Вторник, 07.05.2024, 05:11 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 13 » АБАДИЯЛ НАЗМАБАЗДАСА РАЗИЛЪАНА.
12:20
АБАДИЯЛ НАЗМАБАЗДАСА РАЗИЛЪАНА.

Гьал къоязда районалъул централияб библиотекаялда т1обит1ана нилъер районалъул Сивухъ росулъа зах1маталъул ветеран  Патах1ов Къурбанг1алилгун дандч1вай. Гьелъул мурад бук1ана г1ун бач1унеб г1елалда нилъер цересел умумуз г1ет1 т1ун,  зах1мат бихьун гьабураб маг1ишаталъул маг1на бич1ч1изаби, гьелъул церехъаби лъазари. Зах1маталъул цевехъан вук1ин гуребги, Къурбанг1алица хъвала жиндирго г1умруялъул, Сивухъ росдал тарихалъул, гьелъул  г1адамазул инсан иман-иях1алде, исламалъул нухалде ах1улел куч1дулги.

Данделъи рагьана ва ахиралде  щвезег1ан гьеб бачана библиотекаялъул х1алт1ухъан Сидрат Х1асанбеговалъ. Сидратица г1одорч1аразе мух1канго бицана Къурбанг1алил г1умруялъул ва творческияб нухалъул. Хадубги гьелъ к1алъазе раг1и кьуна Къурбанг1али лъик1 лъалев, г1емерал соназ цадахъ х1алт1арав Гьиматов Гъазимух1амадие.

Буйнакскиялъул профтехучилище  хадуб Хасавюрталъул росдал маг1ишаталъул  техникумги лъуг1изабун колхозалде трактористлъун х1алт1изе вач1аралдаса нахъе Къурбанг1алица гьабич1еб колхозалъул ишго хут1уларо. Гьес гьабула маг1арухъ хурухъабазул бригадаялъе, производствалъул  участкаялъе нухмалъи, ралел  бак1азул бригадирлъи. Ахиралда вищула колхозалъул председательлъун. Кив х1алт1улев  вугониги, Къурбанг1алица х1алт1и  гьабула рак1 бац1ц1адго, мух1канго. Гьединлъидал гьев мустах1икълъула Зах1маталъул реццалъул лъабабилеб даражаялъул  орденалъе, «Зах1маталъе рецц» медалалъе, ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамотаялъе ва г1емерал цогидал шапакъатазеги.

К1алъазе раг1и кьурав Къурбанг1алица г1одорч1аразе бицана К1удияб Ват1анияб рагъдаса эменги вуссинч1ого эбелалъулги яцалъулги т1алаб-агъазалде ккарав жиндаго бихьарабщиналъул. Анкьго класс  лъуг1игун  гьев колхозалде г1иявехьлъун х1алт1изе  лъугьуна. Колхозалъ вехьлъун х1алт1ун гьесие моц1рое 30 кило ханждал  кьолеб бук1уна. Гьелда бет1ербахъи гьабулеб бук1ун буго  хъизаналъул лъабавго чияс. Вехьлъуда вугев  Къурбанг1али г1овул г1ужде вахингун вит1ула Советияб Армиялде хъулухъ  гьабизе. Школалда ц1алулеб мехалдасанго байбихьула Къурбанг1алица куч1дул гьаризе. Хадуб Армиялда хъулухъ гьабулеб вугев мехалъги  коч1одалъун хъвалел рук1уна кагътал рокъоре.

Къурбанг1алица ц1алана  ахирияб заманалда жиндицаго хъварал  ц1иял  куч1дулги.

Хадубги к1алъазе рахъарал  Къурбанг1али лъик1 лъалел М-Р. Гьиматовас, М. Х1асановас  к1удияб къимат кьуна  Къ. Патах1овасул асаразе, бицана гьесул ях1-намусалъул, чилъиялъул, х1алт1удехун бук1араб мух1канаб бербалагьиялъул. Сивухъ росулъа культураялъул х1алт1ухъабаз ц1алана Патаховасул куч1дул, бицана Къурбанг1али жидер насих1атчи кколилан.

Къурбанг1алил раг1абазда куч1дул ах1ун балагьаразул рак1ал х1айран гьаруна Дагъистаналъул мустах1икъай  артистка Г1. Тажудиновалъ, П. Пазлудиновалъ ва гьел гурел цогидазги.

Ахиралда Къ. Патах1овас рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жиндир адаб  гьабун данделъиялде жив  ах1арал библиотекаялъул  ясазе, сайгъат гьаруна жиндирго куч1дузул т1ахьал. Жидерго иргаялда библиотекаялъул х1алт1ухъабазги гьабуна гьесие гьит1инабго сайигъат.

Дандч1вай ана киналго разияб х1алалда.

Н. Г1алиева


Просмотров: 728 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz