Воскресенье, 19.05.2024, 20:45 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Май » 31 » МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ.. КИБГО ДУРГО КЪАДРУ Ц1УНЕ, ИНСАН !
16:06
МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ.. КИБГО ДУРГО КЪАДРУ Ц1УНЕ, ИНСАН !

Г1ажаибго г1адатав, инсан хирияв,  киназдаго гъорлъ восарав, рекъон  ккарав чи вуго Дагъистаналъул халкъияв поэт нилъер районцояв Г1абасил Мах1амад. Гьесул ц1ар бахъидал гьеб параялъго киназдаго рак1алде щола гьесул г1умруялъул гьудул  Савдат – эбелги. Гьелъул рух1иял  рахъазул борхалъиги  т1адег1анлъиги борцун дихъа  бажариларо. Цо нухалъг1аги гьел х1еренал,  х1алимал г1адамазухъе щваразда кинго к1оларо  хадубккунги, гьенире щвеч1ого  рук1ине,  макърат1исалъ г1адин ц1алеб бук1уна гьенибе рак1, Лъаг1илухъе бугеб нухалъул халалъиги лъиданиги рак1алде щоларо,  Хунзахъа Г1аранире ине бокьуларого  рук1унелъулцини.

Исана Г1абасиласул юбилей бук1ин районалъе гуребги  цойгидал бак1аздаса  г1адамазеги  баянаб буго. Гьеб гьев лъалелщиназе лъугьана  унго-унгояб  байрамлъун. Юбилеялъул х1урматалда, Г1абасил Мах1амад к1одо гьавун районалда исана сон лъазабун буго гьесул сонлъун. Районалъул лъай  кьеялъул  управлениялъ киналго школазда гьоркьоб лъазабун бук1ана «Кибго дурго къадру ц1уне,  инсан!» - абураб Г1абасиласул  творчествоялда хурхараб конкурс. Жакъа гьелъул х1акъалъулъ къокъго  кьолеб буго  гъоркьехун.

Конкурс бикьун бук1ана к1иго  бут1аялде – туралде : теоретикияб ва  практикияб. Къецги т1обит1улеб бук1ана  зонабазде бикьун – Хунзахъ, Г1ахьалч1и, Харахьи ва Гьоц1алъ.

Теоретикияб  туралда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ № 1, Харахьи, Лъаг1илухъ, Г1обода, Х1ариколо, Т1ануси,  Гьоц1алъ, Гьамущи, Г1орут1а, Г1ахьалч1и, Ц1ияббуц1ра, Т1агьада,  Бакьагьеч1и гьоркьохъел, Сивухъ, Шотот1а аслиял  школаз ва Г1арани рагъулабгун  спортивияб лицеялъ. Ц1акъ г1емераб творческияб материал данде гьабизе  кколаан  ц1алдохъабаз гьаб туралда : х1адуризе кколаан Г1абасил Мах1амадил асараздасан докладал, «Кибго дурго къадру  ц1уне, инсан !»  темаялда сочинениял,  рефератал, гьаризе кколаан  класстун  къват1ирехунисел мероприятиял,  фотоальбомал, видеоматериал, лъималазул кверзул х1алт1аби, гьединго рак1аризе кколаан  Г1абасиласул х1акъалъулъ машгьурал  г1адамазул афоризмаби.  Гьаб кинабго  материал х1адурулаго ц1алдохъабазги  учительзабазги  лъазаруна  Г1абасилас хъварал асарал, гьез  г1ей гьабич1о г1иц1го т1ахьазда  хъвараб шаг1ирасул  биографиялда. Школазул  ц1алдохъабазулгун педагогазул коллективал  щибаб къоялъ г1адин щолаан Лъаг1илухъе поэтасухъе гьоболлъухъ,  киналго г1ажаиблъизарулаан Мах1амадица  г1уц1араб  Авар  адабияталъулги маданияталъулги  рукъ-музеялде  рак1арун ругелщинал т1ахьал,  умумузул ц1араг1, рук1а-рахъиналъе х1ажатал т1аг1алаби ва цогидабги  рик1к1ун  х1алк1олареб материал бихьидал.  Г1абасиласухъе щварал киназго цо к1алдисан г1адин бицуна гьесулги Савдат – эбелалъулги хинаб гъанситул, гьезул гьоболлъиялъул, г1адан  вокьиялъул х1акъалъулъ.  Киназго абулеб бук1ана Савдат   г1адай г1адан жеги жидеда  дандч1вач1илан,  гьей йигила унго-унгояй  маг1арул ч1ужуг1аданин, гьей гьединай  йик1инч1ейани Г1абасилавги гьеб даражаялде  вахунароанилан.

Т1адехун рехсараб  творческияб материал школаз  щвезабизе кколаан районалъул  ИМЦялде, гьелъул  специалистаз х1алт1абазе къиматги кьезе кколаан. Ц1акъго мух1канал маг1наялъулги  эстетикиябги  рахъаз цойгидаздаса лъик1ал, г1емераб  материал жанибе рачарал х1алт1аби  ругоан Харахьи, Гьоц1алъ, Хунзахъ № 1 гьоркьохъел школаз х1адурун. Теоретикияб туралъул  х1асилал  гьаридал т1оцебесеб бак1алъе  мустах1икълъана  Харахьи, к1иабилеб бак1  бикьана Хунзахъ № 1 ва Гьоц1алъ, лъабабилеб бак1азде рач1ана Г1обода ва Т1ануси  гьоркьохъел  школал, гьединго  т1оцебесел бак1ал  кьуна Сивухъ ва Шотот1а аслиял  школазул  х1алт1абазеги.

Конкурсалъул практикияб  туралда  ц1алдохъабаз  Г1абасиласул  асараздасан рихьизаризе кколаан инсценировкаби,  композициял, куч1дул, бицине кколаан гьесул г1умруялъул, творчествоялъул х1акъалъулъ. Конкурсалда рук1ана гьадинал  номинациялги: Г1абасил Мах1амадил  пикрабазул годек1ан, «Дун росулъа вас вуго», гьесул произведениязулъ бугеб фольклор бихьизаби ва цогидалги.

Практикияб туралъул бищунго лъик1ал т1аса рищарал номерал рихьизаризе рук1ана  Лъаг1илухъ т1обит1араб  конкурсалъул финалалда. Финал т1обит1улеб къоялъ поэтасул гьит1инабго ват1ан ц1ун бук1ана гьев к1одо гьавизе рач1арал г1адамаз:  районалъул нухмалъулел, интеллигенция,  киналгоязде г1унт1ун школалъул нухмалъулел, учительзаби, ц1алдохъаби, СМИязул вакилзаби,  сверун ругел росабалъа г1адамал, гьев лъалел ва вокьулелщинал.

Залалда ц1алдохъабаз рик1к1ана ва ах1ана  к1удияв шаг1ирасул куч1дул, рихьизаруна гьесул асараздаса  сценкаби, гьаруна миллиял кьурдаби. Рак1алда ч1олеллъун  рук1ана  г1ехьелдерил «Г1абасил Мах1амадида т1ад суд», гьоц1дерил «Мах1муд», г1арадерил «Ч1ибирикъ» сценкаби, Савдат – эбелалде ах1арал куч1дул, киназгог1адин ах1ана «Дун росулъа вас вуго»- ян абураб кеч1ги (гьеб лъаларев чи  къанаг1атги  ватиларо). Т1адег1анаб къиматалъе  мустах1икъаб бук1ана лъег1елдерил  ц1алдохъабазул  литературиябгун  музыкалияб композиция. Гьелъул ахиралда гьез жидерго росдал,  Г1абасиласул рахъалдасан киналго гьалбадерие  кьуна баркала.  Шаг1ирасе куч1дул сайгъат гьаруна культураялъул мустах1икъал х1алт1ухъаби  Г1. Тажудиновалъги,  П. Султ1ановалъги.

Конкурсалъул ахиралда лъик1аб к1алъай гьабуна гьеб кинабго г1уц1арай ИМЦялъул  специалист  Пат1имат Маликовалъ.  Гьелъ ц1акъ к1удияб баркала кьуна унтухъ, рарал  соназухъ балагьич1ого,  к1вах1-свак  лъач1ого рач1аралщинал гьалбал  лъик1аб гьоболлъи гьабун къабул гьарурал  Савдат – эбелалъеги Г1абасил Мах1амадиеги,  конкурсалда г1ахьаллъарал школазе, лъег1елдерил жамаг1аталъе. Къалъаги гьанир Г1абасилав г1адал г1емерал ц1вабиян лъуг1изабуна Пат1иматица жиндирго к1алъай. Гьединго П. Маликовалъ гьенир рехсана теоретикияб туралда бергьарал школал, бак1ал щвеч1ониги баркалаялъе рихьизаруна Г1орут1а, Гьамущи, Х1ариколо, Т1агьада, Лъаг1илухъ, Ц1ияббуц1ра  гьоркьохъел школал  ва Г1арани рагъулабгун спортивияб лицей. Г1абасиласул  творчествоялдасан  гьабураб конкурсалъул х1асилалги данде росун  жюриялъ т1оцебесеб бак1 кьуна Г1ахьалч1и, к1иабилеб – Т1ануси ва лъабабилеб – Гьоц1алъ гьоркьохъеб  школазул  учительзабазулги, ц1алдохъабазулги  цадахъаб х1алт1уе. Лъималазда  бергьенлъабиги баркун, киназего баркала кьуна ИМЦялъул начальник С. Патах1овалъ. Киналго т1аде рач1аразеги, РУОялъул, ИМЦялъул,  школазул коллективазеги баркала кьун к1алъана Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул директор  М-Б. Къурамух1амадов.

Конкурсалдаса хадуб киналго  рак1арана Г1абасил Мах1амадил  минаялъуре. К1иябго т1алаялъул киналго рукъзал, азбар-къоно ч1езе бак1 гьеч1ого ц1ун бук1ана гьенибе бак1арараб г1аламалъ. Вач1аравщинав чиясе анц1-анц1  бат1ияб т1аг1амалъул  кьер-кьерал ниг1матазул столал  ч1езарун  рук1ана гьеб къоялъ лъег1елдерица. Киназего гьоболлъи гьабулей, цо чи гьоркьов теч1ого  рач1аразда к1алъалей, ч1еч1ого гьание-дое екерулей Савдатги  йик1ана.  Г1ажаибаб къисматалъулги, г1урмуялъулги г1адамал -  поэтги гьесул г1умрудул гьудулги разиго рук1ана жал к1одо гьарун данделъаралщиназдаса ва рак1-рак1алъго киназего баркалаги кьуна гьез.

Г1абасиласул 100 сон т1убаялъул юбилеялда данделъизе хъван батаги нилъее.

Конкурсалъул финал т1обит1улеб къоялъ дида рак1-рак1алъго бич1ч1ана ва бихьана Г1абасил Мах1амад халкъалъе вокьулев  вук1ин ва  гьев унго-унголъунги Халкъияв вук1ин.

П. Гунашева

Просмотров: 988 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz