Исана 25 маялда «Черновик» газеталда нилъер район, ай Хунзахъ районалъулаб больницаги какун бахъараб макъала цIалидал дир ракIалъе кутакалда квешаб асар гьабуна. ТIокIаб кигIан ургъаниги гьеб макъалаялда гъорлъе ккезабизе хъублъи букIун батиларин ккола. Макъалаялда рехсараб къагIидаялда, больницаялъул врачазул гIайибалдалъун ва гьединго «хехаб кумекалъул» машина бачIинчIолъиялъул хIасилалда гьел гIадамазе къадар ккун батани, гьеб кутакалда мекъи буго, гьелда тIад рекъезеги бегьуларо щивго.ТIоцебесеб иргаялда дие бокьун буго Аллагьасул бацIадаб къадар щварал гьел рехсарал гIадамазул гIагарлъи-божилъиялда дирго рахъалъан гъваридаб пашманлъиялъул зигара базе, гьезул рухI иманалда бахъараблъун батаги. Макъалаялъул дун тIад рекъечIеб бакI буго гьабсагIат вугев бетIерев врач гIодовегIан гьавизе гьелъул авторас цIакъго хIаракат бахъулеб букIин. Дида гьев Мусаевги лъаларо, гьесулгун кинаб букIаниги гьоркьоблъиги гьечIо, амма гьев вукIанин рагъулав врачинабун хъвараб жоялъ дун воххизавуна. Армиялда врачлъун хIалтIулев вукIарав гьес, гьениб гIадаб кьварараб низамалда бачинин больницаялъул коллектив нухдайилан кколаракIалде. Гьединаб нухмалъи гьабизе бокьуларел, жидер хIалтIудехун тасамахIлъи бугел хIалтIухъаби больницаялда ратизеги бегьула. Гьес больницаялъе нухмалъи гьабулелдаса гIемераб заман рагIуларо, хIалтIул рахъи рахънибе ккезабизе ккани заманги къваригIуна. Дун вуго учитель,гьединлъидал лъагIалида жаниб цо нухалъгIаги медосмотр гьабизе гьениве ине кколаан, амма ахирияб 4-5 сон буго гьеб гьабизеги инчIого, щайгурелъул ахирияб нухалъ гьениве индал цо врачги щоларого кабинеталъул кIалтIа чIун рукIана батIи-батIияб росулъа учительзаби, вачIа-вачIарас гьикъулеб букIана гьев врач кидал вачIуневилан, нижер гурулъеги ячIун цо хъахIаб халгIат ретIарай гIаданалъ ниж «гьородахъ» риччана - нуж учительзабийилан ратилила, нужеца дарсгIаги кьолебищилан цIакъ хъачIаб кIалъай гьабуна. ЯхI гьабизе кIвечIев дица абуна мун гIадай лъугьинелъун дарс кьун батани, гьелдаса жакъа дир ракI бухIанин, тIокIалъ дун нужехъеги вачIинарин, инеги инчIо. Исана арал гьалмагъзабазда цIехедал, цояс абуна: цо кабинеталъул кIалтIа чIун жидер 3-4 чи вукIаго вачIанин бетIерав врач ва кабинеталъувеги ун врачасда лъазабунила гьал гьанир кIалтIа чIезаричIого хехго халги гьабун риччайилан. Дидаги ракIалда буго гьезул хIалтIул къагIида хисун бугищали бихьизе исана медосмотр гьабизе ине. Макъалаялда авторас бихьизабулеб буго больницаялъул лицензия гьечIилан, гьебги буго макъан рекъезебачунеб далай гIадинаб жо. ГьечIеб батани киб балагьунха букIараб сахлъи цIуниялъул министерство? Щайха лицензияги гьечIеб больница къачIеб ва хIалтIулеб тараб? Гьеб лицензия букIарабани лъалаго «мадар» лъугьинаан унтаразе, рентгеналда лъурайго бигьалъи кканин абурай цо чIужугIаданалъе гIадин. Больницаялда хIалтIулел руго гIемерал кверал меседилал ва Дагъистаналъул мустахIикъал врачал, цIарал рехселаан, нагагь цонигиял гьоркьор хутIани мекъи бихьилин абун толеб буго. Гьезул хIалтIул рахъиялъе кIудияб «кумек» гьабилаан гьеб цо лицензиялъ. Гьеб ккола дибирасе гIарацги кьун гIисин лъималазда бараб сабаб гIадинаб жо. Гьеб буго чиновниказ коррупция цIикIкIиналъе ургъараб алат. Больницаялъе гьеб кин щолебали дида лъаларо, амма школаз щвезе ккани хасаб магъало кьезе ккола министерствоялъул чиновникасе ва гьеб щун хадуб учительзабазе хIалтIизеги гIажаибго «бигьалъула». Цо соналъ нижер школаги лицензиялъул болжалги лъугIун хIалтIулеб букIана ва гьеб соналъ цIалдохъабазе экзаменал цIаларалъуб кьезе течIого, гьел рачIине тIадаблъун гьабуна Харахьи школалде ва гьениб кьуна экзаменал, 9-I0 соналъ МочIохъги цIалун, Харахьи школа лъугIанин хъвана кагътида. Гьединаб буго нилъер хIукумат, гьединаб буго нилъер хIакъикъат. Хъвалеб буго макъалаялда кидаялиго кьураб, кинабалиго томограф кьабуца кун бугилан, вачIун вахъиналде гьелда тIад солидол бахине бажарун батилароха Мусаевасухъа. Бокьилаан лъазе кида гьеб томограф бачIарабали ва чан бетIерав врач больницаялде гьелдаса хадув ккаравали. Гьединго хъвалеб буго лъиде гIайиб гIунтIизабизе бокьарабали якъинго лъалеб гьереси, Мусаев кколин Дарбишев ХIажиясул классцоявилан. Цо гьалмагъас дида абуна Мусаевасул классал лъугIараб заманалда Дарбишев гьавунго вукIинчIилан, цIидасан гьеб цIехезе бегьула макъалаялъул авторас. Хъвалеб буго авторас Перзият йигеб мехалъ больницаялъул хIалтIи тIадегIанаб даражаялда букIанилан, гьебги цIехезе бегьула гьенир гьеб заманалда регун рукIарал унтаразда, гьединго коллективалда. Гьеб авторас абулеб заманалда рекIел унтиги бачIун хвана дир гIагарав чи ва гьединго Хунзахъ МСЭКалъул председатель, гьезул мунагьал чурун ратаги ва битIараб нухда рукIараллъун ратаги. БацIадаб Аллагьасул къадар гьукъун бажаруларо. Макъалаялъул ахиралда автор Макьасдеги щун вуго хъещтIеро чагIазул ургъел гьабизе. Гьеб хъещтIеро гуребдай киналъего гIайибияб бугеб?! Гьеб базелъун районалъул бюджеталде бачIине бугеб гIемераб гIарцуде гIемеразул хиял лъеялъцин гуребдай районалъул бетIерасда хIенсезабулеб хабарги, гIарзалги, заказ кьурал макъалабиги, хъублъиги тIибитIизабулеб бугеб? Дир пикруялда гьелдаса хъулухъ гьечIеб батIияб жо гьабизе ургъани, щибго букIунаро. Гьениб чанго азарго чиясе хIалтIизе бакI букIине бугилан рецц-бакъ гьабула. Цо-цо росабазул умумузул рукIарал ракьал гьелги рази гьечIого нахъе рахъун, щиб гьабулелха нилъ ругел-щалалиго хъещтIезаризехъин. Гьеб хъещтIероялдаса районалъул гIадамазе гьанал, рахьдал, цогидабги росдал магIишаталъул продукция къачIалеб, цIоко-тIехь, квас яги цоги- далда тIад хIалтIи гьабулеб фабрик-завод барабани лъикIаб букIинаан. Дида ракIалда буго 70-абилел соназул ахиралда МочIохъ базехъинбукIана колхозазда гьоркьосеб санаторий, амма жамагIаталъ изну кьечIо, гьеб хъублъи жидее хIажат гьечIилан. Жакъаги жамагIат хIинкъун буго гьеб хъещтIероялъул квачIал МочIохъеги гIунтIиладаян. Кинабго заманаялъ бицина, Аллагьас лъикIаб хъван батаги. Хъвалеб буго Хунзахъ районалда гIадамал холел ругилан, цойгидал районазда хвелгодай гьечIеб? Гьел районаздегIаги гочине ккелаха хваликьа ворчIизе бокьарав чи. Гьединго абулеб буго разилъиладай туристал хвезеян, дир хIисабалда разилъиларо, амма Аллагьас кьурал къоял лъугIани гьезда гьикъулев чиги вукIинаро, гьелги ина ахираталъул рокъоре. Туристал хвезе гьечIин хъвараб бакIги батиларо, хIежалде арал гIадамалцин гьенирго цо-цоял къадаралде щола. Аллагьасул къоял лъугIун, къадаралде турист щвани, хабзалазе проекталда, бакIгIаги тун гьечIодай. Дие бокьулареб жо буго Дагъистаналдаго бищунго магIна бугеблъун букIараб, бищунго лъикIал гIадамал жанир рахъараб, бищунго цебетIуразулъ букIараб, Аваристаналъул ракIлъун букIараб Хунзахъ район суризабизе нилъго рахъунел рукIин. Дир пикруялда гьелъ нилъ лъикIалде рачине гьечIо. Нилъерго гъалатIалги, гIунгутIабиги рокъорго тIуразаруни лъикIаб букIина «ЧIегIераб» газеталде бахъичIого, гьелъие нилъер ресги ва гIураб бажариги батилин ракIалде ккола. Гьединго бокьилаан газета цIалулез жидерго пикраби загьир гьаруни. Ахиралда, дир макъалаялда жинда хъинтIулеб жо бугин ракIалде ккарав чи вугони, бокьила тIасалъугьине, гьединаб мурад дир букIинчIо. Районцояз жидерго бетIерлъуде кидаго рищана бажари бугезда гъорлъаги тIокIлъи бугел, гьезги районалъе ва район цебетIезабиялъе кIудияб хIалтIи гьабуна, гьабулеб буго жакъа къоялдажанибги, кигIан гьеб гьедин букIине бокьуларел ратаниги. Дун чIухIарав вуго дир Хунзахъ районалдаса. Районцоязул адабгун ва хIурматгун МочIохъ школалъул учитель
М-ХI. ХАЛИЛБЕГОВ
|