Главная » Архив материалов
Салам нужеде, хирияб «Росдал Зах1матчи» газеталъул редакция!
Гьале т1аде г1унт1улеб буго ихги, ихдалил байрамги. Гьебги х1исабалде босун,
дие бокьун буго т1олалго руччабазда баркизе иргадулаб марталъул къо. Хасго
баркизе бокьун буго дир г1агараб школалъул руччабазул коллективалда дир
эбелалда, ва якьад-эбелалда.
|
ХIурматиял руччаби!Лъик1абщинабги нужее рак1-рак1алъ загьир гьабулаго, баркула нужеда Халкъазда гьоркьосеб байрам - Руччабазул къо! ТIолалго гIасрабазда руччабаз гвангъизабун букIана инсаният. Нилъер халкъалъ кидаго хIурмат гьабулаан чIужугIаданалъул, жакъаги гьеб гIадат цIунун буго МугIрузул улкаялъул бихьиназ. ЖамгIияталда жаниб цолъи, чIара-хьараб хIал нужеца кидаго цIунулаан. Гьарула нужее сахлъи, икъбал ва талихI.
РАЙОНАЛЪУЛ АДМИНИСТРАЦИЯ. РЕДАКЦИЯ РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
23 февралалъул байрамалде рач1унаго щибаб соналъ гьелъул
х1урматалда районалъул лъай кьеялъул г1уц1абазда т1орит1ула бат1и-бат1иял
тадбирал. Гьездалъун бечедаблъун бук1ана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда
т1олабго февраль моц1. Бицинин гьезул чангоязул х1акъалъулъ.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
25 февралалда Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда 9-11
классазул васазда гьоркьоб т1обит1ана «Годен к строевой» рагъулабгун спортивияб
х1ай.
|
Автор.Расулова Шагьзанат, БакьагьечIи росу.Март 2012г.
7 февралалда нилъедаса ят1алъана районалъул
больницаялда х1алт1илей йик1арай руччабазул тохтур Г1умарова Издага. Гьей
йик1ана Бет1ергьанас к1удияб махщел-гьунар кьей гуребги, ч1ух1и гьеч1ей лъиего
кумек, гурх1ел бугей г1адан.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
23 февралалъ Г1арани рагъулабгун спортивияб
лицеялда байрамалъул х1урматалда т1орит1ана г1ужда туманк1 реч1ч1иялъул,
турникалда ц1аялъул (военрук М. Мух1амадинов) ва волейболалъул (физрук М.
Ах1мадов) ч1ах1иял классазул васазда гьоркьор къецал.
|
Автор.ГI. Дибирх1ажиева, ГIорутIа школалъул учительница.Март 2012г.
23 февралалда лъик1аб х1адурлъиялъул праздник т1обит1ана Г1орут1а росулъги. Гьеб ана рохалилаб ах1вал-х1алалда.Киназдаго лъалеб жо буго, нилъер улкаялъул г1орхъаби ц1унулел рагъухъаби г1емерал г1елазе бах1арчилъиялъул гвангъараб мисаллъун хут1ун рук1ин. Киналго васал х1айранлъула гьезул бах1арчилъиялда. Гьезде хъвала ва ах1ула г1емерал куч1дул. Гьезул х1акъалъулъ хъвала къисаби ва романал, рахъула кинофильмал.
|
Лъик1аб г1адаталде сверун буго районалда февраль моц1алъ
Ват1ан ц1унулезул къоялде райадминистрациялъул бет1ерасул призалъе г1оло
волейболалъул турнир т1обит1и. Унго-унгояб спорталъул байрамалде сверула гьеб
тадбир райцентралда. Росабалъа рач1арал командаби, щибалда цадахъ жиде-жидер
болельщикал, гьез цоцаздехун бикьулеб ургъел, щал къолел, щал бергьинел, х1атта
чемпионлъун кинаб команда бахъинеян цебеккунго гьарулел прогнозал, бергьаразе
щвезе ругел сайигъатазул, турниралъе спонсорлъи гьабулел сахаватал районцоязул
х1акъалъулъ биценалцин раг1изе бегьула гьеб къоялъ хабаралда ругезул руккалида
аск1осан унаго гьезухъ г1енеккаразда.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова.Март 2012г.
Россиялъул киналго регионаздаса 500-ялдасаги ц1ик1к1ун
СМИязул вакилзаби рак1арун рук1ана 20 аб. февралалда Москваялъул «Измайлово»
гостиницаялде. Гьенире журналистал ах1арав ва гьеб дандч1ваялъе киналъулго харж
гьабурав чи ккола Россиялъул Президентлъуде ругел кандидатазул бищун
г1олохъанав-бизнесмен Михаил Прохоров. Ц1ар раг1арал ва къо-ас бугел
газет-журналазулги телеканалазулги къапилаялде гьоркьое, дидаго рак1алдаго
гьеч1ого, ккана дунги (баркала нилъер ракьцояй, махщел камилай мухбир Зульфия
Х1ажиевалъе). Дидаго конференциялда бихьараб-таралъулги рек1елъ хут1араб
асаралъулги гьаб репортажалда нужееги бицинин, х1урматиял газета ц1алулел!
|
28 февралалъ районалъул нухмалъулел, г1уц1абазул
х1алт1ухъаби, интеллигенция ва т1аде рач1арал гьалбалги г1ахьаллъун
райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана 4 марталъ улкаялда
т1орит1изе ругел Россиялъул президент вищиялъул рищиязда «Единая Россия»
партиялдасан президентлъиялде кандидат Владимир Путинил рахъ кквезе районцоял
ах1араб данделъи.
|
Автор.Ибрагьимова ГIабидат, ГьоцIалъ гьоркьохъеб школа.Февраль 2012 г.
Инсанасул гIумру, икъбал, битIккей бараб буго хасаб тIабигIияб, рухIияб нухмалъиялда, цо хасав багьадурасдаса мисал босун бажариялда, умумуздасанго ирсалъе щвараб гIакълу-лъаялда. ГIумруялда жаниб гьединаб къисматалъул гIадан вугин абизе бегьула ГьоцIалъ росулъа Сиражудинов МухIамадгIалил вас МухIамадги. Сиражудинов МухIамадил гьитIинго математиклъун вахъине букIараб анищ тIубана. ТIадегIанал къиматазда университетги лъугIизабун, МухIамад гIагараб ГьоцIалъ школалда математикаялъул учительлъун хIалтIана. Лъабго соналъ школалдаги хIалтIун МухIамад тIадеги лъай борхизабизе уна Москваялъул Ломоносовасул цIаралда бугеб пачалихъияб университеталде. I980 соналъ МухIамад вахъуна Владимиралда бугеб политехникияб институталъул гIелмияв хIалтIухъанлъун. ГьабсагIат ккола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул математикаялъул кафедраялъул кIудияв гIалимчи-профессор, 2002 соналдаса нахъе гьебго кафедраялъул нухмалъулевги. МухIамадица цIалула гIемерал лекциял, тIоритIула гIелмиял семинарал, жиндицаго ургъун рахъун руго хасал программаби, тIахьал.
|
Нилъер ракьцояв БакьагьечIи росулъа гIолохъанав гугарухъан КъурамухIамадов Арсенил бергьенлъабазул хIакъалъулъ рагIичIев чи къанагIатги ватиларо районалда.
|
Автор.С. ГIалилмух1амадова,Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалъул учительница.Февраль 2012 г.
Маг1арул
мац1 ккола нилъерго рахьдал мац1, рахь ккола-эбел, эбел к1очарал маг1арулал
ккола Ват1ан гьеч1ел, жалго жидецаго ричарал хиянатчаг1и.
|
Автор.ДЮСШялъул дзюдоялъул тренер КЪебедов Дайитбег.Февраль 2012 г.
Унго-унголъунги районги бокьулел гьаниб
лъугьунеб-толелъулги ургъел бугел г1адамал дагьал гьеч1о хунздерил. Рокьизе ва
ч1ух1изе бач1уна гьединазул ишаздаса, гьез гьабураб кумекалдаса.
|
Автор.М-ХI. ХАЛИЛБЕГОВ, МочIохъ росу.Февраль 2012 г.
Г1ун бач1унеб г1елалъе рух1ияб тарбия кьеялде к1удияб к1вар
кьола Моч1охъ гьоркьохъеб школалда. Гьезул Ват1аналде бугеб рокьи щулалъизаби
мурадалда, хьвада-ч1вади, адаб-хъатир ва гьел гурел цойгидалги г1адамасулъ
бук1ине мустах1икъаб г1амал-хасият куцаялда хурхун гьарула г1емерал х1алт1аби.
|
« 1 2 ... 81 82 83 84 85 ... 89 90 » |