Четверг, 02.05.2024, 16:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июль » 12 » АЛЛАГЬАСУЛ ЦЦИМ БАХЪУН БАРАБГ1АГИ БАТУГЕГИХА.
22:01
АЛЛАГЬАСУЛ ЦЦИМ БАХЪУН БАРАБГ1АГИ БАТУГЕГИХА.

Синоптиказул цереккунисел баяназда рекъон, Россиялъул Югалъе июль моц1 лъазабун бук1ана г1емер ц1адал ралеб ва кьерхараблъун, бак1-бак1азда горо-ц1ер бан, т1абиг1ияб гучалъ зарал-зиян гьабизеги бегьулилан бицун бук1ана гьава-бакъалда хадуб хал кколез рии байбихьараб мехалъго. Метеорологазда божи-божунгут1и щивасул жинди-жиндир иш буго, амма гьал ахирал къоязда Краснодар краялдасан байбихьун, нилъер гьанир лъугьунел ругел т1абиг1иял балагьаз «Аллагьасул г1адамазда ццим бахъунг1аги батугегиян» абизе т1амулел руго…

6 июлалъ, рак1алдаго гьеч1ого Хунзахъ росулъ базе лъугьараб гарица, бит1ахъего абуни, ч1абар гьабуна г1адамазул рекьарал гьоц1у-паст1абазулгун хур-хералъул. Жинда гьоркьоб ц1ик1к1унисел гарал ц1улакьоялдаса г1исинал рук1инч1еб «зодил жазаялъ» гъурана пихъил гъут1би, шифер т1ад ккурал т1охал, гордабазда лъурал ц1урдул, т1е-т1езаруна токалъул, бухьеналъул кварал. Бащдаб саг1аталдасаги ц1ик1к1ун заманалъ бараб гарица чурун, риххизаруна нухал, чух1ана къват1ир хут1ун рук1арал машинаби, ккана х1ужжаби цо-цо г1адамазул рокъобе лъим к1анц1ун, г1ураб зарал гьабуралги. Бихьизабизе ккола, Хунзахъ росдал администрациялъ гьеб къоялъ хехаб къаг1идаялъ къват1ибе бахъинабуна техникагун х1алт1ухъаби ва жидедасан бач1арабщинаб гьабуна нухаздаса горо-ц1ералъул гъатал рац1ц1ад гьариялъе, жанибе лъим к1анц1арал г1адамазе кумек гьабиялъе. Живаго бегавул Т1алх1атов Хизриги вугоан гьеб къоялъ рет1ун чакмабигун х1алт1илев. Аллагь разилъаги гьездаса. Т1абиг1ияб балагьалъ т1алъиялда ругелщинал росабазда кверщел гьабунилан кканиги, гьелъул ц1ик1к1унисеб кьаби щвана Хунзахъ ва Г1арани росабазде.

Х1алт1улал г1уц1абазул минабазе ва хасал г1адамазул рукъзабазе ккараб зарал бец1улеб буго г1иц1го шифер гъурун, ялъуни къадал риххун ругони. Дида лъаларо, щай бекьараб хур-хералъул (хасго г1иц1го гьелдасан щолеб доходалъ хьихьаразе!?) зарал к1вар бугеблъун щай иш т1адал идарабазда бихьич1ебали. Амма гьаб бак1алда рак1алде щвана «Летний день  год кормит» -ан г1урусазул кици. Исанисеб бач1инги хунздерица гъираялда кванай щакаб жо… Аллагьас лъик1аб хъван батаги. Тохлъукьегояб горо-ц1ералъул балагьалъ гьабураб зарал ва г1адамазе гьелъул копменсациял кьезе районалъул ва Хунзахъ росдал администрациязда г1уц1ун руго хасал комиссиял. Ккараб заралалъул бицун г1арза хъвазе щивав районцояв ине ккола жиде-жидер росдал администрациялде. Нахъе гьединал балагьаздаса ц1унун таги т1адег1анас нилъ киналго. Амин. 

Кин лъугьунеб г1ажаибаб х1икмат – горо ?

Байбихьула горо-ц1ералъ жиндирго сапар 5  километралъ рик1к1ад зодоб – гьениб бух1араб риидалцин 15 градус температура т1аде бахунаро. Ц1адал къат1раби ц1орораб гьаваялдасан цин эхеде ун, хадур г1одоре ун сверула ц1орол гаразде. Цо-цо мехалъ гьел ц1акъго г1емер заманалъ хут1ула  гьаваялъул ц1орорал гъатазда  гъорлъ гъоркье-т1аде хьвадулел, гьеб мехалда, к1одолъула, кьаралъула гарал ва , гьаваялъул чвахиялда данде ч1ун г1одоре рортизе  к1олеб къадаралде рахиндал, ц1адал бак1алда базе лъугьуна, доб нилъеда 6 июлалъ бихьараб г1адаб, х1атта жеги къуватабгицин горо-ц1ер. Горо гъорлъ бугеб нак1к1 бат1абахъизе лъала гьелъул ч1ег1ерлъиялдалъун ва к1одолъиялдалъун, бег1ерал т1огьалги ругеб кьурул сирталда релълъун бук1уна гьеб ц1ик1к1униселъ. Телескопалдасан ялъуни лъик1ал дурнамаздасан балагьани, бихьула доб дица т1адехун рехсараб гаразул багъа-бачариги. Г1алимзабаз цебегоялдаса нахъе х1аракат бахъулеб буго гарица  рухиялдаса жалго ц1унизе: горо щущазабизелъун жаниб жоги лъун нак1к1улъе ракетаби риччан, самолетаздасан гьелда реч1ч1ун… гьабич1еб щибго теч1о инсанас т1абиг1ияб балагь нахъч1вазе. Амма горо-ц1ер балеб буго, гьелъ ч1абар гьабулеб буго ахазул, хур-хералъул, г1ажиз гьарулел ва ч1валел руго х1айваналгун г1адамал…

Аллагьас ц1унаги.

Бищунго – бищунго…

1981 соналъ Китаялда бараб гарил цо-цоялда бук1ана 7 кг.  Гьеб вах1шияб стихиялъ ч1ван вуго 5 чи ва щущазабун буго 10500 мина.

1986 соналъул 14 апрелалда  Бангладешалда бана  щибалда цо-цо килограмм бугеб горо.

СШАялъул Канзас штаталда 1879 соналъул 30 маялда  смерчалдаса хадуб бараб гарил диаметр бук1ун буго 38 см.  Ракьалде гьеб щун  хадуб рахъарал гундбузул гъварилъийин абуни 18-20 сантиметралда бащадаб бук1ун буго.

Цо-цо мехалда гороялда жаниб щиб-щибниги батарал х1ужжабиги кколел руго. Гьедин СШАялда 1894 соналда батун буго, жинда жаниб 20 см. халалъи черхалъул  бугеб щурункъверкъ къараб к1удияб  горо.

Ф. Мух1амадова

 

Просмотров: 718 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz