Пятница, 03.05.2024, 10:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 26 » БИЦУНЕБГИ РАГ1УН БУК1АНА, УЯБ ЖОГИ БАТАНА.
17:12
БИЦУНЕБГИ РАГ1УН БУК1АНА, УЯБ ЖОГИ БАТАНА.

Дида г1емер раг1улаан бицунеб Харахьи участкаялъул больницаялъул х1акъалъулъ. Раг1улаан г1емерал рецц-бакъалъул раг1аби гьенир х1алт1улел ругел тохтурзабазул ц1аралги рехсон, толаан гьеб батилин жидер сахлъи гьениб лъик1аб даражаялде бач1индал роххиялъ бицунеб гьонц1ораб хабарилан.

     Дагьал церег1ан къояз щвезе ккана дун гьеб больницаялде гьенив унтун вегун вугев вацг1аласде щвезе. Больницаялъул к1алт1уги бахун коридоралъуве лъугьиндал гьенир ч1ун ругоан хъах1ал халг1аталги рет1арай к1иго ч1ужуг1адан. Гьезул цояй санитарка йик1ун ятизе ккола гьелъухъ лъел ведроги тряпкаги бук1ана, цойгидай медсестра йик1ун ятизе ккола. Гьел дун вихьигун данде рач1ана ва ц1ех-рех гьабуна щиб къвариг1ун бугебилан. Гьез, лъазего лъаларев, дидехун гьабураб рек1елъе бортулеб каламалъ дун цодагьав вихха-вишизецин гьавуна. Дица дирго мурад бицана ва унтарасухъе ине бокьун бук1ин загьир гьабуна. Гьабсаг1ат унтаразул «кьижулеб саг1ат» бугин ва цо саг1аталъ ях1 гьабейилан берцинаб к1алъай гьабуна дидехун гьез. Дир х1ал хисараблъиги лъан т1ад русун ц1ехана гьез лъихъе дун вач1унев вук1аравилан. Дица кинабго баян гьабидал, гьез абуна гьев гьабсаг1аталда палатаялда жанив живго вугилан ва капельницаялда гъоркьги вугин, цойгидазе квал-квал гьабуларедухъ айилан гьесухъе, гьединго гьаракь борхун к1алъайги гьабич1они лъик1аб бук1инин щайгурелъул цойгидал палатабазда унтарал кьижун ратизеги бегьулилан. Гьеб изнуялдаса воххарав дунги ц1акъго гьаракь бахъинаредухъ бигьа-гьавун щвана палатаялъуве. Коридоралъусан унагоги, палатаялъуве лъугьиндалги г1ажаиблъизавуна гьениб ч1езабун бугеб рац1а-ракъалъиялъ ва г1уц1а-к1ут1иялъ.

      Дица вацг1аласда ц1ехана тохтурзабазул х1акъалъулъ, гьениб кьолеб квен-т1ехалъул ва гь. ц. х1акъалъулъ. Гьевги рази вугоан гьеб больницаялъул т1олалго х1алт1ухъабаздаса, гьезул унтараздехун бугеб адаб-хъатиралдаса, гьениб кьолеб т1аг1амаб, бат1и-бат1ияб квеналдаса. Гьесул хабаралдаса хадуб, рек1еде вач1индал дун рек1екълъана гъой к1ияйго ч1ужуг1аданалда 8 март баркизе ургъич1олъиялдаса (гьеб къо бук1ана 7 март). Рак1алде ккана къват1иве унелъул баркилилан ва баркалаги кьелин гьезиеян, амма гьел гьенир ратич1о. Кват1ун бук1аниги дица рак1-рак1алъ баркула араб 8 марталъул байрам гьеб больницаялда х1алт1улел ругелщинал руччабазда. Бичанте нуж кидалго сахго рук1ине, сахлъи щула гьабизе рач1аразул унго-унгояб: вацасул, яцалъул, цевесев г1агарав чиясул г1адинаб т1алаб-агъаз гьабизе. Гьеб гьедин бугин гьанибиланги абуна дида.

        Бит1ахъего бахиллъизе вач1ана гьедин коллективалъе нухманлъи гьабизе бажари бугев  больницаялъул бет1ерав тохтур Хъайтмазов Мах1амадида. Гьединаб ц1убараб, гъункараб, цок1алаб, унтараздехун киназулго х1еренаб, недегьаб бербалагьи бугеб коллектив ц1акъго къанаг1атаб жо буго. Харахьи больницаялда вегизе ккеч1ониги вегизе ккана дун г1емерал больницабазда: Мах1ачхъалаялъул щуго бат1ияб больницаялда гьединго Москваялъул больницаялда ва гьел гурелги цойгидал больницабазда. Амма гьаниб г1адинаб унтарасдехун ва т1аде рач1араздехун санитаркаялдаса тохтурасде щвезег1ан хинаб бербалагьи бугеб больница дида дандч1вач1о.

           Ц1ар рехсеч1ониги цо больницаялда санитаркаби къват1ул гьаби г1адин ах1долаан унтаразде, тохтурзабазул бицунго пайда щиб, гьезда унтарал жидерго лагъзалилан ва к1иабилеб сорталъул г1адамалилан ккола. Гьез гьабулеб даруялдаса г1емер къоларо унтарасе жиндидехун гьабулеб гьуинаб калам, пайда щиб гьеб бич1улел г1емер гьеч1елъул.

        Ахиралда дие абизе бокьун буго Харахьи больницаялъул х1алт1ухъаби гьединал лъик1ал рук1аниги гьенире ккезе хъван ратугеги ва унтугеги, нагагьлъун унтанани гьенир регизе х1аракат бахъе гьеб мехалъ бихьила нужедаги цойгидаздаса гьелъул бат1алъи. Дидаги гьелъул х1акъалъулъ бицунеб раг1ун бук1ана, уяб жоги бук1ун буго. Баркала гьеб больницаялъул х1алт1ухъабазе гьедин унтарал рази рук1унедухъ х1алт1изе тавпикъги кьеги, хъизамазе талих1-роххелги кьеги.

Халилбегов М-Х1

Просмотров: 926 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz