Суббота, 27.04.2024, 09:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 31 » Г1АБДУЛХАЛИКЪ Х1АЖИЕВ – РАЗВЕДЧИК ВА ДИПЛОМАТ.
00:10
Г1АБДУЛХАЛИКЪ Х1АЖИЕВ – РАЗВЕДЧИК ВА ДИПЛОМАТ.

Хунзахъ росулъа, гьабсаг1ат нилъгун гьеч1ев, 25 соналъ къват1исел улкабазда дипломатлъун х1алт1арав, разведчик ва полковник Г1абдулхаликъ Х1ажиевас  жиндирго «Честь имею!»  абураб т1охьол цебераг1иялда хъвалеб буго гьеб ц1ар жинца  г1адада т1аса бищич1илан, гьеб раг1уде  гъорлъе унел  ях1-намусги, инсанасул къадруги  г1умру гьабизе  кколеб къаг1идалъун, жиндилъ эталонлъун бук1анила  ва бугилан.  Гьеле гьеб ях1-намусалда рекъон, гьеб ц1унун г1умру гьабурав чи вук1ана Г1алдулхаликъ. Гьесул гьудулзабилъун рук1ана ц1акъго жавабиял хъулухъазул, г1уц1абазул нухмалъулелги г1адатиял г1адамалги.

Гьал къоязда Хунзахъ № 1  гьоркьохъеб  школалъул 10-лел классазул  ц1алдохъабиги  учительзабиги данделъун рук1ана гьев к1удияв инсан  рак1алде щвезавизе. Данделъиялде ах1ун рук1ана  росулъе щвезе вач1арав,  Москваялда г1умру гьабун вугев Г1абдулхаликъил вас  Х1ажимурад, гьесул вац  Т1алх1атухайир ва гьесул  г1ел  бащадав, гьесда цадахъ  армиялда хъулухъ гьабурав  Ц1ахаев Мух1амадги.  Мух1амадица рак1алде  щвезабуна Г1албулхаликъица армиялда хъулухъ гьабулеб бук1араб мех,  вац  Т1алх1атухайирица бицана рокъов жидеда гьоркьов гьев кинав вук1аравали, рак1алде щвезаруна гьесул гьит1инаб  мехалъ ккарал лъугьа-бахъинал.

Г1абдулхаликъ гьавуна  хьитазул устар Мух1амадил ва Пат1иматил хъизамалда 1936  соналъул 9 сентябралда. Эмен К1удияб Ват1анияб рагъдаса т1ад вуссинч1о. Ункъго лъимер хьихьизе ккола 29 сон  барай  эбелалде. Гьедин, гьит1инго зах1малъабиги рихьун, чанги бак1ал, зах1матал х1алт1абиги гьарун к1удияв г1уна  Г1абдулхаликъ. 1963 соналъ Х1ажиевас лъуг1изабула ДГУялъул  историялъул факультет, хадуб  СССРалъул КГБялъул т1адег1анаб  школа,  Ю.В.Андроповасул ц1аралда бугеб Баг1араб байрахъалъулаб разведовательнияб институт. 1970–лел соназда гьев х1алт1ула  США-ялда, 1980  соналъ вит1ула Бакъбаккул улкабазде резидентасул  заместительлъун (6 соналъ).  29 соналъ х1алт1ана  Г1абдулхаликъ СССРалъул ва Россиялъул Пачалихъалъул х1инкъигьеч1олъи  ц1униялъул  органазда, гьездаса 25 сон гьес кьуна  къват1исеб разведкаялъе. Гьесие рес щвана ООНалъул трибунаялдасан  цеве вахъине. Г1. Х1ажиев к1одо гьавун вуго  «Баг1араб ц1ва», «Х1урматалъул г1аламат»  орденаздалъун, СССРалъул Верховный Советалъул грамотаялдалъун, СССРалъул  х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъул х1урматияв  х1алт1ухъанасул  меседил  знакалдалъун ва г1емерал  медалаздалъунги. Г1абдулхаликъил интересаб  г1умруялъул  х1акъалъулъ ц1ализе бегьула гьесул «Честь имею! Записки дипломата и разведчика»  абураб т1охьодаса.

Г1. Х1ажиев  рак1алде щвезавиялъул  тадбир г1уц1ана г1урус  мац1алъул ва литератураялъул  учительзаби Гъайирбегова Зайнабица ва  Батырова  Рукъигатица. Гьеб тадбир  т1обит1иялъе  пикру  (идея) кьурав чи ккола гьев  росуцоясул х1акъалъулъ жинда г1емераб жо  лъалев, гьесул к1удияб адаб  гьабулев  райадминистрациялъул соназде  рахинч1езул ихтиярал ц1униялъул  специалист Гъайирбеков Зубайр. Тадбиралде т1аде  рехсаразул жигарчилъиялдалъун х1адурун бугоан  Г1абдулхаликъил  г1умруялъул  лах1затаздасан  суратал т1ад ч1вараб  к1удияб  стендги. Тадбиралда З. Гъайирбеговалъ 6 б, 7 а  классазул ц1алдохъабаз бицана  разведчикасул г1умруялъул х1акъалъулъ, Зайнабица лъималазул лъай-хъвай гьабуна «Честь имею» абураб т1ехьалъулгунги. Г1абдулхаликъил  вас Х1ажимурадицаги ц1алдохъабазе  бицана инсул цо-цо лъугьа-бахъиназул х1акъалъулъ, киб бак1алда г1умру  гьабизе къисматалъ вачаниги инсуе г1агараб  росуг1ан бокьулеб бак1  бук1инч1илан,  гьев кидаго жиндирго Ват1аналъул унго-унгояв патриот  вук1анилан, жив инсудаса  ч1ух1улилан ва вохулилан.

Х1ажимурадицаги Т1алх1атухайирицаги рак1-рак1алъго бадиб маг1у хулун баркала кьуна жидер эмен, вац к1одо гьавун гьаб тадбир  г1уц1аразе. Х1ажимурадица раг1и кьуна инсул т1ахьал х1ал к1варалг1ан экземплярал школалъе сайгъат гьаризе.

Г1абдулхаликъил  х1акъалъулъ жидерго рак1алдещвеял рицана гьесул  росуцоял  тарихчи  Хъазанбиев  Г1алибегица ва  Гъайирбеков  Зубайрица.

Г1. Хъазанбиев : «Г1абдулхаликъ дидаса лъаг1елалъ хадув вук1ана ц1алулев,  гьит1инаб мехалъ цадахъ рук1унел чаг1и  рук1инч1о ниж.  Гьев вук1ана эрудированный, гъваридаб  г1акълу-лъаялъул,  живго жинцаго лъугьинавурав чи. Бищун цебе Дагъистаналъе  Халилбек  Мусаясул  рагьарав чи ккола гьев,  Мусаясул лъади  Меланигун бищун т1оцеве дандч1варав дагъистанияв вук1ана Г1абдулхаликъ».

З. Гъайирбеков : «Г1емерисел машгьурал, халкъалда жалго раг1изарурал ракьцоязул х1акъалъулъ нилъеца бицунаро,  бицуна къокъго гьел нилъедаса рат1алъидал. Г1абдулхаликъил г1умру  г1олеб г1елалъе бук1ине ккола мисаллъун. Гьев ккола сог1аб  рагъулаб заманалде лъимерлъи ккарав, лъимал г1емераб хъизаналда г1урав  бесдалав, лъилниги кумек, кверч1вай гьеч1ого, т1адч1араб ц1алиялдалъун, зах1маталдалъун живго жинцаго лъугьинавурав инсан. Гьев гьединав вук1инч1евани  Г1абдулхаликъида гьединал жавабиял ишал  т1ад къалароан. Г1абдулхаликъица  хъвазе байбихьун бук1ана жиндирго росдал  тарихалъул х1акъалъулъ т1ехьги,  амма гьеб лъуг1изабизе гьесие хъван бук1ун гьеч1оха. 

Г1абдулхаликъ  мустах1икъав вуго киг1анги к1удияб адабалъеги, реццалъеги, къиматалъеги.  Гьединав инсанасул  х1акъалъулъ г1ат1идго бицун бажаруларо цо макъалаялда. Нилъ рохизеги  ч1ух1изеги ккола  Г1абдулхаликъ нилъер росуцояв, ракьцояв ватиялдаса.

П. Гунашева


Просмотров: 889 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz