Пятница, 03.05.2024, 12:30 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 26 » 85 СОНИЛАБ ЮБИЛЕЙГИ К1ОДО ГЬАБУН.
17:27
85 СОНИЛАБ ЮБИЛЕЙГИ К1ОДО ГЬАБУН.

Дагьаб цебе Т1ануси школа рагьаралдаса 85 сонилаб юбилей к1одо гьабураб рохалилаб тадбир т1обит1ана. Школалъул директор Дибиров Хъайтмазил нухмалъиялда гьеб байрамалде к1удияб х1адурлъи гьабун бук1ана  учительзабазгун ц1алдохъабаз. Гьелда г1ахьаллъизе ах1ун рук1ана г1емерал гьалбал ва бат1и-бат1иял соназ г1агарб школа лъуг1ун къват1ире арал. Х1адур гьарун рук1ана жиндир заманалда школалъе нухмалъи гьабуразул,  учительзабилъун х1алт1аразул, школалъе квербакъи гьабуразул бицунел стендал.

Байрамалъулаб дандерусин рагьулаго школалъул директор Хъайтмаз Г1умаровичас киназдаго баркана юбилей. Гьес бицана 85 соналъ школалъ нахъа тараб нухалъул, ругел церет1еязул ва г1олел-г1оларел рахъазул. Баркиялъул к1алъайгун цеве вахъана жиндир учительлъиялъул 53 сонил стажги бугев, 37 соналъ школалъе нухмалъиги гьабурав Г1абдулхаликъов Мух1амад,  гьединго райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияв, РУОялъул начальник Г1умаров Залумхан, Кизилюрт районалъул нухмалъулев Х1ажиев Мух1амад, лъайкьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзазул райкомалъул председатель Мах1мудов Мух1амад, республикаялъул лъайкьеялъул  министерствалъул вакил Х1амзалов Мух1амад ва цогидалги. Баркиялъулал к1алъаяздаса хадуб г1емерсонилаб ва рак1бац1адаб х1алт1ухъ шапакъатаздалъун к1одо гьаруна школалъул учительзабазул к1удияб къокъа. «Дагъистаналъул лъайкьеялъул отличник» абураб каранда балеб г1аламат кьуна Гъазимух1амадов Мух1амадие  ва Мух1амадова Бариние. Министерствалъул  Х1урматалъул грамотаялъе мустах1икълъана Г1умаров Г1усман, Абулпазлуева  Гьадигат. РУОялъул Х1урматалъул грамотаби щвана Г1абдулхаликъова Пат1иматие, Абулпазлуева Х1алиматие, Абулмуслимова Асиятие, Хъазанбиева Шамайие, Дибиров Мух1амадие, Хат1ипова Нажабатие, Г1абдулат1ипова Зульфияе. Кизилюрт  районалъул делегациялъ жидерго сайгъат кьуна росулъа ригь арал волейболистазе. Щивав т1аде вач1арасул рук1ана школалъе къиматал сайгъатал. Гьез сайгъат гьаруна волейболалъул тарг1аздаса бахъараб, байбихьул классалъул ц1алул  кабинеталде г1унт1унги, х1ажатаб щинаб.

Юбилеялда г1ахьаллъана лъималазе лъайгун тарбия  кьеялда жидеца т1оцебесеб гали Т1ануси школалдасан лъуралги,  республика тун къват1ир ругел росуцоялги,  районалъул росабазул  школазул  директорзабиги.  Гьезулги щивасул бук1ана рак1алде щвей, школалъе гьари-рахьи.

Кинаб дандеруссин бук1унеб ихтилат-кеп гьеч1еб, кеч1-бакъан раг1ич1еб?  Школалъул юбилей берцин гьабун бук1ана районалъул культураялъул х1аракатчаг1и Султ1анова Пат1иматица, Мух1амадова Умакусумица, жалго  т1анусдерил лъималаз ва хъутаналда бугеб  школалъул ц1алдохъабаз. Киналго рази гьаруна гьезул церерахъиназ. Байрам ана г1ахьаллъаразул рек1елъ лъик1аб асар хут1уледухъ, щивасул гьурмада бихьулеб бук1ана рохалил асар. Сахлъи кьеги киназего, лъик1алъе гурого данделъизе хъван батугеги.

Гь. Абулпазлуева

Просмотров: 847 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz