Четверг, 02.05.2024, 03:28 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Август » 6 » НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ... ИРСИЛАВ.
22:04
НИЛЪЕР Г1АДАМАЛ... ИРСИЛАВ.

Гьав Хьиниса Нурмух1амадов Камалудинил ясалъул вас Хъайтмазов Сайгидгун дандч1вана дун Г1арани гьоркьохъеб школалъул спортзалалда, цоясда гьаб рагъари малъун, цогиясда цогияб малъун, гьенив тириго жиндирго спортсменазда малъа-хъваял гьарулев вугоан гьев. Бит1ун бицани, гьединаб х1ай жеги нилъер Хунзахъ дида бихьун бук1инч1о. Гьелда абулеб раг1ула тайский боксилан. Чан бат1и-бат1иял х1аялха гьанже ругел! 1996 соналде щвезег1ан къеркьеялъул гьеб къаг1ида ва каратэ нилъер улкаялда  гьукъун бук1ана. Гьелдаса нахъе гьеб хасаб х1укмуялдалъун спорталъул  къаг1идалъун  тасдикъ гьабун буго. Сайгидги гьеб къаг1идаялъул спорталъул тренер ккола. Дирги Сайгидилги  гьадинаб хабар ккана.

- Дун вач1ун вуго нилъерго гьаниве Дагъистаналъул киксбоксингалъул т1аса бищараб командалъул г1олохъабиги рачун. Гьанир тренировкаби, ай сборал т1орит1изе, школалъул директор Мусаев Сулейманица нижее киналго ресалги  г1уц1ун руго, гьелъухъ гьесие к1удияб баркалаги! Дирго х1акъалъулъ бицани, 1975 соналъ  лъуг1ана  Г1арани гьаркьохъеб школа. Гьенив дир классалъул руководительлъун вук1ана Мух1амадрасул Х1айбулаев, гьесго дун ругьун гьавуна гугариялъеги.  Рак1 т1аде ц1алеб, аваданаб г1умру бук1ана нижер школалда. Ниж лъик1 ц1алулаан, спортги бокьулаан. Рак1алда буго гугаризе цере рахъунел рук1араб заман. Доб мехалъ школалъул бук1ана гугариялъул рахъалъ лъик1аб команда: Гъазалиев Гьимат, Т1анусиса Шамиль, Х1асан, Гозолоколоса Т1алх1ат, Х1ажимух1амад Т1алх1атовал, Расулов Изав – лъараг1ав, Хунзахъа Т1алх1атов Мух1амадрасул. Куцаял т1орит1улаан школалъул клубалъул сценаялда ургалги т1амун. Ургалгиха гимнастикаялъул, гьел г1еч1елъуре нижедаго гъоркь т1амулел ургал х1алт1изарулаан. Квал-квал бук1унаан гьел доре гьанире хъешт1еялъ. Школалъул директор Насух1ов  Мух1амадида нижеца гьарана ургазда т1асан т1амизе покрывало  гьабизе басриял одеялал кьеян. Киг1ан бокьаниги, кьелилан, завхоз Дибирчуев Мух1амадица нижго риччана гьел  гьоркьоса  рищизе. Цинги дир эбелалъги цоги  ч1ужуялъги гьел данд рукъана. Лъугьанаха  цогидал урхъилеб г1адаб т1адт1ам-покрывало. Гьеб биццатабги х1еренабги бук1ана, амма ц1акъ г1емер х1ур гъорлъ  бетулаан, тренировкабиги  щибаб къойил т1орит1улаан. Гьезде байбихьилалде т1адт1ам къват1ибеги босун, к1ут1ун, бац1ад  гьабулаан, хасго хасало г1азуца х1ур инабулаан, гьанже ургал доре гьанире хъешт1олароан. Гьениб школалда физкультураялъул дарсал кьолаан Ц1адаса  Ах1мадов Мух1амадица.  Гьесги нижер щивасулъ бижизабуна спорталде рокьи. Анц1го класс лъуг1арав чи, дун ана Армиялде. Гьениса вуссаравго ц1ализе лъугьана Ленинградалъул  росдал маг1ишаталъул институталде. Г1емер мехалъ гьенивги ц1алич1ого, дун лъугьана Ленинградалъул технологическияб институталде. Дица Ленинградалда  бана анц1го сон. Доба цебет1ураб спорталъул къаг1ида бук1ана бокс. Дун боксалде хьвадулаан. Хадув хьвадана тайский боксалде. 1996 соналъ гьеб боксалъул къаг1идалъун тасдикъ гьабураб мехалъ, дун гьелъие ругьун гьавизе лъугьана. Гьеб спорт олимпийский видлъун кколаро. Цоясда данде цояв къеркьеялъул хъач1аб, кьварараб (жесткий) къаг1ида буго гьеб.  Кьабизе бегьула зараца, малаца, накабаз, г1унк1рукьаз. Кьабизе бегьуларо  гъванщилъ, гьодилъ, мугъзалъ, гугариялъул къаг1идаби х1алт1изаруларо. Рет1ел – шортал, майка, шлем, кверт1ахелал. Ругьун гьаризе байбихьизе бегьула 11-12 сон барал лъимал.

Дунго куцазе хьвадулаан Ленинградалъул  Лезгавтил ц1аралда бугеб физкультурияб институталде. Араб г1асруялъул 80 соназ дун цеве вахъунаан шагьаралъул, регионалъул къецазде, гьенир лъик1ал х1асилалги кколаан. Дун дагь-дагьккун тренерлъиялъул ишалде машгъуллъана. Дун вуго  боксалъул рахъалъ  спорталъул мастер.

Мах1ачхъалаялде дун т1ад вуссана 1986 соналъ. Халт1ана Булочно-кондитерский комбинаталда технологлъун, гьеб ишалда сепараторный заводалда. Улка биххизе лъугьараб мехалъ бизнесалде вана, амма тренерлъиялъул х1алт1и теч1о.

1993 соналъ дица хъвай-хъваг1ай гьабуна  восточниял единоборствабазул Дагъистаналъул федерациялда, гьенисан дие ихтияр щвана тренерлъиялъул х1алт1и  гьабизе. Гьелдаса нахъе ана 19 сон. Гьеб заманалда жаниб нилъер районалъул г1емерал г1олохъаби рач1унаан тренировкабазде. Гьез гьеб х1ехьеч1о, гьел нахъе ана. Бищун ц1ик1к1араб мехалъ гьенив хут1ана Ц1адаса Гъазияв абулев вас, гьес лъик1ал х1асилал росулел рук1ана,  бергьунев вук1ана къецазда, гьеб спорталъе вижарав г1адав чиги вук1ана гьев, амма гьесулги сабру г1еч1о, гьевги нахъе ана. Лъик1ал х1асилал кьезе ккани, 3-4 соналъниги т1адч1ун х1алт1изе ккола. Дица ругьун гьарулел ругел г1олохъабаз лъик1ал х1асилал росана. Масала: Абакаров  Ильяс – лъараг1ав, вахъана дунялалъул чемпионаталда призерлъун, Г1амирбеков Г1абдулмажид – т1олгодунялалъулго чемпион, Г1амирханов Мух1амад – Европаялъул чемпион. Гьал  лъимал х1адурлъулел руго  сентябралда Питералда бук1ине бугеб дунялалъулго чемпионаталде.

Г1амирханов Мух1амад ккола ч1абт1и-Могьохъа, Мух1амадов Гьашим  ккола Гъуниса, Абакаров Ильяс ккола Карабудахкенталдаса. Дирго вас Х1ажиги ккола  спорталъул мастерлъиялде  кандидат . Гьев ЮФОялъул къецазда ва Халкъазда  гьоркьосеб турнир «Кубок Королевства Таиланда» - ялдаги бергьана. Къода жаниб  к1иц1улго тренировка гьабула. Дир хъизан Хьиниса ккола, вуго к1иго вас, г1умру  гьабун вуго Мах1ачхъалаялда. Тайский боксалъул Дагъистаналъул федерациялъ дун вихьизавун вуго мустах1икъав тренерасул ц1аралъе. Гьединаб бугоха дир нахъа тараб г1умру.

Просмотров: 670 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz