Суббота, 27.04.2024, 15:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 31 » 85 СОН ЛЪАЙГУН ТАРБИЯ КЬЕЯЛДА.
10:08
85 СОН ЛЪАЙГУН ТАРБИЯ КЬЕЯЛДА.

Школалъул тарих 1920 соналъул 2 маялда  Дагъревкомалъ х1укму гьабуна 15-50 соналде щвезег1ан  г1адамазда гьоркьоб  лъай гьеч1олъи  т1аг1инабизе. Хунзахъ РИКалъул х1укмуялдалъун 1927 абилеб соналда,  гьеб мурадалда Т1ануси  Чупанов Г1алил рокъоб рагьун  буго хъвадаризе, ц1ализе малъулеб пункт. Ц1алдохъаби  рук1ун руго бат1и-бат1ияб г1елалъул, 15-ялдаса 50-ялде щвезег1ан  ригьалда ругел. Гьениб дарсал кьолел  рук1ун руго  Х1усенова Гьумайчуца.

Гьеб соналде щвезег1ан  Т1ануси хъвай-ц1али малъулеб бук1ун буго г1араб мац1алда мадрасаялда. 1930 абилеб соналда т1анусдерил бечедав даранчи Дибиров Муртазаг1алил  минаялъул цо к1удияб рокъоб рагьула байбихьул  школа. Гьениб дарсал кьолел рук1уна Т1анусисаго  муг1алимзабаз -  Мух1амадов Гъазиясги,  Киритов Мух1амадицаги ва Хунзахъа Бат1алицаги. Хадусел соназ  лъималазул къадарги  г1емерлъун школалда бак1 къварилъула ва цо-цо класс рагьула Къацарал  Хъазамилъуб,  Хъайитмазил  Дибирилъуб ва  Вах1идилъуб. Гьеб школалда ц1алулел рук1арал ц1алдохъабаз бицуна доб заманаялъ школалда кьолеб бук1араб къадекванил. Гьанжего г1адин  школалъул бук1ун буго бекьулеб хурги. Амма гьеб школа бук1ун гьеч1о жакъа бугелда релълъараб. Рук1ун гьеч1о партаби, бак1ал, къанаг1атго гурони т1ахьал, тетрадал, доска ва мел. Г1одор ч1олел рук1ун руго ч1алабазда  яги хъарщазда, партабазул бак1алда х1алт1изарулел рук1ун руго сок1алал к1удиял ганч1ил къанал. Доскаялъул бак1алда х1алт1изабулеб бук1ун буго деялъ бохьараб къед,  мелалъул бак1алда ц1улал т1урччи. Хъвай-ц1али малъулеб бук1ун буго латин мац1алда.

1934 соналда росдал г1адамаз  жидерго къуваталдалъун бана  т1оцебесеб байбихьул  школа, жаниб ункъго классги бугеб.Росдал г1адамаз цадахъ рахъун школалъе  хасало  печал ракизе рохьоса ц1улги къот1улеб  бук1ун буго, колхозалъул фермаялдаса  т1инц1иги къот1улеб бук1ун буго.

1950 соналда Т1ануси рагьана 8 классалъул школа . Къваридго бук1ана байбихьул школалъул минаялда жаниб. 1957  соналда школалъе колхозалъ бан кьуна ц1ияб г1ат1идаб мина, 1974 соналда  районалдаго т1оцебесеб  типовияб школа. 1974 соналъул т1оцебесеб  сентябралдаса нахъе  Т1ануси  х1алт1улеб буго 11  сонил гьоркьохъеб школа  спортивияб залгун цадахъ. Т1ануси школалда  х1алт1улел рук1ана  росулъ лъай кьей  цебет1езабиялда  к1удияб бут1а лъурал  Илълъаса Мух1амадова Умакусум, Хунзахъа Умагьани ва Мисай Г1алихановал,  Г1алибегова Умай, Г1абдусаламова Баху, Х1усенова Рапиг1ат, Г1ободаса Мух1амадова Райгьанат, Расулов  Нурмух1амад, Саг1адулаев Г1алиасх1аб, Муртазаг1алиева Парханисай,  Мух1амадов Х1ажи, Ц1адаса Мух1амадов Гъазияв, Мух1амадов  Насу, Г1усманов Къурамух1амад, Х1асанов Насу, Мух1амадов Будун, Патах1ова Г1айшат, Гъонохъа  Малламух1амадов  Зубайир ва г1емерал  цойгидалги. К1удияб адаб-х1урматгун рехсола  т1анусдерица гьезул ц1арал. Т1ануси росдал школа  ч1ух1ула республикаялда ва т1олабго улкаялда росу раг1изабурал жидерго выпускниказдаса. Гьел ккола Хунзахъ  райисполкомалъул председательлъун х1алт1улев вук1арав  Пирбудагъов  Х1асан, РСФСРалъул ва ДАССРалъул мустах1икъав артист Инусилов Басир  Инусилович, Г1алиев Мух1у Гьиматович – Дагъистаналъул т1оцевесев президент,  Г1алиев Шамил Гьиматович – дунялалдаго машгьурав акаденик РФялъул г1елмабазул ва  техникаялъул мустах1икъав  хъулухъчи, САПРалъул  генералияв конструктор, Г1абдулхаликъов Мух1амад Х1ажиевич – РСФСРалъул мустах1икъав учитель, Г1алиев Сайгид Г1алиевич – медицинаялъул г1елмабазул доктор, Гъазиев Мух1амад Гъазиевич – поэт,  Мух1амадова Залму Мух1амадовна – медицинаялъул г1елмабазул кандидат, Г1абдулат1ипов  Мух1амад  Г1абдулат1ипович – к1иго к1иабилеб даражаялъул  «Слава» орденазул  кавалер,  Г1абдулпатах1ов  Жамал  Г1абдулпатах1ович – медицинаялъул  г1елмабазул кандидат, доцент, Мух1амадов Гъазимух1амад Мух1амадович – биологиялъул г1елмабазул кандидат,  Мух1амадов  Г1амир Г1амирович – математикаялъул г1елмабазул кандидат, Хъазанбиев Малачи  Хъазанбиевич – геологиялъул г1елмабазул кандидат,  Г1алиева Маржанат Гьиматовна – медицинаялъул г1елмабазул кандидат, вацал: Лабазан, Мух1амад, Г1умарасх1аб Г1абдулмуслимовал Г1алиев Мах1ач Гьиматович – Федералияв судья ва г1емерал цойгидалги.

Бицинч1ого г1оларо росу ва школа т1егьазабиялъе  к1удияб бут1а лъурав росдалго ч1ух1илъун кколев,  школалъе жиндирго ц1ар кьурав  Шамхалов Шагьрудин  Мух1амадовичасулги.

Школалъ куркьбал гъуна хадубккунисеб цебет1еялъе г1емерал цогидалги педагогазеги:  Мух1амадов Гьиматие (Гъонохъ),  Мух1амадов Набие (Гиничукь),  Мух1амадов Т1инч1асе (Бакьагьеч1и)- школалъул  директор,  Х1айдаров Мух1уе (Гъонохъ), Ханмух1амадов Айтберие (Бакьагьеч1и), Мух1амадов Х1ажие (Г1обода) -  районалъул лъай кьеялъул управлениялъул инструктор, Х1айдаров Мух1уе (Г1обода), Г1алибегов Г1арипие (Ц1ада) – ОВД начальник, Набиева Меседуе (Гиничукь) – Г1арани ясли-ахалъул заведующая, Х1ажиев Мух1амадие (Гиничукь) – УСЗНалъул отделалъул заведующий. Патах1ова Салих1атие (Ц1ада) – ИМЦялъул начальник,  Мух1амадова Х1алиматие (Ц1ада) – райадминистрациялъул архивалъул отделалъул  заведующая,  Мусаев Сулеймание (Ц1ада) – Г1арани г1аммаб гьоркьохъеб лъайкьеялъул  школалъул директор ва гьел гурелги г1емерал цогидазеги.

 

Просмотров: 958 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz