Районалъул культурияб
г1умруялъулъ бихьулеб бут1а лъола искусствалъул школалъул ва
филиалазул преподователазгун г1исинал
гьунарчаг1аз. Гьез кидаго бугониги жигараб
г1ахьаллъи гьабула район тун
къват1ибехун т1орит1улел бат1и-бат1иял къецазда. Исана искусствалъул школалъ,
т1обит1ана 50 сонилаб юбилейги. Араб ц1алул соналда жидецаго гьабураб х1алт1ул х1акъкалъулъ нижее бицана искусствалъул школалъул директор Мух1амадов
Мух1амад Жабраг1иловичас.
- Районалъул искусствалъул
школалъул филиалал х1алт1улел руго г1емерисел росабалъ, школалде гъорлъе
уна, микьго отделениеги (музыкалияб, хореографиялъул, циркалъул, театралияб ва
цогидалги).
Г1езег1ан лъик1аб даражаялда, г1емерал гьалбалги г1ахьаллъун
исана нижеца т1обит1ана школа рагьаралдаса
50 сон бай. Гьелда хурхун
республикаялъулги районалъулги идарабаз нижер
х1алт1ухъаби к1одо гьаруна шапакъатаздалъун. Рак1бац1ц1адаб х1алт1ухъ
ДРялъул Х1укуматалъул Х1урматалъул
грамотаби кьуна: П. Г1алиевалъе (Г1арани филиал), А. Мух1амадовасе, П.
Х1асановасе (Хунзахъ филиал).
Лъималазе эстетикияб тарбия кьеялъухъ республикаялъул
Культураялъул Министерстваялъул Хурматалъул грамотабаздалъун к1одо гьаруна бат1и-бат1иял филиалазул г1езег1ан
преподователал: П. Султ1анова (Гьамущи),
Г1. Казиев (Г1ахьалч1и), А. Дибирова (Г1арани), М. Г1алибегов (Харахьи),
У. Мух1амадова, Къ. Дадучев, Р.
Сайгидх1усенова (Хунзахъ).
Райадминистрациялъул рахъалдасан Х1урматалъул грамотабазе
мустах1икълъана ич1го преподаватель, гьелги
ккола: Н. Гъазиев, М. Гъазимух1амадов ва М. Дибиров (Т1ануси филиалалъул
преподавателал), Къ. Г1алибегов (Харахьи филиал), М. Г1абдулкъадиров, А.
Мух1умаева ва М. Г1абдусаламов (Хунзахъ
филиалалъул преподаватель), М. Пакленкова ва Р. Мух1амадов (Шотот1а
филиалалъул преподавателал).
Районалъул культураялъул упревлениялъул грамотаби щвана:
З. Мух1амадовалъе (Хунзахъ филиалалъул №
3 ясли-ах), Г. Г1абдулкаримова (Гьоц1алъ), С. Мух1амадов ва М. Х1амзатов
(Гьамущи), М. Макъсудов (Хунзахъ ва Т1ануси филиалазул преподаватель).
Шапакъатазу мустах1икълъана искусствалъул школалъул директор Мух1амадов Мух1амадги:
г1емерсоназулаб рак1бац1ц1адаб нухмалъиялъухъ
гьесие Х1урматалъул грамотаби рач1ана
республикаялъул министествоялъги
гьелъул методкабинеталъги.
Дагьабги т1адег1анаб даражаялъул шапакъктаздалъунги к1одо
гьаруна нижер х1алт1ухъаби.
Кабардино-Балкар республикаялъул культураялъул Министерствоялъ II даражаялъул дипломалдалъун к1одо
гьаруна III Северияб
Кавказалъул конкурс выставкаялда
к1иабилеб бак1 ккурал Хунзахъ филиалалъул
преподаватель Х1ажиева Асма ва гьелъул ц1алдохъан Исмаг1илова Пат1имат. Харахьи
росулъа машгьурал гьалугьаби Г1алибеговазул хъизан к1одо гьабуна ДРялъул
Культураялъул министерствоялъул ЮНЕСКОялъул ишазул РФялъул комиссиялъул ДРялъул отделениялъул культурияб наследиялъул
комитеталъул, райадминистрациялъул дипломаздалъун. РФялъул культураялъул
министествоялъул Х1урматалъул
грамоталдалъун к1одо гьавуна Г1умаров Мух1амад. «ДРялъул мустах1икъав
художник» ц1ар щвана сикусствалъул школалъул завуч Дарбишев Мух1амадие. «ДРялъул мустах1икъай
преподаватель» ц1аралъе мустах1икълъана Х1ажиева Асма.
Ниж рохула ва
ч1ух1ула гьединал т1адкъараб иш рак1бац1ц1адго т1убазабулел х1алт1ухъаби нижер
рук1иналдаса.
Баянал бук1ахъа, нижер преподавателалги гьезул ц1алдохъабиги
г1ахьаллъула бат1и-бат1иял даражабазул къецазда, росула т1оцересел бак1алги.
Республикаялъул искусствабазул школазда гьоркьоб Мах1ачхъалаялда т1обит1араб
«Весенняя фантазия» конкурс-выставкаялда т1оцебесеб бак1 щвана А. Х1ажиевалъул,
П. Г1алиевалъул, Э. Саг1адуевалъул, З. Г1абдулх1амидовалъул ц1алдохъа базул
х1алт1абазе. Республикаялъул г1олохъанал вокалистазул къецалда т1оцересел
бак1ал росана А. Дибировалъул ва П. Г1абдулх1амидовалъул коч1охъабаз.
Лъималазул «Юные таланты» фестивалалда г1ахьаллъиялъухъ гьелго ц1алдохъабазе
(Р. Тажудинова, М. Саг1адулаев) щвана дипломалги. Мах1ачхълаялда т1обит1араб
г1олохъанал пианистазул конкурсалда лъабабилеб бак1гун т1ад юссана Р.
Сайгидх1усеновалъул ц1алдохъан П. Малламух1амадова. Гьебго даражаялъул
кьурдухъабазул къецалда «Дунялалъул халкъазул кьурдаби» номинациялда т1оцебесеб
бак1гун руссана Хунзахъ филиалалъул преподавателал У. Мух1амадовалъул ва Къ.
Дадучевасул ц1алдохъаби. Мах1ачхъалаялда т1обит1араб лъимал ц1униялъул къоялъул
байрамалдаги цересел бак1ал щвана нижер лъималазе. Гьел гурелги чанги
бат1и-бат1иял къецазда г1ахьаллъана нижер преподавателалги гьез тарбия-лъай
кьолелги. К1удияб баркала буго гьезие.
Рахъи кьоледухъ х1алт1и нухда бачинеги къецазда
г1ахьаллъизеги нижее чара гьеч1ого къвариг1уна берцинаб рат1лил форма (гьебги
чанго бат1ияб), х1ажатал музыкалиял алатал ва х1ажаталъубе бачине транспорт.
Гьелъие нижер ресал кидаго гуро г1олел. Ц1акъ бокьилаан хадубккун гьелъие
бажарараб кумек-кверч1вай райадминистрациялъги рес бугел г1адамазги гьабизеги.
Гьелъги нижер х1алт1иги бигьа гьабилаан, ц1ик1к1араб даражаялдеги бахинаан,
х1алт1ул х1асилалги лъик1лъилаан.
П. Гунашева.
|