Воскресенье, 05.05.2024, 19:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Апрель » 9 » ПАШМАНЛЪИЯЛЪУЛ АСАР ГЪОРЛЪ БЕССАРАБ.
15:38
ПАШМАНЛЪИЯЛЪУЛ АСАР ГЪОРЛЪ БЕССАРАБ.

 Араб соналъул марталъ нилъедаса ватIалъана ДРялъул искусствалъул мустахIикъав хIаракатчи, махщел камилав кьурдухъан, гIадамазда гъорлъ восарав лъикIав инсан, ГьоцIалъ росулъа Мусалаев Жамал МуртазагIалиевич. Дагьал церегIан къоязда Жамалги ракIалде щвезавун «Одаренный ребенок» централъул директор ХIалимат МухIамадовалъ пагьму-гьунар бугел школлъималазда гьоркьоб районалъул халкъияб творчествалъул рокъоб гIуцIун букIана кьурдабазул къец.

 Къецалъухъ балагьизе рачIун рукIана Жамалил хъизан-лъимал, гIага-божарал, цадахъ хIалтIарал, росуцоял, гьев лъалел ва вокьулел рукIарал. Конкурс рагьана Жамал Мусалаевас ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул жинцаго гIуцIараб кьурдул ансамблялъе лъун букIараб кьурди гьез бихьизабиялдасан. Ж. Мусалаев ракIалде щвезавун кIалъазе цере рахъана райадминистрациялъул бетIерасул заместитель ГIабдуразакъов АсадгIали ва 25 соналъ Жамалида цадахъ хIалтIарав, искусствалъул школалъул директор МухIамадов МухIамад. Къецазде жидерго кьурдизе бугеб махщел-гьунар бихьизабизе рачIун рукIана Харахьи, ГьоцIалъ, ГIахьалчIи, Хьиндахъ, ЛъагIилухъ, Хунзахъ № I ва № 2 гьоркьохъел школазул ва ГIарани рагъулабгун спортивияб лицеялъул цIалдохъаби.Балагьарал хIайран гьарулел кьурдабигун гьоболлъухъ бачIун букIана «Молодость Буйнакска» кьурдул ансамбль (гьелъул хореограф ккола МухIамад МухIамадбегов-Ж. Мусалаевасул яцалъул вас).

 Мунагьал чураяв Жамалги ракIалде щвезавун байбихьана кьурдул къецал. Къецал рикьун рукIана щуго номинациялде: гьанжесеб заманалъул, спортивиял, бальниял, Дагъистаналъул халкъиял ва Кавказалъул кьурдаби. Номинациязда тIоцебесеб бакIалъухъ бихьизабун букIана I000 гъурущ,кIиабилеб бакIалъухъ-800 гъурущ, лъабабилеб бакIалъухъ-500 гъурущ. Конкурс берцинго нухда бачана ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул цIалдохъан НурмухIамадова Зульфияца.
Жамал Мусалаев ракIалде щвезавун тIоритIулел къецал байбихьана спортивиял кьурдабазул номинациялдасан. Гьеб номинациялда цере рахъана гIицIго цохIо ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалъул цIалдохъаби П. ГIумарова ва М. НурмухIамадова. Гьанжесеб заманаялъул кьурдаби хIадурун ругоан Харахьи гьоркьохъеб школалдаса Р. ГIисакъовас, М. Шангереевалъ ва ГьоцIалъ гьоркьохъеб школалдаса П. МухIамадовалъги П. ГIабдурахIмановалъги. Бальниял кьурдабиги рихьизаруна гьелго школазул цIалдохъабаз-ГьоцIалъа М. Шамиловас ва З. НурмухIамадовалъ, Харахьиса чанго кьурдул параязги. Бищунго гIемерал церерахъинал рукIана Дагъистаналъул халкъиял ва Кавказалъул кьурдаби номинациязда. Дагъистаналъул ва Кавказалъул батIи-батIиял миллатазул кьурдаби рихьизаруна къецазул киналгоязде гIагарун гIахьалчагIаз.
Конкурсалъе хасаб берцинлъи бачIинабун букIана «Молодость Буйнакска» ансамблялъ. Гьез рихьизарулел рукIарал цояздаса цоял берцинал кьурдабазги, щибалде дандеккарал костюмазги хIайран гьарун рукIана балагьарал.
Киналго номинацияздаса хадуб гьезул хIасилалгун цее яхъана ИМЦялъул нухмалъулей С. ПатахIова:
 1. Гьанжесеб заманаялъул кьурди номинациялда 1-себ бакI кьуна П. МухIамадовалъе ва П. ГIабдурахIмановалъе (ГьоцIалъ), 2-леб бакI Р. ГIисакъовасе ва М. Шангереевалъе (Харахьи).
 2. Спортивияб кьурди-1-себ бакI-М. НурмухIамадова, П. ГIумарова (ГьоцIалъ).
 3. Бальнияб кьурди: 1-себ бакI кьуна М. СагIидовасе, ГI. Хайрулаевалъе (Харахьи), 2-леб бакI З. НурмухIамадовалъе, М. Шамиловасе (ГьоцIалъ), 3-леб бакI-Ж. Майндуровасе, А. Нажмудиновалъе (ХВСЛ);
 4. Дагъистаналъул халкъиял кьурдаби:
1-себ бакI-Р. КъурамухIамадов, П. ГIабдулгъафурова (Хунзахъ № 1гьоркьохъеб школа), 2-леб бакI-М. ГIумаров, Н. Мусалаева (ГьоцIалъ), лъабабилеб бакI бикьана лъабго параялда гьоркьоб-Н. Ниматулаева, П. МухIамадова (ХВСЛ), Ш. ГIабдулхIамидов, П. НурмухIамадова (Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школа) ва М. МухIамадов, П. МухIамадова (ГIахьалчIи);
 5. Кавказалъул кьурдаби: 1-себ бакI кьуна ХI. ХIажиевасе, А. МухIамадовалъе, (ГIахьалчIи), 2-леб бакI ГI. МухIамадовасе, И. МухIамадовасе (Хунзахъ № I гьоркьохъеб школа),3-леб бакI-Р. НурмухIамадовасе, ГI. ГIабдулхIамидовалъе (Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа).
Конкурсалъул хIасилал рицун хадуб районалъул халкъияб творчествоялъул рукъалъул рахъалдасан гьитIинабго сайгъат кьуна Мусалаевазул хъизаналъе. Мунагьал чураяв Жамал ракIалде щвезавуралъухъ баркала кьезе цеве вахъана «Молодость Буйнакска» ансамблялъул хореограф, нилъер ракьцояв, ГьоцIалъа М. МухIамадбегов. Гьес жиндирго кIалъаялда цоги нухалъ ракIалде щвезавуна Жамал МуртазагIалиевич.
Киналго къецазда гIахьаллъаразеги гьенире рачIаразеги баркалаги кьун конкурс къана гьеб гIуцIиялъе ва тIобитIиялъе аслиял хIалтIаби гьарурай ИМЦялъул специалист ХI. МухIамадовалъ.
П. ГУНАШЕВА. 
Просмотров: 693 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz