Четверг, 02.05.2024, 10:48 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июль » 6 » Г1УМРУЯЛЪУЛ МУГ1АЛИМ.
20:35
Г1УМРУЯЛЪУЛ МУГ1АЛИМ.

5 маялда Т1ануси т1обит1ана, муг1алимзабазулги муг1алимилан районалъул учительзабаз ц1ар тарав, Т1анусиса Г1абдулхаликъов Мух1амад Х1ажиевичас 80 сон т1убаялъул байрам. М. Г1абдулхаликъов гьавуна 1932 соналъ ц1ар раг1арав г1алимчи Г1абдулхаликъил хъизамалда. 1950 соналъ  Г1абдулхаликъовасул Г1арани гьоркьохъеб школа лъуг1ана г1арцул медалалда ва ц1ализе ана ДГПИялъул литературияб факультеталде. Институт лъуг1ун хадуб баг1араб дипломгун вит1ана Харахьи гьоркьохъеб школалде (1556-57с). 1957-1962 соназ х1алт1ана Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалда завучлъун. 1964-2001 соназ х1алт1ана Т1ануси гьоркьохъеб школалъул директорлъун. Мух1амад Х1ажиевичасул муг1алимлъиялъул стаж ккола 52 сон.

Гьес Т1ануси школалъе нухмалъи гьабуна 38 соналъ. Мух1амад Х1ажиевичасул свак-к1вах1 лъалареб х1алт1и, лъималазе, ай ц1алдохъабазе г1оло кьураб бащдаб г1асруялдаса ц1ик1к1араб г1умру, х1укуматалда бихьич1ого хут1ич1о. Мух1амад Х1ажиевич мустах1икълъана х1укуматалъул г1емерал шапакъатазе:

ДАССРалъул мустах1икъав учитель 1968 сон, Зах1маталъул г1аламат орден 1961 сон,  РСФСРалъул мустах1икъав учитель 1975 сон, 1978 соналъ республикаялъул Х1урматалъул хъорщоде ц1ар босула, Зах1маталъул Баг1араб байрахъ орден  1981 сон, Ленинил орден 1986 сон.

Гьев х1урматияв, г1акъилав муг1алимасул 80 сон т1убаялъул юбилей гьабизе Мух1амад Х1ажиевичасухъа изну щвезе бигьаго бук1инч1о, амма Т1ануси школалъул директор Дибиров Хъайтмазицаги т1олго коллективалъги мук1ур гьавуна Мух1амад Х1ажиевич. М. Г1абдулхаликъовас 80 сон т1убаялъул юбилеялда хурхун гьеб къоялъ Т1ануси т1орит1ана районалъул школазул ц1алдохъабазда гьоркьор волейболалъул къецал.

Ц1алдохъабазда гьоркьор къецал гьариялъул мурад бук1ана Мух1амад Х1ажиевичасул лъималаздехунги спорталдехунги бугеб рокьи. Къецазда г1ахьаллъи гьабуна районалъул васазулги ясазулги бищун лъик1ал т1аса рищарал командабаз.

Васазул командаби:

Хунзахъ, Бакьагьеч1и, Гьамущи, Т1ануси гьоркьохъел школал :

Г1ахьалч1и, Хунзахъ ва Т1ануси гьоркьохъел школал

Мух1амад Х1ажиевичасул г1умруялъул 80 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабизе ва гьесда  жинца  нахъа тараб берцинаб мисалияб г1умруялъул нух баркизе рач1ана: райональул нухмалъулев  Дарбишев Х1ажияв, Кизилюрт райональул вакилзаби, райсобранияльул председатель Хваджаев Хваджа, лъайкьеялъул управлениялъул начальник Г1умаров Залумхан, лъайкьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзазул райкомалъул председатель Мах1мудов Мух1амад, лъайкьеялъул министерствалъул вакил, РЦОИялъул директор Х1амзалов Мух1амад, школазул директорзаби, муг1алимзаби ва г1емерал районалдасаги район тун къват1исаги г1адамалМух1амад Х1ажиевичасул гьалбал гьудулзаби, цадахъ х1алт1улел рук1арал, г1емерал Мух1амадил кверзукьан арал ц1алдохъаби.

Ц1алдохъабазда гьоркьор т1орит1улел къецал рук1ана ц1акъ х1алуцарал. Льималаз бихьизабуна Хунзахъ районалъе хасиятаб берцинал х1аял ва жиндерго гьунар. Турнир г1уц1адго т1обит1изе нухмалъи гьабуна районалъул спорткамитеталъул председатель Г1. Х1айдарбековас  ва гьесул заместитель Ш. Малачиевас. Х1алуцарал х1аязда жидерго гьунарги, махщелги бихьизе гьабуна г1исинал спортменаз.

Васазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 щвана Т1ануси гьоркьохъеб школалъе, Гьамущи гьоркьохъеб школа бач1ана к1иабилеб бак1алде, лъабабилеб бак1 ккуна Хунзахъ гьоркьохъеб школалъ.

Ясазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 чияхъе биччач1о  Т1ануси гьоркьохъеб школалъ, к1иабилеб бак1 Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул ясаз босана, лъабабилеб бак1 Хунзахъ гьоркьохъеб школалъе щвана.

Абизе ккола Мух1амад Х1ажиевичасул турнир т1обит1иялъе квербакъана спорткомитеталъги, гьалбадерицаги спонсоразги.

Сайгъатал кьолаго  спортивияб насих1атгун к1алъаял гьаруна Дагъистаналъул т1аса бищараб командаялъул к1удияв тренер Гъайирбеков Мух1амадица, районалъул спорткомитеталъул председатель Х1айдарбеков  Г1абдукъадирица Гьес жиндирго рахъалдасан г1уц1ана призалъул фонд. К1алъазе вахъарав республикаялъул РЦОИялъул директор Х1амзалов Мух1амадица спортсменазе ва Т1ануси школалъеги  кьуна г1арцулал сайгъатал .

Рук1ана сайгъатал «Машгьурал г1адамал» колхозалъул, Кизилюрт райадминистрациялъул, ООО «Эркенлъи» г1уц1иялъул ва райсобраниялъул депутат М. Г1абдулаевасул рахъалдасанги. Байрам берцин ва бечед гьабун бук1ана Г1абдулхаликъовасул г1емерал гьудул-гьалмагъзабаз, т1аде ах1арал гьалбадерица. Мух1амад Х1ажиевичасул юбилей к1одо гьабизе заман батарал районалъул нухмалъулезе, Мах1ачхъалаялдаса, Кизилюрталдаса рач1арал гьалбадерие рак1-рак1алъул баркала гьесул жиндирго, хъизан-лъималазул рахъалдасан.

Ахиралда М. Г1абдулхаликъовас районалъул т1олалго ц1алдохъабазе ц1алулъги спорталдаги ч1ах1иял бергьенлъаби щвей жиндир мурад бук1ин загьир гьабуна.

Х1. Г1абдулхаликъов.

 

Просмотров: 892 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz