Четверг, 02.05.2024, 03:17 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Август » 10 » МУХЬ ГУРЕБ КЬУНИ, ВЕХЬ ГУРЕВ ТЕЗЕ ККОЛА.
18:58
МУХЬ ГУРЕБ КЬУНИ, ВЕХЬ ГУРЕВ ТЕЗЕ ККОЛА.

Бет1ербахъиялъе ресал мукъсаналг1ан росабазул г1адамал рук1уна х1аракатал, жигарал, зах1маталъукьа  х1инкъуларел, гьел къезарун ругьунал. Гьединал руго Г1ебут1а росдал г1адамалги. Маг1арулазул аслияб маг1ишат – хур-рукъги, г1и-боц1и хьихьиги рехун тун, «купи-продаялде» г1алам бараб мехалъ, Г1ебут1а гьеч1о бекьич1ого тараб квер ч1вазег1анасеб ракьул кесек. Районалда бищунго гьит1инаб, бищун ракь дагьаб Г1ебут1а г1ака хьихьич1еб ц1араки гьеч1илан бицана гьеб росдал г1адамаз. Руго гьенир азариде г1агарун г1иял хьихьаралги. Азаргоги ц1ик1к1унги г1иял ругин хъварал маг1ишатал дагьал  гьеч1ин районалъул росабалъан абулелги камиларо. Дидаги лъала цоцин чахъу к1алт1е  бахинч1ел «г1олохъабиги» гьезул, «фермеразулал маг1ишаталги». Гьел лъида лъаларел! Амма Г1ебут1а гьеч1о дол нилъеда киназдаго лъалел къунц1ани квас гурел, хъуни гьан гурел, кагътил куйдул ва гьединго г1ачи. Г1иял хьихьизе ракь гьеч1олъиялъ, гьез ратизе кколел руго бат1и-бат1иял нухал-ресал; цо-цоял жидерго г1иял хьихьун Калмыкиялда, Ставрополалда ругила, цо-цояз ричун росарал муг1рузда ва хъутабазда хьихьулила г1иял. Кепкил пайда жидер членазе, жамаг1атазе гьеч1ел СПКаялан ц1ар лъурал хъач1го законал хвезарун г1уц1арал маг1ишатазул г1и-боц1иялъ ккун руго хъутаби. СПКаял, КФХаял, ЛПХаял бащадги гьарун ругеб мехалъ, жалго бет1ергьанал маг1ишатазул (ЛПХаязул) боц1уеги бак1 бук1ине ккелаан хъутабаздаги муг1руздаги. Росдал маг1ишаталъул ниг1матазул аслияб бут1а ЛПХаязлъидал г1езе  гьабулеб ва базаралде бач1унеб бугеб. Цо – к1иго чиясул мурадалда хъутаби х1алт1изари бит1ун бук1инаро.

Г1ебут1аса г1урабго г1и бугев Х1айбулаевги дунги больницаялда цо палатаялъур дандч1вана. Гьев вуго анкьумумулъанго г1ияхъабазул ирсилав. Дие рокьула бихьинаб г1амал-хасияталъул, бах1арчияб пиша  т1аса бищарал г1иял г1ухьби.  Бокьула гьезул бак1аб зах1маталъул бицине. Шарапудинил х1акъалъулъ хъвач1ого ч1езеги к1веч1о дида.

Ват1аналъе бихьинчиясда т1адаб налъиги т1убан, росулъе вуссарав Шарапудин, дагьабго мехалъ шоферлъиги гьабун, Т1анусиб колхозалъул вехьлъун лъугьана. 1986 соналъ кодобе  босараб вехьасул т1ил гьес жеги г1одоб лъун гьеч1о. Унтун вугониги бажарарабг1ан мехалъ г1одоб лъезе  рак1алдаги гьеч1ин ккола.

Вехьлъи Шарапудиние ц1ияб жо бук1инч1о. Г1ебт1адерил цогидал лъималазго г1адин, гьесги хьихьулаан чахъу-хухги х1ама-бечеги. Гьезул к1алт1аса кидаго камич1о, чахъу-хухги, г1ака-бечеги. Колхозалъул г1ияде вахъунеб мехалъги гьезул бук1ана жалго бет1ергьанаб нусидасаги ц1ик1к1араб г1и. Жакъа Шарапудинил буго 500 г1анасеб чахъу-хух. Гьесул к1иявго вацасулги руго г1уралго – г1иял, лълъарадасагицин пайда босизе бегьулеб чахъдал къимат рехун гьеч1о г1ебт1едерица.

Бах1арчияб буго вехьасул х1алт1и. Гьава-бакъалъул шарт1ал гьеч1ониги, рокъор ч1езе бегьулареб, г1одор къоял гьеч1ел, отпуск лъалареб зах1матабги буго вехьлъи. Вехьлъи буго росдадаса, г1агарлъиялдаса, аслияб жо – жиндирго хъизан-лъималаздаса т1ураб х1алт1и. Г1адада гуреблъидал абулеб вехьасулги шоферасулги г1умруйищ бугебан. Фольклоралдайин абуни,  вехь хваразда релълъинавун  ватула.

Бах1арав гьавун, анц1го къо балелде, Г1арахъмаг1арде г1ияда нахъе вахъине кканин живан бицана Шарапудиница. Рукъалде вуссаралдаса нахъе 15 къо т1ат1ала лъимал-хъизамалда аск1ов вук1ине щвеч1ила. Отпуск абураб жо лъаларила. Цо-цазе санаг1ат гьабун, риидал 4-5 къо базе хисун рокъоре риччалила. Шарапудиние рес щвеч1о рух1г1ан хириял лъимал  реэдизеги, гьелгун васандизеги, къват1иса вач1унаго, дадаянги ах1ун данде рач1унел лъимал каранде къазеги. Гьесие къанаг1атал жал руго лъадул х1еренал квераз къарал г1ат1ахинк1алги, гьелъул х1еренлъи – недегьлъиги. Гьал мухъал хъвалаго, мац1алде рехун рач1ана:

Дур квераца гьарич1ел

Гьеч1о хинк1азда т1аг1ам

Дуца т1амич1еб ургу

Гамач1г1ан къвак1ун буго.

26 сон бан  бихьулинха дуца колхозалъул г1иядаян абидал: «Унго, 26 сонго бан бугищха! Вах1бабай долдаса  ун бугебщинаб замана. Г1ияда бараб замана рик1к1ине пикруго бач1инч1о. Сон г1адин буго т1оцебе вехьасул т1ил кодобе босараб хасалихълъи. Араб лъач1ого ун бук1ун бугебщинаб замана бихьулищ?»- ан г1ажаиблъи гьабуна г1иял удаманас.

Араб лъач1ого замана уна, бокьулеб х1алт1уда ругони. Шарапудиние, зах1матаб бугониги, вехьлъи бокьулеб буго. Гара-ч1вариялда дица Шарапудинида гьакъана вехьлъиги кьун, щиб х1алт1и босилеб бук1арабилан. Гьединаб х1алт1и дир ц1ияв  гьудуласда батич1о. Г1ебт1адерил г1олохъабазулъ чахъдадеги руччабазул г1акдадеги рокьи бидулъ бессун бугилан тана гьеб росдал г1адамазулгун бук1араб гара-ч1вариязда хадуса.

Шарапудинида гьикъана дица васаз вехьлъи т1аса бищизе бокьилаанищилан. Жинцаго 26 соналъ хъатикь ккураб т1ил васаз  кодобе босизе бокьиларила. Жиндаго бихьараб къо васазда бихьизе жиндие бокьилищила..

Кинаб мухь-харж, кинал шарт1ал ругел жакъа Т1ануси «Машгьурал г1адамал» СПКаялъул г1ухьбузе? Рази вугищ г1иял удаман щолеб харжидаса, г1ухьбузул х1алт1удаса? Мухь вехьасе  кьолеб буго натураялдалъун, ай чахъу-хухалдалъун. Г1арцуде буссинабуни моц1рое гьеб кколеб буго 9 азарго гъурущ, ч1обого квенги кьолеб буго. Гьелда т1адеги СПКаялъул г1иязда гьоркьоб жиндирго г1и хьихьизе ихтиярги буго. Гьеб г1емерищ дагьабищ? Гьеб ц1акъ дагьаб мухь бугилан рик1к1унеб буго живго Шарапудиница. Къоазарго гъурущниги бук1ине ккелин вехьасе моц1алъеян рик1к1унеб буго  гьес. Аск1ор рук1аразул  гьеб мухьдацин разилъулев цониги чи ккеч1о. Цояс абуна 25 азарго гъурущ харж  бугони жинца гьабилаанила вехьлъиян. Хинал кабинетазда жанир компьютералъул г1онк1к1ол гьод мерхьун, ялъуни, чай гьекъон къо инабулел ругел г1исинал чиновниказецин 20-25 азарго  гъурущ харж бугеб мехалъ, ц1адакьги г1азукьги вугев вехьасе 25-30 азарго гъурущги дагь бугилан рик1к1ана вехьасул харжидасан рижарал бах1сазда г1ахьаллъарал нижер гьалмагъзабаз.

Удаманасеги г1иял фермаялъул заведующиясеги бищун бет1ер унтизабураб суал щибан гьикъидал, Шарапудиница жаваб кьуна, г1ухьби щунгут1и бугилан. Г1олохъабаз инкар гьабулеб бугила вехьлъун рач1ине. Вехьасул харж гьезги рик1к1унеб ц1акъго мукъсанаблъун. Колхозалъул г1ияда хадув Т1анусиса цониги вехь гьеч1ила. Г1ухьби ралагьун , Лаваши районалде щвезег1анцин инее колел ругила. Церег1адал кканани зоотехниклъи, х1ажалъани ветврачлъи гьабун бажарулел г1иял мац1 лъалел г1ухьби гьанже лъуг1ун ругила. Г1ухьбилъун рачаралги 2 соналдаса ц1ик1к1ун х1алт1уларила. 3 сон г1ияда нахъа барав цониги вехь гьеч1ила жиндирго къавуда. Г1ухьби щунгут1иялъе г1иллаги бугила  вехьасул бак1аб зах1мат ц1акъ учуз гьабун бук1ин.

Буц1улдерица абула вехь гурев тогейин, мухь гуреб кьогейин. Мухь гуреб кьураб мехалъ, вехь гурев  тезеги ккола, х1албихьи бугел г1ухьбиги щоларо.

Шарапудиница рехсана дол соназ рук1арал Мух1умаев Дайтбег,Г1абдулаев Мух1у, Дибиров Мух1амад Советский Мухтар г1адал Т1анусиса ва Г1ебут1аса машгьурал  г1ухьбузул 7-8 ц1ар. Гьел рук1анила вехьлъиялъухъ рокьи ккарал, гьеб бокьулел росабаз ва доб заманалъул х1укуматалъ к1одо гьарурал къадруял г1адамал.

Гьеб сордоялъ больницаялъул палатаялда г1одобе биччан байбихьараб гара-ч1вари сверана х1алуцарал бах1сазде. Дирго х1акъалъулъ раг1изе бокьиларел г1емерал раг1аби абуна гьанжесеб власталдеги, колхозалъул бечелъи прихватизировать гьабурал гьезул председательзабазул х1акъалъулъги. Гьел раг1абиги рехсеч1ого, г1емерго къокъги гьабун, газета ц1алулезе гьаб макъала х1адурана    Г1. Г1исаевас

Просмотров: 872 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz