Вторник, 07.05.2024, 00:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 9 » Х1АКЪИКЪАТ Т1УБАНГО БАТ1ИЯБ БАТАНА.
21:25
Х1АКЪИКЪАТ Т1УБАНГО БАТ1ИЯБ БАТАНА.

Г1унгут1аби камураб бак1 алжан гурони бук1унаро

Аби буго, унтарасда г1адин сахлъиялъул къимат лъаларилан. Г1умруялъул х1албихьиялда т1ад рижарал ч1орг1анги рит1арал раг1аби руго гьел. Анц1ила анкьго соналъ цебе хъулухъалъулаб ишалъ унаго автоавариядде ккун сакъатлъана дун. Гьелщинал соназ вуго инвалидазул коляскаялда. Гьеб унтул х1асилалдаги, г1аммаб куцалда черх заг1иплъиялъги ккана г1емерал больницабазде, рихьана чанги тохтурзаби. Рук1ана унтаразе шарт1ал ругелги, гьеч1елги больницабиги, дандч1вана жидер налъи бич1ч1улелги, гьеб т1аса-масаго т1убалелги тохтурзабиги. Гьезул бицинарин.

Шагьаралда бугеб х1алкъараб баг1ариги бак1лъун маг1арухъе арав дун, цо сордоялъ зах1матго унтана, риччалъе ккараб х1ал лъугьана. Гьеб бук1ана гьат1ан къоялъул къаси кват1араб г1уж. Ах1и бана хехаб кумекалде. Гьеб хехго бач1ана. Вегизавуна райбольницаялъул реанимациялъул отделениялда. Зах1матго унтарав вугин тохтурзабаз ругьел ккезабун батила, нахъисеб къоялъ радалго т1аде щвана х1алт1ул къвариг1елалъ Мах1ачхъалаялде ун вук1арав бет1ерав тохтур Му­саев Мух1амадги. Лъабго сордо-къо реанимациялдаги бан вачана палатаялде. К1иго анкьг1ан заман бана дица гьеб больницаялда. Байбихьуда х1инкъараб х1ал бук1анин дирин абуна тохтурзабаз. Гьеб дидаги бич1ч1улеб бук1ана. Гьанже лъик1го мадар лъугьун буго. Гьаниве щвараб къоялдаса дидаго бихьараб-paгlapaлъул, больницаялда бугеб ах1вал-х1алалъул, тохтурзабаз гьабураб т1алаб-агъазалъул пикрабазда вуго дун. Унтарав чиясе берцинаб, рак1батизабулеб раг1и буго бащадаб унти т1аса боси г1адаб жо. Т1оцебесеб къоялдасаго тохтурзабазул гьединаб балагьиялъ, адаб-х1урматалъ рак1ги бигьа гьабуна дир. Гьелдаго цадахъ унтул угъелги дагьлъизабуна. Руго больницаялда кинал х1ажалъаниги дараби, лъик1аб квен-т1ех, лъикаб босен-къайи, унго-унгояб рац1ц1а-ракъалъи.  Рак1алде кколаан дир г1адаб унти бугел г1адамазе маг1арухъ, районалъул больница­ялда рекъонкколел шарт1ал рук1инарин. Гьеб рахъалъги гьаниб, гьадинал унтабазе хаслъизарурал цоги бокьарал больницабазда ругездаса нахъе ккеч1ел шарт1ал ратана.

Бит1араб батила, иццул бет1ер т1ок1к1араб бугони, лъарги бац1ц1адаб бук1унин абураб кици. Гьеб рак1алде щвана дида щибаб къоялъ живго бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амадихъги, гьесул х1аракатчилъиялъухъги, гьес унтаразул гьабу­леб т1алаб-агъазалъухъги балагьидал. Дун жанив вугеб рукъалъул гор­до бит1ахъе больницаялде жанире рач1унеб нух бугеб бак1алда бук1ана. Радал цудунго вач1унев вихьулаан гьев х1алт1уде. Рокъовеги къаси ич1го-анц1го т1убараб мехалда гурони унаро Мух1амад. Гьев щибаб къойил г1адин щолев вуго цо дихъе гуревги, дунго г1адин зах1матго унтаразухъеги. Жакъа гьаб больницаялда гlемерисел г1олохъанал тохтурзаби ру­го. Амма унтараздехун гьезул бугеб адабалъулаб балагьиги, гьез унтара­зе дару сабаблъиялъе гьабулеб х1алт1иги бихьараб мехалъ унго-унголъунги рек1елъе рохалил асар лъугьуна. Гьединаллъун цогидал тох­турзабиги рук1иналъе, лъугьиналъе квербакъулеб буго бет1ерав тохтурас, жинцаго киналъулго мисал бихьизабун. Унтаразги  т1аде рач1аразги г1емер абулеб раг1ула Мусаевас боль­ницаялда рагъулаб г1адлу-низам ч1езабун бугилан. Г1адамаз бицунеб-толеб жоялъухъ балагьараб мехалъ, х1алт1изе вач1ун анкьго-микьго моц1 гурони гьеч1ониги, Мух1амадица х1аракат бахъулеб буго кинабго рахъалъ больницаялъул къадру-къимат борхизабизе. Тохтурзабазул унтараздехун бугеб хинаб бербалагьиги, дару-сабабалъул дуруслъиги гуребги, балеб буго больницаялъул лъабабилебги корпус, кьуч1 лъун буго ункъабилелъеги, гьабулеб буго гьанибго мажгитги, хварал чаг1и чуризе бак1ги. Босун буго унтаби ч1езариялъеги сах гьариялъеги квербакъулеб, багьа хирияб гьанже заманалъул чанго аппарат.

Рагъулаб г1адлу-низамалъул бицани, Мусаев Мух1амад вуго рагъулав тохтур. Саратов шагьаралда Рагъулабгун медицинаялъул институтги, хадубго ординатураги лъуг1изабун гьев лъик1алан соназ х1алт1ун вуго Куйбышевалдаги Казахстаналдаги рагъулаб гарнизоналъул госпиталалъул 200 унтарасе бак1 бугеб терапиялъул отделениялъул заведующийлъунги, хадубго рагъулаб  госпиталалъул  начальниклъунги. Гьев ккола рагъулаб меди­цинаялъул хъулухъалъул полковник.  Бет1ерав тохтур х1исабалда  гуревги, живго тохтур х1исабалдаги чанго бат1и-бат1иял унтаби сах гьариялъул махщелчи вуго Мух1амад. Клиникияб формокология, эндокриминология, функциялъулаб диагностика, хехаб кумекалъул тохтурлъи - гьел киназулго лъик1ав  специалистлъунги рик1к1унев вуго  Мусаев. Гьелъги рес кьолеб буго гloлохъанал тохтурзабазе махщелчилъиялъул кумек гьабизе, гьезда лъалареб малъизе бет1ерав тохтурасе.

Гьаниб дица цох1о дидаго бихьаралъул бицаниги, гьединабго пикру буго гьаб больницаялъулги гьанир ругел тохтурзабазулги, жаниб бугеб ах1вал-х1алалъулги х1акъалъулъ цоги унтаразулги, сах гьарун гьаниса нахъе аразулги. Цо дидехун гуребги, кинабго рахъалъ гьадинабго хинаб, т1алаб-агъазалъулаб бербалагьи бугелъулха гьаб больницаялда киналго унтараздехунги. Гьале жакъа дихъе босун бач1араб районалъул "Росдал зах1матчи" газеталда к1игониги кагъат бахъун буго райбольницаялъул тохтурзаба­зе баркала кьураб. Гьединалго баркалаби цересел райгазетаздаги ругоан гьаниса сах гьарун нахъе аразул. Гьелъго т1амуна дун гьал мухъал "Х1акъикъаталъул" редакциялде хъвазеги. Цоги нухалда абуниги, чвантиниса гъурущ хвезабич1ого, унтарасе х1ажатаб, бокьараб дару больницаялда бук1инаби гьеч1ищ нилъер заманалда рохизе ккараб жо. Гьедин цоги-цоги больницабазда гьеч1еблъи бихьаразда лъалеб батила.

"Черновик" газеталда цоялда хадуб цояб гьабун рахъарал Хунзахъ райбольница какарал макъалаби ц1алидал расги лъик1аб асар гьабун бук1инч1о диеги, рак1алдеги ккун бук1ана гьадиг1анго квешищха гьениб иш бугебан. Квешаб жоялда хехго божулеб г1амал бугелъулха г1адамасул. Дунго гьаниве ккедал, больницаялда бугеб ах1вал-х1алги бихьидал бич1ч1ана иш т1убанго бат1айиса, гьелъул г1аксалда бук1ин, дол макъалабиги, «ц1унц1рабазул пилалги» лъугьинарун, цо бич1ч1улареб мурад бугел г1адамаз хъварал рук1ин. Ратила гьанирги г1оларел рахъал. Кир гьел рук1унарел? Алжан гурони г1унгут1аби камураб бак1 бук1унарин абула.

Киг1ан лъик1абги больницаялде унтун чи ккогеги. Амма х1акъикъат лъазе, бихьизе, бич1ч1изе бокьарав чи вач1ине бегьула Хунзахъ райбольницаялде. Дун божарав вуго дол макъалаби ц1аларазулги дирго гlaдин пикру гьеб мехалъ т1убанго хи­сизе бук1иналда.

Ахиралдаги бокьун буго, дир сахлъи т1адбуссинабиялъе гьабураб  дару-сабабалъухъги т1алаб-агъазалъухъги рак1-рак1алъул  баркала кьезе бет1ерав тохтур Мусаев Myxlамадие, терапиялъул  отделениялъул заведующая ,унтарасдехун х1еренай, х1алимай Дибирдадаева Азимае, гьеб отделе­ниялъул медсестраби Сидратие, Саратие, Марямие,  Хъандулалъе,  Бикайнатие,  реаминациялъул отделениялъул  медсестраби Зулайпатие, Анжелае, Шамайие,  Пат1иматие ва больницаялъул ки­налго х1алт1ухъабазе. Г1емерал соназул сахлъи щулияб г1умруги кьеги гьезие, талих1-рохелги гьарзалъаги гьезул рокъоб.

Мух1амад Г1АЛИЕВ, т1оцебесеб группаялъул инвалид, Г1арани росу

Просмотров: 1152 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz