Четверг, 02.05.2024, 06:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Август » 10 » «ЦОНИГИ КОММЕРСАНТАС ЖИНДИРГО Г1АРАЦ БИКЪИЗЕ ТОЛАРО»
18:39
«ЦОНИГИ КОММЕРСАНТАС ЖИНДИРГО Г1АРАЦ БИКЪИЗЕ ТОЛАРО»

Ахирал соназ нилъер районалде бак1алъул, федералиял ва х1атта халкъазда гьоркьосел СМИяз кьолеб к1вар къойидаса къойиде ц1ик1к1унеб буго. Аслияб къаг1идаялъ гьелъие г1иллалъун буго республикаялъул ва федералияб т1алъиязде «Макьасда», къоялда жаниб къоазаргог1ан чи  къабул гьарун бажарулеб, хасалил х1ухьбахъиялъул курорт базе  бук1ин.

Курорт баялъул ишал т1аде росун руго  (куратор) «Северияб Кавказалъул курортал»  госкорпороциялъул генералияв директор нилъер районцояв Ах1мад Билаловас. Дагьаб цебе гьесул заместитель Юрий Карпенкоца баян гьабуна «Макьас» проект г1иц1го хъещт1олеб комплекс бай гуреблъи: «Курортги Каспий ралъдал раг1алда гьабизе бугеб проектги нижеца цо  концепциялг1адин цоцада  бухьинабулеб буго. Гьелъ рес кьола  Дагъистаналда т1убараб лъаг1алицаго  туризм бук1инабизе. Хещт1олел трассаби, пляжал гуребги, рак1алда буго гольф-клуб базеги». «Макьасда» комплекс базе байбихьизе буго 2013 соналда. Х1исабалде  босун буго ункъго щугоц1ваялъулаб, анлъго ункъгоц1ваялъулаб ва анц1го лъабгоц1ваялъулаб отелал разе, аслияб х1алт1и инвесторазде т1аде кколелъул хадусеб анц1го соналъ гьез налогал кьей бигьа гьабуна.

Дагьаб цебег1ан Хунзахъ районалдасан раг1изе лъугьана лъик1ал гьеч1ел харбал: цо анкьалда жаниб 4 чи ва 13 июлалда лъимер гьабурай г1адан хвеялъул. Г1айиб гьабулеб бук1ана тохтурзабазде гуребги, «мекъаб» кадровияб политика гьабурав бет1ер  Х1. Дарбишевасдеги. Районалда ккарал лъугьа-бахъиназдасан Х1. Дарбишевас жиндирго пикраби загьир гьарулел руго «Новое дело» газеталъул мухбир А. Ах1маднабиевасе.

Домбай ва Макьас

- Сундасан байбихьилеб: лъик1алдасанищ квешалдасанищ?

- Бат1алъи гьеч1о.

- Байбихьилин «Макьас» проекталдасан. Комплекс баялъул х1алт1аби гьаризе байбихьанищ?

- Гьабсаг1ат Москваялде рит1арал документал тасдикъ гьариялда буго иш. Гьел гьарун лъуг1идал ва х1ажатал финансал щведал, жалго х1алт1абаздеги байбихьизе буго. Рес щвезе буго хунздерил гуребги, аза-азар дагъистаниязулги г1умру лъик1лъизабизе. Жакъа «Макьас» проект ккола  нижер район гуребги Каспий ралъдал раг1ал, Мух1арамкент,  Каякент,  Хъарабудагъкент районал ва  Дербент гъорлъе бачараб хасаб экономикияб зона. Къасд буго курортал, санаториял, сах гьариялъул объектал разе, г1езег1ан чиясе щвезе руго х1алт1изе бак1алги, цох1о Хунзахъ районалда х1алт1и щвезе  буго к1иазаргоялдаса ц1ик1к1ун чиясе. Туризмалъ цогидалги социалиял бут1аби церет1езаризе рес кьела. Масала,  гьалбал кваназаризе ккола. Гьай-гьай, гьелъие х1ажатал ниг1матал росизе руго бак1алъул г1адамазухъа, гьелъ росдал маг1ишат цебет1езабиялде бачуна. Жакъа районалда ц1унун ва х1алт1улеб буго цебе бук1араб 25 колхоз. 2011 соналъул ахиралде районалда бук1ана 28500 бет1ер  ч1ег1ерх1айван ва 298308 бет1ер г1и-ц1аназул.

- Дур лъик1алда божиялда бахиллъизе бач1уна, амма экспертазул пикру  буго «Макьас» проект Остап Бендерил Нью-Васюксиго г1адаб рак1ч1ей гьеч1еб иш бугилан. «Двенадцать стульевалъул» героясе афераялда щун ратани дагьа-макъал гъурщал «Макьасалда» нахъа руго ч1ах1иял суммаби…

- Г1ага-шагарго проекталъул багьа бахуна 38 млрд. гъурщиде. Г1арцул ц1ик1к1унисеб къадар буго инвесторазул. Гьез халкквезе буго жидерго щибаб гъурщида  хадуб, цониги коммерсантас жиндирго г1арац бикъизе толаро. Пректалъе щвана г1ат1идаб машгьурлъи, дагьаб цебе районалде рач1ун рук1ана Франциялдаса журналистал, гьединаб ах1вал-х1алалда г1арцуда хадуб хъаравуллъиги ц1ик1к1уна. К1очене бегьуларо федералиял структурабазулги ц1ик1к1араб хъаравуллъи бук1ин,  2025 соналде Северияб Кавказ цебет1езабиялъул программаялде гьоркьоре унел приоритетниял проектазда гьоркьобе «Макьас» иналда бан.

- Къват1исел улкабаздасезул бицинч1ониги, Россиялъул туристасул рес буго цогидаб бак1 т1аса бищизе. Масала, гьев ине бегьула х1инкъи гьеч1олъи ц1икк1араб, цебет1ураб сервисги инфраструктураги   бугеб, Домбаялде. Рехсе чанго г1илла  Хунзахъ районалде турист вач1ине кколеб?

- Щибаб бак1алъул рук1уна жиндирго берцинлъи, Домбаялъул – жиндирго, нижер ракьалъул – жиндирго. Макьас г1ат1илъиялдасан цебе лъола г1ажаибго берцинаб т1абиг1ат. Жибго т1алъиги буго Европаялда гьеч1еб уникалияб. Цояб рахъалъан буго 98 метралъул чваххи, цогидаб рахъалъан – лыжабазул трассабазе гъулдул, гьезги рачуна цогидал, чваххабазде. Риидал Макьас ц1ун бук1уна г1урччинлъиялъул, хасало – г1аздал. Бац1ц1адаб муг1рул гьава, лъим, г1ажаибго берцинал сардал. Районалда руго архитектураялъул г1емерал памятникал. Жегиги районалда  гьарулел руго археологиял ракопкаби. Г1елин ккола, лъик1ал рахъазул бицен жеги халат  гьабизеги бегьула…

- Хъещт1олеб комплекс бай-бащдаб  иш ккола. Бук1ине кколедухъ гьеб х1алт1изелъун къвариг1уна дандекколел кадрабиги. Киса дуца гьел рук1инаризе ругел?

- Районалда руго г1езег1ан специалистал. Х1ажалъани г1адамал ц1ализе рит1ила, къват1иса рачина, ай кадрабазул  г1унгут1и бук1ине гьеч1о.

Гьанжезаман ва г1адатал

- Муг1рузда ракь меседалда бащалъула. Курорт балеб бугеб ракьул руго  хважаинзаби. Гьел гьелдаса гьедиг1ан рохун ратиларо. Гьеб масъала кин т1убазабулеб бугеб?

- Бак1ал раялъ кколеб буго ракьул  50 га. Гьел ккола Сивухъ, Шотот1а, Г1ахьалч1и, Г1орут1а, Лъаг1илухъ, Хунзахъ, Гьац1алухъ росабазул ракьал. Байбихьуда рук1ана дандеккунгут1иял, хадуб ракьцоязда бич1ч1ана проекталъул лъик1ал рахъал г1езег1ан рук1ин. Гьанже курорт баялде данде щивниги  гьеч1о.

- Г1адамазе компенсация (ракьазухъ г1арац) щвезе бугищ?

- Гьеч1о. Г1арац биччаялъул хабар гьеч1о, бук1аниги г1адамазда бич1ч1ана  гьезие х1алт1и щолеблъи, росаби, маг1ишат церет1олеблъи, газ бачунеблъи.

-Каспий ралъдал раг1аллъиялъулгун  гьединаб х1асил ккелилан, абизе к1оларо.  Гьеб цебего «ккун» буго ц1иял дагъистанияз, ран руго хъулби ва гь.ц. Кин гьезулгун  г1аммаб мац1 батилеб?

- Рак1алде ккола т1алъиялъ гьеб берцинго т1убазабилин. Къаг1идаби г1езег1ан руго: компенсациял, ц1иял ракьал  кьей ва гь.ц.

Проекталда рекъон г1иц1го Хунзахъ районалъ щибаб къоялъ хъулухъ гьабизе буго 20 азарго чиясе. Гьеб ккола хайир кьей гуребги, районалъул ва  республикаялъул казнабазде ц1ик1к1ун налогал рак1ариги, г1адамазул батараб рук1а-рахъиналде, культураялде, экологиялде т1адецуйги.

- СССралъул заманалда туризмалъ квана-гьекъеялги, т1адагьаб хьвада-ч1вадиги, гьелдасан колел венерическиял унтабиги ц1ик1к1ана. Гьединабго ах1вал-х1ал районалда  лъугьинилан рак1алде кколарищ дуда?

- Кибго квешлъи бихьизе бегьуларо. Дица т1адехун бицана  комплексалъ кьезе ругел лъик1лъабазулги. Гьеб гуребги, рак1алда буго дагь-дагьккун регион бак1алъулаб туризмалъул центрлъун лъугьинабизеги. Районалда буго  районалъул ва республикаялъул к1варалъул 150 г1ан  тарихалъул ва архитектураялъул памятник ва цо федералияб к1варалъул памятникги. Гьел къач1азеги, халкъиял махщелал церет1езаризеги г1арац биччазе буго. Ц1и гьабизе буго, СССРалъул заманалда ц1акъ машгьурлъун бук1араб, художественниял т1аг1алабазул гьоц1дерил  комбинатги.

- Хунзахъ росдада г1агарлъухъ, ХIХ г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялда бана к1удияб рагъулаб щулалъи (хъала). Жакъа гьениб рихха-хочиял лъугьун  пашманаб х1ал буго. Хъала къач1аялъе щиб гьабулеб бугеб?

- Гьебха дица рехсараб федералияб  к1варалъул памятник. Гьелда хадуб  нижеца хал гьабула, х1ажалъи ккаралъуб реставрациялъул х1алт1абиги гьарула, гьелъие х1ажат буго капиталияб  ремонт. Церег1ан соназ гьениб рук1ана больница, поликлиника ва цогидалги г1уц1аби. Больница ц1ияб бак1алде бахъун буго, гьениб хут1ун буго поликлиника, гьебги ц1ияб корпус бан лъуг1идал гьенибе бахъина. Хунзахъ г1орхъаби ц1унулезул отряд буго хъалаялъул цояб рахъалда.

Кагътал – анонимкаби

- Бак1алъул г1адамазулги г1урхъаби ц1унулезулги кинал гьоркьорлъаби ругел?

- Киналг1аги дандеккунгут1иял гьеч1о. Погранотрядалъул гьанжесев командир Сергей Шевченкогун Сергей х1ажалъи ккедал, дандч1вала ниж. Г1орхъаби ц1унулезда гьоркьор руго, районалдаса гурелги, нус-нус дагъистаниял. Гьезул лъимал ц1алула нижер школазда, сахлъи щула гьабула нижер поликлиникаялда, больницаялда, гьез адаб гьабула нижер рук1а-рахъиналъул, г1адатазул, ниж кирго цадахъ рук1уна.

- Жиндир заманалда Болъихъ бугеб кьвагьдохъабазул бригадаялъул нухмалъулез раг1и кьун бук1ана район цебет1езабизе: бригадаялда аслияб  къаг1идаялъ хъулухъ  гьабизе бугин дагъистанияз, х1ажатаб босизе бугин бак1алъул г1адамазухъа ва гь.ц. Х1акъикъат батана бат1ияб: дагъистаниял росулел рук1инч1о хъулухъалде, кванил ниг1матал, х1атта Сибиралдаса бахъараб ц1улцин босана къват1иса, бак1алъулал г1адамал риччалел рук1инч1о гьезул тендеразда г1ахьаллъизе. Гьединал проблемаби Хунзахъ районалда рук1анищ?

- Рук1инч1о. Дида лъан дагъистаниял  г1ахьаллъула ва бергьуна тендеразда.

-Заман щвана  ахираб заманалда  районалда ккарал унтарал хвеялъул х1ужабазул бицине. Нижер редакциялдеги рач1ана гьадинал мухъал ругел кагътал: «Районалда сахлъи ц1униялъул, гьединго лъай кьеялъул, экономикаялъул ах1вал-х1алалъул жаваб  кьола районалъул бет1ер Х1ажияв Дарбишевас. Район т1инде унеб бук1аниги, Дарбишевасе гьелъул цо к1удияб ургъел гьеч1о. Г1адамазул раг1абазда рекъон, гьев  веццарулев раг1ула ДРялъул  Президентасулгун жиндир «лъик1ал» гьоркьорлъаби ругилан, Мах1ачхъалаялде  гьарулел сапарал ургъун рахъарал «президентасул советазда» г1ахьаллъи бугилан. Гьесул бихьизабиялда рекъон, рагъулав врач Мусаев т1амуна больницаялъул бет1ерав тохтурлъун. Гьединабго х1ал буго цогидал г1уц1абаздаги. Районалъул бет1ерас жидерго хъулухъаздаса рахъулел руго профессионалал ва гьезул бак1азда толел руго Дарбишевасе мут1иг1ал дилетантал (т1аса-масагояб лъаялъул чи). Гьал бадирч1ваял киг1аналъ рит1арал ругел?

- Гьел гьерсал руго. Дица г1адамал х1алт1уде росана ва росула гьезул профессионалиял  рахъазухъ балагьун. Больницаялъул рук1ана цере ч1арал масъалаби, бет1ерав тохтурлъун  Мух1амад Мусаев тедал, гьел дагь-дагьккун  т1уразарулелги руго. Бокьараб хвел – гьеб ккола г1ага-божаразул  къварилъи, бак1 ккун бук1аго, цоги нухалъ дица гъваридаб пашманлъиялъул зигара балеб буго гьезда. Щиб гьабилеб, Аллагьасул къадар!! Цо-цоязе ц1акъго бокьун буго гьеб иш политикаялде сверизабизе. Мух1канлъи гьеч1ел жал  хъвалел журналистаз, ккаралъул бициналде бищун цебе районалъул ва больницаялъул нухмалъулезулгун бухьен кквезе кколаан, гьебин абуни гьабун бук1инч1о.

- Гьел  «цо-цоязул» ц1арал рицине  бегьуларищ, щиб гьезие  бокьараб?

- Ц1арал абиялъ – кьезе жо щибго гьеч1о. Хунзахъ район ккола  муг1рузул Дагъистаналда бищун ч1ах1иял районазул  цояб. Кват1ич1ого «Макьас» проекталъе нух кьезе буго, гьелъул г1аммаб багьа, дица т1адехун абухъе, 38млрдалдаса ц1ик1к1араб г1арац ккола. К1удияб г1арац бугеб бак1алда гьезде нух щвезе бокьаралги ц1ик1к1уна.

-Дуда данде ругел г1адамал (оппонентал) Москваялдайищ яги Мах1ачхъалаялдайищ ругел?

- Гьеб гуро к1вар бугеб жо. Аслияб буго,  жакъа къоялъги районалъул администрация,  цереч1арал масъалаби т1уразелъун, бокьарал г1адамалгун х1алт1изе х1адураб бук1ин. Унтарал хвеялъул х1акъалъулъ нужеца ц1ехезе бегьула больницаялъул бет1ерав  тохтур Мусаев Мух1амадида ва лъимер гьабурай ч1ужуг1адан хвеялъул г1айиб г1унт1изабулел ругел тохтурзабазда.

Тохтурзабазул пикру

Мух1амад Мусаев: « СМИязда ругел материалал хасаб мурадалъе  хъварал рук1ин г1емераб  жоялъ бицунеб буго. Хъвалеб буго дица росабазул медпунктал къайилан абунилан, гьебин абуни киданиги бук1инч1о. Цо анкьада жаниб 4 чи  хванилан абураб жоги  х1акъикъаталда данде кколаро. Иш ккана гьадин: 4 апрелалда Т1ануси росулъа чи, ах1арав тохтур т1аде щвелалде жиндирго рокъов хвана. 10 маялда Буц1раре злокачественнияб гипертониялда бан диспансерияб учеталда вук1арав унтарасухъе ах1ана врачал. Гьез гьенире щведал, ЭКГги  бахъун  миокардаялъул г1ат1идаб инфаркт ккун бук1ин ч1езабун буго, х1ажатаб кумекги гьабун больницаялде вачунаго, гьевги нухда хвана. Гьебго къоялъ приемнияб отделениялде вач1ана Т1анусиса чи. Хал гьабидал гьесулги батана г1ат1идаб,к1иц1усаго т1ат1алаго ккараб инфаркт, гьениб гьев ц1акъго квеш унтун лъугьана. Реанимациялъул х1алт1ухъабазул  гьесие кумек  гьабизе кинго рес бук1инч1о. 15 маялъ Г1ободе  давление бахарасде ах1ана тохтурзаби. Унтарасе гьез х1ажатаб кумек  гьабуна, больницаялде вачиналдаса гьесги гьесул рокъосезги, жидецаго вачинин больницаялдеян абун, инкар гьабуна. Нахъисеб къоялъул радал нижеда пациент лъавудаса ун комалда ватана. Унтарал хвеялъул х1ужаби больницаялъул х1алт1ухъабазда, гьединго Дагъистаналъул сахлъи ц1иниялъул министерствалъул вакилзаби г1ахьаллъунги гьоркьор лъуна,  г1айибиязе кколеб г1адлуги гьабуна. Лъимер  гьабурай г1адан хвеялъул х1акъалъулъин абуни, мух1канго гьелъул бицина дир  пишацояс, абизе ккола гьединаб пашменаб х1асил ккеялъул жавабчилъи тохтурзабаз жидедаго т1аса рехуларилан. Г1айибиязе гьабуна г1адлуги. Кьварарал выговорал щвана лъимал гьарулеб отделениялъул заведующая Умакусум Гъазиевалъе ва хирург Мух1амадх1ажи Х1ажиевасе, замечание щвана  сах гьариялъул рахъалъ заместитель  Г1ишарият Х1амзаловалъе».

Ах1мад Мух1амадов: «10  июлалда хирургиялъул  бащдаб лъаг1алил отчетал кьезе дун Мах1ачхъалаялде ун вук1ана, рокъове щвана нахъисеб къоялъул бакъанида. Ах1ана дун араб къоялъ больницаялде ячун ва лъимер гьабун ятарай г1аданалъухъе. Унтаралъул хал гьабидал гьелъул батана зах1матаб х1ал, гьикъидал баянлъана гьей анкьг1ан мехалъ унтун йик1ин ва тохтурзабазда лъазабич1еблъи. Х1укму гьабуна операция гьабизе, бук1ине кколеб  операциялда цебесеб х1адурлъиги гьабун. Жанире раккидал батана ц1акъго зах1матаб, хьордораб перитонит лъугьун. Хирургазда лъала гьединаб х1алалдаса къанаг1атав чи гурони ворч1улареблъи, талих1 къосин ккелариш, хвана нижер пациенткаги…».

Ах1маднаби Ах1маднабиев «Новое дело» газета, № 30 (№1069), 3 август.

Таржама гьабуна  Пат1имат Гунашевалъ.

 

Просмотров: 799 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz