Хабар бач1ун буго,
Х1ажимурадил бет1ер т1ад буссинабулеб бугилан, гьеб букъизе ресги
щванилан. Гьелъул х1акъалъулъ
макъалаги буго «Россиялъул газеталъул» 68 абилеб номералда.
Геннадий Опарин – дир гьобол вугониги, нижер Никитал эмен гьев вугониги, гьаб ишалда
дун т1ад рекъоларо.
Гьеб ишалда т1ад рекъолезулъ руго, дунялалдаго ц1ар
раг1арал Дагъистаналъул тарих лъик1 лъалев Г1алибег Казанбиевги, унго-унгояв
академик Шамил Г1алиевги. Дие ц1акъ
хириял гьудулзаби руго гьел .
Шамилиеги Г1алибегиеги бокьараб ишалда данде вахъунев чиги
гуро дун !
Дица Опаринида абун бук1арабг1аги, бицинч1ого г1оларо
гьаниб.
Гьес хъвалеб буго, гьаб хабалъ букъун хадуб, «Кавказалдаго
рекъел бук1ина» абун.
Дир х1исабалда гьелъул г1аксалда ккезе буго:
«Гьав хвезег1ан щайха
цо лъиданиги к1веч1еб, к1алзулъ хъунтагъги бан гьасул цаби гъуризе» -
абун хьандезе руго цо-цо чаг1и.
«Доб мехалда щайха, нижеца хоб къач1азег1ан теч1ого,
хунздерица гьав вукъич1ев?!» - абун
барщизе руго дол г1адамал.
«Гьанибищ гьав вукъилев, цойги бак1алдайищ?» - абураб
даг1баги ккезе буго.
Амма гьеб иш, исламги динги
г1адамазда лъик1алан бич1ч1ич1олъи батилилан кколеб буго дида. Гьеб г1адамаз гьабулеб жо буго, диналда гьадин гьеч1ого бегьиларилан ккей буго. Диналда буго чи хвараб бак1алда вукъизе
кколилан.
Гьев мунагьал чураясул бет1ер, тушбабаз къот1ун, пачаясда бихьизе,
Петербургалде бит1ун буго. Амма тушбаби
къун руго - бах1арчиясул бет1ер нилъеда бихьизе нахъе хут1ун буго ! Герасимовас сурат гьабиялъул бицинч1ониги, музеялда ц1униялъ гьеб нахъе
хут1ун буго.
Цебе бергьун рук1арал
нилъ гьанже къезехъин руго. Хоб
рагьидал, мух1ур гурев, гьеб регьел г1емераб ракьалда, ракьацин турич1ого
хут1ун батизе гьеч1о. Сунда цадахъ букъилеб нилъеца гвангвара ?!
К1ик1униса Г1усманица бук1ана жиндир ракьа-макъа музеялъе
бичун. Жидедаго т1аде х1акъги босун, г1адамазухъа бак1арун музеялъе налъиги
кьун, хвезабуна гьеб иш
к1ик1ундерица. Г1адамазе гьев нартав вихьизе бокьилароанищ жакъаги. Гьадиг1ан
к1удияв чийищ вук1унев абун, гьикъилароанищ г1адаз цоцазда.? Музеялъулгун гьабураб договор, рик1к1ине
кколаан васияталъул бак1алда. Васият хвезабизе лъилниги ихтиярги бук1унаро.
Х1ажимурадил васият бук1инч1о.
Г1арададул гуллаги щун, далараб гъеж, цадахъ ругез
къот1ич1елъул, «х1ат1икьги ккун т1ун
рехарав Хириясул Г1алибегил»
раг1анаха киназдаго.
Гъеж, эбелалда бихьизе бач1иналъул тарихалда бицунеб буго.
Машинаялда унаго, кьвагьизарун ч1варазул кинабгойищ цадахъ букъулеб?!.
Хоб Хунзахъ, Х1ажимурад вижараб росулъ, бук1ине кколилан,
киналго хунзги лъугьина.
Гурилан, Ц1елмесалъув вукъизе кколилан ц1инсалги лъугьина. Гьев Х1ажимурадги жидехъа вук1анила, жидер
росдаца, гьанже рахъун, гьесдасан зикруги
бачанила мажгиталда 2012 соналъул 22 абилеб апрелалдаян, абила гьез. Гьев жидехъа
вук1иналъе Л.Н.Толстояс нуг1лъиги
гьабулеб бугилан, гьесул авторитетги х1алт1изабила гьез.
Гурилан лъугьина Мах1ачхъалаялъул мэр. Дагъистаналъулго бах1арчи Х1ажимурад, гьелъул тахшагьаралда вукъизе кколилан, ч1ела
гьев.
Нужеца бицунеб жого
щибилан, абила г1арабияз! Х1ежалда
хваралцин жидеца рукъулеб куц бихьуларогойищ нуж даг1бадулел абун, гьикъила
гьез?
Къуръан рещт1арабги, ислам
бижарабги бак1 Г1арабустан гурищилан , абила гьез ? Хекко бук1аралъубего щвезабе гьеб
гвангвара! Гьеб гьенибе бит1араз Бет1ергьанасда цебе кьезе тезе гьелъул жаваб,
- абун лъуг1изе тела гьезги даг1ба…
Нилъее гьанже лъик1аб жо буго, Х1ажимурадил гвангвара –
Хунзахъ росдал музеялда лъезе!
Гьениб ц1ик1к1ун ц1унарабги бук1ина, гьеб бихьизеялъе
г1олого, музеялде рач1унелги г1емерлъила…
Гурониги бит1араб жойищ бук1унеб, депутатлъиялде
кандидатасул «обещанияздаги» боржун, бах1арчиясул нахъе хут1араб гвангвара туризе гьаби !?.
Депутатазде гьабураб кеч1г1агийищ, «г1урул ханазул бицараб»
раг1ун батилареб г1адамазда?!
Г1абасил Мах1амад
|