Вторник, 07.05.2024, 02:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Октябрь » 13 » Ч1АНК1А ГЬАВУРАЛДАСА 145 СОН Т1УБАЯЛДЕ.
12:05
Ч1АНК1А ГЬАВУРАЛДАСА 145 СОН Т1УБАЯЛДЕ.

1886 соналъ гlypyc пачаясул чиновник1аз гьабураб «Бакьаг1еч1иб жамаг1аталъул хъизамазул сиях1алда» хъвалеб буго «Магома Чунки Магома оглы - 75 лет, сыновья его - Чунки - 20 лет, Hyp Магома - 8 лет». Гьелдасан босун абизе бегьула, х1акъикъаталдаги Ч1анк1а (Тажудин) 1886 со­налъ гьавунилан.

Гьеб пикру тасдикъ гьабулеб буго. Ч1анк1ал г1умру лъазабиялда т1ад х1алт1арал цогидал г1алимзабазги. Амма кинго разилъизе к1оларо г1емераз хъваялъ уяблъун кколеб бугеб, Ч1анк1а абураб ц1ар, ращалъи гьеч1еб ригьиналдасан лъугьараб лъимер Ч1анк1а вук1иналъ, кьураб ц1ар бугин гьеб гьесиян абураб пикруялда. Жибго г1амм гьабун, гьеб ц1аралъул маг1на гьединаб бук1инеги бегьула, амма гьев бергьарав г1алимчиясеги шаг1ирасеги гьеб ц1ар кьун бук1ана к1удаинсул х1урматалда, маг1арулаз абухъе «Ч1анк1а Мух1ама вахъинавизе». Амма «Ч1анк1а» абураб ц1арги хисун, гьесда «Тажудин» абураб ц1ар лъеялъе бук1ана гьадинаб г1илла: Бакьагьеч1иб росулъа к1иго пикру бег1ерал, малъаралъе г1едерал, г1елмуялъе гьунар бугел мутаг1илзаби, Т1инч1авги, Ч1анк1аги росулъ мадрасаялда лъайги босун, г1елму камил гьабизе уна, доб заманаялъ ц1ар машгьурав ва бергьарав г1алимчи, Буц1раса Исх1акъил Мух1аммадида аск1оре. Исх1акъил Мух1аммад ц1акъ рази вук1унаан Бакьагьеч1иса гьел гьунар бугел мутаг1илзабаздаса. Цо нухалъ аск1ореги ах1ун гьев к1иясдаго Мух1аммадица абула: «Дир пикруялда гьединал г1елмуялъе гьунар бугел, малъаралъе г1едерал лъик1ал лъималазда гье­динал сурукъал ц1арал ах1изе дие бокьулеб гьеч1о. Рач1а гьел ц1арал хисизе. Жакъа къоялдаса нахъе Т1инч1асда абизе буго Жамалудин (диналъул берцинлъи) абун, Ч1анк1аца босизе буго Тажудин (диналъул таж) абураб ц1ар. Гьедин лъик1 гурищ, нуж рази руго гури?» - ян. Тажудин Жамалудинидаса щуго соналъ к1удияв вук1ана ва гьес абуна: «Гьай-гьай разиял руго, жакъаялдаса нижеда бат1ияб ц1ар абугеян абе» - ян. Жамалудинги гьимана ва разилъун бет1ер гьанк1ана. Гьеб заманаялдего Ч1анк1аца хъварал куч1дул Хъах1аб росулъа Мах1мудица ва цогидалги коч1охъабаз ах1улел рук1индал ва Ч1анк1а абураб ц1арги маг1арулазда гьоркьоб машгьурлъун бук1индал, гьеб хисизе зах1малъаниги, я жинцаго Тажудиница яги гьесул г1агарлъиялъ «Тажудинан» абун гурого Ч1анк1а абураб ц1ар х1алт1изабич1о. Лъеч1о гьеб ц1ар хадусеб г1елалъги. Гьесул ц1ар лъурав, гьесул яцалъул ясалъул васги Тажудин вук1ана.

Тажудин - Ч1анк1аца г1елмияб лъай босана доб заманаялъ бергьун машгьурал г1алимзаби, рехсарав Буц1раса Исх1акъил Мух1аммадидасан гуребги, Г1ашилт1аса Къурбанг1алидасан, Мест1ерухъа Нурмух1аммадидасан, машгьурав г1алимчи -математик Ч1ик1аса Х1амзах1ажиясдасан.

Ч1анк1ада бергьун лъик1 лъалаан г1араб мац1алъул нах1в (грамматика), ссарф (морфология), ва лугъат (лексика) г1елмаби. Лъалаан логика (мант1икъ), риязат (математи­ка), балагъа ва г1аруз (шиг1ру, назму пасих1го г1уц1иялъул г1елму, ритмика и риторика стихосложения), фикъгь (шарг1иял законал), исламияб тарих ва г1емерал цогидалги доб заманаялъ т1алибзабазда малъулел рук1арал г1елмаби. Ч1анк1ае ц1акъго бокьулаан астрономия. Камилго, щвалде щун лъалаан г1араб мац]. Гьеб бихьизабула Тажудиница маг1арул мац1алда гурелги, г1араб мац1алда куч1дул гьарулел рук1иналъги. Щвараб г1елмуялдасан пайдаги босун Та­жудин дибирлъун х1алт1ана К1ахъ ва Рихьуниб росабалъ. Кидаго х1алт1улаан жиндирго г1елмияб лъай борхизабиялда т1ад. Тажудиние ц1акъ бокьулаан маг1арул мац1ги, халкъияб фольклорги. Бакьагьеч1иса Г1алибах1арчица ва Малла Мух1амадовас ва цогидалги Тажудин лъик1 лъалез бицунаан гьесухъ кидаго халкъиял куч1дул, кицаби, биценал хъвараб даптар бук1унаанилан.

Тарихиял г1елмабазул доктор, профессор Расул Мух1амадовас хъвараб «По аулам Дагестана» абураб т1ехьалда хъвалеб буго:

«Бакьагьеч1иб рик1к1унеб буго, Мах1муд Ч1анк1ал ц1алдохъан вук1анилан. Ч1анк1аца г1умру гьабулеб заманаялъ росулъ бегавуллъун вук1ун вуго Х1айдарбег. Ч1анк1ал гьунар цебет1езег1ан цебеккунги росулъ рук1ун руго назму, шиг1ру гьабизе гьунар бугел г1адамал. Бекьеч1дерида рак1алда вуго Г1уммаханил заманалда Бакьагьеч1ив вук1арав Къебедасулав абун ц1ар бугев коч1охъан ва шаг1ир. Назму гьабизе бугеб гьунар бихьизабизе гьев, цогидал шаг1иралгун къецалде лъугьунев вук1ун вуго» - ян..

Тажудин (Ч1анк1а) вук1ана маг1арул поэзиялъул классик. Гьев хун хадуб нахъа, Совет х1укуматалъул заманалда гьесул куч1дузул чанго т1ехь бахъана маг1арул ва гlypyc мац1азда. Тажудинил г1умруялъул ва асаразул х1акъалъулъ хъвана Бакьагьеч1иса г1елмабазул кандидат Бадави Мух1аммадовас (Очерки дореволюционной аварской поэзии) 1961 с. Г1ободаса профессор Сиражудин Х1айбулаевас «Страницы авар­ской поэзии» 1991 с. г1елмабазул кандидатал Багьжат Испагиевалъ, Зульх1ижат Х1ажиевалъ ва г1емерал цогидазги. Хъвана Тажудинил асаразда т1асан курсоваялги, рефераталги, макъалабиги монографиялги, ц1унана г1елмиял ц1аралги. Бищун цеве Тажудин вук1ана Т1адег1анав Аллагьасда рак1 ч1ч1ун божарав муъминчи. Гьединлъидал, цо-цояз хъвавухъе апараглъун гуро Тажудиница мукъадисаб Каг1баялде сапар бухьараб. Гьев вахъана Аллагьас т1ад лъураб фарз т1убазе, рак1 бац1ц1адго, Аллагьасе г1оло. Гьеб сапаралда нухда хвейгицин Тажудиница бац1ц1адаб Аллагьасул къадарлъун, хирияб хвеллъун, разилъун къабул гьабиялда щаклъизе бак1 гьеч1о. Къват1иб къадар щвезе рес бук1ин гьесда бич1ч1улеб бук1иналъул маг1на ккола, гьес сапаралъ вахъиналде жиндирго назмаби жиндирго вокьулев гьудул ва гьезул маг1на босизеги гьездаса пайда босизеги лъалев шаг1ир Мах1мудихъе кьурал, гьелъин Тажудиница сапаралъ вахъиналде жиндирго г1умруялъул гьудул, хъизан Пат1астанида, жив т1ад вуссинч1они лъабго соналдасан россасе ине изну бугин дуран абураб. Тажудин хвана 1909 соналъ Турциялда. Бицен буго гьесда цадахъ вук1арав Бакьагьеч1иса Шайихг1али-х1ажиги гьесда цадахъ хванилан ва гьел хвараб бак1алдаго ралъдал раг1алда танилан. Бихьараз, ай цадахъ рук1араз бицанила, гьел рукъизег1ан ч1аралани жал гамидеги кват1ун лъаг1елалъ, хадусеб соналъ гама бач1инег1ан гъора хут1улаанин, гъал турказул бусурбабас рукъун ратизе кколилан.

Цадахъ рук1арал х1ажизабаз турказул росулъ вукъанилан хъвалеб буго Г1умарх1ажи Шахтамановас жиндирго «Муг1алимги мутаг1илги» абураб т1ехьалда. Х1акъикъат лъалев Аллагь вуго. Пат1астан, Тажудиница бихьизабураб заман ун хадуб, россасе ана Гьолокь росулъе. Гьенив гьелъие гьавурав вас кколаан машгьурав хирург, Дагъмединституталъул ректор, профессор Макъсудов Мух1аммад. Тажудиние лъимал гьарич1о. Гьесие дуг1а гьабулел лъималлъун нахъе хут1ана, гьесул халкъалъ рек1елъ ц1унун нахъе хут1арал куч1дул.

Гьесул куч1дул, х1икматалда нахъ г1унт1изе бокьараз ц1алула т1ат1ала руссун, ц1алулел, лъазарулел, ах1улел руго гьале т1убараб г1асруялдаса ц1ик1к1араб заманаялъ.

Тажудин вук1ана Дагъистаналъул муг1рузда г1урав бергьарав г1акъил. Гьеб бихьула гьесул куч1дуздасан, г1елмуялда г1амал рекъарав г1алим гьев вук1иналдасанги. Гьесул куч1дул гlypyc мац1алде руссинарурав машгьурав поэт ва таржамачи Яков Козловскияс Ч1анк1ал 125 сон т1убаялъул юбилей т1обит1улеб мехалъ бач1араб телеграммаялда хъвалеб буго: «Урхъула К1удияв Ч1анк1ал юбилей к1одо гьабулел Бекьеч1дерида ва гьалбадерида. Гьес жин­дирго куч1дуз бихьизабуна гьит1инаб росулъги дунялалда ц1ар paгlapaв г1акъил вахъине рес бук1ин. Нужеда киназдаго къвал бала. Нужер Яков Козловский».

Г1акълуги г1елмуги Тажудиние щвана цох1о бат1и-бат1иял росабалъ ц1алулаго, г1акъилал муг1алимзабаздасан, г1адатаб халкъалдасан гуребги, г1араб мац1 гьоркьоб ккун, дунялалъулго поэзия лъалевлъун вук1иналъги. Г1араб мац1алдаса маг1арул мац1алде Тажудиница буссинабураб, дунялалдаго машгьурав ингилисазул шаг1ир ва драмаби хъвалев Шекспирил назмуялъул нилъехъе щвараб гьаб куплеталъги г1емераб жо бицуна.

Дарай г1ат1ласаца чилъиги мерхьун

Чиго гуревщинав тахида вуго.

Г1акълу гьардухъ араб гьаб дунялалда

Дица хвалил амру ах1улеб буго. ,

Шекспирица г1умру гьабулеб бук1араб, азарго соналъ цебе бук1араб х1ал, жинда сверухъ бук1ун гуребдай, Тажудиние рек1ее г1урал гьал мохъал! Тажудинил заманалдаги, ай 100-120 соналъ цебеги гьединго бук1ине ккола. Амма гьал мохъал жакъа нилъер г1умруялъухъ балагьун хъвараллъун нилъедаги рихьулел руго. Бергьарав шаг1ирасул гьунар бук1уна, жинда сверухъ бугеб г1умруялъул ах1вал-х1ал берцинго, сурат бахъараб г1адин бихьизабизе. Тажудинил кинаб кеч1 босаниги, гьелъ цебе ч1езабула гьес г1умру гьабулеб заман, гьелъул к1вар бугел рахъал. Гьесул рак1 унтула цогидазде бач1араб къварилъиялъ, воххула гьезул роххелалъ, рес бук1ун маслиг1аталъул, ваг1за-насих1аталъул раг1иялъ, х1атта г1ищкъуялъ вух1улесул мурад т1убан кеч1 гьабунги, х1аракат бахъула халкъалъе хъулухъ гьабизе, гьезда тlaca зах1малъи борхизе.

Гьеб рахъалъ ц1акъго к1удияб къимат кьезе бегьула гьаб жакъа кьолеб бугеб Шамил-имамасул наиб, Инквачил Дибирасде гьабураб назмуялъеги. Рехсезин цо-к1иго куплет.

Дунял кквезе рижарал

Ч1ах1иял муг1рул-щобал,

Щоб-къоноцин xyтlич1o

Tlyпaн т1урал к1анц1изе.

Гуми жанир лъедолел

Бух1уразул лъимги къун,

Къадар щварав чуризе

Чабхил лъимцин xyтlич1o.

Гьес бергьарав г1алимчи хвей халкъалдего бач1араб балагьлъун бихьизабулеб буго. Пасих1лъиялъул рахъалъги, раг1иги маг1наги данде ккеялъул рахъ босаниги гьал мохъазда т1ад к1алъазе бак1 гьеч1о. Гьелдаго цадахъ, гьездасан бихьулеб буго, гьев исламияб г1елму т1ок1к1арав г1алимчи вук1инги. Къуръан-х1адисалдаги хъвараб, жакъасеб г1умруялъги тасдикъ гьабураб, ч1ах1иял муг1рузул дунялалъе бугеб к1вар бихьизаби гуребги, гьелъ г1алимчиги дунял кквезе к1вар бу­геб мег1ерлъун вихьизавулев вуго. Нух1ил гамилги, т1упан т1еялъулги къисса лъаялъ бач1араб буго к1иабилеб куплетги. Т1упан т1ураб заманаялъ «бух1уразухъ», ралъадазухъ гьарзаго бугеб лъимлъун цебе ч1олеб буго шаг1ирасда г1алимчиясул г1елму. Гьес гьеб ралъдалъ лъедолел гумилъун рихьизарулел руго мутаг1илзаби. Г1елмиял ралъадал къараб мехалъ гьел «гуми» ч1ун хут1и гуребги, къадар щварал чури фарзлъун бугелъул, Аллагьас т1ад лъураб фарз т1убазе «чабхил лъим», ай г1елму лъалев г1олилавцин хут1ич1илан абулеб буго шаг1ирас. Ц1акъго махщалида хъвалел руго Ч1анк1аца рокьул куч1дул.

Пикруялъул роржен (фантазия), пасих1лъи ва рокьи ккарасул г1орхъи-рахъ гьеч1еб асар Ч1анк1аца къого бихьич1ого г1адин, рекъезабулеб буго жиндирго куч1дузулъ. Гьединлъидал гуребдай г1асраби халалъухъе гьел халкъалъ жидерго рек1елъ ц1унунги ругел. Ч1анк1ал асаразулги, г1умруялъулги бицине бегьула саг1тал-къоял т1ат1ала реххун. Гьесул г1асрабаз бицунеб буго, жеги бицинеги буго. Гьесул твор­чество т1убан лъазабун гьеч1о. Гьабурабги идеологиялъул мурадазе г1оло, политикияб г1абулалда жаниб буг1ун къазабун, аслияб рахъ х1исабалде босич1ого буго. Хьул буго г1алимзабаз Ч1анк1ал г1умру жеги гъваридго лъазабилин ва гьесул г1елмияб рахъалдеги, кодоре щвеч1ел асарал ралагьиялдеги, гьесул г1умру лъазабиялдеги к1вар кьелилан. Гьелъухъ балагьич1ого бекьеч1дерил жамаг1аталъ рак1-рак1алъул баркала кьолеб буго ва дуг1адулъ рехсолел руго Ч1анк1ал г1умруялда ва творчествоялда т1ад х1алт1арал Ба­дави Мух1амадов, Мух1аммад Саидов, Расул Х1амзатов, Г1умар-Х1ажи Шахтаманов, Багьжат Испагиева, Зульх1ижат Х1ажиева, Сиражудин Х1айбулаев, Яков Козловский, Ах1мадов Мух1аммадил бет1ерлъиялда т1олалго Дагъистаналъул шаг1ирал, Ч1анк1аги вокьун гьесде назму, поэма гьабурал ва гьесул х1акъалъулъ газеталда хъварал.

 

Просмотров: 2419 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz