Четверг, 02.05.2024, 12:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Август » 6 » ДУН РАК1АЛДЕ ЩВАРАЗЕГИ ХВАЛЧЕН К1ОДО ГЬАВУРАЗЕГИ.
15:27
ДУН РАК1АЛДЕ ЩВАРАЗЕГИ ХВАЛЧЕН К1ОДО ГЬАВУРАЗЕГИ.

Т1оцебесеб иргаялда баркала кьезе бокьун буго дир турнир г1уц1иялъе х1аракатчилъи гьабурал райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажиясе, спорткомитеталъул председатель Х1айдарбеков Г1абдукъадирие, гьесул заместитель Малачиев Шамилие. Хасаб баркалаялъе мустах1икъаб буго «волейболалъ унтараб» т1анусдерил жамаг1ат. Цо-цо г1иллабаздалъун цин Хунзахъ, хадуб Ц1ада турнир т1обит1изе санаг1ат ккеч1елъул, т1анусдерица гьелъие жидерго залалъул нуц1би рагьана. Гьелъухъ рак1-рак1алъулаб баркала школалъул  ва спортзалалъул директорзаби Дибиров Хъайтмазие, Г1абдухаликъов  Мух1амадие, завхоз Г1умаров Мух1амадие Т1ануси школалъул директорлъун вук1арав дирго гьалмагъ  Мух1амадов Г1убайдулагьие. Институталда ц1алулагоги, гьеб лъуг1ун хадуб, х1алт1улагоги г1емерал х1ана к1иявго  цадахъ. Т1анусиса Г1абдулхаликъил Мух1амад лъаларев чи г1емер ватиларо районалда. Ленинил орденалъул кавалер – учителасул, школалъул директорасул зах1матаб х1алт1уда цадахъго гьес к1удияб к1вар кьуна  спорталде, хасго волейбол цебет1еялде. Районалъулго волейболистазул насих1атчи ва болельщик х1исабалда гьесиеги  баркала.

Лъик1алъулъги квешалъулъги къо ккедал ватула унго-унгояв гьудул. Турнир т1обит1улеб бук1ин лъан дида баркизе кодоб сайгъат-саламгун  т1аде щвана  Кизилюрталда ч1арал  районцоял Ц1адаса – ГУВДялъул начальник Зайирбегов Асх1абг1али, шагьаралъул ВТЭКалъул  начальник Г1алибегов Г1амир, Г1ободаса Хваджаев Мух1амад, таможениялъул х1алт1ухъан Хунзахъа Левша Мух1амад,  Кизилюрталъулал Шихамиров Салам ва Мух1амадов  Гъази. Площадкаялда бергьенлъиялъул рохалил лах1заталги къейдал бук1унеб лазатбахъиги г1емер х1ехьана нилъеца цадахъ. Дир божарал гьудулзаби, кидагосеб баркала нужее, хъизан-рукъалдаса, лъималаздаса рохараб, жеги халатал соназул сахаб г1умруялда таги нуж  Т1адег1анас.

Заманалъул г1адатлъун лъугьун буго т1обит1улеб кинаб бук1аниги тадбиралъе рес бугел г1адамаз квербакъи. Дир турниралъеги ратана сахаватчаг1и. Рак1-рак1алъул баркала Кизилюрталъул жанисел ишазул  управлениялъул  нухмалъулев  Ц1адаса Зайирбегов Асх1абг1алие. Призалъул фондалъул ц1ик1к1араб бут1а гьес т1аса босана «Возраждение»  банкалъул генералияв директор  Ц1адаса Къурамух1амадов Мух1амадицаги гьабуна г1арцулаб кумек. Баркала нижер росдал администрациялъул бет1ер Макъсудов Хочбарие, «К1ахъ» колхозалъул председатель Г1абдурах1манов Мух1амадие. Гьезулги щвана кумек. К1удияб х1аракат бахъана судьябазул коллегиялъги. Бет1ерав судья Никсон Мух1амадица (Х1асанов), цогидал судьябазги турниралъул х1аязда кинаб бук1аниги х1илла-рек1к1, командабазда гьоркьоб цоцазда  рич1унгут1и биччач1о, кинабго ана рак1бац1адго. Баркала гьезие. Баркала дун к1одо гьавун турниралда г1ахьаллъараб  ункъабго командаялъе, балагьизе рач1арал волейбол бокьулезе,  гьалбадерие квен-т1ех х1адурун, гьел квана-гьекъзариялъе кумекалъе рач1арал к1ахъиязул ясазе. Хасгьабун баркала кьезе бокьун буго «Росдал зах1матчи» газеталъул коллективалъе. Очерк хъван, турниралъул иналъул бицун гуребги кинаб къвариг1елалъ аск1ове аниги нахъч1вач1о дун гьез. Ахиралдаги, нагагьлъун  гьаб рик1к1алъ рак1алде щвеч1ого гьоркьор хут1арал ратани  гьарула т1аса лъугьаян, цоги нухалъ  баркала киназего.

М. Ах1мадов

Просмотров: 757 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz