Хунзахъ т1алъи Дагъистаналда бищунго квачараб бак1 бук1ин
лъиениги балъголъи кколаро. Хаселги гьаниб 7 моц1алъниги халалъула. Риидалил
бакьулъ г1азу баялъги гьанив щивниги г1ажаиблъизавуларо. Г1ажаиблъи гьединаб
гьава-бакъалда гьалбадерица гьабула. Ахбазан бичизе Буц1рае яч1арай хьиндалалъ,
хъаз х1улулеб г1адин, г1азу балеб бихьидал, «Эбел хваял буц1ул, гьабищха нужер
рии бук1араб»,- ан абун буго. Гьеб киналдаго т1адеги, х1ама-чуялда кьабизе
ц1алае хъарахъ гьаниб бижуларо. Х1асил, т1алъиялъул г1адамал т1убанго къват1иса
баччулеб т1урччи-ц1улалда рарал г1адамал руго. Хунзахъе т1урччи, нилъерго
талих1 къосиналъ, баччизе ккола ОАО «Дагестантоппром» абулеб жиндиего гурого
лъиениги пайда гьеч1еб, лъиениги сундулниги жаваб кьолареб г1уц1иялъ.
«Дагтоппромалъ» Буйнакскиялъул нилъер ракьцояв Х1амзатов Майиндурица нухмалъи
гьабулеб базаялдаса бит1ула Хунзахъе т1урччи. «Дагтоппромалъ» базаялде бач1унеб
Хунзахъ, Лак, Кули районазде бит1улеб т1орччол къадар соналдаса соналде дагь
гьабулеб буго. Гьайгьай, базаялде бач1инч1еб т1урччи районазде бит1ун
Майиндурихъа бажаруларо. Чвантиниса г1арацги хьагиниса хинк1алги къват1ире
рач1ине ккани, цин гьенир лъезе ккеларищ. Буц1улдерица абула: «Рузманалде
инч1ев Къурах1умил Ражаб къват1иве вач1инищ»,- ан. «Дагтоппромалъ» бит1аралдаса
т1адеги т1урччи босизе Майиндурихъ, г1арацги бук1унаро, ихтиярги кьоларо.
Цосинаб, Хунзахъ цо-цояз абухъе, Майиндурица жиндирго
пайдаялъе бокьа-бокьараб гьабун, щолареб жоцин бук1инадай районалъул г1адамазе
т1урччи? Ялъуни Хунзахъ районалъул г1адамазе мукъсанги гьабун, рехсарал
районазе ц1ик1к1унцин бит1ун бук1инадай Буйнакскиялъул базаялъ т1урччи? Гьаб
ахирияб 3 соналъ т1орччол ц1акъго мукъсанлъиги лъугьун, гьеб суалалда сверухъ
х1алуцин лъугьиндал, дун чанц1улго дандч1вана М. Х1амзатовгун, к1ола дида гьеб
сулалъе жаваб кьезе росулел руго ахирияб 3 сон.
2009 соналъ «Дагтоппромалъ» Буйнакскиялъул базаялде бит1ун
бач1ун буго 9176 тонна т1урччи, гьелдасан Хунзахъе бит1ун буго 6835 т, нахъе
хут1араб 2341 тонна к1иябго районалдеги минаби ччук1ун, газ гьеч1ого хут1арал
Буйнакскиялъулазеги.
2010 соналъ базаялде бач1араб 6024 тоннаялъул Хунзахъе
бит1ун буго 4182, хут1араб 19842 рехсарал районазе.
2011 соналъ базаялде бач1ун буго 5248 т т1урччи, гьелъул
Хунздерие-3718 т, нахъе хут1араб 1530 долго районазеги.
Лъабабго соналъ «Дагтоппромалъ» Буйнакскиялъул базаялде
баччараб 20448 тонна т1орччол Хунзахъе бит1ун буго 14735 тонна, ялъуни базаялде бач1аралъул 72
%, хут1араб 5713 тонна рехсарал районазеги Буйнакскиялъул къварилъиялде ккарал
г1адамазеги. Нужее баяналъе, Хунзахъ районалде бит1изе кколаан 3 соналъе 14735
тонна гуреб 54000 тонна.
«Дагтоппромалда» бажарич1о, ялъуни гьелъие бокьич1о
Хунзахъеги Дагъистаналъул цогидал районаздеги бук1ине кколеб къадар т1урччи бит1изе.
Бич1ч1улеб батила т1орччол къадарго г1адин гьелъул качествоги Майиндурида
гуреб, Кемеровалда ругел Дагъистаналде т1орччол бак1алда т1орччол х1ур бит1улел
«Дагтоппромалъул» вакилзабазда бараб бук1ин.
«Дагестантоппромалъул» ургъел гьеч1олъиялъ, тасамах1лъиялъ,
т1асан ккараб хьвада-ч1вадиялъ Г1арани ва Харахьи ругел складаздасан т1урччи
щвезе кколел ИОВал, УОВал, зах1маталъул ветеранал ва гь. ц. печал ракуларел
рокъор ц1орозаруна.
Бакизе т1урччи гьеч1ел г1адамаз рукъ хинлъизабиялъе
х1алт1изабулеб буго электричество. Рукъзал хинлъизабизе х1исабалде босич1еб
электросетазда трансформаторал рух1иялде, кьвагьиялде рачунел руго.
Электричество рукъзал хинлъизаризе х1алт1изабиялъ.
Ахирияб заманалда районалде бач1унеб бугеб газовый абулеб
т1урччи хинлъи дагьаб, мах1 г1емераб, к1к1уй хьвадулел мухъал хехго
руччизабулеб угаралъ г1адамал хвезариялда х1инкъи бугеб бугин абулеб буго
лъалел г1адамаз.
Суткабаз, очередалда Г1арани т1урччи бач1иналдего ч1арал
г1адамал ч1орого, мурад т1убач1ого, т1ад руссине кколел руго. Гьелъ г1адамазул
ццин бахъинабулеб буго, очередазда даг1ба-къецазде, тунка-г1усияздегицин
рачунел руго.
Бич1ч1уларо г1емерал харжалги т1ад гьарун, «Дагтоппром»
г1адаб г1уц1и лъие пайда-хайир бук1ун ц1унун бугебали. Гьайгьай, батила гьелъул
жибго «Дагтоппромалъе» гуребги пайда гьеч1ебани, гьеб цебего къан бук1инаан.
«Дагтоппромалъул» г1айиб г1адамаз рехулеб буго районалъулаб
ва росабазулаб властазде, гьездехун ццин ва рокьукълъи бижизабулеб буго. Гьеб
рит1ухъаб рокьукълъиги буго: гьезлъидалха г1адамазул т1алабалги х1ажаталги
т1уразе т1аде босулеб, хъулухъалде рач1унаго.
Гьаб соналъул байбихьуда къана Буйнакскиялъул нилъеца
т1адехун бицен гьабураб т1орччол база. Гьанжеялдаса т1орччол багьаги ч1езаризе
руго пачалихъалъ гуреб гьеб бичулел г1уц1абаз. Гьелъул багьаби гьанжеялдего
6,5-7 азарго гъурщиде рахана.
Лъик1 бук1инаан т1урччи-ц1ул босизе т1адехун рехсарал
г1адамазе биччалеб г1арац бит1ахъе районалъул, я росабазул администрациязде
бит1улебани, гурони… Гурони, бук1унеб жо нилъеда лъик1 лъала.
Г1иса Г1исаев.
|