Пятница, 03.05.2024, 11:09 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 9 » ЛЪАЙ КЬЕЙ ВА Г1УМРУ... АССАМБЛЕЯ.
15:38
ЛЪАЙ КЬЕЙ ВА Г1УМРУ... АССАМБЛЕЯ.

Ц1алул сон лъуг1улелъул ц1акъго г1емерлъула районалъул школлъималазда гьоркьор т1орит1урел къецал. Гьез бихьизабула лъималазда ц1алул соналъго малъараб, лъараб материалалъул кинаб х1асил ккун бугебали, кин гьеб гьезда  лъан бугебали. Дагьал церег1ан къояз районалъул халкъияб творчествоялъул рокъоб т1обит1ана пагьму-гьунар, махщел бугел (одаренные) лъималазул Ассамблея. Гьелда г1ахьаллъана бат1и-бат1ил къецазда,  олимпиадабазда бергьарал, ц1алулъ  кидаго лъик1ал х1асилал рихьизарулел ц1алдохъаби.

Берцинал коч1ол мухъалги рик1к1унаго Ассамблея рагьана ва нухда бачана Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Нурмух1амадова Зульфияца ва Гьахьалч1и гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Х1ажиева Расиятица. Ясаз бицана залалда, нилъерго районалъул педагогал гурелги, Ассамблеялъухъ  балагьизе рач1ун ругин Гъуниб, Болъихъ, Унсоколо, Хьаргаби районаздаса  гьалбалгиян.

Гьаб байрамги, ц1алдохъабазда гьезул бергьенлъабиги баркун, хадубккунги ц1алулъги г1умруялъулъги ц1алдохъабазе ва педагогазе бит1ккейги гьарун к1алъазе цеве  вахъана РУОялъул начальник. З. Г1умаров.

Искусствалъул школалъул  «Хунзахъ» филиалалъул лъималазул  къурдудасан байбихьана пагьму-гьунар  ц1ик1к1арал лъималазул церерахъинал. Церерахъинал г1уц1ун рук1ана  гьадинаб къаг1идаялда: цин цо-цоккун цере рахъун жалго бергьарал, лъик1ал х1асилал рихьизарурал къецазде жидецаго х1адурарал  х1алт1абаздаса бут1а  бицунеб бук1ана ц1алдохъабазул цояз, гьелдаса хадуб гьезие кьурди, кеч1 сайгъат гьабулеб бук1ана цойги гьединалго лъималаз.

Исана республикаялъул къецазда г1ахьаллъи гьабуна нилъер районалдаса 100-г1ан  г1исинал спортменаз, гьездасан 40–г1ан чияс  бергьенлъиги босана. Спортменазе шапакъатал кьезе цеве вахъана спорткомитеталъул председатель  Г1. Х1айдарбегов. Р. Г1амирхановасул акробатазул  церерахъинги ц1акъ лъик1 къабул гьабуна  балагьараз

Бат1и-бат1иял даражабаз  къецазда бергьенлъаби росизе  к1оледухъ лъималазе  тарбия–лъай кьей бигьаяб х1алт1и гуро. Гьединал педагогал мустах1икъал руго киг1анги к1удияб баркалаялъеги, шапакъаталъеги. РУОялъул нухмалъулев  З. Г1умаровас  цереги ах1ун  баркалаялъул адресалдалъунги  т1егьалдалъунги к1одо гьаруна  учительзаби-насих1атчаг1и районалъул 36 педагог. Учительзабазул свак-к1вах1 лъалареб  х1алт1уе баркала кьун  к1алъана ИМЦялъул начальник С. Патах1оваги. П. Мух1идиновалъ (Шотот1а, 4 кл.), П. Саг1адулаевалъ (Г1арани лицей, 11 кл.), Р. Тажудиновалъ (Г1арани, 11 кл.)  ва Х. Х1ажиевалъ (Моч1охъ, 4 кл.) учительзабазе  сайгъат гьарун  ах1ана куч1дул.

Ассамблея бачунез баркала кьуна гьединал лъимал г1езарурал умумузе. Гьезие кьурдабигун куч1дул сайгъат  гьаруна Лъаг1илухъ, Т1агьада, Харахьи, Г1обода ва Г1арани гьоркьохъел  школазул ц1алдохъабаз.

Г1ахьалч1и, Т1ануси, Уздалросу, Гьоц1алъ гьоркьохъел ва К1ахъ аслияб школазул ц1алдохъабаз Ассамблеялде рач1арал гьалбадериеги х1адурун ругоан музыкалиял сайгъатал.

Районалъул ва республикаялъул олимпиадабазда призалъулал бак1ал росарал 17 ц1алдохъан грамотабаздалъун к1одо гьаризе изну кьуна  Г1ахьалч1и гьоркьохъеб школалъул  биологиялъул учитель Т1айгибова Бахуе.

Сценаялде ах1ана районалъул  «меседил фонд»-пагьму-гьунар, махщел бугеллъун рик1к1арал 51 ц1алдохъан.

«Одаренный ребенок» медалаздалъун гьел к1одо гьаризе цеве вахъана  районалъул нухмалъулев Х1. Дарбишев. Ц1алдохъабазухъе  удостоверениялги медалалги кьун Х1ажияв  Мух1амадовичасги гьезда бергьенлъабиги баркун, гьарана лъималазе кинабго лъик1абщинаб. Гьаниб рехсеч1ого г1оларо медалал щваразда гьоркьор г1иц1го ц1алдохъаби гурелги Г1обода «Ромашка» ясли-ахалде унев гьит1ич Саг1адулаев  Мух1амад вук1инги. Гьев ккола  районалъул ва республикаялъул чанго коч1ол  къецазулъ бергьарав ва  призер.

Т1аде рач1арал гьалбадерицаги лъик1аб къимат кьуна Ассамблеялъе, баркана районалъул учительзабазда ва лъималазда гьезул церет1еял. Киназего баркалаги кьун к1алъазе цее яхъана церет1урал лъималазда гьоркьор бат1и-бат1иял къецал т1орит1улей гьезулгун ц1акъ г1емераб х1алт1и гьабурай ва гьабулей ИМЦялъул специалист, пагьму-гьунар бугел лъималазул  централъул директор Х1алимат  Мух1амадова. Гьелъ изну кьуна школа  лъуг1ун унел ц1алдохъабазе пагьму-гьунар  бугел лъималазул Аллеялда жидерго гъвет1 ч1езе.. «Мы желаем счастья вам» кеч1  киназго  цадахъ ах1иялдалъун лъуг1ана Ассамблея.

Ц1алдохъабиги, умумулги, учительзабиги ц1акъ  разиго хут1ана гьеб  киназего пайдаяб тадбиралдаса.

П.Гунащева


Просмотров: 786 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz