Нилъ
умумуздасан суратги бахъун,
Си
борхизабизе рижарал гуро,
Гьез
ирсалъе тараб сахабщиналде,
Сахлъи
т1аде жубай т1ад лъурал руго.
Хирияв Г1абасил Мах1амад!
Жакъа ч1ух1ун, бут1рул рорхун хундерил т1алъиялъ мун к1одо гьавулеб
байрамалде яч1ине к1олеб гьеч1олъиялъ пашман йиго дун. Пашманлъиги буго жаниб
бакъ къалъараб, г1одоб рещт1араб зоб г1адаб бац1ц1адаб, гвангъараб ралъдал
г1адал пикрабазул карачалаби бидулъги гьаналъги гьалдезарулеб.
Дица Аллагьасе рецц гьабулеб буго
дуе кьурал соназухъ ва гьел соналъан цониги къо дуца гьороде данде рехулеб
накку г1адин г1адада биччач1елъухъ. Дур г1елмуги, пагьмуги, гьунарги
доба-гьанисан чвахун бач1араб лъел х1орлъун лъугьинч1ого, бац1ц1адаб гьалагаб
г1оралде буссиналъухъ. Гьеб rlop, даим цебе нухги бахъулаго, ахалги
хурзалги лъалъалаго, г1олохъанал куцазе, херазул рак1ал гьогьомизаризе,
сахаватго х1алт1улеб бук1ана. Дуца киданиги хъвач1о доре-гьанире хъамун унел,
ккара-ккаралъур г1одоре рортун хут1улел, т1амхал г1адал куч1дул. Дур щибаб
мухъилъ ч1агояв, г1адатияв, х1алт1улъ т1ерхьарав, Ват1аналде рокьиялъ кьвариги,
бах1арчилъиги чорхолъ лъурав инсан вук1ана. Гьев вук1ана даим рокьуца гьалдолеб
гьинал рек1елъ ц1а ссунарев.
Куч1дул хъварал г1оларо. Шаг1ир
вук1ине ккола инсанлъиялъул рахъалъги куч1дул ц1алулезе мисал бихьизабулевлъун.
Мун киданиги вук1инч1о х1елх1елчаг1азул мухъилъ, мац1ихъабазул кьерда.
Аллагьги, Къуръанги, Ват1анги бук1ана дур Къилбаги, божилъиги, дур куч1дузе
ч1аголъи кьолеб шавкъги. Мун киданиги хисич1о дуцаго т1аса рищарал
т1адег1анлъабазе. Дуца куч1дул хъвала гьеб киналдаго мугъги ч1ван, жиб-жиб
раг1и г1акълуялъул ралъдалъ чвердезабун, г1акъиллъиялъул коцода лъун бег1ерун,
рек1елъ киданиги ссунареб, parla-ракьан гьеч1еб даимаб дурго
ц1адулъ боркьизабун. Гьениб маг1арул мац1 т1ад кварт1а к1ут1изе, жини бахъизе
бак1 хут1ич1ого бац1ц1адаб, роц1араб, гъваридаб, борхатаб бук1уна. Гьединлъидал
расги къо бихьич1ого, дур куч1дуз г1адамазул рек1елъе г1ат1идал, бакъул нур
т1аса унарел сухъмахъалги лъола, дулъ рак1алги журазарула.
Хирияв Мах1амад, чан rlacpy свераниги, чан заманаялъул г1амал
хисаниги, маг1аруллъиги, Дагъистанги, маг1арул мац1ги ч1аго бук1ине буго.
Вук1ине вуго даимлъиялда ругел шаг1ирзабазул кьерда, Пабасил Мах1амад, мунги.
Дида ккола, цох1ого цох1о дуда бугеб г1айиб - ясал рокьиялдаги, Аллагь т1аса
лъугьинев ватилин, рокьи гьалдолареб рек1еца г1адамазул рух1ги рак1ги
боржинабуларелъул.
Т1адег1анаб гьунар кьеялда цадахъго
Аллагьас мун к1удияб дарамалдасаги вохизавуна.
Анц1го бакъги зодихъе
бахун, канлъи гьабуниги,
Аллагьас квербакъинч1ебани, Савдат г1адай, ункъабго бок1он бит1арай
г1умрудул гьудул яти зах1матаб жо бук1ана. Борхатго ккураб гьелъул намусалъ,
щулаго ц1унараб сабруялъ, т1ад xlyp к1ут1изе биччач1ого, соналдаса соналде бац1ц1алъун,
роц1ун бач1унеб дуде бугеб рокьиялъ, шаг1ир рорженалде вачунеб ц1а свине
биччач1ого ц1унана гьелъ дур рек1елъ ва рух1алъулъ. Савдат дур бадисан
балагьана дунялалъухъ, дур к1алдисан к1алъана г1адамазда. Дур гьудулзабазе дуца
вац-яцилан таразе, дудасаги ц1ик1к1ун йокьула Савдат.
Хирияв Мах1амад, г1емераб абизе
бокьун, дагьаб гурони абизе ресги гьеч1ого хут1ун йиго дун жакъа. Меседил ц1айи т1ад
бугел куч1дул хъвазе жан-жигар, сахлъи гьарула дуе. Биччанте дуде бугеб
халкъалъул рокьи щулалъизе.
Цоги рахъалъ, рак1-рак1алъул
баркала кьезе бокьун буго Хунзахъ районалъул администрациялъул бет1ер Дарбишев
Х1ажияв Мух1амадовичасе, гьесул командаялъе, данделъи т1обит1изе
квербакъаралщиназе, т1олабго хундерил
т1алъиялъего, жакъа к1удияв халкъияв шаг1ир Г1абасил Мах1амад к1одо
гьавиялдалъун нужеца т1олабго хундерил
т1алъи к1одо гьабидал. Биччанте гьелда т1ад бараб нур Г1абасил Мах1амадида
цадахъ даимлъиялде ине. Аллагьас хъван батани, 90 сон т1убараб дур байрамалда
рихьила.
Дир рак1 керенги ссун, къват1иб
бахъани,
Бихьила нужеда гьелъул дуниял:
Гьениб музей буго т1абиг1аталъул,
Т1оцебе дир рак1алъ рук1назда
лъураб:
Г1урччинаб Т1алъаг1ар, Т1аса Г1алаг1арт,
Т1угьдулги хурдулги харбида ругеб,
Харда куркьбал к1ут1ун, т1огьода
рещт1ун.
Т1улил
наяз зузуй нилъей бачунеб.
Даим
нужгун цадахъ йигей
Нужехъ
урхъарай, т1алъиги
Дагъистанги,
Ват1анги хирияй
Фазу Г1алиева
|