалда г1арац лъурал г1адамазе кинал т1ок1лъаби ругел?

- «Экспресс» банкалда г1арац лъуни, нужее рес щвела ч1ах1иял процентазулал ставкаби,  гьелъ рес кьела г1ураб къадаралда доход бач1ине.

Нилъее х1ажатаб заманалде данде ккезабун г1арац ц1унизе лъезе, хадубккун бихьизабураб заманаялде  ц1ик1к1елгун нахъе боси мурадалда.

Т1адеялдаса т1аде лъун хайир кколеб х1алалда г1арцул къадар ц1ик1к1инабизе.

Автоматикияб къаг1идаялда гьабураб къот1и-къай ц1идасан банкалде инч1ого халат  бахъинабизе.

Банкалда лъураб г1арацалда т1аде рач1унел процентал сордо-къоялъул бокьараб заманалда банкоматалдасан банкалъул картаялде т1аде рехизе.

Банкалда лъураб г1арац страховать гьабун бук1унелъул божилъиялда гьениб ц1унизе.

Заман щвелалдего, ай г1арац ц1унизе лъун бугони ц1униялъул къот1и-къай хвезабуниги, г1арац нахъе босулелъул т1аде процентал щвезе.

- Банк г1уц1аралдаса гьелъ г1емерал лъималазе кумек гьабун буго. Бицинарищ гьелъул х1акъалъулъ?

- Киг1анго нилъее бокьаниги, бокьич1ониги руго нилъеда сверухъ чорхол сахлъи лъик1 гьеч1ел, лъимал-инвалидал, эбел-эмен хун хут1арал бесдалал ва гь.ц. Банкалъ жигар  бахъула гьединал  лъимал данде рак1арарал центразе к1вараб кумек гьабизе. Мисалалъе босани, республикаялъул хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек  гьабиялъул централъе, лъималазул ва г1олилазул социалиябгун реабилитационныяб централъе, лъималазул туберкулезалъул санаториялъе, лъималазул рукъалъе, онкогематологиялъе лъималазул социалияб приюталъе ва гьел гурел цогидалги бак1азе банкалъ босана канлъи бач1инабиялъе квербакъулеб т1аг1ел-г1уч1, гимнастикаялъул  тарг1ал, спортивияб инвентарь ва форма, теннисалъул стол, футболалъул воротаби, баскетболалъул къайи-къоно, ц1алдохъабазул бак1ал, школалъул ц1алул алатал ва гьеб гуреб г1емераб цогидабги. Гьал г1агарал къоязда нилъер районалда бугеб хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул централъе кьезе буго 150 азарго гъурщил багьаяб къайи-къоно.

- Баркала, гара-ч1вариялъухъ.

Просмотров: 605 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz