19 сентябралъ Хунзахъ Расул
Х1амзатовасул ц1аралда бугеб
спорткомплексалда т1обит1ана «Дагъистаналъул муг1рузул районал»
ассоциациялъул членал-муниципалиял
г1уц1абазул г1аммаб собрание. Хадубккунги
социалиябгун экономикияб рахъалъ республикаялъе
к1вар ц1ик1к1арал суалалгун т1обит1араб гьеб данделъиялде бет1ералда Дагъистаналъул президент
Мух1амадсалам Мух1амадовгун районалде бач1ун бук1ана к1удияб делегация.
Районалъул нухмалъулез, гьоц1дерил жамаг1атчаг1аз, ц1алдохъабаз х1урматиял
гьалбадерида дандч1вай гьабуна Бух1нат1а. Гьелдаса хадуб Мух1амадсалам Мух1амадов, районалъул нухмалъулев Дарбишев
Х1ажияв ва цогидалги гьоц1дерил ахал рихьизе ана. Гьениб г1олеб г1оларелъухъги
балагьун Г1аранире щведал, районалъул бет1ерас президент вачана
гьениб гьоркьохъеб школалда балеб
спортзал ва райбольницаялъе балеб
ц1ияб корпус бихьизе. Райбольницаялда республикаялъул сахлъи ц1униялъул
министр Ильяс Мамаевас ва бет1ерав
тохтур Мух1амад Мусаевас Мух1амадсалам Мух1амадг1алиевичасе баян кьуна
корпусалда унел ругел х1алт1абазул
х1акъалъулъ, ч1ванкъот1арал жавабал кьуна
районалда сахлъиц1униялда
хурхун президентасул суалазе. Хадуб
райадминистрациялда т1обит1ана райсобраниялъул депутатал, росабазул бегавулзаби
г1ахьаллъараб данделъи.
Саг1ат 12 т1убайгун
байбихьана «Дагъистаналъул муг1узул районал» ассоциациялъул г1аммаб
собрание. Гьелде рач1унаго бат1и-бат1иял районаз спорткомплексалъул фойеялда г1уц1араб выставкаялда ахихъанлъиялъул продукциялъул х1албихьизеги рес щвана
гьалбадерие.
Собраниеги рагьун гьелде росарал суалазулгун гьалбадерил
лъай хъвай гьабуна Мух1амадсалам
Мух1амадг1алиевичас. «Гьабсаг1аталда муг1рузул районазда ахихъанлъиялъул
ва росдал маг1ишаталъул продукция къач1алел предприятиязул бугеб
ах1вал-х1алалъул, цере ч1арал масъалабазул бицун г1ат1идаб к1алъай гьабуна республикаялъул
росдал маг1ишаталъул министр Сатмар Г1амировас. Гьоркьоб лъураб суалалдасан жидерго пикраби загьир гьарун,
х1алт1ул х1албихьи цоцазе бицун к1алъана
Хунзахъ, Болъихъ, Ахти, Хайдакъ, Сергохъала районазулги цо-цо продукция
къач1алел предприятиязулги
нухмалъулел. Собраниялде босун бук1ана «Дагъистан республикаялда общественнияб
г1адлу-низам ц1униялъулъ г1адатиял
г1адамазул г1ахьаллъи, ай халкъиял
дружинаби г1уц1иялъул х1акъалъулъ суалалги. Гьелдасан информация кьуна территориалияб цебет1еялъул ва бак1алъулаб
самоуправлениялъул Дагъистаналъул
президентасда цебе бугеб управлениялъул начальник Исрапилов Артур Анваровичас. Данделъи ана
республикаялда ахихъанлъиялъул бугеб х1алалъе къиматги кьун цере ч1арал
масъалабазулги бицун г1ахьаллъаразе пайдаяб ва цоцазда рич1иялъул
ах1вал-х1алалда.
Районалде
президентасул сапаралъул х1акъалъулъ материал хадусеб номералда ц1але.
|