Районалда гуребги республикаялдаго музыкалияб культура
цебет1езабиялда бихьулеб бак1 ккуна
Загьидат Г1арабовалъ. Хунзахъги, Мах1ачхъалаялдаги, Буйнакскиялдаги,
республикаялъул цогидал росабалъги залал кьабг1ун ц1урал г1адамаз рахъун ч1ун
хъат кьабг1ана Загьидатие.
Гьелъие хъатч1варазда гьоркьор рук1ана дунялалдаго
машгьуралги. Г1емерисел машгьурал коч1охъабазго г1адин Загьидатицаги коч1ол дунялалде т1оцебесеб гали школалдаго т1амуна.
Хадуб, районазда гьоркьосеб ясазул школалда Г1араний
ц1алулагоги Загьидат йик1ана художественнияб х1аракатчилъиялъул хиси гьеч1ей
г1ахьалч1ужулъун ва бергьенлъиялда цее
яхъунаан. Загьидатил х1еренаб, роц1ц1араб, рек1елъе бортулеб гьаркьицаги,
маг1арул ч1ужуг1аданалда рекъарал коч1ол раг1абазги, раг1абазде данде кколел
бакъназги кьабг1ун залал ц1урал г1адамал
рак1арулаан.
Гьеб бук1ана улкаго г1адин, х1алуцун культураялъул киналго
рахъал, гьездаго гьоркьоб музыкалияб культураги цебет1олеб к1икъоялда анц1абилел
соназул ахир. Росабазул г1адамазул рук1а-рахъин, культура шагьаралъул г1адамазулалде г1агар
гьабиялъул курс босун бук1ана партиялъги
пачалихъалъги. Г1исинал росабалъцин ралел рук1ана культураялъул рукъзал. Гьеб
программаялда рекъон щибаб соналъг1адин т1орит1улел рук1ана фестивалал,
коч1охъабазул къецал. Гьеб гучаб карачелалъ гъорлъе ц1ач1ого теч1о гьунар бугей
Загьидат Г1арабоваги.
1958 соналъул 17-18 июнь. Хунзахъ коч1ол ва кьурдабазул
байрам. К1иго къоялъ халалъана чанго районалъул коллективазул церерахъинал.
Ралагьарал гурелги жюриги г1ажаиблъизабуна Г1арани школалъул 9-го классалъул
ц1алдохъан Загьидат Г1арабовалъ ах1араб кеч1алъ ва гьелъул кьурдиялъ. Махщел бугел машгьурал
коч1охъабиги кьезарун т1оцебесеб бак1 щвана жеги район бахун къват1иб жиндир
ц1ар лъач1ей, коч1ол гьаракь раг1ич1ей Гиничукьа ц1алдохъаналъе.
Загьидатил зах1маталъулаб г1умру коч1ол дунялалда бухьараблъун
батана. Райкомалъул т1оцеесей секретарь З. Гьит1иновалъул ва райисполкомалъул
председатель М. Къебедовасул гьари нахъ ч1вач1ого, эбел разилъана яс Загьидат
районалъул культураялъул рукъалъул художественнияй руководительлъун
х1алт1изе. Гьеб х1алт1уда Загьидатил
махщел камиллъи гуребги гьунар, бажари бач1ана нухмалъи –
г1уц1арухъанлъиялъеги. Загьидатица нухмалъи гьабулеб коллективалда вук1ана 20
чи, росабалъги рук1ана х1алт1улел художественнияб х1аракатчилъиялъул
коллективал. Загьидатица гьезиеги методикияб нухмалъиги кумекги гьабизе кколеб
бук1ана. Зама-заманалда гьел коллективаз жидерго росабалъ, райцентралда ва
мадугьалихъ росабалъ кьолел рук1ана концертал. Бихьулеб къоялде рач1инч1ого
лъелгоги хьвадулел рук1ана рик1к1адал росабалъе. Райцентралдаса 45-г1ан
километралъ рик1к1ада Г1арахъ мег1ералъул борхалъуда бугеб Гьарадерихъе
концерталъе х1ажалъулеб къайиги босун лъабц1ул раханила жал. Хасало рагьараб
машинаялъул кузовалда унаанила хъутабаздеян бицана Загьидатица. Художественниял
х1аракатчаг1азул коллективазе бергьенлъиялда гьабураб нухмалъиялъе г1оло З.
Г1арабовалъе 1961 соналъул 28 июналъ ВЛКСМалъул обкомалъул Х1урматалъул грамота
кьуна.
1963 соналъул 11-12 ноябралда республикаялъул тахшагьаралда
бук1ана халкъияб ва советиял авторазул куч1дул ах1улел жалго ругьунлъарал
коч1охъабазул конкурс. Конкурсалда Г1арабовалъ босараб гвангъараб бергьенлъиялъ
г1ажаиблъизаруна жюриялъул членал, ралагьизе рач1арал. Загьидатие хъат ч1вана
ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Р. Эльдаровалъ,
Расул Х1амзатовас, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель Ш.
Шамхаловас, Обкомалъул секретарь А. Абиловас, культураялъул министр Р. Г1умаровас
ва цогидазги. Лъабго къоялъ данделъана жюри, лъабго къоялъ мух1канго гьоркьоб
лъун дандбана щибаб кандидатура. Гьале данде росана х1асилал. Бищунго лъик1
халкъиял ва советиял куч1дул ах1улезул лауреатасул ц1арги т1оцебесеб бак1алъул дипломги кьуна З.
Г1арабовалъе.
1963 соналъул октябралда лъазабун бук1ана чанго этапалъулаб
3 соналъ халатбахъине бук1араб республикаялъул художественнияб
х1аракатчилъиялъул т1олгороссиялъулаб халгьаби. Гьеб халгьабиялъул х1акъалъулъ
доб соналъ «Дагправдаялъе» кьураб интервьюялда республикаялъул культураялъул
министр Р. Г1умаровас гьадин абулеб буго: «Щаклъи гьеч1ого гьеб халгьабиялъ
республикаялъе рагьизе руго ц1иял Муи Х1асановал, Майндур Т1алх1атовал,
Загьидат Г1арабовал». Министрасул гьел раг1абаз нуг1лъи гьабулеб буго
коч1охъабазда гьоркьоб Загьидатица кколеб бук1араб бак1алъул борхалъиялъулги
т1адег1анаб къадруялъулги. Гьеб
халгьабиялъул т1оцебесеб этапалдаса Загьидат т1ад юссана т1оцебесеб
бак1ги ккун.
Гьебго 1964 соналъ
Мах1ачхъалаялда т1орит1улел рук1ана т1аса рищун лъик1ал коч1охъабазул
конкурсал.
Гьайгьай, т1аса
рищарал коч1охъабазул конкурсалда г1ахьаллъизе ах1ана гьанже къаг1идаялъ абуни
дол соназ Дагъистаналъул коч1ол зодоб кенч1араб ц1ва – Загьидат Г1арабовалъ. Гьел
къецездасаги Г1арабова т1ад юссана бергьенлъиги босун. 1965 соналъул 3-4 июлалъ
Мах1ачхъалаялда т1обит1улеб бук1ана Дагъистаналъул г1олилазул ва студентазул фестиваль. Фестивалалде рач1ун
рук1ана республикаялъул махщел камилал васалги
ясалги г1олилазул ва студентазул фестивалалъул жюриялъ коч1ол къецазда
бергьенлъи ва лауреаталъул ц1ар кьуна З.
Г1арабовалъе.
Загьидат г1ахьаллъарал киналго фестивалазулги,
къецазулги, росарал бергьенлъабазулги
список ц1акъ халатаб буго. Гьанир гьел рехселаро. Амма цо гьадинаб
данделъиялъул бицинч1огоги г1оларо.
1964 соналъул август моц1 Хунзахъ т1алъиялда т1ибит1ун
бук1ана коч1ол, пандрил, аргъаналъул, зурма-къолол лъуг1и гьеч1еб гьаракь.
Хунзахъ т1обит1улеб бук1ана Дагъистаналъул литератураялъул ва искусствалъул
къоял. Хунзахъ рач1ун рук1ана республикаялъул т1олалго нухмалъулел, коч1охъаби,
хъвадарухъаби, художникал, Дагъистаналъул литература искуссво бокьулел. Гьеб
къоялъ Хунзахъ гьоболлъухъ вук1ана Ленинил премиялъул 3 лауреат: К1удияв Расул Х1амзатов, Чингиз Айтматов, рик1к1адаб
Пакистаналдаса Фаиз Ах1мад Фаиз.
Гьеб Расулил жигаралдалъун г1уц1араб данделъи сверана коч1ол
ва кьурдул байрамалде. Аваристаналъул тахшагьарлъун бук1араб нек1сияб Хунзахъ
жидерго махщелгун цере рахъана лъик1азда гьоркьоса лъик1ал т1аса рищарал коч1охъаби Муи Х1асанова, Манарша
Дибирова, Гъуниса, Ч1арадаса ва цогидал районаздаса бищун рик1к1унел камилаб
махщалил коч1охъаби. Гьайгьай гьезда гьоркьой
г1умруялъ гьит1инай амма гьунар
к1удияй кеч1-бакъаналъул устарлъиялъул
ц1ар щварай Загьидат Г1арабоваги. Гьенибин лъабавго дунялалдаго жидер ц1ар
машгьуллъарал г1адамаз; Расулица, Фаизица, ва Чингизица Хунзахъа коч1охъаналъул
к1удияб гьунаралъе хъат кьабг1араб. Цох1о хъат кьабг1иялдацин г1ей гьабич1ого,
цадахъ суратцин бахъана (Сурат бахъараб газета Загьидатил архивалда ц1унун
буго). Загьидатил рик1к1ен г1емерал шапакъатазда, х1урматалъул ц1аразда
гьоркьоб буго гьадинаб кагъат: «За высокое мастерство в исполнении советских и
народных песен и большие заслуги в развитии сельской художественной самодеятельности Президиум Верховного Совета Дагестанской АССР от 4 марта 1964 года
присвоил Вам почетное звание Заслуженного артиста ДАССР». Кагътида гъоркь гъулбасун
буго дол соназ Дагъистаналъул пачалихъалъул бет1ер У. Черкесовас. Гьанибго абун
тела художественниб х1аракаталъул г1ахьалчаг1азе, ай профессионалиял гурел
артистазе гьеб х1урматияб ц1ар кьей ц1акъ къанаг1атаб жо бук1анилан. Загьидат
абуни «Мустах1икъай» абураб ц1аралъе х1акъикъаталдаги мустах1икъай йиго. Буго
гьелъул республикаялъул бищун т1адег1анаб шапакъатги «За заслуги перед
республикой» орденги.
Загьидатица лъик1аб тарбияги т1адег1анаб лъайги кьун
г1езаруна 5 лъимер. Гь езул адаб-х1урматалдаса разияб ва гьезул лъималаздасан
йохараб г1умруялда йиго Загьидат Г1арабова. Гьелъие щулияб сахлъиги гьарун Буц1раса Г1иса.
|