Дагьалъ цебе Россиялъул Федерациялъул Советалъул Председатель В. И. Матвиенкоца ахIун, Шамил Гьиматович ГIалиев гIахьаллъана парламенталъул гIенеккиязда ва «о проблемах подводного вооружения России» абураб кIалъай гьабуна гьениб. Шамилил гвангъараб, кидаго гIадин пасихIаб, сипатияб, иш лъан гьабураб гъваридаб магIнаялъул кIалъаялъухъ сенаторал кIвар кьун ва кIудияб интересгун гIенеккана. Пачалихъалъул бищун тIадегIанаб идараялда кIалъазе ихтияралъе Дагъистаналъул гIалимзабазда гьоркьов тIоцеве нилъер ракьцояв Ш. ГIалиев мустахIикълъана. Гьелъ нугIлъи гьабула гIалимзабазул свериялда гуребги пачалихъалъул даражаялдаги нилъер Шамилил къадру борхалъуда букIин. Гьайгьай, нилъ чIухIула вижараб росуги, районги, дагъистанги машгьур гьабурав Шамил Гьиматовичасдаса. Районцоязда бичIчIун батила щив Шамилил хIакъалъулъ дица бицен гьабулеб бугебали. Амма гIемеразда лъалел ратиларо Шамилил цIаралда цере рехсолел гIелмиял цIаралги, даражабиги, пачалихъалъулги жамгIиялгун-политикиял хъулухъалги. Гьелъие гIилла букIана Ш. ГIалиевасул «строго секретноян» печать букIин, гьезул авторасда «секретный академикан» абулеб букIин. Халатаб заманаялъ балъго цIунун хутIана Шамилги гьесул хIаракатчилъиги. Гьанже нилъее рес щвана Шамилил балъголъаби цо къадаралданиги рагьизе. Шамил Гьиматович ГIалиев Россиялъул космонавтикаялъул хIурматияв академик, техникиял гIелмабазул доктор, прикладнияб математикаялъул ва вычислительнияб техникаялъул профессор, Россиялъул мустахIикъав гIелмияв хIалтIухъан, оборонаялъул бутIабазул комитеталъул Россиялъул пачалихъияб премиялъул лауреат, Кельдышил, Циалковскиясул, Барминил меседил медалазул кавалер, РАНалъул академик, В. Субботинил физикаялъул техникияб ва математикаялъул рахъалъ комиссиялъул нухмалъулев, теориялъулаб ва прикладнияб механикаялъул Россиялъул миллияб комитеталъул член, лодкабазда дандечIолеб (противолодочная) яргъил генералияв конструктор. Шамил Гьиматович ГIалиев гьавуна I943 соналъул 23 июналда нилъер районалъул ТIануси гIадатал колхозниказул Гьиматил ГIалил ва лъади ПатIиматил хъизамалда. Дие бокьун букIана «гIадатал» абураб рагIи «гIадатал гурел» абураб рагIудалъун хисизе. Щайгурелъул Хуриса ГIалицаги ПатIиматицаги тарбия кьун гIезаруна 3 профессор: Дагъистаналъул обкомалъул I-секретарь, Дагъистаналъул тIоцевесев Президент МухIу Гьиматович ГIалиев -философиял гIелмабазул доктор, профессор, медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор ГIалиев Сайгид Гьиматович ва нилъеца бицен гьабулев вугев «балъгояв академик»Шамил Гьиматович. Дунялалдаго рикIкIунев, къадруяв, Россиялда машгьурав Ш. ГIалиевас нахъа тараб гIелмуялъул нух буго гвангъараб, бергьенлъабазги цIирагьиязги цIураб. Гьеб нухлул захIмалъи живго Шамилида лъалеб батила. ГьитIинаб мехалъ Шамил вукIана чIагояв, цо хIалалда чIезе кIоларев, гIемер вагъун гьурмадаса гIуж камуларев вас. РечIчIухъ лъугьине бокьулаанила. Чуял цIакъ хириял рукIин лъайдал, ЦIадаса ХIамзатица «ТIанус лъикIал рекIарал» абун росдаего кьураб къимат ракIалде щвана. Шамилил махщел букIун буго кечI ахIизе, кьурдизе, пандур бачине. 4 класс лъугIизегIан цIалуда цо кIудияб тIадчIейго гьабулароанила. Амма гIемер жо лъазе бокьулеб хасияталъул вас вукIун вуго: Учительзабазе суалал кьезе бокьулаанила. Масала, алгебраялда алгебрайин абичIого, цогидаб цIар щайин лъечIебан ва гьединалго жаваб батуларел Шамилил суалаз санагIат гьечIеб бакIалде ккезарулел рукIанила учительзаби. Анкьго класс гIагараб росулъ лъугIизабурав Шамилица бергьенлъиялда лъугIизабуна Избербашалъул школа-интернат. Гьоркьохъеб лъай щварав Шамил хIалтIизе лъугьана Каспийск шагьаралъул «Дагъдизель» заводалде токарлъун ва 60-лел соназул ахиралде щвезегIан гьенив хIалтIана. 70 соназул байбихьуда машгьурав росуцояв Шагьрудин Шамхаловасул хIаракаталдалъун Дагъистаналдаса 200 гIолохъанчи Ленинградалде цIализе ритIана. Гьезда гьоркьов вукIарав Шамил Ленинградалъул гуми гьарулеб заводалде цIализе лъугьана. Институт лъугIун хадув Ш. ГIалиев гьебго интситуталда аспирантураялде цIализе лъугьана. Дунялалъулго машгьурлъи щварав гIалимчилъун вахъунаго, Шамилица нахъа тараб гвангъараб нух лъазе бокьила нилъер районалъул гIадамазе. Гьале гьеб. I. 24 соналъул гIумруялда вугев Шамилица хъвана хасаб энергетикаялъул авиациялъулаб торпедаялъул хIакъалъулъ тIоцебесеб гIелмияб хIалтIи. 2. 28 сон барав гIалимчияс хъвана самолет боржине хIажалъулеб авианосецалъул палубаялъул халалъиялъул ва хехлъиялъул хIакъалъулъ гIелмияб хIалтIи. 3. Нахъеги 4 соналдасан, ай 32 соналъул гIумруялде вахарав Шамилица хъвана лъеда гъоркьан хьвадулел гумузул отсекал ва космосалъул гумузул камеразе шлюзал гьариялда хурхараб гIелмияб хIалтIи. 4. 6 соналдасан, ай 38 сон бугев Шамилица хъвана СССРалда тIоцебе торпедабазул гидродинамикиял системабазда хурхараб монография. 5. I983 соналъ, 40 сон барав Шамилица Ленинградалда цIунана техникиял гIелмабазул цIаралъе диссертация. Северияб Кавказалда 40 сонилаб гIумруялда цониги техникиял гIелмабазул доктор ва прикладнияб математикаялъул профессорги вахъинчIо. Дунялалъулго рикIкIунеб кIвара-лъул хадур рехсарал гIелмиял хIалтIабазул автор, ялъуни соавтор ккола нилъер ракьцояв Ш. ГIалиев. I. Решение проблемы устойчи-вости и выхревой пелены за крылом большого удлинения (I998 г. С-Петербург.) 2. Монография. Фундаментальные технические комплексы. Теория аналитического проектирования (М. Наука, I977). 3. Моделирование отношений заказчика и исполнителя (С-Петербург 2002 г.) 4. Монография. Низкочастотное звукоизлучание развитых кавитационных течений (М. Наука. I997 г.) 5. Многотомник. Торпедное оружие (М. Наука 2002 г.) Шамил гIахьаллъана космоса-лъул гама «Прогресс» биччаялъулъ. ГIелмуялда цебе Ш. ГIалиевасул гIемерал пайдаял ишалги (заслуги) хIисабалде росун, балъгояб темаялда (закрытая тема) гIелмияб конференция тIобитIана Дагъистаналда. Конференциялъе нухмалъи гьабизе Дагъистаналде вачIун вукIана Байконуралъул Генералияв конструктор В. П. Бармин. Дагъистаналда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб конференциялда гьоркьоб лъуна интеллектуалиял системабазул суал. Халкъазда гьоркьосеб астрономический союзалъул хIукмуялдалъун солнечнияб системаялъул цо планетаялъе Ш. ГIалиевасул цIар кьуна. Ш. ГIалиевасе кьуна «Петр I орден». С-Петербургалда Ш. ГIалиевасул хIакъалъулъ бахъана 6 сериялъулаб кино-фильм. ГьабсагIат Шамил ГIалиев хIалтIулев вуго захIматалъул нухде I6 соналъул гIумруялда мухъилав хIалтIухъан-токарлъиялдасан гали тIамураб Каспийск шагьаралъул «Дагдизель» заводалда САПРалъул генералияв конструкторлъун. I990 соналдаса нахъе тIубазабулеб буго гьеб хъулухъ Шамилица. Шамил ккола гIелмуялъул ва ВПКаялъул рахъалъ Дагъистаналъул президентасул гIакълучи. 2004 соналъ гьесие кьуна экономикаялъул рахъалъ хIинкъи гьечIо-лъиялъул халкъазда гьоркьосеб клубалъул «Щит Отечества» орден. Шамилил цIар босун буго «Санкт-Петербургалъул цIар арал гIадамал» биографиялъулаб словаралде. Гьесие кьуна «С-Петербургалъул ва Дагъистаналъул гIадамал рухIияб рахъалъ чIаго гьариялъухъ абураб меседил медаль ва «Личность Петербурга» хIурматияб цIар. ГIемерал къватIисел улкабазде, масала, СШАялде Франциялде, Италиялде, Германиялде ва цогидалги улкабазде лекциял цIализе ахIула Ш. ГIалиев-ТIанусиса гIалимчи. Хасаб кIваралъул гIелмияб хIалтIилъун буго Шамилил самолет-экраноплан. Америкаялъулаз экранопланалда цIар лъун буго «каспиялъул монстр» абун. Самолеталда бажарулеб буго ралъдал гьумералдаса Iметраялъул борхалъудасан боржине, бокьараб гъварилъуда лъеда гъоркьан хьвадулеб гама ва бихьулареб самолет (невидимка) тIатинабизе. Шамилида профессионаласда гIадин бичIчIулеб буго музыка. Махщел бугила кьурдизе. КIудияб махщалида хъвалеб буго пандур. Шамилил хIакъалъулъ гIемераб жо нилъеда лъаларо. Кинабго гьесул хIакъалъулъ загьир гьабулеб батичIого букIинеги бегьула. БачIунеб соналъ Шамил Гьиматович ГIалиевас тIубала 70 сон. Гьеб юбилеялда хурхун районалъул газеталъ нилъер цIар арав ракьцоясул хIакъалъулъ хъвазе батила. Гьаб макъалаялъе материал дихъе кьурал ТIануси школалъул учительница ХI. Абулпазлуевалъе ва школалъул директор Хъ. Дибировасе ракI-ракIалъулаб баркалагун БУЦIРАСА ГIИСА.
|