Воскресенье, 19.05.2024, 05:41 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 21 » МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ. ЛЪИЕГО Х1ИЛЛА ГЬЕЧ1ЕВ, ДУН РОСУЛЪА ВАС ВУГО.
18:58
МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ. ЛЪИЕГО Х1ИЛЛА ГЬЕЧ1ЕВ, ДУН РОСУЛЪА ВАС ВУГО.

Лъиего х1илла гьеч1ев, дун росулъа вас вуго

Чияр куч1дузецин кунч1и кьолев мун.

Кьураб ц1ар х1алаллъи х1акъикъат буго.

Мах1муд-апанди

Х1акъикъаталдаги, гьеб гьедин буго. Хасго миллатаздехун гьоркьоблъиги чучараб, чилъиги хвараб, нилъее рахьдалаб, нилъер умумузул хирияб мац1алдеги квер хьваг1араб заманаялъ.

Рорхатал муг1руцаги, г1асиял кьурабазги, г1урччинаб нак1к1ил рохьалъги жанибе сверараб ва ц1унараб Лъаг1илухъ росу лъаларев чиго ватиларо жакъа. Гьеб росулъ руго лъик1ал г1адамалги, лъик1ал учительзабиги, лъик1аб хъулухъ-ишалда ругел г1адамалги, Г1абасил Мах1амадги. Гьеб росулъе щаялиго лъелго ине бокьула дие. Берг1орц1улареб т1абиг1аталъул берцинлъиги, бац1ц1адаб рохьилаб гьаваги, ц1акъго ц1орорал, муг1рул т1огьисан чвахун рач1унел рик1к1ен г1емерал лъимаздасан лъугьараб лъарал чил-чилиги. Гьеб киналъго цо лъик1аб асар гьабулеб батила гьеб росулъе рач1унел г1адамазеги.

Гьеле гьеб лъаралда релълъун бахъана дида Г1абасил Мах1амадил поэзияги. Абула раг1ул бег1ерлъиялъулги камиллъиялъулги рахъалъ Хунзахъ район Россиялдаго бечедаб бак1 бугилан. Гьаниб поэзия киназего бокьула, киназго гьелъул къиматги гьабула. Жиб-жиб росулъ руго гьеб бич1ч1улел г1адамалги. Гьелдаса лъик1аб рух1ияб бечелъи щибха бук1инеб? Гьелъго батила, бат1и-бат1иял росабазул г1адамалги цоцазда гъорлъ гьудуллъи-вацлъиялда, гьуинго рук1унелги. Нилъер ракьцояв Г1абасил Мах1амадил поэзиялъги республикаялъул г1орхъаби церего рахана. Гьелъул х1акъалъулъ г1емераб хъвана машгьурал г1адамаз, литератураялъул критиказ. Жанразул рахъалъ ва литератураялъул тайпабазул рахъалъ бечедаб творчество буго гьесул.

Цо заманалъ маг1арулазул машгьурав поэт Мух1амад Ах1мадовас хъвана:

Гьудул, дур т1ехьалде т1аде къулани,

Къулг1а буго гьениб маг1арул коч1ол.

Назму, шиг1ру, сарин, рисалат, сонет,

Элегия буго гъасда г1одоб ч1ун

Х1ажатаб мехалда т1аде къулизе.

Г1абасил Мах1амадил творчествоялъул х1акъалъулъ хъвазе дун литературияй критикги гуро. Кин бук1аниги, жиндир х1акъалъулъ хъвазе гьеб мустах1икъаб буго. Авар мац1алъул учительница х1исабалда дица абулеб буго гьесул асаразе авар адабияталъул учебниказда дагьаб бак1 къварид гьабун бугилан. 5-11 классазде щвезег1ан к1иго асар гурони кьун гьеч1о т1ахьазда. Амма цо-цо маг1на гьеч1ел цоги мац1алдаса перевод гьабурал асараз кколеб буго бак1. (Масала. «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине»).

Амма гьаниб абизе ккола, поэтасул лъималазе хъварал асаразе живго Р. Х1амзатовас ва цогидазги к1удияб къимат кьунилан. Гьел руго кутакалда халкъиял асаразде г1агарал ва гвангъарал образал, героял, сипат-суратал ва цогидалги литературиял алатал гъорлъ рессарал асарал. Гьезул мац1ги буго кутакалда щвалде щвараб, пасих1аб, камилаб ва халкъиял асаразде г1агараб, жиб кицабаздалъун, абияздалъун ва биценаздалъун бечедаб. Гьелъ кумек гьабулеб батила гьел асаразе. Лъималазул рек1елал ва божарал гьудулзабилъун лъугьинеги ва идеалаллъун рук1инеги. Лъег1елдерие хасиятаб жо буго щиб жо бицунеб бугониги, гьеб кодо-кодобе кьезе лъай, гьединго халкъияв поэтасги ц1алдолезухъе кодо-кодоре кьола абизе бокьарал раг1аби ва пикраби.

Буго гьесул раг1абазул жиндирго росулъе г1адаб хасаб сухъмахъги ц1илъиги. Гьел г1емер ратула маргьабазулъ ва пьесабазулъ.

«Росдалаб г1адатлъиги, лъимадулаб божиги, жибго бац1ц1адаб рак1ги, дун росулъа вас вуго»- ян хъвалеб буго поэтас.

Гьобол вач1ун ч1ух1улев, гьудул вач1ун вохулев, гьалмагъзаби рокьулев Г1абасил Мах1амадил творчествоялда жаниб камураб жого батиларо. Ц1алана гьесул анлъмухъилал, микьмухъилал куч1дул. Гьел ц1алараб мехалъ цойги бат1ияб г1ажаибаб, рит1ухълъиялъул, г1акъиллъиялъул ва г1адамаздехун бугеб рац1ц1алъиялъул дунялалде кканин нилъилан ккола. Гьел асараз нилъеда чанги жо рак1алде щвезарула, гъваридал пикраби гьаризе т1амула, арал къоязухъ бахиллъизе бач1уна, умумузул къимат гьабизе т1амула.

Аваразул поэт Махсут1 Зайнулг1абидовас хъвалеб буго:

«Огь, дир маг1арул мац1,

Дир маг1арул мац1,

Г1емерав гьеч1о дур гьадинав устар,

Гьес дур раг1абазул ралъдал т1индасан

Нус-нус ц1ияб жавпар бахъана къват1иб».

Дун цо чанго нухалъ г1енеккана районалъул телевидениялдасан поэтасул гара-ч1вариялъухъ. Лъик1ав поэт гуревги, гьев вуго лъик1ав политикги, жамг1ияв чиги, чанги рескъот1арал г1адамазе квербакъарав, къварилъи ккаразе х1алай ватулев г1адатияв ва сахаватав инсанги.

Гьесда исанасеб юбилейги баркулаго, дие бокьилаан гьесул асарал газетазда ва журналазда дандч1вазе. Гьел г1адамазе ц1ализе рокьула ва гьел асаразда т1асан инсценировкаби лъезе, куч1дул ц1алиялъул конкурсал т1орит1изе, куч1дул ах1иялъул конкурсал гьаризе бажарараб х1алт1и гьабулеб буго Г1орут1а росдал домкультураялъул ва библиотекаялъул х1алт1ухъаби Мух1амадова Пат1иматица, ва Т1алх1атова Хадижатицаги, гьединго гьеб росулъ бугеб гьоркьохъеб школалъул коллективалъги.

Дибирх1ажиева Г1аишат, Г1орут1а гьоркьохъеб школалъул рахьдал мац1алъул учительница.

 

Г1абасил Мах1амад, хирияв поэт,

Лъилго роль х1аларев цо росулъа вас.

Дур поэзиялъул Парнасил хъала

Исана бат1аго борханин ккана.

 

Дуца хъвана пьеса цо шаг1ирасул,

Г1умруги г1ищкъуги цоцалъ багъараб.

Цо пуланав чияс квер т1урк1ич1ого

Ц1орозе гьабураб пашманаб къиса.

Цинги цо квачараб хасалил сардилъ

Маг1арда г1унарай г1олилалъул кеч1.

 

Муг1рузул борхалъи, лъаразул чили

Гьеб кинабго буго дур куч1дузда гъорлъ

Машгьурлъи ц1ар гуро Г1абасиласе

Г1аданлъи муг1рузда раг1изабурав.

 

Дур поэзиялъул ахираб ханлъун

Тамадалъун даим сахлъи хут1аги

Дурго к1алг1аялда хъатикь пандургун

Хъаравуллъун таги г1олил ясазул.    

Просмотров: 2061 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz