Четверг, 02.05.2024, 10:51 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Август » 6 » БАРКАЛА, БАРКАЛА, КИНАЗЕГО БАРКАЛА!
14:59
БАРКАЛА, БАРКАЛА, КИНАЗЕГО БАРКАЛА!

Йохъ, дун поэт гуро, поэт вук1ине 

Рак1алде гьесарав гьалмагъцин гуро…

Шаг1ирзаби рук1ана, руго ва рук1ине руго Хунзахъ шагьаралда.

Хунзахъа йик1ана к1удияй шаг1ир. Цебего гьелъ хъван батана:

«Мунги чийиланищ чвархъелев вугев,

Чухъил лъороб лъолеб буртинадул лъел.

Лъик1ав чийиланищ чирчилев вугев,

Чинква т1ад бакъвараб беццаб ц1улакьо?!»

Гьеле кеч1! Гьеле пасих1лъи! Гьеле маг1на!

Дидего абурал раг1абилъун гьелги рихьун, жакъацин нечолев вуго дун, ва кидаго нечаравги вуго хундерида цеве.

Хунзги ун, хъамуна къажарал. Надир-шагьасухъа бахъун бук1ана рекъав Тимурилго бук1араб хвалчен!

Хунзахъ вахъана хан – Г1умахан! Гьес цолъизаруна киналго маг1арулал! Сверухъ ругелщинал ханзабаца бач1унаан гьесие магъало! Жив ц1акъав вук1иналъе г1иллалъун кколин, Гьоц1алъа Г1алисканди г1адав, г1акъилав вазирги жиндир вук1ин, Хунзахъа Дибиркъади г1адав, г1алимав къадиги жиндир вук1ин, рагьда бер къапуларел маг1арулазул боги живгун бук1инилан абулаан гьес...

Фельдмаршал Воронцовас дунялалдаго бищун бах1арчияллъун рик1к1арал -Х1ажимурадги Ахъбердилавги рук1ана гьаб Хунзахъа!

Ах1улгох1да г1арададул гулла щун, щук1дузда бан далараб гьеж «Х1ат1икь ккун, т1ун рехарав Хириясул Г1алибег» г1ун вук1ана гьаб Хунзахъ!

Рагъул авалалдаго асирлъудасаги лъутун, партизаназда цадахъ вагъулаго Югославиялъул геройлъун вахъарав Саг1адулагьил Мух1амадги гьавун вук1ана гьаб Хунзахъ...

Хунзахъа рук1ана дир лъик1алщинал гьалбалги, гьаниса руго дир гьунар бугел гьудулзабиги...

Хунзахъесда гурони к1веч1о Самурскиясда бадибе бит1араб раг1и абизе.

Хунздерил г1адамал г1ибарат босизеселги мисалалъе рачинеселги чаг1и ккола!

Киг1анго намуслъаниги, билълъараб г1адаталда рекъон, рик1к1ине кколел руго дирго раг1абиги.

Бицине нечеялъ чара т1аг1араб

Чанги анищ буго, ургьиб бахчараб, 

Абизе к1веч1ого к1улал ран тараб

Таманаб жо буго жаниб гъанкъараб.

Анищазул хурзал, хиялазул ах,

Унго, кидал телев нужеца дун сах.

Дир квер г1унт1улареб г1ищкъуялъул тах,

Щиб къоялъ бачунеб дуца дие ахх...

Г1едал дун лъугьана формаби ургъизе, ва хъвана гьадинаб анлъжугьа:

Диргияли бет1ер т1огьол ц1елебин,

Т1аде их гьенараб гъот1ол кар г1адин.

Метерго гьумерги рахъахинебин,

Бусби т1ад квегъараб магъил квач1 г1адин.

Цинги рихьиладай бахьинал ясал,

Цинги раг1иладай г1акъилал тостал...

Хадубги хъвана «Хунзахъ тахшагьар». Гьелъул байбихьи бук1ана гьадинаб:

Аварал гьункизе, улка цолъизе –

Цолол гамач1алъе батараб росу.

Г1адатал г1амлъизе, болмац1 бижизе –

 Миллаталъ тах лъураб маг1арул росу...

Гьеб дирго мат1уги жибго тун, дие бокьун буго баркала кьеялде вач1ине.

К1удияб баркала буго районалъул бет1ер- Дарбишев Х1ажиясе. Т1оцебе гьес байбихьана, берцинаб бералдалъун литературияб агьлуялъухъ валагьизе. Хунзахъ творческияб вечер гьабизе дир бук1араб анищги гьес т1убазабуна.

«Хунзахъа Ахбердиласул» т1убараб т1ехь биччазеги гьес кумек гьабуна. Гьал дир гьудулзаби данде ах1иги, гьесул ишлъун ккана. Баркала гьанжесев Хунзахъ районалъул бет1ерасе! Районалъул киналго школазеги баркала!  Кидаго к1оченаро рач1арал ц1алдохъабиги, учительзабиги, директорзабиги!

Халкъалда раг1ана дир куч1дул ах1улел. Баркала буго культураялъул чаг1азе, ясазеги васазеги, гьезие нухмалъи гьабулезеги!

Куч1дул ц1аларазеги загьир гьабула дица баркала! Кьурди-хъаталъул агьлуялъеги дир к1удияб баркала!

Дун учителлъун х1алт1араб районазул вакилзабазеги баркала!

Гьанире щвезег1ан рач1арал дир гьудулзабазеги баркала! Гьалбадериеги баркала!

Кидаго дида дирго г1агараллъун рихьулел Хунзахъа г1адамазеги баркала!

Дир ургъалида гьанире рач1арал г1агаразеги баркала!

Г1абасил Мах1амад

Просмотров: 1136 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz