1962 соналъул 3 августалъ г1адатияв маг1аруласул рукъосан
раг1улеб лъимадул г1оди, т1адго цун гьесул азбаралда бахъараб тунк1ил кьвагьи
дандерижилъун т1обит1ана Хунзахъ т1алъиялда цо лах1заталъ. Гох1-щобазде щун, муг1рул
т1огьазда тункун, к1к1ал-хъит1ахъ щущан гьелъ бицунеб бук1ана Сивухъа
Патах1илазул тухум цоги бихьинчияс к1одолъанин. Вас гьавиялъул рохел г1ахьал
гьабун г1емераб гьара-рахъи гьабун батила сахъадерица Къурбанг1алие доб къоялъ,
гьесиелъидалха Мух1амад гьавун вугев. Бук1ун батила гьеб дица бицухъе яги
бат1айса. Гьелдаса ана 50 сон. 50 сон т1убана Россиялъул хъвадарухъабазул ва
журналистазул союзазул член, ДРялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан
Патах1ов Мух1амад гьавуралдасаги.
Гьит1инго бижана Патах1овасулъ поэзиялде рокьи. Г1арани
гьоркьохъеб школа лъуг1арав г1олилав ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул
культпросвет училищеялде. Хадубго лъуг1ана Максим Горькиясул ц1аралда бугеб
Литературияб институт. 1989 соналдаса х1алт1улев вуго республикаялъул
маг1арулазул газеталда культураялъул отделалъул заведующийлъун. Гьебго
заманалда ккола «Х1акъикъат» журналалъул жавабияв редакторги.
Патах1овасе щвана
Хъах1абросулъа Мах1мудил ц1аралда бугеб литературияб ва Мух1амад Шамхаловасул
ц1аралда бугеб журналистазул премиял, к1одо гьавуна Дагъистан республикаялъул
Пачалихъияб Советалъул Х1урматалъул грамотаялдалъун. Гьев ккола Дагъистаналъул
т1ахьазул издательствалъул ва маг1арул музыкалиябгун драматическияб театралъул
художественнияб советазул член.
Т1оцебесеб-«Т1огьол
гьими» абураб Мух1амадил т1ехь къват1ибе бач1ана 1986 соналъ. Кват1ич1ого
рахъана гьесул «Мат1у», «Дандерижи», «Щубил къат1раби», «Г1акълудул ицц» абурал
т1ахьалги. Г1агараб заманалда къват1ибе бач1ана Мух1амадил «Сабру» абураб
куч1дузул сборник. Цо заманалда Патах1ов Мух1амадица нухмалъи гьабуна «Росдал
зах1матчиялъеги».Бажарарав нухмалъулев ва лъик1ав гьудул х1исабалда бащадаб
г1асруялъул юбилейги баркулаго кьолел руго Мух1амадил ц1иял куч1дул.
ГЬАБ БАСРИЯБ АЛЬБОМ ДАПТАРЦИН ГУРИЩ?
Басрияб альбомги,сордоги, дунги,
Дагьаб т1аса гьекъон хут1араб
чайги;
Сих1къот1иялда т1ад ханлъи
гьабилин,
Къот1ноб гьоркьо-гьоркьоб х1апдолеб
гьойги.
Пикраби чвахизе ихтиярги кьун,
Альбомалъул т1амчал регулев вуго.
Лах1затккун суратаз дир арал къоял
Рак1алдещвеялъе т1инк1улел руго.
Гьанир дандеруссун, цого сверуда,
Цадахъ чед кванарал, ургъел
бикьарал;
Гьоркьор арал соназ си борханиги,
Хинаб асаралде раг1ад рехич1ел.
Гьанир г1агаралги, г1ел дир цоялги,
Цох1о нухалъ рихьун рек1елъ
ч1аралги;
Ругилан рехсезе сурат тей гуреб,
Салам-каламалде каву къаралги...
Заназда
ц1ализе ц1арал гурони,
Ц1ар
ах1изе гьеч1ехъ унтула керен.
Икъбалалда
ратун, талих1 гьимарал,
Гьудулзаби
рихьун рух1даллъула рак1
Хиялалъ киналго - кидаялиго,
Кирали, кинали дида дандч1варал;
Гьазул къисматазул накъищал руго
Къисмат бессулаго насиблъун дие.
Гьаб
басрияб альбом даптарцин гурищ,
Дир
рак1алдещвеял данде росараб?
Суратал,
суратал нуг1залцин гурищ,
Заман
лъалхъизабун лъалк1ал рорцунел?
Гьаб сарин дицаги
буго ах1улеб
Раг1и лъуг1аралъуб маг1у
баккила,
Лъик1лъи камуралъуб квешлъи
хут1ила.
Бит1араб т1илалъул раг1ад гьет1ани,
Гьет1араб т1илица т1ок1лъи босила.
Гьеб бакъанги бачун унеб буго г1ор,
Г1ат1илъуде, гъобе ралъдалъ жубазе.
Г1енеккун вуго дун
раг1алдаги ч1ун,
Раг1ун г1орц1улареб насих1ат бич1ч1ун.
Лъаларо гьаб бакъан жакъа дий г1адин
Г1оралъ чан г1елалъе бачарабали.
Г1асрабаз ругьунаб нух ккун унаго
Наслаби киг1ан гьалъ
рег1аралали.
Г1адан вихьун лъараб г1акъилаб калам
Лъадал мац1алъ буго дие гьурщулеб.
Г1умруялъ малъараб рит1ухъаб пикру
Коч1ол калималъун буго бач1унеб.
Лъезе ц1ар лъалареб нилъер къоязул
Къисмат бихьулареб
г1умруги бак1лъун,
Г1урулгун бакъанги рекъезе гьабун,
Гьаб сарин дицаго буго ах1улеб:
Раг1и лъуг1аралъуб маг1у баккила,
Лъик1лъи камуралъуб
квешлъи хут1ила.
Бит1араб т1илалъул раг1ад гьет1ани,
Гьет1араб т1илица т1ок1лъи босила.
Шагьаралда хварав маг1арухъа чи
Шагьаралда хварав маг1арухъа чи,
Маг1арул буртина т1адеги рехун,
Малиялда гурев, машинаялда
Унев вуго восун хабалазулъе.
Унев вуго восун, гьасухъ балагьун
Буго г1адатияб шагьаралъул гвенд.
Маг1арухъ хоб г1адин киридахъ гуреб,
Кинали чаг1аз
г1арцухъ бухъараб.
Унев вуго восун, араб гурони,
Бук1инисеб гьеч1ев маг1арухъа чи;
Маг1ирокъоб гуреб, жив камиялъул
Маг1на босулареб сверухълъиги тун.
Раг1ула кирали
маг1арул бакънал –
Бакъан т1амулаан т1амур хъван гьасги.
Рихьула рокьуде рег1ун г1олилал –
Г1олиллъи гьасулги
батила бук1ун.
Гьакълил будкаялъухъ доле чангояв
Баг1араб чагъроца чахьал роркьулел
Реххулаан гьасги цо-цо истикан,-
Аллагьас борцина лагъас тараб лъалк1.
…Лъала шагьаралда дий къадар щвани,
Машинаялъ ина дунги росулъе;
Амма къанабазукь дун т1апулелъул
Къварилъич1ев дова хут1уларо чи.
ЛЪАЛАРО, ЛЪАЛАРО ЛЪИК1ИЩ ГЬЕБ КВЕШИЩ?
Чунтби гьороразулъ гьудул ц1ехеч1о,
Гьундул ч1ах1иязда вацлъи гьарич1о,
Х1акимлъи-чиналда чилъи борцинч1о,
Лъаларо, лъаларо, лъик1ищ гьеб
квешищ?
Бичасе гурони накаби ч1вач1о,
Какил г1ужда гуреб сужда гьабич1о,
Дуг1аде гурони квер цебе кквеч1о -
Лъаларо, лъаларо, лъик1ищ гьеб
квешищ?
Ракьалъ реэдаралъ жах1да бижич1о,
Бичас т1ок1 гьарурахъ урхъи г1орц1ич1о,
Рух1даллъи гурони-х1алхъублъи
лъач1о,
Лъаларо, лъаларо, лъик1ищ гьеб
квешищ?
Рокьи дида
лъана рак1алъ малъараб,
Рикъзи дие
г1уна дида батараб.
Насиб
алжанлъана Аллагьас кьураб -
Лъаларо,
лъаларо, лъик1ищ гьеб квешищ?
|