Гьудуллъиялъул квер бегьана цойги нухалъ Г1арани школалъ
гьалбадерихъе.
8-абилеб апрелалъ Г1арани школалде рач1ун рук1ана Ансалт1а 11-абилеб классалъул
ц!алдохъаби жидерго учитель Зугьрагун цадахъ. Гьез абуна ц1акъ бокьун бук1анила
цойгидаб районалъулгун бухьен гьабизе. Жидер пикру кканила гьаб школалде рач1ине,-ян.
Ансалт1исез бицана: жидер росу бугила чачаназул г1орхъуда, гьоркьоб мег1ер
гурони гьеч1ого. Доб рагъ багъарараб заманаялъ гьеб мег1ерги бахун нижер росулъе к1анц1ана чачанал, т1оцеве ватарав
вехьасдасан байбихьун г1адамалги ч1валаго. 70 г1аги чи хвана гьеб заманаялъ
нижер росуцоязул. Ансалт1а вук1ана
Х1ажимурадилан абун г1олохъанчи. Мех-мехалъ
цо унти бач1араб г1адин кквезе к1оларого лъугьунаан гьев. Х1ажимурад ана тушбабазда
гьоркьове ва ч1ван лъуг1изаруна гьел. Рагъулъ бихьизабураб багьадурлъиялъе
г1оло гьесие «Россиялъул Бах1арчи» абураб ц1арги кьуна. Гьев вук1ана нижер
школалъул ц1алдохъан. Рагъдаса хадуб гьабураб 2-го этажалъул школа буго нижер
доба, 250-го ц1алдохъанги вуго ц1алулев.
Г1арани школалъул 11-абилеб классалъул ц1алдохъабазгун
цадахъ, школалъул завучал Нупайсат Дибирова ва Сидрат Мах1мудова, математикаялъул
учитель Г1айшат Патах1ова ун рук1ана Ц1адаре Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир
Ц1адаса Х1амазатил музеялде, гьенисан ана Хунзахъ тарихияб музеялде, гьединго
Ц1олбокье, тобтил раг1алде. Гьалбал ц1акъ рази-ракиго хут1ана. Гьединаб кидаго гьобол-гьудул
къабул гьавизе х1адураб школа буго Г1арани гьоркьохъеб школа-интернат.
П.Х1ажиева
|