Пятница, 03.05.2024, 08:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Июнь » 26 » АНКЬГО ГЬУНАР БУГЕЙ ХОЧОЛ ПАТ1ИМАТ.
17:17
АНКЬГО ГЬУНАР БУГЕЙ ХОЧОЛ ПАТ1ИМАТ.

Хочоева Пат1имат Мух1амадовна культураялъул х1алт1ухъабазда гурейги лъик1 лъала районалда. Гьей машгьур гьаюна рак1бац1ц1адаб х1алт1уца, культура-лъай цебет1еялда бихьизабураб жигараб х1аракаталъ. Хъулухъалъулал ишаз чанц1улго Пат1имат щвеч1еб росуги гьеч1о районалда. Гьелъги лъала Пат1имат районцоязда. 

Зах1маталъул халатаб нухде гали Пат1иматица лъуна 1958 соналъул 5 марталда. Гьеб къоялъ Пат1иматица т1оцебе рагьана халатаб заманаялъ жий хьвадизе йигеб районалъул лъималазул библиотекаялъул нуц1а. 10 классги лъуг1ун, х1алт1иги гьеч1ого йик1арай Пат1иматида г1адатаб библиотекарьлъиялъул хъулухъалъ куркьби гъуна, йохиялъул г1орхъи-хъвайи бук1инч1о. Х1алт1изе бугеб гъираялъ жинда рукъги рукъалъул х1алт1иги к1оченабунилан бицуна Пат1иматица.

Х1алт1уде бугеб гъира, рокьи, х1алт1улъ бугеб жигарчилъи бихьун батила, хадусеб соналъго Пат1имат районалъул лъималазул библиотекаялъул заведующаялъун т1амуна. Г1унго яхъинч1ей Пат1иматиде т1аде бегана гьит1инаб бук1аниги коллективалъулги районалъул масштабалъул идараялъулги (библиотека районалъул лъидалха бук1араб) жавабчилъи.

«Бакъ аги, къо аги, къоабилелъ харжги щваги»,-ян вугев чиясе бокьараб х1алт1и зах1матаб бук1унаро. Т1аде босараб х1алт1ул жавабчилъи бич1ч1ун х1алт1улесе бигьаябин ккараб х1алт1иги зах1малъич1ого хут1уларо. Амма жиндирго х1алт1и бокьулеб бугони, зах1матабги х1алт1и бигьалъула, зах1малъаби къезарун бажарула, к1вах1-свак лъаларо. Гьабунаг1ан гьабизе бокьула х1алт1и.

Рагъ лъуг1ун г1урабго заман ун бук1аниги, 50-лел соналги гьарзаял рук1инч1о-улкаялъул камиялги гьит1инал рук1инч1елъидалха. Дол соназул мукъсанлъиялъ г1емерал зах1малъабиги раччизаруна Пат1иматидаги. Чердак гьеч1еб библиотекаялъул т1ох, г1азу-ц1ад банщинахъе чвахун т1ахьал риччулел рук1ана. Т1ахьазе г1урал полкаби, стеллажал гьеч1олъиялъ гьури ч1вач1огоги холел рук1ана гьел. Гьез бет1ер унтизабуна Пат1иматил. Т1олабго улка балеб, ц1идасан г1уц1улеб, абухъе, «балеб бак1алъул площадкаялде» сверараб мехалъ бицун къанаг1атаб щолареб жолъун (дефицитлъун) бук1ана ралел бак1азул материал: хъарщи-ц1ул, шифер-махх ва гь. ц. Киг1ан хадухахъданиги, Пат1иматиеги щвеч1о гьеб. Пат1иматилгун бук1араб гара-ч1вариялда гьелъ рехсана цо гьадинаб х1ужжа. «Доб соналъ вацасе мина гьабулел рук1ана ниж. Бук1ана мина базе бичун босараб дагьабго хъарщи-ц1улги. Дица вацасда гьарана библиотекаялъул т1ахьазе полказе хъарщи кьеян. Цоги-цогидал пачалихъалъул хъулухъ-ишалда ругез х1алт1удаса рокъобе босула, дуца рокъоса  х1алт1уде босулеб бугоян абуна вацас. Амма дир гьари нахъч1вач1о. Вацас кьураб хъорщол гьаруна т1ахьазе полкаби! Гьединго т1адч1ун нахъаса йич1ич1ого х1акимзабазухъе хьвадун гьелда батана чердак гьабизе ресги.

«Гьанже божиларел г1адал зах1малъаби дандч1валел рук1ана дол соназ. Щив божилев бух1улеб  ц1улада хадур Лъарат1е ине кколел рук1анин абиялда. Ункъго нухалъ ине ккана дунги. Бух1изе ц1ул къот1изе рохьали киб гурин, хъарахъ бижулареб т1алъиялда бат1ияб рес нижер бук1инч1о. Ц1уладе ингогицин бигьаго бук1ана, зах1матаб жо бук1ана босараб ц1ул Хунзахъе баччизе автомашинаби. Гьанжесеб г1ел босич1ого бук1ине бегьула, амма х1акъикъат гьединаб бук1ана. Замана бук1ана кьварараб, т1адчаг1и рук1ана кьварун х1алт1и т1алаб гьабулел. Г1адамалги рук1ана заманалда релълъараб хасият куцарал, метер гьабизе х1алт1иги тун, х1алт1удаса нахъе унарел»,-ан рак1алде щвезабуна Пат1иматица доб заман.

Библиотекаялда х1алт1и г1уц1изе, лъалареб малъун гъорлъе Пат1имат ккезаюн йиго Бат1алова Сакица, Мух1амадова Пат1иматица, Буц1ра библиотекаялъул заведующий Нурмух1амадов Т1айгибица. Г1емераб жо лъалаанила махщел камил гьабиялъул курсазда. Бицараб гуребги, библиотекабазда бихьарабщинаб лъик1абги хъвалаанила. Росабазул библиотекабазул х1албихьиялъул лъик1алдасаги инкар гьабич1ила. Росабалъейин абуни, ц1акъ ризго хьвадизе кколаанила. Гьебги расги бигьаго бук1унароанила. Хьвадизе кколаанила лъелго.

Х1аракат бахъулаанила командировкаялде унел цогидал х1алт1ухъабазда цадахъ ккезе. К1очонарила Уздалросулъе бук1араб командировка Уздалросулъ сордо базе ккун буго. Нахъияб къоялде бицатаб г1азу бан батанила. Цадахъ рук1арал васазул лъалк1да х1ат1алги ч1ун, рач1унел рук1анила т1адруссун. Къасиялде, ц1алтун х1ат1алги риччун щванила рокъоре. Гьединго кканила районалда бищун рик1к1ада бугеб Хьиндахъе индал Хьиндахъа бахъараб бухъулаго-хъвалаго бицатаб г1азугун жал ясал, раханила Макьасда маг1арде. Гьарзаго бараб г1азуца къараб нух рагьулел ратанила бет1ералда райисполкомалъул председатель М.Къебедовгун районалъул росабазул г1адамал. Техника гьеч1ел дол соназ гьединаб к1удияб ва зах1матаб х1алт1игицин газа-белалъ гьабулаанила цо чи г1адин, жамаг1аталго цадахъ рахъун. Ц1алтун х1ат1ал риччарал ва квачарал жал Мух1амадица жиндирго машинаялда рокъоре щвезарунила.

« Цин Г1урк1ач1ие цадахъ чи гьеч1ого, дунго ине ккана. Хаду-хадув гьебго нухалъ вач1унев цо рук1арав вихьарай гьит1инай дир х1инкъиялъе г1орхъи бук1инч1о. Чан-чан гьединаб сапарги х1алт1иги дол рагъдаса хадусел 50-лел гурелги 60-лел соназги т1уразаризе кколел рук1арал. Гьединаб х1алт1ул къаг1ида г1адатлъун, ругьунаб жолъун лъугьун, гьелда  инкар гьабулев чиго вук1унароан».

Практикияб х1албихьиги бук1аниги лъик1ай х1алт1ухъанги йик1аниги, Пат1иматица гьелда г1ей гьабич1о. Районалъул библиотекабазул х1алт1уе нухмалъи гьабизе лъик1аб теориялъулаб х1адурлъиги х1ажат бук1ин бич1ч1ана Пат1иматида. 1970 соналъ, х1алт1улаго ц1алун, гьелъ лъуг1изабуна культпросвет училищеялъул библиотекаялъулаб отделение.

Зах1матал къезарун ругьунай, сундулъго тасамах1лъи биччаларей Пат1иматица, гьел саназ лъабго лъимералъул эбелалъ, училище лъик1ал къиматаздалъун лъуг1изабуна. Бищун зах1матаблъун рик1к1унеб  бук1араб къват1исел улкабазул литератураялъул экзамен 5 къиматалдаги кьун. Пат1иматица т1олабго училище г1ажаиблъизабун бук1ана. Ц1ализе лъугьаралдаса училище лъуг1изег1ан, Пат1имат цадахъ ц1алулезе мисалияй ц1алдохъан йик1ана.

Бат1аго к1вар кьун  бицине ккараб буго Пат1иматил х1аракаталъул бихьулеб бак1 кколеб литературияб краеведение, дагьабги бич1ч1уледухъ абуни, халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал г1адал умумузул къиматаб хазина бак1ариялда гьабураб х1аракаталъул чамалиго альбомалде бак1арараб фольклорияб материалалда гьоркьор руго: халкъиял куч1дул, кицаби, бицанк1аби, нек1сиял умумул божулел рук1арал жал (бог1олаби, тамирхьаби), г1адатал, Хунзахъ росдал тарихалъул баянал. Имам Шамилил къеркьеялъул х1акъалъулъ газетазда, журналалда кьураб материал буссинабун буго к1удияб альбоналде. Гьеб бечедаб материалалдасан г1ат1идго пайда босулеб буго учительзабаз, ц1алдохъабаз ва районалъул студентаз. Цересел умумул божулел рук1арал Пат1иматил альбомалдаса босараб цо-к1иго мисал рехселин.

Бичулеб х1айваналъул расал т1ун те, рокъоса баракат инч1ого бук1ине. Х1айван бухьун бук1араб квар, чол ч1олохъжо, кьили цадахъ кьезе, бегьуларо, баракат цадахъ инч1ого бук1ине. Рокъобе балагьун х1елеко г1ег1едани, гьобол вач1уна. Г1анк1у къвакъвадани, мунго дуего рич1ч1алъиянги абун, нахъ бахъич1ого хъвезе ккола. Кваналаго к1алдиса кунеб жо бортарав чи хола. Гьебго маг1наялъул г1емерал цогидалги божиял ва г1адатал. Цо бут1а Пат1иматица бак1арараб материал къват1ибе бач1ана «Росдал Зах1матчи» ва «Х1акъикъат» газетазда. Иш лъугьараб бак1ги г1адамазул ц1аралги рехсон рук1иналъ, Пат1иматица рак1арарал тамирхьабазул, бог1олабазул, щайт1абазул х1акъалъулъ биценаз г1енеккаразде гьабулеб асар ц1ик1к1уна ва х1акъикъиял лъугьа-бахъиналлъун къабул гьарула. Бак1арараб материалалда гьоркьор руго нилъер умумузул г1умруялъул х1албихьи, г1акълу жиделъ бессарал кицаби, абиял. Цересел г1олохъабаз ва г1олохъанал ясаз хасало эркенаб заман т1амулеб бук1арал къаг1идабазул цояблъун бук1ана бак1иде рахъин. Нахъалъаг1анги ц1унун хут1ун бук1араб гьеб г1адат гьанже к1очон буго. Дагьал церег1ан моц1аз цересел х1аязул, расандабазул бицунаго, Хочоева Пат1иматица районалъул газеталда баян гьабун бук1ана бак1иде рахъин т1обит1улеб, г1уц1улеб бук1араб къаг1ида. Дица гьанир рехсела г1иц1го васас ясалде ах1арал мухъал ва ясалъ данде гьабураб жаваб.

Вас

Дир гьинал рек1еда рокьул ц1а лъурай

Зодил т1авус буго т1огьил раг1алда

Берцинаб чорхолъ дун чапун виараб

Чараб булбул буго билил рагъида.

Яс

Инсул кьибил буго рокьи тейилан.

Вокьулей мунги тун лъиедай кьелей?

Кьолбол васал руго дун ячинилан

Кьурдаса г1одойищ дунго к1анц1илей? Гьадинал доб заманалъул г1умру рагьулеб жавгьар-якъут г1адал мухъал г1емер руго Пат1иматил зах1маталдалъун х1адурарал альбомазда.

Дагьал гьеч1о Пат1иматица росдал цебесеб ва советияб заманалда хурхун бук1араб материалги. «К1удияб Ват1анияб рагъда Хунзахъ район» абун ц1ар тараб альбомалде бак1арун буго Ват1анияб рагъул заманалъул бах1арзазул рагъулаб нух. Альбомалде бак1арун буго рагъдаса т1ад вуссарав 144 чиясул рагъулаб гуребги гьезул рагъдаса хадусеб зах1маталъул нухалъул къокъал баяналги.

Бечедаб ва къиматаб материал бак1арун буго Х1ажимурадил, Хириясул Г1алибегил, Ахбердил Мух1амадил бах1арчияб къеркьеялъул х1акъалъулъги. Бицатаб ва к1удияб папкаялде жанибе буссинабураб Шамил имамасул бет1ерлъиялда маг1арулазул бах1арчияб къеркьеялда хурхун газетаздаги журналаздаги бахъараб материалалдасан г1емер ц1ияб жо лъазе бегьула тарих бокьулезда.

Лъай кьеялъулаб гуребги тарбия кьеялъулги к1вар к1удияб буго районалъул Централияб библиотекаялъул директоралъул заместитель П. Хочоевалъ бак1арараб материалалъул. Курсоваял, дипломниял х1алт1абазе-студентазе, рефератазе Хунзахъ к1иябго гьоркьохъеб школазул ц1алдохъабазе къиматаб ва бечедаб материал бак1арун буго Пат1иматица. Абиларо Пат1имат махщел ц1ик1к1арай шаг1ир йигилан. Амма гьелъ х1ал бихьула коч1олал асараздалъун  жиндиргопикраби загьир гьаризе. Гьелъул коч1олал асарал къват1ире рач1ана районалъул «Росдал Зах1матчи»…….

Культураялъул министерствоялъ республикаялъул библиотекаразда гьоркьоб т1обит1араб коч1олал асарал хъваялъул конкурсалда Хочол Пат1имат, к1иабилеб бак1ги ккун, 2-леб даражаялъул дипломалъе мустах1икълъана.

201…соналъ ригьин гьабурал г1олохъанал хъизамазе районалъул культурияб рокъоб г1уц1араб вечералда ц1алараб «Бах1аразде» коч1олъ руго гьадинаб гьари-рахьи.

Г1умруялъул нухде гали т1амулел

Бах1арал нужее нухал рит1аги

Исана соналъул лъик1ал хъизамал

Лъик1аб г1умруялда даим хут1аги.

«Г1акъилал умумул, кье нижей дарсал» коч1олъ руго гьадинал мухъал.

Дир росдал г1акъилал къадруял херал,

Бице жакъа нижей доб Сариралъул,

Гьезул бах1арзазул, багьадуразул

Бода ц1ар раг1арал г1алимзабазул.

Аваразул Насрудин Г1абдухаликъил Мах1мудиде гьабураб коч1олъ ругел мухъазул пикруялъе баян кьезе ккелин кколаро.

Мах1мудх1ажи, ц1але ц1огьабазул кеч1,

Квер мекъа бегьулел дагьал т1урк1изе

Ц1игьабун г1уц1идул г1урулъеги ккун,

Нуж къосун унезда абе цо раг1и.

П. Хочоевалъул куч1дулъа росарал гьал мухъал камилал, щвалде щварал шиг1риял асарал ругин гуро гьанир рехсарал. Амма гьенир руго г1адатаб маг1арул мац1алдалъун загьир гьарурал лъик1лъиялде, рац1ц1алъиялде ах1улел пикраби.

Г1умруялъул г1уралго санал нахъа таниги, жакъаги лъик1аб сахлъиялда, жигаралда жиндирго т1адал ишал т1уралел руго библиотекарь П. Хочоевалъ. Амма гьей цох1о библиотекарь гурейги х1аракатай фольклористги, жигарай мухбирги, шаг1ирги ккола. Анкьго гьунар бугей Хочол Пат1иматил х1акъалъулъ бицен халат гьабизе рес бугониги, гьалда къокъ гьабулеб буго.

Г1иса Г1исаев.    

    

Просмотров: 1353 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz